| Сделать стартовой  |  Добавить в избранное | RSS 2.0
 |   | 
 
Поиск по сайту: Расширенный поиск по сайту   •   Аварско-русско-англо-турецко-арабский онлайн словарь:


Новости сайта

Рейтинг новостей

Архив новостей


Партнеры

Наша Кнопка (размер 31X88)

Получить код Кнопки Gif

Разместите на своем сайте нашу кнопку, а в ответ мы разместим Вашу кнопку или ссылку!

Если Вы нашли ошибку в тексте, выделите ее и нажмите Ctrl+Enter
 
» Джамахириялъул ахир
31 октября 2011 | Общество, Разное | добавил(а): muhamedavar | Просмотров: 15761
ГIагараб заманаялда Шималияб Африкаялда ва гьединго гIагараб бакъбаккул рахъалда ккарал багъа-бачариязда тIасан хассаб пикро.

Джамахириялъул ахирЗахIматаб, гIадлу биххараб заман рештIана гIараб пачалихъазда. Шималияб Африкалде щвана хиса-басиязул къуватаб гьури. ГIемераз абулеб рагIана ва гьеб абуралда божулелги рихьула – БакътIерхьул пачалихъаз, Америкалъ борханила гьеб гьури. Жакъаги нилъерго цIияб заманалъул тарихалъул пикру гьабидал, гьебго БакътIерхьул пачалихъаздагун Америкалда гIайиб чIвай тIадаблъун бихьула цо-цо нилъераздаги. Борхилаандай хиса-басиялъул гьури, борхиялъе гIилла я Ливиялда, я Египеталда, я доб заманалда Совет Союзалда букIинчIебани! Миллат инжит гьаби, халкъалъул къадру гIодобегIан гьаби ккола Гуржиялда, Украиналда ва цогидал пачалихъазда халкъ багъа-бачарун ккарал хиса-басиял цогидал пачалихъазда хурхинари ва гьезде тIами. ГIараб пачалихъалда гьеб гьури борхизе дида лъалеб чамги хIужа ва гIилла буго.
ТIоцебесеб: Жеги 30-ялдаса цикIкIун сон цебе дида цадахъ Москваялда цIалулел рукIана гIемер гIарабал. Хасго Сириялдаса рукIана БААС партиялъул нухмалъулезул лъимал, гьеб партиялъул гIолохъанал хIаракатчагIи. Гьелгун цадахъ дагьалго рукIана БААСалда жодор хурхен гьечIел, цохIо жодор бажариялдалъун, лъаялдалъун цIализе Москваялде нух бахъаралги. ТIоцебесеб тайпаялъул рукIана чIухIарал, гIамал кIудиял, бечедал, гьебго заманалда цIалиялъул кIудияб агъаз гьечIел. Гьезие стипендияги цIикIкIараб букIана, гьездехун бербалагьиги хасаб букIана. КIиабилеб тайпаялъулин абуни, гIодор риччарал, диниял, кутакалда цIалуе кIвар кьолел, гIаданлъи цIикIкIарал. Гьез шурун бицунаан дида жодор пачалихъалда бугеб гIассияб, тIолгоязда хадуб бугеб халкквей, БААСалъулаз мерхьулеб пачалихъалъул. Доб заманалда советияв чиясда рагIараб жо букIинчIо Сириялда Асадил рагъул самолетаз Хама шагьар рахъуялде сверизабураб.
ГIилла: Исламияб жамагIаталъ Хама шагьаралда Асадида дандечIей байбихьун, гьеб жамагIаталъул сиясиял тIалабал раккизе байбихьун. «Хама шагьар Асадица географиялдаса историялде битIанилан аби буго нижер Сириялда»- бицулаан дида гьеб пашманаб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ дир гьудул ХIасаница. Цоги сириялъул чи аскIов вугони  - кинабгIаги калам Сириялъул хIакъалъулъ тIагIулаан. Расул ХIамзатовасул кочIол рагIабазулъ «Аллагьгун эбелилан» рагIидал, ХIасаница дида гьикъана: «Нужор гьаниб гьадинал, Аллагь рехсарал кучIдул ахIизе бегьулиш?». Сириялда гIенеккизецин бегьуларин, исламалда хурхараб я кечI, я кинаб бугониги асар гьукъараб бугилан бицана гьудулас. Гьеб букIана 1976-79 соназда. Гьелго соназда нилъер Дагъистаналда, ЦIумада районалда гIурул рагIалда ругел тIад рахун как базе бегьулелщинал гамчIил къанал гъуризе тIамулел рукIана таращмахIал алкашал. Гьеб кампаниялъе нухмалъулелги рукIана Америкалъулгун ИзрагIилалъул гурел, цIумадисел коммунистазул бутIрул. (Гьаб бакIалда абичIого рес гьечIо, доб заманалъ гьел ганчIазде рагъ барав райкомалъул бетIер Дингаев Расул, партиялъул хъулухъалдаса ун хаду Шаваялда гIачивехьлъун хIалтIана, ахиралда гьебго лъарагIлъиялда мажгиталда будунлъун вукIанилан рагIана).  Рихьулиш Асадидилги, нилъер коммунистазулги релъарал гIаламатал? Гьел гIаламаталин жакъаги нилъер коммунистазул хутIелалгун Башар Асадил гьудуллъи цIунизе гIиллалъун кколел. ТIолго дунялалде ахIтIон гьарулеб буго Сириялъул Асадида дандечIараз: «Гьабе кумек, тоге гьаб вахIшияб режималда гъоркь ниж!» абун. Нилъеразе «стабильность» къвариг1ун буго Сириялда. Нилъер пачалихъалъул кIудиял гьудулзабазул сияхIалда хасаб бакIалда рукIана Саддам ХIусенгун Муаммар Каддафи, Мубаракгун СалихI ва гьелгурел цогидалги «миллияб багъа-бачариялъул» бахIарзал. ТIолго гьел совет союзалъул гьудулзаби хутIана гIараб пачалихъазе нухмалъулеллъун 30-40 соналдасаги цIикIкIун.
КIиабилеб: Социалистияб джамахирия гIуцIулевин абун, цохIо жив битIараб нухда, хутIаралщинал гьетIараб нухда рукIиналда 40 соналъ ракIчIун чIухIдарана Каддафи. Гьеб 40 соналъ Къуръаналда бащад гьабун букIана Каддафил «ГIурччинаб тIехь». Имсул тахида вахана Башар Асад, аза-азар мисриял къватIир рахъун нахъе аян гьараниги, инарилан чамго моцIалъ тIирун чIана 30 ялдаса цIикIкIарал соназ бетIерлъи гьабурав Мубарак. Нахъе ин халат бахъанагIан халкъалъул ццимги цикIкIана, гIадлу-низамги биххана. Гьебго нухдасан унел руго СалихIгун Асад. Гьезул дандечIей халат бахъанагIан биги цIикIкIине буго гьел пачалихъазда, гьел нахъе ун хаду, гIадлу-низамалде руссинги халат бихъине буго. Ахираб 20 соналда жани гьел гIараб пачалихъазул гIемер гIолохъаби ине ккана БакътIехьул Европалде, Америкалде, Россиялде. Аза-азар Ливиялъул, Тунисалъул, Сириялъул, Египеталъул гIарабазе Германиялда, Франциялда, Италиялда, Россиялда, Америкалда щвана тIадегIанаб лъай, гьениб гьезда бихьана батIияб гIумру, бичIчIана заманалда рекъараб ва инсанасе мустахIикъаб гIумру-яшав гьабизе кинаб бугониги джамахирия хIажалъулареблъи, кинал ругониги мубаракал я каддафиял къваригIунареблъи ва гьел бутIрул гьечIогоги, гьезул «гIакъилаб» нухмалъи щвечIониги гIумругун яшав дунялалдаго гьезул ватIаналда бугелдаса гIемер лъикI букIин, инсанасул ихтияралгун ресал ватIаналда ругелдаса гIемер тIадегIан рукIин.
Лъабабилеб гIилла: РакIалде щола, 1991-92 соназда ГIиракъалде Саддамихъе ана Россиялъул вакил, жинда гIарабазул гIадатги, тарихги, маданиятги лъикI лъалев, живго ХIусенги цевего лъалев Евгений Примаков. Гьес гьарана ХIусенида: «РитIухъал, рагьарал рищиялги лъазарун, те дуца бетIерлъи, ричанте халкъалъ килиш битIарал цIиял гIадамал бетIирлъиялдеги, пачалихъалъе нухмалъиялдеги, гьеб мехалда лъилниги дуда гIайиб букIинаро ва ГIиракъалъул ракьалда рекъел хутIила. ТIамуге дурго халкъ бидулаб дандечIеялде!»- абун. Къабул гьабичIо ХIусеница. «Дица Америка бидулъ гъанкъизабила!» - абун, гьодорал хIинкъаби кьуна. ХIасил: ХIусен, катил тIинчIгIадин, царал картIинисаги вахъун, къабихI гьавун кварида вана, лъугIи гьечIеб цIадулъе тIолго ГIиракъалъул халкъ цIана. Гьебго гьари ахирал моцIаз загьир гьабуна Каддафида. КъватIи рахъарал аза-азар жиндирго ракьцоязда тарщалин, гьабийин кIалъана, кинабгIаги маслигIаталде ине пикру гьабичIо, биххулеб, бухIулеб, гъурулеб  Ливиялъцин гьесие асар гьабичIо. Гьединабго тIалаб буго жакъа Сириялъул дандечIаразул Асадидаги, Йеменалда СалихIидаги. Каддафи къуркьичIо, амма янгъиз-чороклъи чвахунел марщабазда вахчизе ккарав, гьенисан цIан вахъун къабихI гьавун, вахIшияб хIалалда чIвана. АбичIого чара гьечIеблъун рикIкIуна: кинаб мунагь-гIайиб Каддафида букIун батаниги, бегьуларо инсан додин къабихI гьавизе, хасго асирлъуде вачIарав я восарав. «Дир би хIарам буго нужое, кьвагьуге! Нуж кколаро лъикIаб-квешаб борцунел цIадираби, гьабуге хIарамаб иш!» - абун ахIтIолесда щвана досие ахир лъураб гула. Жаназа къабихI гьабиялъ бергьенлъи босараб къукъа берцин гьабуларо, гIорхъолъа борчIараб рагъдаги гурхIел рах1му къваригIуна. Асир гьавурав, лъукъарав Каддафи вихьидал ракIалде щвана доб кьогIаб 1999 соналъ асир гьавурав, вухун хъахIиллъарав, кверазда рахсал рарав, ракьалда вегарав ва чIагояв дагъистаниясда чамго нухалъ тункIил хъундагъ кьабулев дагъистаналъул политик. Гьебги, тIолгоязда жиндирго «бахIарчилъи» бихьизе, телекамерабазда цебе!  
Тунисалъул, Египеталъул бутIрузул гIакълу гIуна, захIматгониги, нахъе ине. Тунисалда рищиял тIоритIана, жеги киданиги букIинчIеб хIаракатчилъи бихьизабуна тунисалъулаз рищиязда. (Баркала кьезе ккола  Бен ГIалие, халат бахъичIого, жиндир заманалъ пачалихъ тун тIурарав). Гьаригьунккун ракълил гIумруялде бачIина пачалихъ. Амма Сириялъулгун Йеменалъулаз бетIерлъудаса ине инкар гьабуна, тIолго халкъ гъурунги къираллъи кьеларо абун чIун руго. Жакъа Йеменалда нусазарго чи къватIив вахъана СалихIие нагIана кьолаго, гьесие тамихI тIалаб гьабун. СалихIие гьелги тарщал, гьаби ратила, Каддафиего гIадин. Къойидаса къойиде хIалуцунеб буго Сириялда ахIвал-хIал, цIикIкIунеб буго гьенибги «тарщазул» къадар. Президентасул, къираласул рахъ ккун къватIи рахъиялъул, гьел демонстрацияби гIуцIиялъул къагIидаби, кин аза-азар чиновникал, хIукуматалъе мутIигIал чагIи ракIарулел, нилъеда малъичIого лъала ва Румыниялъул (1989 с), Ливиялъул мисалазда бихьана.
АнцI-анцI соназ хисичIого, жиндие бокьараб хIалалъ ва жиндие бокьаралъуб халкъги бачун нухмалъизе бегьула жакъаги. Амма гьелъие чара гьечIеблъун ккола тIолго халкъ гьересиял маргьабаз кваназаби, Интернет тIубанго къай, телевидение, газетал цокIалаб пикруялда чIезари, радио-приёмникалдасанцин къватIисан калам жанив вугесда рагIизе гьукъи, гьеб гIиллаялъ, Кореялдаго гIадин, гьел приемникал тIолгоязухъан, ярагъго гIадин, рахъи. Гьеб политикалъул хIасиллъун лъугьине ккола 2-3-5 соналдаса тIолго халкъ, Шималияб КореялдагогIадин, президент я хан живго Аллагьас жодое кьурав вукIиналда божи, цокьераб халкъ, цо мухъ гьабун президентасда сверхъ гъунки. (МухIу нилъее Аллагьасго кьурав вугилан муфтияс хьул лъун букIана даимаб гъункиялде Дагъистан ахIизе. ГъункичIолъи муфтиясул гIайиб гуро). Гьеб къагIидаялде рачIани, кинабгIаги гьуриялъ квал-квал гьабуларо президентазегун ханзабазе. Гьединаб пачалихъалъул бищун тIадегIанаб къиматги ккола «стабильность». Гьеб рагIиги ккола нилъер нухмалъулезе гьаб ахираб 10 соналъ бищун хирияб ва къиматаб рагIи. БукIинесеб Аллагьасда лъала.

Автор: Абдурашид Саидов
 
 (голосов: 7)
| | Комментарии (10) | Распечатать
 
Уважаемый посетитель, Вы зашли на сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо зайти на сайт под своим именем.


Поделиться:

Добавить страницу в закладки:
Добавить закладку в Бобрдобр Добавить закладку в news2 Добавить закладку в Memori Добавить закладку в Newsland Добавить закладку в СМИ2 Добавить закладку в Vaau Добавить закладку в Mister-Wong Добавить закладку в Newsvine Добавить закладку в Delicoius Добавить закладку в Slashdot Добавить закладку в Blogmarks Добавить закладку в Technorati Добавить закладку в Folkd


Если Вам понравилась новость поделитесь с друзьями :

Другие новости по теме:



 

#1 написал(а): Radg (4 ноября 2011 18:11)

    Жанисел  гьуразул  къуваталъе, дол г1арабиязул  пачалихъал  риххизаризе к1везе бук1инч1о, кутакаб х1аракаталда т1асагьури, (западный ветер) гьениб х1алт1ун бук1инч1ебани.

   Т1адехун рехсарал бусурбабазул, пачалихъазда, гьогьом ч1вазабурал, гьел, г1иси-бикъинал, «гьурал», жалго пачалихъазда жанире рахъарал  пуйиял, ратинеги бегьулин, х1урматияв, Саидовас абухъего, амма, гьел пачалихъал хараб гьаруралги, гьезул аза-азар, г1айибго гьеч1ел г1адамал т1аг1изаруралги, рукъзал, маг1ишат, пин-пана гьабуралги, сиясиятиял г1уц1аби риххизаруралги, хадуб,  жалго  гьел бусурбабазул улкаби, насраниязул кверщаликье ккезаруралги, квещал ураганал, Америкаялдасанги, Бакът1ерхьул улкабаздасанги рахъарал рук1ин, жакъа, г1инкъасдеги раг1арал, беццасдеги рихьарал, исбат гьабизе кколарел, якъинал, х1ужаби ругин.

    Рехсараб, Г1иракъалъул улка, ч1ч1вадиде  буссинабуна  Америкаялъ, «гьукъараб ярагъ», ц1ехулаго. Анц1, аза – азар, г1адамалги, улкаялъул ханги, инжитги гьарун т1аг1изаруна, ва жедерго, малакье баччараб Г1иракъалъул ракьалда, жакъа къоялде жаниб   15го рагъулал базабиги ран, Г1агараб Бакъбаккуде, жедерго кверщеллъи,  щулалъизабиялде, т1аде, ц1унц1раби г1адин, х1алт1улел руго гьел…думалъго Г1иракъалъул ракьалдеги  парахалъун…  

   Гьебго, къисмат бук1ине буго Ливиялъулги, гьел гурел цойгидалги, т1адехун Абдулрашидовас рехсарал бусурбабазул  улкабазулги. Ливиялъул халкъалъе Каддафил рахъалъан кинаб г1аги зулму-х1ал бук1инч1о. Жакъа,т1олгодунялалъулго  СМИяз бицунеб бугин, кинаб лъик1аб, берцинаб маг1ищат-ящав, Каддафил  бет1ерлъиялде гъоркье, Ливиялъул халкъалъул бук1арабали. Амма т1ок1алъ, гъозда гъодинаб, гьарзалъи, бихьулареб жо бугин. Гьанже гъозул буголъиялъул г1ахьалчаг1и  ц1ик1к1ана. Т1ом сабаблъун, ч1ут1уз, жедецаго т1аде г1умру гьабулеб бук1араб, гьвей ч1вараб, бицен,  раг1ун батилин нужедаги? Гьебго жо ккана эзулги.

   Башар Асадица, Сириялъул цо шагьар, Саидовас абухъе, (?) бит1ун,  батизеги бугьелин, г1умруялдаса тарихалда. НАТОялъулги Америкаялъулги бомбадировщиказ, т1олабго пачалихъги, халкъалъул маданиятиябгун рух1анияб рац1ц1алъиги, чорокги,  инжитги, гьабиялдаса, жидецаго цо шагьарги биххизабун иш т1убалеб бугони, гьебго мустах1икъабги пайидаябги бук1инарищха улкаялъеги элъул ч1аголъиялъеги, халкъалъеги?

  Бищунго гьаниб рак1 унтулеб жо буго, цо-цо ккун, гьаригьун ккун, бусурбабазул улкабазул, кверщеллъи, насраниязул ихтияралде гъоркье кколеб бук1ин…

Хъатиргун: Х1ажи Билалов.


#2 написал(а): doctor05 (6 ноября 2011 22:44)

Х1ажи,дун Ливиялде щвеч1о ва ливиялъулазул яшав деиого беразда бихьич1о, амма Багъададалде щвана ва бихьана дозул мискинлъи ва рак1 гурх1улеб х1ал, рихбана дозул больницабазда регарал унтарал,гьениб гьеч1ел ресал. Гьебго заманалда унго-унгояб документ бихьана дида гьеб ящав-г1умруялда жиндирго халкъгун,Саддамил чамалиго сон т1убалде бан,Европалдаса виски-ликеразул чамалиго вагон миллионал долларги кьун Г1иракъалде заказ гьабураб.Гьебги живго Саддамил гьариялда рекъон.Насраниязухъе ккелаандай,насаранияздаги малъизе к1олеб х1алалда Мисралъулги, Шамалъулги, Магърибалъулги,Машрикъалъулги халкъ ч1ун бук1арабани? Афганистаналда гирябазул бак1алда гамч1алги лъун,ц1адирабазда ц1ул бичулеб заман бук1ана 10-15 сон цебеккун.Жакъа бугеб х1акъикъаталдаги балагьун борцизе ккела ва гьелда рекъон ч1вазе ккела гали.Т1олго насраниязда т1адчилъи гьабизе рес батани,бокьила гьеб план т1атинабизе ва гьелда т1ад х1алт1изе.Я Каддафи, я Саддам америкалъгун цогидаз т1аса рехизе теч1ого щай бумурман пачалихъаз рехич1ел? 30-гоги, 40-гоги соналъ т1адчилъи гьабулев инсан вук1унаро, я бук1ине ккела гьелъ\ие х1ужалъун Т1адег1анас кьураб кагъат(документ).

#3 написал(а): lveq (7 ноября 2011 21:03)

Автор упоминает о лучшей жизни в западной Европе и Америке, но забыл указать, что это благосостояние было достигнуто путем изъятия ресурсов и эксплуатации колоний. А в США, кроме того, трудом рабов.
Также автор, очевидно, получает информацию из СМИ и принимает ее на веру, и  не хочет видеть, что "Западная помощь" приходит избирательно и в те страны, где есть нефть. По сути идет вторая волна колонизации. Более 20 лет царит безвластие в Сомали, на этом фоне разрушенное государство, разрушенная экономика, война и тотальная нищета и голод, однако никто не торопиться туда чтобы арестовать лидеров вооруженных групп и установить власть. Оно и понятно, в Сомали ведь нет нефти или еще чего ценного. 
В 1994 году в Руанде, за 3 месяца, было убито более 1 миллиона человек, однако в ООН даже не нашлось денег, чтобы купить несколько БТР для миротвотческого контингента. 
Что касается города Хама в Сирии, то там было восстание против власти под руководством движения "Братья мусульмане". Это экстремистская организация, призывающая к свержению власти, в том числе вооруженным путем. Подавление подобных восстаний - абсолютно естественные действия властей любой страны. 
Кадаффи называл "революционеров" крысами и собаками и то, как они поступили с ним, доказало его правоту. Они унизили не его а самых себя. Саддам Хусейн был сдан американцам своим продажным окружением, был накачан наркотиками, чтобы показать его в жалком виде.  Я не считаю что он, даже в таком состоянии, выглядел жалким. Также, как и Каддафи, который до конца сохранял достоинство, зная о скором конце и в окружении бесчинствующих отморозков.


Да и может человек править и 30 и 40 и 50 лет, почему нет! Разве есть этому ограничение в Шариате!?
 

#4 написал(а): Radg (8 ноября 2011 19:00)

  Абдулрашид!  Риччаларо, гьудул,  Америкаялъ, гьел г1арабиязул улккби, цоцазда жо «малъизе». Гьебсаг1ат бубудизе  цебе, бахъула, дунялалдего т1аде, бугъалъи гьабизе,  къвариг1араб Америка. Элъ абула, нужеца халкъазда гьоркьосел ихтиярал хвезарулел ругила, инсанасул ихтияралги, эркенлъиги, малълъие гьарулел гьеч1ила, эб гъозул жедерго, жанисеб иш бугила, ва нужее, чияр ишазда гьоркьор лъугьине хъулухъ гьеч1илан... Цинги, хадурго къват1ире риччала, ООНалъул Х1инкъи гьеч1олъиялъул данделъиялъулги, (Совет) Генеральнияб Ассамблеялъулги,  х1укмаби,  гъол пачалихъазе  «г1адлу» гьабизе  изну  тасдикъ гьабурал. Хадусала, жедеего мут1иг1ав, гъоб пачалихъалдаса цо вакилги вит1улин аз гъова, (Гуржиялда Саакашвили г1адин), ва байбихьулин, жедеего бокьараб  къаг1идаялъул низамги, сиясиятги,  х1алт1изабизе, чияр улкабазда, рах1му-ц1об гьеч1ого данде ч1аралги, т1аг1изарун. Гьеб тадбиралда бук1ине буго дунялалъул иш, г1арабиязул пачалихъал цок1алалъ к1алъазег1ан ва гьел цоцаздаги рекъон, гъункизег1ан, яги  эзул ч1ег1ер нартил нахърателал лъуг1изег1ан. Мун, г1акъилав, жамг1иялгун, сиясиятил асаралги, г1емер хъвалев чи вугин, дуда гьеб ишалъул, жагъалалги, щулиялги рахъал,  дидаялдасаги нусго нухалъ, раг1а-ракьанде щун, лъик1 лъалел ратинеги бегьула. Гьаниб, «Ived»-ица абулеб, жо, цо х1арп хут1инч1ого х1акъаб буго.

   15-20 соналъ цебе, Афганистаналде, гирабазул бак1алда, ганч1алги лъун, ц1адирабаз ц1ул бичунел рук1ун ратизеги бегьулин, ресукълъиялъ, г1адамал.  Эбги,  гьеч11ишха  ле бусурбабазе,  ц1акъ инжитаб, эл, х1акъир гьарулеб ва мунагьалъукье вуг1ун, чи къазавулеб къабих1аб пиша!  Дарам бук1индал бищунго мух1канлъиги рац1алъи, гьоркьоб къвариг1унеб жо. Азулин абуни, ганч1ил гираби! Гьединал, пайида гьеч1ел, хъарцинал, каспу-пишабиги, рехун тун гьанже, г1емерисеб, Афганисталъул халкъалъ  хашхаш, (мак) бекьулеб раг1ула, язихълъиялъукьа тархъанлъиялъе г1оло. Чабчахт1огьол, (маковые цветы) к1к1отеликье, иттизарун, ч1езарун руго, Афганисталъул, жамг1иялгин, сиясияталъул церехъабиги,  Америкаялъ. Бакът1ерхьул улкабазги, Америкаялъги, маххул гирабиги, эллектрониял, дурусал, ц1адирабиги, рач1ун ратиларишха, гьавайинго, гьанже эзие, дармилъ, мух1канлъиялъе рук1ине.  Бищунго х1арамаб, х1ила-рек1к1, гьоркьоб бегьулареб жо бугин, даран,  абун, ах1долел  Къург1ан – Х1адисалги рук1алдго, англосаксаз, эл телишха, ганч1ил гирабазул ц1адирабаздеги ц1ан наркотик бичизе. Х1акъаб, мух1канаб, х1акъикье кколареб, бук1ине ккелеришха, эдинаб къимат хирияб «дарман», ц1ан  бичулеб алатги. Ц1ул бичиялдасан, хъилдизабун батила гури, гьанже, эзул бет1ербахъиялъул ишги, чабчах  бичиялъ… Гуро гьудул Абдулрашид, цин, СССРалъ, цинги,  Америкаялъги, эзул чукъбузги, журхъилелде цебе, Афганистаналъул халкъалъул иш, г1емерго лъик1 бук1ана, жакъаялдаса…

    Саддамил заманаялъ Г1иракъалъул халкъалъул бук1араб, мискин-пакъирлъи, диеги рокьукъаб буго, бук1ун батани… амма Амарикаялъ гъоб халкъалъе гьабураб, зулму-х1алги, инжитлъиги, биххизабураб  г1адлу-низамги, ч1ег1ер нартиде т1аде гьабун бугеб кверщеллъиги, гьанжеги а мун дове,  дурго бералда бихьизе, ва «х1акъикъаталдаги балагьун борцизе ва гьелда рекъон, гали ч1вазе». Лагълъиялдаса мискнлъи, аза-азар нухалъ лъик1аб бук1уна, халкъалъе.

    Абдулрашид! Мун т1аса лъугьа, гьудулав чи, дидаса,  дица,  цебе араб комментариялда, дур ц1ар,  «Абдулрашидица» абун хъвазе кколеб бак1алда, г1едег1иялъ, «Абдулрашидовас» абун хъван борч1ун буго, ах1анже гурого рек1ел берги к1ут1ич1о.

Адабгун: Х1ажи Билалов.


#5 написал(а): doctor05 (15 ноября 2011 11:28)

Iveq знает что Братья мусульмане в Хаме это экстремистская организация. Честно сказать, я не знал и не знаю. Знаю одно: любая сила,выступающая против действующей власти, какими бы методами она не действовала, для власти есть ЭКСТРЕМИСТСКАЯ сила.И Асад, и Саддам, и Мубарак с Каддафи были кровопийцами собственного народа, а Каддафи был и опасным партнером на мировой арене. Непредсказуемым,сумасшедшим,амбициозным. Х1ажи, дур пикруялда рекъон,дунялалда т1олго г1адллу хвезабулеб къуват Америка кколеб бугоха.Гьедин батани, ч1ванкъот1араб план бук1ине ккела, кин гьеб къуват т1аг1инабилеб? Дуца кинаб къаг1ида малъулеб гьеб къуваталда данде? Унго-унгоги гьедин батани,щай нилъер дагьабниги рес рекъарал, маг1ишат бугел,хъулухъ к1удиял россиянал (маг1арулалгиха!) жодорго къинал руччабиги раччун доре унел лъимер гьабизе? Щай минаби росулел дора, ц1ализе ва х1алт1изе лъимал рит1улел Америкалде? Мун щваравищ Америкалде? Дуда бихьарабиш дозул яшав? 40 сон цебеккун г1агараб росу тун къват1и ч1аралщинал килщаздалъун рик1к1ине бегьулаан, жакъа щибаб росдал бащадалде г1унт1ун г1адамал шагьаразда руго. 20 сон цебеккун улка тун къват1и яшав гьабулел рук1ана дагьа-макъалго 2-3 соналъ къот1и-къаялда рекъон х1алт1изе арал.Гьелги, рес рекъани, изну щвани 10-15 соналъги дора х1алт1изе х1адур рук1ана. Жакъа дида лъалел анц1-анц1 маг1арулал руго Америкалда,Германияллда, Испаниялда-г1араб пачалихъазулни бицине кккеларин.Гьелги, нахъ руссине рак1алда гьеч1ел.К1веларо абизе ват1ан гьезие бокьуларин.Дун воххарав вук1ина 15-20 соналдаса Америкалъул конгрессалда маг1арулав ваккани, Европалъул пачалихъазда министрлъун,сиясияв х1аракатчилъун нилъерал раккани.Халилбег Мусаяссул гьанив туснахъалда туризе вук1арав, Америкалда жиндирго гьунар дунялалдаго бихьизабизе тана,тушманлъиялдаса гьудуллъи лъик1 гуриш?

#6 написал(а): Radg (19 ноября 2011 17:30)

    Я дир гьудул Абдулрашид, Амарикаялде щварасдеги, щвеч1есдаги, лъалареб жо гьеч1о гури, гъозул халкъалъул,  нилъер халкъалъулалдаса, г1емер лъик1аб  ящавги бечелъиги бук1ин. Амма рух1ияб лайикълъиги, рух1анияб хъарцинлъиги, гъозул халкъалъул, нилъералдаса, г1емерго, заг1ипабги хъубабги буго.

Эзул г1адатияб хъублъиги, нич бух1иги, нилъ маг1арулаз, бищунго къабих1аллъун рик1улел жал руго.  Бихьиназул, (гьединго, руччабазулги) рос-лъадиялъулаб  гьоркьоблъи, г1адатияб жо буго эзул халкъалъул, рук1а-рахъиналъулъ х1алт1изабулеб. Эзул, г1емерисезул, дубур-къубул, (цересел - нахъисел г1авратал)  гурелги, рак1алги руго к1ижинсал. Мугъбит1лъи, (женоподобие) гъозул бихьиназе ничаб жо гьеч1о. Бихьиназде, (руччабаздеги) гьоркьоб ват1ъу,( жинсияб хурхен), г1адатияб, билълъанхъараб, жо буго. Бихьнчияс ч1ужулъун, бихьинчи, вачиги, ч1ужуг1аданалъ рослъун ч1ужуг1адан кквейги, расмияб, (законияб) нух буго, Америкаялъул халкъалъул.

    Америка буго, Гьоркьохъел  г1асрабазулъанги, (Средневековье: 5-15века) бач1инч1еб, элги рихьинч1еб, рух1иябгин, маг1навияб, (нравственный) марх1алаги, (уровень, ступень) пасатлъиялъул, т1инакье ккараб, цулъараб, халкъалъул улка. Дурго гьудул, Адалло Г1алидеги гьикъун бихье, гъосулги гьединабго пикру, бугин кола, дида, америкаялъул халкъалъул рук1а-рахъиналъул рахъалъ!

  Дунялалде т1аде т1ибит1ун бугеб щинаб, хъублъи, гьенисан бач1араб буго. Нилъер т1адмаг1арухъе щун,  Дагъистаналда женжедилел ругел, х1адисиял, (цере рук1инч1ел) хъубал жал, Америкаялъул маданияталъул кьуч1илъа раккарал руго.

   Эзул доре, лъимал гьаризе руччабиги раччун унел маг1арулал рук1ине ресго гьеч1о, амма, руччабаца раччун унул маг1арулал, ратизеги бегьулин. Дагъистаналда,щиб, муставладалги,(роддом) ч1арахъабиги т1аг1унищ ругел, руччаби къинлъаризе раччун, маг1арулал, Америкаялде ине ккани? Руччабаца, рокъор, т1аргъал лъурал хъизанал, цо-цо нилъеда гьоркьореги, рек1ел г1агалигин, рук1унелги, ратулелги ругеллъидал, гьедин гьеб иш батиналда тамашалъи гьабизе ккеларо нилъеца. Гьединго ратизеги бегьулин, доре рукъзалги росун, гъоздехун руссун ч1аралги. Гьезда гъорлъеги рук1улин, лъик1алги – квещалги, щивасул къисматги, г1умруялдехун бугеб рек1ел бер балагьиги, бук1улин бат1и-бат1ияб. Кинавгоги чи, цо коцода ч1ван гьавурав вугин абизе нилъецаги бегьилищха.  Гъодинал маг1арулазул х1акъалъулъ, гьаб сайталъул аслияб гьумералда бахъараб макъалаги буго, Зайнаб Алимирзаевалъул, «Кто вы- Атипатриоти?» - абураб бет1ералде гъоркье.     Амарикаялъул Президентлъун маг1арулав вахъаниги, элдасан вохизеги, дие, дирго, нафсалъги, намусалъги, къабул гьабиларо, гьадинаб г1адлу биххиялда гъоркьеги ккун, нилъерго миллаталъул, ах1вал-х1алги бук1адго. Эдинал, ярагьунел, халкъ т1обит1изе бажарулел маг1арулал нилъеда гьоркьоре ратани, дие бокьилаан, эл, Америкаялде гурел, нилъерго Дагъистаналда, г1агараб халкъалъеги ракьалъеги, хъулухъ гьабулел, эзул масъалабазде т1аде, г1ет т1ун,  жидерго махщелги, гьунарги, бажари-лъайги, къеркьизабулел, маг1арулазул миллат, цолъизабиялде, гъункизабиялде, т1аде  жигарчилъиялда, гьарудунел рук1ине.

 

…Дунял – г1аламалъул, г1емераб рикъзи,

Къарумазеги тун, рух1, гьабе камил.

Канлъи къараб къоялъ, рук1улин рази,

Ункъго телалдаса, мусрудул ххамил…

 

       (тел – мера длины ровная в 8 нат1)

Х1урматгун: Х1ажи Билалов.

 

 


#7 написал(а): doctor05 (20 ноября 2011 21:25)

Х1ажи, лъимер гьабизе Америкалде иналъул маг1на ва мурад дуда бич1ч1ун гьеч1ин ккола-жоба гьабураб лъимералъе Америкалъул паспорт щола,гьелъ рес кьола т1олго дунялалда виза гьеч1ого бокьараб пачалихъалда ине, гьеб паспорт бугев чи Америкалъул законаз ц1унула,кив гьев вугониги.Гьединал маг1арулал ратиялда мун божулев гьеч1о,амма дур божиялда я божунгут1иялда бараб жо щибниги гьеч1о- дида лъалел руго чамго нилъерал дое арал. Дагъистаналда ришватчилъи рихун,инсанасул ихтиярал мерхьи ч1алг1ун,дове арав маг1арулав ватана дида Вашингтоналда,гьевги ДГУ-ялъул юрфакги реххун тун.2-3 соналъ зах1мат бихьун,х1алт1ун,жиндирго жигаралдалъун гьесие америкалъул х1укуматалъ ц1алиялъе бихьизабун кредит кьуна ва жакъа дова юридический факультеталда ц1алулев вуго.Инсанасул Т!ОЛГО ресазе нухал г1ат1идал руго дора, рац1ц1адал анишазеги,хъубазеги. Амма законалдаса кьурарасе тамих1ги чара гьеч1ого щолеб жо буго., цоял лъимер гьабун хаду нахъ руссун рач1арал, цогидал дораго ч1арал.Рач1а щивав жинди-жиндир пикруялда хут1илин.Дур пикру дида бихьухъе, советияб пропагандаялъ кьалбалъанго беэн гьабун бугин ккола.Дунял г1ат1идаб бугониги,жакъа рагьараб буго, бокьараб пачалихъ,шагьар г1умру гьабизе бищизе рес буго, бокьараб махщел босизе г1олохъабазе рес буго ва гьеб махщел кир ругониги инсанасе пайдаяб х1алалъ х1алт1изабизе тавпикъ кьейги т1олгоязе! Дуца рехсараб Антипатриоты абураб макъала цо пуланаб колода маг1арухъ боц1иги хьихьун ругел г1ухьбузе я рекьарухъабазе рух1ияб бечелъи ц1ик1к1ине лъик1аб макъала буго.

#8 написал(а): Radg (21 ноября 2011 18:29)

   Абдулрашид! Гъоб, жиндирго хъубаб бусенги рехун тун,  бац1ц1адаб бусен базе, бак1 ц1ехизе,   ват1анги тун араб х1инч1алъулалда, къисмат, релъарав маг1аруласул мисал бачун буго дуца аниб, халкъ кант1изабизе. Гьев, дур, маг1арулав Америкаялде анинан абун, ришватчилъиги  Дагъистаналде т1аг1инч1о, гъоб х1инч1алъ рехун танилан абун, хъубаб гъолъул бусенги бац1ц1алъич1о. Гьел жалазда абула: Ват1аналъе хилиплъи - ян. Чудкуца чух1ине, рехун тараб балкан г1адин Ват1анги тун, ярагьунелщинал чаг1и, къват1ире рахъани, дунялалъул гъвесалда хадур, квал-квадизе, лъицаха гьабизе бугеб, рижараб ракьалъулги, миллаталъулги, т1алаб – агъаз?  Гъол дуцаго рицунел мархьудаса г1ухьбузищ? Нилъеца гьабич1они, лъицаха гьабизе кколеб нилъер рокъоб г1адлу-низам? Кисан бихъунги хъабарча бихъегиян, т1ат1ала квералги лъун,рук1ине бегьилишха, нилъ, миллаталъе, мугъч1вай къвариг1индал?  Ришватчилъиги, инсап, (справедливость) гьеч1олъиги, багьанаялъе цебе рехун, якьад-эбелалда барщарай, нус- яс, мадугьаласул васасухъе, хьуликъвач1а бихъизе, (ожидать, тоскуя), арай г1адинаб жо буго, нилъер квербакъиналде ккараб Ват1анги, рехун тун, рах1атаб г1умруялдеги, г1орц1араб ящавалдеги, хадур, намус бичунги, рухсабиги, (визаби) т1алаб гьарун, чияр улкабаздеги ун гьенир чурхдул реээдулел рук1инги. Гьедин вук1инесевни, гъол, дуцаго бицунел, «… маг1арухъ боц1иги хьихьун, ругел г1ухьбузул» цоявлъун, вук1инего бокьилин, диеги, нусго нухалъ.

    «…советияб пропагандаялъги»,гьудулав чи, дир тухумалъулго, кьич1ч1и бакъвазабуна.  Кквезеги щвеч1ого, Ункъракьалъул, рохьахъги, муг1рухъги, рахчарун рорч1арал, дагьа-макъал чаг1азул кьолболъан баккараб рижи, бугин дир. Дир тухумалъул, 28 чи, бет1ералде, дир к1удиэмен, (г1алимчи вугилан абураб багьанаги батун) Гъазимух1аммад - дибиргун, араб бак1 лъач1ого т1аг1изаруна, «советияб пропогандаялъ»… Ургъарасул, пикрудал берзукьа кьерулеб жо гуро, гьединаб вах1щиябги, зулмуябги, къисмат, нилъер халкъалъе насиблъиялъе г1иллаги,  г1айибги, г1иц1го, «советияб пропагандаялдеги», коммунистазул г1уц1иялдеги, гуреблъиги. Аслияб г1айиб буго, пачаясул г1арцухъ, Ват1анги, миллатги, Шамил Имамги ричарал, Ват1аналъе, хилиплъарал нилъерго умумузда. Эз къазабуна, гъежги ккун, г1урус пачаясул лагълиялде гъоркье нилъер халкъги, улкаги. Эдиназул цояв кколаан, Шамил Имамасул, хазиначлъун, вук1арав, Имам, кверда ун хадусала, нижер Ункъракьалда, пачаясул сиясият щулалъизабизе вач1ун вук1арав, К1арат1аса Х1ажиявги. Нижер росулъе, дир кьолболчиясул рокъов, жанив, ч1ван вуго эвги, «советияб пропоганда»- ялде данде ч1араз…Ват1аналъеги хилиплъич1ого, цоцалъги гъункун, дандеч1ей гьабун бук1араб ани маг1арулаз, пачаясде, кидалниги к1олароан г1урусазе, нилъер ракьалда т1аде, кверщеллъи гьабизе. Дир пикруялда рекъон, гъол дуца рицунел халкъалъул би ц1унк1улел «рищватчаг1аздеги», жедеда х1ажат ккараб къоялъ, Ват1анги рехун,тун, чияр ракьалде, эркенаб г1умруялда хадур хачадула ругездаги,  гъол дица рехсарал, Имамасеги, Ват1аналъеги, хилиплъарал чаг1аздеги гьоркьоб, щибниги бат1алъи гьеч1о. Элги, гъолги, миллитги бичун, г1арцуе лагълъи гьабулел, хиянатчаг1и руго.

    Заманаялда рекъон, рекъдезе кколиланги абун, нилъеца, нилъерго, умумузул лъик1ал, лъалк1алги, г1адаталги, ват1анги, миллатги, чияр халкъалъул, гванчаб гьарзалъиялъухъги, эркенаб, рук1а-рахъиналъухъеги хисани, нилъер, миллатги, мац1ги, ракьалдасанго, бололо, (бесследно) гьабун, т1аг1ине руго. Цо дагьабниги, г1умруги бич1ч1унев, чорхолъ ях1ги бугев чиясул, борчлъун, бук1ине кколеб жо буго, къо ккедал, Ват1аналъе гьаризе вазипиял, (т1адал) ишазул нухда дандч1арал, зах1малъаби лъамалъулеб, къаг1идаялда, къвак1изарун, рак1алги, рух1алги, чорхолъ, лъадарун ч1езари.

Адаб – хъатиргун: Х1ажи Билалов.

 


#9 написал(а): doctor05 (23 ноября 2011 11:51)

Х1урматияв Х1ажи! Т1оцебе абила - т1аса лъугьа советияб абураб раг1иялдаса. Амма г1емер рихьана бищун хириял эбел-эмен советаз ч1варал,тухум т1аг1изабурал,амма гьаби г1адин,советазе,НКВДялъе "рак1бац1ц1адго" х1алт1арал.Нилъер бах1салъул пайда гьеч1о,щивниги кант1изави дир мурад гуро,щивасул жинди-жиндир бук1ина пикру.Пайда дие цо щвана дургун бах1салъул-40-ниги соналъ ват1аналдаса рик1к1ад вугев дие авар мац1алъул дагьаб бечелъи ц1ик1к1ине г1илла-х1ужа бижана дургун бах1салда.Ват1аналъе хилиплъи абураб жоялда дун рази гьеч1о.Гьедиг1анго щурункъверкъг1адин,нилъедаго нилъго руссун,нилъго реццун,цогидал г1одобег1ан гьарун бит1араб нух бугин кколаро.Гьедин батани,т1олго инсанияталъул цебет1ей х1алт1изабич1ого,къвалхалаталги рет1ун,бухариги бет1ералда лъун,росабалъ руссине ккела т1олго маг1арулал.КГБялъул генерал Муртазаг1алиевасулгун гара-ч1вари ккедал,гьес абуна Америкалде дандеч1ей, СШАялъе квал=квал гьаби бук1анила Афганалде нилъер аскар иналъе г1илла.Жакъа Медведевасги абуна Гуржиялде иналъулги аслияб г1илла гьеб бук1анила. Я гьудулав чи, дие рихарав мадугьаласе квешезе, рогьинег1ан зурма пулев,къали кьабулев дун вугони, диеги,дир хъизам-лъималазего КЬИЖИЗЕ, рах1ат босизе рес бук1инебиш? Дунгоги дагьавниги кьижизе ккелариш?(Гьабго мисал бачана дица генераласеги). Рач1а лъилниги макьу хвезабич1ого,ракълилаб нухде сверизе! Макьу хвезаби ккола аза-азар г1олохъабазул рух1 кьей, лъимал бест1ал гьари,т1адбуссин гьеч1еб ками ккей.Цоги.Ват1аналъе абун, мискинчиясе абун к1удиял ишал гьарулев чи данде ккеч1о.Рецц-бакъалъе, ц1аралъе,"откат" щвезе (миллион садакъалъеги хъван,бащадаб чантини лъезе).Жиндир х1алт1ул харж г1орхъолъа борч1ун цик1к1араб бугин,гьелъул бащалъи мискиназе хъвай абурав я чиновник,я бизнесмен раг1аниш дуда? Дида раг1ана ва вихьана. Лъондодаса унго-унгояв большевик, Багьавдинов Мух1амад. Ц1умада ГЭСалъул начальниклъун х1алт1изе тараб заманалъ, харж босулаго гьесда бихьун буго табель ва гьениб жиндиралдаса 3 нухалъ дагьаб харж х1обода вахун г1аздакьги,ц1адукьги х1алт1улев монтерасул. Гьес т1алаб гьабун буго жиндие моц1рол харж гьев монтерасулалда бащад гьабун, хут1араб г1арац монтеразе щибаб моц1алъ премиялде сверизабизе! Гьевгиха большевиказулаб пикруялъул, ленинилаб г1амалалъул чи! Бугодай гьединаб мисал жакъа Дагъистаналда я Россиялда? Дуе сахлъи ва роххел!

#10 написал(а): David-Han (10 декабря 2012 12:27)

Гьанже кинабдай буго Ливиялъул г1адамазул, г1умру - ящавалъул ах1вал - х1ал?

Информация
Посетители, находящиеся в группе Гости, не могут оставлять комментарии в данной новости.
Панель управления


Последние комментарии

Календарь
«    Март 2024    »
ПнВтСрЧтПтСбВс
 
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28
29
30
31

Статистика
Опрос

Лучший из сайтов
Неплохой сайт
Устраивает ... но ...
Встречал(а) и получше
Совсем не понравился


  Главная  |  Регистрация  |  Правила  |  Библиотека  |  Фотогалерея  |  Видео и ТВ |  Обратная связь
© MAARULAL.RU 2009   Design by  Tsor-Studio.   Все права защищены
ALLDAG.ru  Яндекс цитирования Система Orphus
 
Мнение администрации сайта может не совпадать с точкой зрения авторов статей !
При использовании материалов сайта, активная гиперссылка на сайт Maarulal.Ru обязательна!
При использовании материалов сайта в печатных СМИ, на ТВ, Радио - упоминание сайта обязательно!
Так же обязательно, при использовании материалов сайта указывать авторов материалов.