| Сделать стартовой  |  Добавить в избранное | RSS 2.0
 |   | 
 
Поиск по сайту: Расширенный поиск по сайту   •   Аварско-русско-англо-турецко-арабский онлайн словарь:


Новости сайта

Рейтинг новостей

Архив новостей


Партнеры

Наша Кнопка (размер 31X88)

Получить код Кнопки Gif

Разместите на своем сайте нашу кнопку, а в ответ мы разместим Вашу кнопку или ссылку!

Если Вы нашли ошибку в тексте, выделите ее и нажмите Ctrl+Enter
 
» ЧIикIаса ГохIилазул Меседул МухIамадил шигIрияб ирс
13 мая 2010 | Стихи, Поэзия и Рассказы | добавил(а): s_xanaev | Просмотров: 20979
ХIХ гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялда ватIан тун ГIусманиязул империялде гочарал магIарулаз цадахъ босун ана жидерго бечедаб рухIияб культураги: рахьдал мацI, фольклор ва адабият, миллиял гIамал ва гIадатал, квералъ хъварал къиматал тIахьал ва гь.ц. Гьеб рухIияб бечелъиялъ гьезие кумек гьабулаан апараглъиялъул захIмалъабиги къварилъабиги раччизе ва хIехьезе, чияр ракьалда жидерго тIабигIатги, хаслъиги цIунизе. Умумузул пасихIаб кечI - бакъан, бечедаб щигIру, гIагараб рахьдал мацI гьезие букIана къо ккараб мехалъ жалго цIунизе квербакъулеб къуватлъунги Дагъистаналде букIараб бухIараб хIасрат чучизабулеб дарулъунги. ВатIаналъул унтиги хIасратги хутIана мугьажирзабазул рекIелъ сунцаниги ва сунданиги лъикIлъизабизе кIвечIеб ва кIолареб абадияб ругъунлъун. Къваридаб рекIел хIал, апараглъиялъул кьогIлъи, къисматалъул пашманаб хIакъикъат, рикIкIада тараб ватIаналдехунги гIагараб халкъалдехунги рокьи мугьажирзабаз загьир гьабулаан ва жакъаги загьир гьабулеб буго, тIоцебесеб иргаяда, жидерго ракIалдещвезабиязулъги, тарихиялгун адабиял асаразулъги. Цо-цо мехалъ ватIаналде ритIулел кагъталцин гьез хъвалаан шигIруяб къагIидаялда, жидер рекIелъ бугеб унтиги хIасратги жеги якъинго ва загьирго бихьизабизе гIололъун. Мисалалъе, ХХ гIасруялъул 30-абилел соназда гIажамалъ хъвараб гьединаб кагъат битIун бачIана жунгутдерил жамагIаталде, Дагъистаналда жанисеб рагъ байбихьараб мехалъ, Турциялде лъутарав ва гьенив 1946 соналда Аллагьасул къадар щварав ЯхIия-хан абурав чияс:

Къалам кодоб босун, кагъат цебе лъун,
Нужехъ урхъараб ракI къалмида чучун,
РекIел бухIи хIаллъун, хIайранлъарав дун,
Рокьарал вацазде дир салам буго.

Дир гьари нужеда: дун кIочон тоге,
Салам-кагъат хъвазе гIемер кватIуге,
Нужехъ гIинтIамурав дун рехун тоге,
Гьарун, хIелун хъвараб дир салам буго.
……………………………………………
Нужер хабар бицун, ракI гIорцIуларо,
Ругьалил харбие чи вихьуларо,
Унтараб дир рекIел бухIи чIоларо,
Дие сабаб гьарун, дир салам буго…

Цогидазде дандеккун, магIарул чиясе, киб гьес гIумру гьабулеб бугониги, кидаго хасиятаб букIана гIагараб кечI-бакъаналъул, адабияб шигIру-каламалъул къимат гьаби, гьеб тIадегIанаб даражаялде бахинабун, магIарул кочIолаб хазинаялъул унго-унгояб мисаллъун бихьизаби.
Мугьажирлъиялда гьарурал ва гIурал магIарулазда гьоркьоса рахъана кIал пасихIал, рагIи-калам камилал, махщалида шигIру-кечI гьабизе ва ахIизе бажарулел шагIирзабиги кочIохъабиги. Гьединазул цоявлъун ккола ЧIикIаса ГохIилазул Меседул МухIамадги (1904-1995).
Аллагьас насиб гьабуна дие гьев мубаракав инсангун лъай-хъвай гьабизе. 1993 соналда Турциялда щвараб мехалъ, цо чанго сагIаталъ гьевгун гара-чIваризе рес щвана дие. Гьеб мехалъ гьев цIакъ унтун вугоан. Гьуинаб, гIинтIамизе бокьилеб каламалъул чи ватана дида гьев херав магIарулав. ТIубараб гIасруялде гIумру гIагарлъарав гьесда, цIакъ лъикI лъалеб бугоан ВатIан тун арал магIарулазул кьогIаб ва пашманаб тарихги къисматги.
МухIамад гьавуна Турциялъул бакъбаккул рахъалда бугеб Муш вилаяталъул магIарулазул Акпинар (гьелъул цоги цIар ккола Ахбар) абураб росулъ. Гьев ккола ЧIикIаса ХIХ гIасруялъул 90-абилел соназда ГIусманиязул империялде гочарал «ГохIилазул» абураб тухумалъул ГьитIинав ХIасанилги Меседулги вас. Турциялде гочун вуго МухIамадил кIудияв эмен ГIабдулкъадир. Гьесул вукIарав ункъо вац цо къоялъ чIван вуго Дагъистаналда, гIурусалгун ккараб рагъулъ. МухIамадица бицанахъе, Шамил имамасул рагъал лъугIун хадуб, гьезул тухум ИчичIали росулъа гочун буго ЧIикIабе «ГохIил» абураб бакIалде.
Херасул баяназда рекъон, Акпинар (Ахбар) букIун буго курдазул росу. Гьенире магIарулал рачIараб мехалъ, турказ, курдалги цогидаб бакIалде гочинарун, гьеб кьун буго тIаде рачIаразе. Гьеб росулъ гIумру гьабулеб букIун буго гIицIго чIикIасезул 40-50 хъизамалъ.
Турциялде гочунаго, цIакъ къо бихьун буго магIарулазда. Гьелъул хIакъалъулъ пашманго бицана дие херас. «ВатIаналдаса, Дагъистаналдаса рахъарал Турциялде щвезегIан руго, дир вас, магIарулазул хабал», - ян абуна гьес шакърахинаго. Ва хадубго жубана: «КIудиял чагIи рукIана, дир вас, нижер умумул. Гьезул цо балагьараб бер гIолаан курдазеги цогидазеги». ГIемерго захIматаб букIун буго Турциялда живго МухIамадил лъимерлъиги балугълъиги.
1915 соналда ТIоцебесеб дунялалъул рагъул заманалда гIурусаз Бакъбаккул Турция, хасго, Муш вилаят бахъараб мехалъ, гьитIинав МухIамад, эбел-эменгун ва цогидаб гIагарлъигун цадахъ цIорораб февраль моцIалда гочун вуго Урфа вилаяталъул Халфети росулъе.
1919-1920-абилел соназда гьев, гIагарлъигун цадахъ, цIидасан тIадвуссун вуго жив гьавураб ва гIураб Акпинар (Ахбар) росулъе. I923 соналда хун вуго МухIамадил эмен ХIасан. Жиндасаго цо соналъ кIудияв вац ТIалхIатгун цадахъ, хъизан-рукъ хьихьизе гIололъун, гьев лъугьуна хIалтIизе. Гьабун буго цIулал устарлъиги, къадахъанлъиги ва гь.ц.
ГьитIинго цIалун буго МухIамадица хирияб Къуръан. Инсудаса ругьунлъун вуго магIарул гIажам хъвай-хъвагIаялдеги. Гьебго заманалда бижун буго МухIамадилъ магIарул кечI-бакъаналде, шигIру-каламалде ва адабияталде рокьиги.
МухIамадица цIакъ берцинго, бечедго, хасаб гугьаргун бицунаан рахьдал мацI, гьесда лъикI лъалаан магIарулазул кIалзул гьунар, халкъияб адабият. Умумуздасан рагIун, гьес цIунун ругоан гIемерал халкъиял шигIриял асарал. Херас ахIулаан халкъиял рокьул, кьалул, церехъабазул, Шамил имамасде, Кавказалъул рагъул багьадурзабазде гьарурал кучIдулги, диниял туркабигун назмабиги. Дихъе щварал МухIамадил асаразда гьоркьор ратана нилъер гьанир, Дагъистаналда, кIочон тарал цо-цо асаралги, масала, «Мусал ГIадалав» абураб церехъабазул кочIол цо вариант, магIарул машгьурав шагIир ЧIикIаса Расулил рокьул шигIраби. Гьединго МухIамадида лъалел ратана Удуратил, ХIажидибирил ва СалтIаса Узун-хIажил диниял туркабиги Хьаргабиса МухIамад-бегил тарихиял кучIдулги.
Гьелдаго цадахъ Меседул МухIамадица жинцагоги хъвалаан шигIраби ва ургъулаан гьезие бакънал. Гьесул квералъ хъварал асаразул чанго мажмугI хутIун буго нахъе. МухIамадица хъварал кучIдузда гьоркьор руго батIи-батIиял жанразул асарал: магIарулазул машгьурал гIадамазул хIакъалъулъ поэмаби («ГъазимухIамад-паша хвеялде», «Шарапудиниде», «МухIамад-Загьид хвеялде» «Шигьабудиниде»); тарихиял лъугьа-бахъиназул бицунел балладаби («Хъораялда турказ чиназулгун гьабураб рагъ»)1; диниял назмаби («Дир бер гIамалият гьабураб2 мехалъ ахIараб»); рокьул кучIдул («ЧIужуялъе росас жийго йиччазе бокьи», «Эбелалъ гьабихъе йитIарай яс») ва гь.ц.
ХIХ гIасруялъул кIиабилеб бащалъиялда ГIусманиязул империялда машгьурал гIадамазда гьоркьов вукIана Шамил имамасул вас ГъазимухIамадги. Турказул аскаралда хъулухъалда вукIарав гьесие щун букIана пашал, ай генераласул цIарги. Гьес бетIерлъи гьабулаан 1500 магIарулав-мугьажирасдаса гIуцIун букIараб рагъул полкалъеги. Гьеб полкгун гьев вагъана гIурусазде данде Карс-хъала бахъулагоги. Гьеб гуребги, имамасул васас кIудияб кумек гьабулаан мугьажирлъиялда ругел жиндирго ракьцоязеги. МагIарулазул кидаго чIухIиги, мугъчIвайги, божилъиги букIунаан ГъазимухIамадида. РакI жахIдаял гIадамаз гьабураб мацIалъул хIасилалда 1882 соналда ГъазимухIамад, маршаласул цIарги кьун, султан ГIабдул-ХIамидица губернаторлъун витIана Мадиянаялде, ва гьенив хвезегIан чIезеги гьавуна гьев. Хирияв имамасул васасул хвел магIарул мугьажирзабазе лъугьана кIудияб камилъун. Гьев, къадруяв инсанасул хвелалъ аза-азар бусурман чиясул, гьезда гьоркьор мугьажирзабазулги ракIал къварид ва пашман гьаруна. Гьеб пашманаб хIужаялъ мугьажирлъиялдаги Дагъистаналдаги чанги магIарул чи тIамуна батIи-батIиял жанрабазул шигIриял асарал гьаризе: назмаби, туркаби, магIаби. Гьедин хъвараб буго Меседул МухIамадил «ГъазимухIамад-паша хвеялде» абураб назмуги.
ГъазимухIамадил хвелалъ бесдал гьаруна Дагъистаналъул халкъ, ватIан тун къватIир рукIарал магIарулал, тIолабго бусурман уммат. Гьеб буго асаралъул аслияб пикру. ЧIухIарал эпитетал, сипатал, къиматал рагIаби хIалтIизарулел руго авторас халкъияв багьадурасул къадруги къиматги бихьизабизе гIололъун: «дунялалда машгьурав паша», «халкъалъул ракI бахъарав имамасул вас», «кьалул барти», «гIарабгун гIажамиял жиндие мукIурлъарав», «чIухIараб гъалбацI» ва гь.ц. Гьелдаго цадахъ гьенир ракIалдещвезарулел буго ГъазимухIамадил гIумру, гьес росарал бергьенлъаби, гьесул бахIарчиял ишал:

ЧIухIарал улкабазде, квер биххун, тIаде арав,

ЦIороб, Гуржистаналда азнавурзаби течIев,
ЧIухIарал ханзабазул мусудал асир гьарун,
Ран, жанир хьихьун, жавгьар-якъут босарав,
Гъазизабазул паша ГIаршалде ахIун арав,-
ГIаршалъул кIалгIабазда низамлда ватила.

Ахиралдаги шагIирас абулеб буго:

Гьанже Дагъистаналъе цIар гуреб жо хутIичIо,

ЦIар бугел имамзаби гIукъбаялде руссана.
Цинги магIарулазе мугъ базе бакI хутIичIо,
Падишагьасул арслан МухIамад-паша гурев.

Жиндирго гIумруялъул аслияб вазипалъунги налъилъунги Меседул МухIамадица рикIкIунаан БетIергьан Аллагьасда иман лъей ва хвезегIан гьесие гIибадат гьаби. Гьеб пикруялъул асаралда гъоркь хъвараб буго херасул «Дир бер гIамалият гьабураб мехалъ» абураб туркиги.
Гьелъул байбихьиялда шагIирас бицунеб буго жиндирго къварилъиялъул – берзул канилъи босун иналъул ва гьелда бан, гIумруялъул нур свиналъул, жинде бачIараб балагьалъул. Гьенибго гьес баян гьабулеб буго жив беццлъиялъе ккараб гIиллаги – «берзул канлъи анин квалквадилаго»:

ГIинтIаме, гIинтIаме, ахIизин дица,
Кверзул махщел тараб рекIел къварилъи.
Берзул канлъи анин квалквадилагун,
Босун араб канлъи кодоб щвеларо.

Амма гьев цIакъ сабуралда, гIодовиччан вуго, щай гурелъул жиндие ккараб жо Аллагьсул хIукму букIин баян гьабулеб буго гьес. ХIатта, гIайибцин жиндаго гьабулеб буго шагIирас («Мунагь гIемер бугин, чуре дир, Аллагь»). Гьес лъидениги хитIаб гьабуларо, гьесие лъидасанго кумек хIажалъуларо. ЦохIого цо БетIергьан Аллагь вуго гьесул мугъчIвазеги ракI чучизеги кумек бугеб къуват:

Мун гурев гурхIаян хIелхIедиларо,

Дур гуреб цIобалде хьулго лъеларо.
………………………………………..
ХIалимав Аллагьас квербакъичIони,
Квер лъица бакъилеб дун гъаримасе.

Назму цIализе байбихьарабго, ракIалде ккола гьениб шагIирас жиндрго унтул бицине бугилан абун. Амма, гьеб цIалулаго, жанивегIан гъварилъараб мехалъ, баянлъула шагIирасул нигат батIияб букIин. Гьеб, дидактикияб къагIидаялда хъвараб кочIол аслияб пикрулъун ккола насихIат: инсан, бусурман чи кантIизави, гьесда жив лъица вижарав, ва жив щиб гьабизе гьаб дунялалде вачIаравали ракIалдещвезаби. Назмуялъ муъминчи ахIулев вуго Аллагь вокьизе ва гьес жинда тIад лъураб налъи тIубазе:

Аллагьасул абун, лагъ ватанани,
Лагълъи тIубазабун, тIагIат гьабилеб.
Аллагьасде гIишкъу дур батанани,
ГIишкъуялъин машукъ ватулев дуда.

МухIамадил назмуялъе къимат кьолаго, абизе ккола, гьелъие магIарул динияб адабияталъ асар гъабун бугилан, щайгурелъул гьениб бихьулеб буго нилъер машгьурал диниял шагIирзабазул къагIидаги, хатIги ва стилги загьирлъун букIин. Гьелдаго цадахъ, абизе бегьила МухIамадица жиндирго назму турк динияб шигIруялъулги асаралда гъоркь хъвараб бугилан, щайгурелъул мугьажирзабазда гьоркьор кидаго машгьурал рукIана Аллагьа-Авараг реццарал, гьезие сайигъат гьарурал турказул диниял асаралги.
МагIарул кочIол хIакъалъулъ Меседул МухIамадгун гара-чIвари гьабулаго, гьес дие бицана умумузе цIакъ бокьулаанила кечI-бакъанилан. Сунцаниги кеп гьабулароанила жиндиеян абуна кIудияс, бан мугьги, хъван пандурги ахIараб магIарул кочIоцаги ва кьерилаз гьабулеб букIараб ихтилат-кепалъги гIадин. Ахбар ва сверухъ рукIарал магIарул росабалъ доб заманалда рукIун руго машгьурал кочIохъаби: ЧIикIаса ГохIилазул МуртазагIали, ГIашурал Шамил, ХIайбулагьил Исуб, КIудияв Алхас ва Заренг росулъа машгьурав кочIохъан Хубаралдаса Рустам ва гь.ц. МухIамадил вас СагIидица дихъе бачIараб кагътида инсул хIакъалъулъ хъвалеб буго гьадин:
«Лъун бисмиллаги, гьес пандур кодобе босараб мехалъ, хасго хераб гIелалъе щолаан кIудияб кепги шавкъги. ЦIакъ берцинаб гьаракьги букIана гьесул. Живгоги вукIана дурусаб гIамал-хасияталъул чи. Гьес киданиги абулароан инсан цIакъго веццараб ялъуни какараб рагIи. Цо гIодов чIун кIикъоялда анцIго, лъабкъого шигIру рехсолаан гьес рекIехъе.
Бертабалъ, сухIбат-кеп бугеб бакIалда гьес ахIулаан «АхIулгохI», «Нохъода хутIарав», «Мусал ГIадалав», «ГъазимухIамад», «Бидулав», «Исубил» ва гьел гурел цогидалги магIарул халкъиял кучIдул.
Росу-жамагIаталда жанив рекъарав, камилав чи вукIана Меседул МухIамад. Яс гьаризе витIаниги, лъимада цIар лъолеб бугониги, маслигIат-хIал гьабизе ккананиги-кибго батулаан гьесул гIакъилаб пикруги, берцинаб ва сабураб рагIиги, лъикIаб гIамалги. Жиндирго хъизан-лъималазе тарбияв, мадугьал-къоногун рекъа-решарав вукIана МухIамад. Гьесул гIумруялъул ахирисеб анцIго сон ана Аллагьасе гьабулеб гIибадаталда. Лъабго къоялда жаниб Къуръан цIалун лъугIизабулаан гьес».
Меседул МухIамад хвана 1995 соналъул 27 ноябралда, 91 сон бараб ригьалда. Гьев вукъун вуго Ялова шагьаралда аскIоб бугеб Чифтлик абураб росдал хабалазда. Гьесул лъади РахIимат жеги чIаго йиго.
ТIадехун абухъе, Меседул МухIамадица ахIулел магIарул халкъиял кучIдузда гьоркьоб батана «Мусал ГIадалав» абураб тарихияб кечIги. Жанралъул рахъалъ гьеб уна церехъабазул кучIдузде гъорлъе. Амма гьеб асар дида киданиги я басмаялда бахъун бихьун букIинчIо, я кочIохъабаз ахIулеб рагIичIоан. Дир хIисабалда, гьеб батизе ккола Дагъистаналда кIочон тараб, амма мугьажирлъиялда цIунун хутIараб вариант. Щайилан абуни, «Мусал ГIадаласул» кочIол, батIи-батIиял вариантал нилъер гьанир цIунун хутIун ругелъул. Гьезул цоялъул хIакъалъулъ гIелмиял баянал кьун руго машгьурав гIалимчи А. А. Ахлакъовасул «МагIарулазул бахIарчиялгун тарихиял кучIдул» абураб техьалда3.
Меседул МухIамадица ахIулеб «Мусал ГIадалав» абураб тарихияб кочIолъ бицен гьабулеб буго ГIумма-ханил бетIерлъуда магIарулаз Гуржиялъе гьабураб чабхъеналъул хIакъалъулъ. Гьелъул байбихьудаго, магIарул ханас абураб магъалоги кьун, гуржиязул ГьерекIли-ханас къасд бала ахIичIого вачIарав гьоболги гьесул къукъаги нахъ руссине гьаризе. Амма гьелда разилъуларо бодул цевехъан Мусал ГIадалав. Давла сабаблъун ГIумма-ханидаги Мусал ГIадаласдаги гьоркьоб ккола дагIба-къец. БакIарун жиндирго къукъагун, балахьунисес цIидасан чабхъен гьабула Гуржиялъе. Гьеб гьукъизе бажаричIев ГIума-ханица, балъго кагъат битIула ГьерекIли-ханасухъе Мусал ГIадаласул хIакъалъулъ ва кьварун лъазабула гуржиязул ханасда, гьев цевехъанеги гьесул къукъаги Гуржиялъа чIаго рорчIизе тогейилан:

Хъван кагъат анила дов ГIумаханас,
Къацандун ГIадалав ЦIоров аравин,
РорчIизе тоге чидал аб къукъа…

Тушбабаз сверун ккурав Мусал ГIадаласул бицен гьабулеб бакI ккола кочIол бищун хIалуцараб бакIлъун. Гьенив балахьунисев вихьизавун вуго унго-унгояв бахIарчилъун. Живги жиндир гьалмагъзабиги тушбабазухъа рорчIулареблъи лъанеги, жинда кIал гьикъулев вугев ГьерекIли-ханасе гьес кьолеб буго гьадинаб кьварараб жаваб:

Бидуца ццулъарал дур таватиял,
ТуманкIуй гIоларин гIолохъабазе.
ГIаркъица мехтарал азнавурзаби,
Хвалчае гIоларин церехъабазе…

Мусал ГIадаласул хвел лъугьуна халкъалъе кIудияб камилъун. «ЦIор сверун бегулеб цIарил аздагьо», «зоб сверун рехулеб меседил рахас» абурал сипатаз-эпитетаз бихьизабулеб буго магIарулазул гьесдехун букIараб адабги рокьиги. Гьелдаго цадахъ кочIолъ какулеб буго ГIума-ханицаги гьесул сверухълъиялъеги Мусал ГIадаласе гьабураб хIиллаги хIалихьалъиги:

Мун кагътида лъурав Хундерил къади,
ГIажалалъул би чIван, ЧIарахъго хварав.
Дуй хIилла гьабурав КIудав ГIума-хан,
ЛъикIаб къоги бихьун, гьевги хвеларев.

ЦохIо магIарулазда гуреб унтулеб бахIарчияв цевехъанасул хвел. Гьелъ пашман гьаюла, хIатта, ГьерекIли-ханасул ясгицин:

ГIадаласулилан бетIер бачIиндал,
Гъалал къотIанила ханасул ясалъ:
– Щайхо, эмен, чIварав бодул цевехъан,
Киниялда лъимал дур хъвехъаниги.

Тарихияб кочIол ахирисел рагIабазулъ загьирлъун буго машгьурав бодул цевехъан гIагараб халкъалда киданиги кIочон тезе гьечIилан, гьев халкъалъул рекIелъ абадиялъ хутIизе вугилан абураб пикру. Гьесул цIарги бахIарчиял гьунаралги хадусел наслабазе мисаллъун хутIизе букIиналда хьулги лъолеб буго гьениб:

Квешаб хвелалъ хвечIев бодул цевехъан,
Щваги шапагIалъи гьалмагълъиялъе.

КочIол тема чабхъадул хIакъалъулъ бугониги, амма гьеб гуро гьелъул аслияб пикру. Щайилан абуни, дол рикIкIадал, кьварарал, кьогIал гIасрабазда чабхъен гьаби букIана магIарулазда гьоркьоб билълъараб ва реццаб гIадатлъун. Чабхъаде инчIев, гьениса давла босун вачIинчIев гIолохъанчиясул я хIурмат гьабулароан, я къимат букIунароан кьерилазда гьоркьоб. Гьеб вахIщияб, гIалхулаб, диналъги жамагIаталъги какараб жо бугин абураб пикру гIадалъе босулев чи доб мехалъ дагьав гурони вукIинчIо. МагIарулаз жидерго мадугьалзабазухъе гьарулел рукIарал гIадин мадугьалихъ рукIарал халкъазги гьарулел рукIарал Дагъистаналде доб мехалъ чабхъеналги рагъулал сапаралги. КочIол аслияб пикрулъун ккола магIарулазул бахIарчилъиялъеги гьунаралъеги, бажариялъеги рецц гьаби, иш бажарарал, рагIи билълъарал, цIар рагIарал церехъаби кIодо гьари, гьезул мисалалда гIун бачIунеб гIелалъе тарбия кьей. Гьеб букIана доб захIматаб, жидедаго гурони магIарулазул божилъиги мугъчIвайги букIинчIеб заманалда халкъ цолъизе ва гъункизе гьабулеб, гьелъие рухI ва къуват кьолеб идеологиялъун.

МУСАЛ ГIАДАЛАВ
(Тарихияб кечI)

ГIенекке, нужейго хабар бицинин,
Будун-дибирасул хабарги гуреб,
Хвалчадул балада би бетаразул.
ГIинтIаме, тIолалго, сарин ахIизин.
Рокьи ккаралазул саринги гуреб,
Сангаралда нахъа рагъун хваразул.
ГIумахан4 къокъарав жаниб ЦIоралде,
ЦIал кIутIун Дагъистан цадахъги бачун5.
Алазанги къотIун, Къарбиги6 бегун,
Къарбидул рагIалда рештIун рукIаго,
Чи витIун вачIана дов ГьерекIлица7,
Чу цIун багIармесед давлаги босун8.
Гьаб давлаги босун, гьел боял рачун,
Гьаб нухалдаги мун нахъ вуссайилан.
Гьеб давлаги босун, гьал боял рачун,
Гьаб нухалдаги дун нахъ вуссинилан,
Нахъе къачадана КIудав ГIуммахан.
БатIалъун кIанцIана Мусал ГIадалав9,
ГIуммаханил давла дие щайилан.
Давла къваригIарал дунгун къачIаян,
ГIадалав къвекъарав Жаниб ЦIоралде10,
Давла къварегIараб къукъаги бачун.
ГIемераб давлагун, дагьаб къукъагун,
Алазанги къотIун, Къарбиги бегун,
Улкабиги квекун, капурлъи мерхьун,
Квер тураб бакIалда рештIун рукIаго,
Хъван кагъат анила дов ГIумаханас,
Къацандун ГIадалав ЦIоров аравин,
РорчIизе тогея чидал аб къукъа.
Гьадаб къукъаялъул чи ворчIанани,
Дидаса гIайиб те, дол таватиял11.
Къукъагун цевехъан ворчIизе тани,
Цингиги гIайиб те, хIама ГьерекIли.
ТIолго таватиял дандеги ахIун,
Кагъат цIаланила дов ГьерекIлица.
ЦIалараб кагътида жал божичIила,
Жидей хIилла гьабун хъван батилилан.
Кагъат цIалун гуржи биххун инчIого,
ГIадаласул: “ХIал!”– ан, ахIи канцIана.
АхIдезе лъугьана хIама ГьерекIли:
– Жа, таватиял, азнавурзаби12,
ВорчIун ине гурин Мусал ГIадалав.
Гьадаб къукъаялъул чи ворчIанани,
Дидаса гIайиб те, дол таватиял.
Къукъадул цевехъан ворчIизе тани,
Цингиги гIайиб те, азнавурзаби.
Бидуца ццулъарал дол таватиял,
Талагьизин ана гIолохъабалъе.
ГIаркъица мехтарал азнавурзаби,
Квекизейин ана церехъабалъе.
ГIадаласул къукъа сверунги босун,
КIалал гьикъанила таватияца:
– Ва, Мусал ГIадалав, лъикIав бахIарчи,
Жакъа къуркьилелин дур гIолохъаби,
Жакъа къуркьичIони дур гIолохъаби,
Къуркьуларел лъала таватияда.
Ва, Мусал ГIадалав, бодул цевехъан,
Жакъа чучилелин дур церехъаби,
Жакъа чучичIони дур церехъаби,
Чучуларел лъала азнавуразда.
АхIана ГIадалас Гуржистаналде:
– Кидаго къуркьичIел дир гIолохъаби,
Жакъа къуркьунилан къадарлъиларо.
Кидаго чучичIел дир церехъаби,
Жакъа чучунилан, гIайиб щвеларо.
АхIана ГIадалас гIолохъабаде:
– Хонжроца гIуру ссун, сунгрулги къайин,
Сангаралда нахъа хъун чуялги лъе.
Меседил кьалазул цIаял ракана,
Гьаб Гуржистаналъе бицаде тезе.
Сунгруде вахана Мусал ГIадалав,
АхIана ГIадалас дов ГьерекIлиде:
– Ва, хIама ГьерекIли, гуржиязул хан,
ВачIаха, ГьерекIли, дунгун хвалчаде,
Дов Мусал ГIадалав дудаго лъазе.
ВачIая, ГьерекIли, дунгун тункIиде,
Дун, бодул цевехъан, вихьун вукIине.
Мунго хIинкъанани, витIе тавати!
Гъозулги ахIдана хIама ГьерекIли:
– Мунгун хвалчаде дун кинан вачIинев,
Хвалчен дуца дие тола бугелъул.
ТуманкIуй тавати кинан витIилев,
ТуманкI таватие кьола бугелъул!
– Телеб дица дуе чарамул хвалчен,
Рукьал рекизегIан кьабураб мехалъ,
Кьер гьечIеб гьурмада тIасаги босун.
ТуманкI таватие кьелеб батила,
Чахъма тIетIезегIан кьвагьараб мехалъ,
КIала мухъаги ккун, гIадалъги кьабун,
Ма, хIама гуржиян, кодобе кьелеб.
АхIдезе лъугьана хIама ГьерекIли:
– Бидуца ццулъарал гьал таватиял,
Талагьеян гъелищ гIолохъабалъе,
ГIаркъица мехтарал азнавурзаби,
Коквейин тIамилищ церехъабалъе.
Азулги ахIдана Мусал ГIадалав:
– Бидуца цулъарал дур таватиял,
ТуманкIуй гIоларин гIолохъабазе.
ГIаркъица мехтарал азнавурзаби,
Хвалчае гIоларо церехъабазе.
Бидуца ццулъарал дол таватиял,
Талагьеян гъуна гIолохъабалъе.
ГIаркъица мехтарал азнавурзаби,
Коквейин тIамуна церехъабалъе.
Цоцада кIал гьикъун къацандилаго,
Къеркьезе лъугьана дол гIолохъаби.
Гьеб мехалъ ахIула Мусал ГIадалас:
-Аман, Аллагь, анищ кIиго хьиндалав13,
Гьаб бода гьабилеб дида бицине.
Цингиги анищан кIиго гIаркьухъев14,
ТIогьилал чухъбузул къвалалги къотIун,
Жакъа дир къварилъи, бикьун босизе.
Жакъа къваридаб къо, мугъ бекараб къо,
Мугъ чIвазе бакI гьечIеб, чи камураб къо.
Цевехъанасулан, чухъа бачIиндал,
Чухъа ретIанила Дидул Парица15.
ГIадаласулилан, бетIер бачIиндал,
Гъалал къотIанила ханасул ясалъ16.
-Щайхо, эмен, чIварав бодул цевехъан,
Киниялда лъимал дур хъвехъаниги.
ЧIвазе кинхо кIварав Мусал ГIадалав,
Кванарабаб ракьхъвай дур хъухъаниги.
Дун кьун кин хьихьичIев Мусал ГIадалав.
– Киниялда лъимал дир хъвехъи гурищ,
Таватияв хъвехъун, дун къварид гьави.
Кванарараб ракьхъвай дир хъухъай гурищ,
ЦIоралъул мусудул асир гьарунин.
ЧIваниги кIваричIо Мусал ГIадалав,
Таватияв хъвехъун, бил ихх биччарав.
ТечIони кIваричIо бодул цевехъан,
ЦIоралъул мусудул асир росарав.
ЦIор сверун бегулеб цIарил аздагьо,
ЧIван чIалал рахъана таватияца.
Зоб сверун рехулеб меседил рахас,
ГIекIун ун ракьалда тей баянлъана.
Дунги вугин абе жамагIаталда
Таватиял хъвехъун, бил ихх биччала.
Цинги вугин абе дой Тамарида17
Чол магьдикь гуржиял мерхьинарула.
Мун кагътида лъурав Хундерил къади,
ГIажалалъул би чIван, ЧIарахъго18 хварав.
Дуй хIилла гьабурав КIудав ГIумахан,
ЛъикIаб къоги бихьун, гьевги хвеларев.
Я, Аллагь, къо ккайги ГIумаханасде,
ГIадалав къваригIун, жив къиркъидулеб.
КъварегIинев дуе Мусал ГIадалав.
ЦIоралъул мугIрузда нухал къосиндал,
Квешаб хвелалъ хвечIев бодул цевехъан,
Щвайги шапагIалъи гьалмагълъиялъе.

АхIмад МуртазагIалиев, филологиял гIелмабазул доктор
 
 (голосов: 7)
| | Комментарии (1) | Распечатать
 
Уважаемый посетитель, Вы зашли на сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо зайти на сайт под своим именем.


Поделиться:

Добавить страницу в закладки:
Добавить закладку в Бобрдобр Добавить закладку в news2 Добавить закладку в Memori Добавить закладку в Newsland Добавить закладку в СМИ2 Добавить закладку в Vaau Добавить закладку в Mister-Wong Добавить закладку в Newsvine Добавить закладку в Delicoius Добавить закладку в Slashdot Добавить закладку в Blogmarks Добавить закладку в Technorati Добавить закладку в Folkd


Если Вам понравилась новость поделитесь с друзьями :

Другие новости по теме:



 

#1 написал(а): magomedov1535 (14 июля 2023 01:11)

Гох1илал абураб тухум буго Ичич1али росулъа. Гьеб тухум буго росу г1уц1аралдаса нахъе бугеб. Биценазда рекъон, Гох1илазул рукъзал рук1ун руго "Гох1" абулеб бак1алда. Гьеб гох1 абулеб бак1 гьанжеги буго росулъ. Ичич1алиса г1емерал гох1илал гочун руго Г1усманиязул Империялде Шамилил рагъ лъуг1индал хадуб.

Информация
Посетители, находящиеся в группе Гости, не могут оставлять комментарии в данной новости.
Панель управления


Последние комментарии

Календарь
«    Март 2024    »
ПнВтСрЧтПтСбВс
 
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28
29
30
31

Статистика
Опрос

Лучший из сайтов
Неплохой сайт
Устраивает ... но ...
Встречал(а) и получше
Совсем не понравился


  Главная  |  Регистрация  |  Правила  |  Библиотека  |  Фотогалерея  |  Видео и ТВ |  Обратная связь
© MAARULAL.RU 2009   Design by  Tsor-Studio.   Все права защищены
ALLDAG.ru  Яндекс цитирования Система Orphus
 
Мнение администрации сайта может не совпадать с точкой зрения авторов статей !
При использовании материалов сайта, активная гиперссылка на сайт Maarulal.Ru обязательна!
При использовании материалов сайта в печатных СМИ, на ТВ, Радио - упоминание сайта обязательно!
Так же обязательно, при использовании материалов сайта указывать авторов материалов.