ХIХ гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялда ватIан тун ГIусманиязул империялде гочарал магIарулаз цадахъ босун ана жидерго бечедаб рухIияб культураги: рахьдал мацI, фольклор ва адабият, миллиял гIамал ва гIадатал, квералъ хъварал къиматал тIахьал ва гь.ц. Гьеб рухIияб бечелъиялъ гьезие кумек гьабулаан апараглъиялъул захIмалъабиги къварилъабиги раччизе ва хIехьезе, чияр ракьалда жидерго тIабигIатги, хаслъиги цIунизе. Умумузул пасихIаб кечI - бакъан, бечедаб щигIру, гIагараб рахьдал мацI гьезие букIана къо ккараб мехалъ жалго цIунизе квербакъулеб къуватлъунги Дагъистаналде букIараб бухIараб хIасрат чучизабулеб дарулъунги. ВатIаналъул унтиги хIасратги хутIана мугьажирзабазул рекIелъ сунцаниги ва сунданиги лъикIлъизабизе кIвечIеб ва кIолареб абадияб ругъунлъун. Къваридаб рекIел хIал, апараглъиялъул кьогIлъи, къисматалъул пашманаб хIакъикъат, рикIкIада тараб ватIаналдехунги гIагараб халкъалдехунги рокьи мугьажирзабаз загьир гьабулаан ва жакъаги загьир гьабулеб буго, тIоцебесеб иргаяда, жидерго ракIалдещвезабиязулъги, тарихиялгун адабиял асаразулъги. Цо-цо мехалъ ватIаналде ритIулел кагъталцин гьез хъвалаан шигIруяб къагIидаялда, жидер рекIелъ бугеб унтиги хIасратги жеги якъинго ва загьирго бихьизабизе гIололъун. Мисалалъе, ХХ гIасруялъул 30-абилел соназда гIажамалъ хъвараб гьединаб кагъат битIун бачIана жунгутдерил жамагIаталде, Дагъистаналда жанисеб рагъ байбихьараб мехалъ, Турциялде лъутарав ва гьенив 1946 соналда Аллагьасул къадар щварав ЯхIия-хан абурав чияс...