Кьурулъан вортун хварав росасда хадуб гьабураб магIо.

|
Квер чIвазе гъветI гьечIеб кьурул рагIалда, Кьабун пикру кинаб ботIролъе щвараб? Щивниги вахинчIел гьел кIкIалабазда, КIутIун хиял кинаб каранлъ гьесараб?
ГьедигIан цIорораб хасалил сардилъ, Кинаб сипаталъ дуй салам гьабураб? ГIалам къилбаялде буссунеб гIужалъ, Лъил цIаргун ахираб хIухьел босараб?
ГIоде, гьаракь борхун,мугIрул кьураби, КьечIел гIумруялъул соназда гурхIун. Угьде, дир ракI чучун,чвахулел лъарал, ЛъачIел пикрабазул пашманлъи борцун.
Бице дида хабар,чIегIер накIкIил рохь, Рогьилалде дуе салам кьурасул. Щуре цо балъголъи,къотIараб чIалу, Ахирияб къуват дуй бикьарасул.
РетIана рохьаца гIурчинаб партал, Рохь хирияв гьудул къаникь аниги. Лъуна мугIрул тIогьир тIугьдуца чадра, Ихх хирияй гьудул цохIо таниги.
РекIелъе нух къосе,хIасратал къасдал, Дир лъикIал къасдазде къоно беганин. Пикрабалъ тIамуге тIокIалъ дун,хьулал, Дир хьихьарал хьулал рохьор тIагIанин.
КъогIлъизе гьабуге къаси дир макьу, Макьаби рикьулев кьурулъ хутIанин. Халалъизаруге къваридал сардал, Саназ балагьарас берал къаншанин.
ЦIорораб ракьалъул къвакIараб ургу, ЗахIмалъанищ, гьудул, ахираб сордо? РикIкIадал зобазул цIвабзазул юргъан, БакIлъанищ, хирияв, бер къаншараб къо?
Рохьор накIкIил гъутIбуз цIалараб ясен, РагIулеб букIанищ гIодове ккедал? ГурхIарал хIанчIазул чара хвараб хIал, ХIаллъулеб букIаниш бетIер бакIлъидал?
ЧIегIераб гIажалалъ духъе квер кьедал, ЛъалхъичIищ шагьри моцI дугIа цIализе? ГIассиял парсазе мун асирлъидал, ГIедегIун щвечIищ бакъ тIаде къулизе?
Гъоркьан унеб лъаралъ магIу гьабичIищ, Гьанже лъималазе дада камунин? ТIаде ругел цIваби цадахъ руссинчIищ, Цойги чIужугIадан чIунтун танилан.
… Чияр ракьалдаго къадар хъвачIого, Мун дихъе вачIараб амруялъе рецц. Лъаларел рохьабахъ бер къанщичIого, Росда цеве хведал щукру Бичасе.
Автор: Загьрат МухIамадова
|
|