| Сделать стартовой  |  Добавить в избранное | RSS 2.0
 |   | 
 
Поиск по сайту: Расширенный поиск по сайту   •   Аварско-русско-англо-турецко-арабский онлайн словарь:


Новости сайта

Рейтинг новостей

Архив новостей


Партнеры

Наша Кнопка (размер 31X88)

Получить код Кнопки Gif

Разместите на своем сайте нашу кнопку, а в ответ мы разместим Вашу кнопку или ссылку!

Если Вы нашли ошибку в тексте, выделите ее и нажмите Ctrl+Enter
 
» ХIоцоса Нажмудин: Политик, ГIалим ва Инсан
8 мая 2010 | История | добавил(а): s_xanaev | Просмотров: 17197

Дагъистаналъул тарихалда ХIоцоса Нажмудинил хIакъалъулъ гIадин жинда тIасан гIемерал гьерсал рицарав, чорокал бугьтанал лъурав чи тIокIав батIияв ватизе рес гьечIо. Дагъистаналъулги Чачаналъулги имам ХIоцоса Нажмудин кидаго рикIкIунаан ва жеги рикIкIуневги вуго жиндирго ватIаналда хIукуматалъулги халкъалъулги кIудияв тушманлъун.

Совет тарих гIелмуялда ХIоцосев рикIкIунаан гьересияв имамлъун, хъачагъазул цевехъанлъун, хIарамаб бечелъиялъул бетIергьанлъун ва гь.ц.

Совет хIукуматалъе гIоло гьабураб къеркьеялъул темаялда тIасан хъварал гIелмиял хIалтIабаздаги цIализе хъварал асараздаги ХIоцоса Нажмудинил хIакъалъулъ хъвалаан кIудияб рокьукълъигун, гIадада гIемераб халкъ гъуризабурав хIарамзадал хIакъалъулъ гIадин. Дагъистаниязул чанго наслуялъул пикруялъулъ куцана Нажмудинедихун рокьукълъи. Гьелдаса хадуб цIакъ захIмат букIана ва гьанжеги буго гIадамазда къабул гьабизабизе гьесул хIакъалъулъ абураб ритIухъаб рагIиги гьезул пикруялъулъ лъугьараб гьесул чIегIераб сураталъухъ гьел батIайиса ралагьизаризеги.

Жакъа Дагъистаналда цIакъ гIемераб адабият, асарал, гIелмиял хIалтIаби руго хъван Совет хIукуматалъе гIоло къеркьарал инкъилабчагIазул хIакъалъулъ. Гьезул хIакъалъулъ рахъун руго кинофилмал, гьарун руго телевизион программаби, гьезул цIарал кьун руго шагьаразул къватIазе, росабазе ва гь. ц.

Амма гьелдаго цадахъ щибго хIакъикъияб жо гьечIо дандияб рахъалъул, ай Совет хIукуматалде данде рагъаразул хIакъалъулъ. Жакъа заман щун буго тарихалъул чIегIерал тIанкIал тIагIинаризе, букIараб хIакъикъаталъул ритIухъаб сурат цебечIезабизе, политикияб позициялъухъ балагьичIого, щивасе мустахIикъаб гIелмияб къимат кьезе. Гьезда гьоркьов тIоцебесеб иргаялда рикIкIине ккола ХIоцоса Нажмудин – Дагъистаналъулги Чачанистаналъулги щуабилев имам, пачалихъияв, жамгIиявгун политикияв хIаракатчи, гьунар тIокIав динияв гIалимчи ва шагIир.

ХIоцоса Нажмудин гьавуна Дагъистан областалъул Авар округалъул ХIоцоб росулъ. Гьев гьавураб тарих жеги мухIканго чIезабун гьечIо. БатIи-батIиял хIалтIабазда, тIахьазда рихьизарун руго 1859, 1862 ва 1865 сонал. Нажмудин вукIана магIарул ханзабазулгун гIагарлъи букIараб Аваристаналда къадру борхатал тухумазул цоялъул вакиллъун.

Нажмудинил эмен Доногъол МухIамад – машгьурав гIалимчи, Дагъистанлда къадру бугев инсан – вукIана имам Шамилил наиблъун, цинги, Кавказалъул рагъ лъугIун хадув – пачаясул наиблъунги. 1889 соналда Кавказалде вачIарав гIурус пача Александр Лъабабилес гьесие кьола къиматал ганчIаз къачIараб баргъич. Доногъол МухIамад рикIкIунаан жиндир заманалда рекъон лъикIаб лъайги култураги бугев чилъун. Гьес цIакъ кIудияб кIваркьолаан жиндирго лъималазе: васал ГIабдулатIипиеги Нажмудиниеги ва гьединго ясал Бахуги Умукусумиеги тарбия ва лъай кьеялъе.

Нажмудинил эбел ХIайбат ккола лъарагIай, Гъоркьа Жунгуталдаса Ражаб Атал яс.

Имамасул кIудияв вац ГIабдулатIип-хIажияв вукIана Дагъистаналда цIар рагIарал гIалимзабазда цеве цIаларав, гIемерал гIелмабиги шаригIатги гъваридго лъалев чи. ЦIалун хадуб гьес Гъоркьа Жунгут росулъ рагьун букIана мадраса ва жиндирго гIумру тIубан кьуна гIелмуялъеги адабиябгун педагогикияб хIаракаталъеги.

КIудияв вацго гIадин, мадрасаги лъугIизабун, тIадегIанаб динияб лъайги босун, I880 соналъул I9 декабралда ХIоцоса Нажмудин лъугьуна хъулухъалде Дагъистан областалъул губернаторасул конвоялде нукарлъун (рекIаравлъун). Гьениб гьесие щола милицаялъул юнкер абураб цIарги. Лъабго соналдасан лъикIаб хъулухъалъе гIоло гьесие кьола гIарцул медал.

189I соналъул 9 августалда Нажмудин вищула Дагъистан халкъияб махIкамаялъул вакиллъун. ГIадатаб къагIидаялда гьеб махIкама гIуцIун букIана сси ва лъай бугел гIалимзабаздаса, гIадатазулги шаригIаталъулги кьучIалда жидеца дагIбаби тIуралел.

1895 соналъул ноябр моцIалда пачаясул идараялъ ХIоцоса Нажмудин тIамула Авар округалъул I4 росу жинда гъорлъе унеб Гъойсубули ракьалъул наиблъун.

Инсудасаги кIудияв вацасдаги Нажмудиние ирсалъе щола кIудияб бечелъи, мал-мулк, ва гьеб кинабго тасдикъ гьабулел документалги рукIуна гьесухъ. ХIакъикъаталадаги, ХIоцоса Нажмудин вукIана Дагъистаналда бищунго бечедал гIадамазул цояв. Гьесул букIана живго ьетIергьанаб I0-I2 азарго гIи, чIегIер хIайван, гъутаби, мугIрул. РукIана гьеб боцIи хьихьизе ккурал гIухьбиги хIалтIухъабиги. Жиндирго бечелъиялъул хIакъалъулъ гьес гьадин абулаан:

«ГIадамаз бицуна дир ракьазулги хъутабазулги хIакъалъулъ. Битун буго, дир руго ракьал, шаргIалда рекъон, инсудаса дие хутIарал. Дир инсуца гьеб ракь лъихъаниги бахъичIо зулму гьабун. Гьес гьеб бичун босана бусурбабазухъа, жидер кодор къануниял документал ругел. Гьеб ракьалда тIасан диргун дагIба базе бокьарав чи ватани, вачIайилан абе, шаргIалда рекъон хIажатал документалгун, ва дица гьесие гьеб ракь нахъбуссун кьела».

1903 соналда, Кавказалъул Рагъулав Губернаторасухъа изнуги босун, Нажмудиница халатаб сапар бухьула Туркиялде. Гьеб букIана гьесул тIоцебесеб ва ахирисеб сапар къватIисел пачалихъазде. Цебего анищ букIана Нажмудинил Туркиялде щвезе. Гьесул мурад букIана гьенир ругел хириял бакIазде щвезе, машгьурал гIалимзабигун дандчIвазе. Гьесул ботIролъ жеги чIаго рукIана кIудияв вац ГIабдулатIипица гьеб гIажаибаб улкаялъул хIакъалъулъ рицарал харбал. ГIусманиязул пачалихъулде унаго, Нажмудинил хьул букIана гьенив «киналго бусурбабазул падишагь» – султIан ГIабдул-ХIамидгун дандчIвазеги. Нажмудинил гьеб хьул тIубала – султIан ГIабдул-ХIамидица гьев къабул гьавула. Къокъаб гарачIвариялдаса хадуб Нажмудиница гьарула падишагьасда жив Дагъистаналъул имамлъун вукIине изну кьейилан. СултIаница разиго къабул гьабула Нажмудинил пикру, амма абула, жинда гьединаб изну кьезе кIоларилан, щай гурелъул Дагъистан бугила Россиялда жаниб. СултIаница абула: «Дуца хIаракат бахъе, лъугьани, гьеб цIакъ лъикI букIина», – йилан. Гьеб гарачIвари инеб букIана Нажмудинида цIакъ лъикI лъалеб букIараб турк мацIалда. ГIусманиязул падишагьасулгун ккараб дандчIваялъ гьабураб кIудияб асаралда гъоркь вукIарав Нажмудиница хъвала ГIабдул-ХIамидие рецц гьабураб къасида. Гьеб бахъула Истамбулалъул цо газеталда, хадуб ГIабдул-ХIамидие сайгъат гьарурал шигIриял асаразул Анталогиялдаги.

Туркиялда ХIоцоса Нажмудиница бала чанго моцI, лъай-хъвай гьабула диниябгун дунявияб адабияталъулгун, цIалула Бакъбаккул маданияталъул машгьурал хIаракатчагIазул гIараб, турк ва парс мацIазда хъварал асарал, жинцагоги хъвала шигIраби.

Дагъистаналде тIадвуссун хадуб, Нажмудиница дарсал кьола Авар округалъул диниял мактабазда. Гьев Гъойсубулиялъул наиблъун вугеб мехалда, Авар округалда гIемерго цIикIкIуна диниял мактабазул къадар: 37 (1905) – 66 (1913). Гьеб суалалда тIасан гьес гьадин абуна:

«Дир къуват гIурабгIанасеб мехалъ дица лъазаруна дунявиялги диниялги гIедмаби ва гьел дицагоги малъана гIемерал гIалимзабазда. Гьелъулъ букIана дир мурад – бусурбан миллаталъе пайда кьезеги шаригIат гIодобегIан гьабиялдаса цIунизеги. Къадилъун ялъуни, мугIалимлъун вахъунилан, дица гIарац босулароан. ГIумруялда жаниб дир пикру бечелъиялде гуреб буссараб букIараб, гьеб балагьараб букIана Аллагьасдехунги гьесул диналдехунги. Дица къабул гьабуларо хIажат гьечIеб хьулги тIокIлъиги, дица дирго къадру цIунула мустахIикъаб даражаялда».

ХIоцоса Нажмудин вукIана чIухIараб, гIамал кIудияб хасияталъул, амма тIадехун абухъего, лъай бугев, цIодорав ва гIакъилав чи ва политик. Вагъавашаризе вакIав вугониги, иш гьабизе, хьвадизе къваригIаралъуве инее гьев вукIана гIедерав ва тирияв. Октябралъул инкъилаб ккелалде цебе ХIоцоса Нажмудинил кIудияб къимат букIана Дагъистаналдаги Чачанистаналдаги динияб гIаламалдаги гIадатал гIадамаздаги гьоркьоб.

Февралалъул инкъилаб (1917) лъикI къабул гьабуна ХIоцоса Нажмудиница. 1917 соналъул 9 марталда Темир-Хан-Шураб ахIун букIана Заманалъулаб Дагъистан областалъул Ижра (исполнительный) комитет Заманалъулаб хIукуматалъе квербакъиялъе гIоло. Гьенире гъорлъе лъугьун рукIана батIи-батIиял даражаялъул чвахабазул вакилзаби, гьездаго гьоркьор динияб гIаламалъул вакилзабиги. Гьенив вукIана гIалимчи ХIоцоса Нажмудинги.

Февралалъул инкъилаб бергьун хадуб Россиялъул халкъазе, гьездаго гьоркьор Кавказалъул халкъазеги демократиял ихтияралги эркенлъиги щола. Дагъистаналъул рухIаниязги гьезул лидеразги хIукму гьабула пайда босизе Шимали Кавказалда теократияб, ай динияб пачалихъ (имамат) гIуцизе.

1917 соналъул май моцIалда Владикавказалда тIобитIараб Кавказалъул мугIрузул халкъазул 1-себ Мажлисалда, жиндир аслияб мурадлъун цолъараб МугIрузулаб Республика лъазаби букIараб, ХIоцоса Нажмудин вищула муфтилъун, МугIрузулаб Динияб идараялъул нухмалъиялъул бетIерлъун. Гьеб хIукму хадубккун тасдикъ гьабула 1918 соналъул 23 январалда Дагъистан халкъазул вакилзабазул ракIариялдаги.

Гьебго соналъул август моцIалда ГIанди округалъул ГIанди росулъ тIобитIараб Кавказалъул мугIрузул халкъазул 2-абилеб ракIариялда Нажмудин, киналго разилъун, вищула дагъистаналъулги Чачанистаналъулги имамлъун. Гьеб ракIариялда гIахьаллъи гьабула Шимали Кавказалъул, Азербайжаналъул, Гуржистаналъул, Украиналъул халкъазулги хъазахъазулги вакилзабаз.

Имамлъун вищун хадуб Нажмудиница хитIаб гьабула Кавказалъул халкъаздехун. Гьелда гьадин абулеб букIана:

«Аллагьас гьукъараб такъсир гьабизе хIинкъа нуж: чIвай-хъвей, цIогь, хъачагълъи, талавур. Нужерго гIалимзабазе мутIигIлъе нуж, эркенлъиги шаригIатги цIунулел аскарал ракIаре. Христианазеги кье цогидал диназул вакилзабазеги эркенлъи кье гIибадат гьабизе, нилъее эркенлъи кьурал гIурус аскаразе зарар гьабуге».

1917 соналъул сентябрь моцIалда абурал гьел рагIабазул кIвар жакъаги буго. ХIоцоса Нажмудиница хIурмат гьабулаан Дагъистаналда ругел киналго диназул, къабул гьабулароан Дагъистаналда рукIарал гIурусаздехунги гIурус аскаралдехунги бусурбабазул рахъалдасан квешаб гьоркьоблъи.

1917 соналъул 5 ноябралда чачаназул гьариялда рекъон, ХIоцоса Нажмудин вачIуна Гудермесалде, Чачанистаналда цIакъго тIибитIун букIараб хъачагълъиялдеги зинаялдеги данде вагIза гьабизе. Гьеб вагIзаялда гьес абулеб букIана:

«Жиндир мадугьаласул, гIагарасул мал-мулкалде квер бегьарал бусурбаби рикIкIине ккола капурчагIилъун. Гьел, жамагIаталъул хъурумусахъалгун къеркьей ккола щивав муъминчиясул мукъадасаб налъилъун. ШаригIаталъ бихьизабун буго бищун кьварараб тамихI гьединал чагIаздехун, дица гьеб тамихI гьабизе буго кьварун, щибго рахIму гьечIого. Биччанте лъазе киназдаго, гIурусасул ялъуни хъазахъасул магIишаталде квешаб къасд лъурав щинав чIвазе вуго, бусурабабазул жо бикъарав чиясул къотIизе буго квер, чIварал талавурчагIи ва гъачагъал бусурбан къагIидаялда рукъизе гьечIо, гьел, балкан киниги, хабалазда аскIор ракьулъ рукъун тезе руго. Дица цойги нухалъ такрар гьабулеб буго, гIурусаздехун, нилъер гьудулзаби – хъазахъаздехун зина гьабуразе дица цIоб тун тамихь гьабизе буго, щай гурелъул гьаб захIматаб заманаялда нилъеца цIунизе ккола мадугьалзабигун лъикIаб гьоркьоблъи. Мадугьалзабигун бугеб нилъер ракълилаб гIумру хвезабизе ва нилъер ракьалда анархия чIезабизе бокьарал чагIи ккола исламалъул тушбабилъун…».

Октябралъул инкъилабги Россиялда коммунистазул хIакимият чIезабиги ХIоцоса Нажмудиница къабул гьабичIо, хIатта гьелдехун гьесул букIана тушманлъиялъулаб бербалагьи.

1919 соналъул марталда гIуцIана МугIрузулаб Республикаялъул цIияб хIукумат Пшемахо Коцевгун бетIерлъуда. Гьениве гъорлъе, шаргIалъул ишазул нухмалъулев хIисабалда вачана ХIоцоса Нажмудинги.

1919 соналъул апрелалда МугIрузулаб Республикаялъул парламенталъул хIукмуялда рекъон, ХIоцоса Нажмудин, шаргIалъул ишазул идараялъул бетIер хIисабалда, вачун вукIана хIукуматалъул делегациялде гъорлъе Деникинил Добровольцазулаб аскаргун гарачIвари гьабизе.

МугIрузулаб Республика биххун ва хIукуматалъул бетIерлъуде генерал МикагIил халилов вачIун хадув Нажмудин оппозициялде уна. Гьес къабул гьабичIо Халиловасул хIукуматги гьелда хадуб бачIараб коммунистазул режимги.

1920-1921 соназда имам Нажмудин вукIана Совет хIукуматалде данде Дагъистаналъул халкъаз гьабулеб рагъулаб хIаракаталъул гIуцIарухъанги нухмалъуливги. Гьеб хIаракат БагIар Аскаралъ къинабун хадуб ва Дагъистаналда Совет хIукумат тIубан щулалъиго, 1921 соналъул маялда ХIоцоса Нажмудин лъазавун вукIана дагъистан халкъалъул тушманлъун, ва гьев вахчарилев вукIана Дагъистаналъулги Чачанистаналъулги ракьалда.

1925 соналда имам Нажмудин куна ва Шимали Кавказалъул краялъул ОГПУ-ялъул хIукмуялда рекъон, гьесие чIвазе къотIула.

Дагъистаналъул тарихияб адабияталда ахираб заманалде щвезегIан букIинчIо ХIоцоса Нажмудинил гIумруялъеги хIаракаталъеги битIараб ва хIакъикъияб къимат кьураб асар.

ГIицIго 2005 соналда бахъана басмаялда Нажмудинил хIакъалъулъ лъикIаб, рагIа-ракьанде щун гьесул бечедаб гIумруги, гIелмуги, хIаракатги баян гьабураб тIехь – «ХIоцоса Нажмудин: ХХ гIасруялъул тIоцебесеб ункъил бутIаялда Дагъистаналда жамгIиябгун политикияб къеркьей». Гьеб къиматаб хIалтIул авторлъун ккола тарихиял гIелмабазул доктор ХIажи-Мурад Доногъо.

ХIоцоса Нажмудинил заманалда рукIаразул баяназда рекъон, имам вукIун вуго магIарулазул популярияв диниявгун политикияв лидер, гIалимчи ва шагIир. ГIицIго гIараб мацIалда хъварал гьесул шигIриял асарал ккола поэтикияб каламалъул жинда релълъараб цIакъ къанагIат гурони гьечIеб мисаллъун ва Дагъистаналъул поэзиялъул адабияб хазиналъун.

Жакъа къоялде щвезегIан баянлъун буго ХIоцоса Нажмудинил батIи-батIиял жанразда хъварал шигIриял асаразул 67 цIар. Гьезда гьоркьоса бищунго машгьураблъун ккола 1914 соналда Темир-Хан-Шураб басмаялда бахъараб «Азхару ар-равияти фил мадахи ан-набавийиати» абураб къасида. Гьелъул буго 10 бетIерги ва 362 байтги. Гьеб цIаларав хIикмалъизавула асаралъул гъварилъиялъги пасихIлъиялъги. Къасида хъван буго «мим» абураб рифмаялъ, «басит» абураб роценалда. Нажмудинил гьеб къасидаялъе хъвараб цеберагIиялда гьанжесев Сириялъул гIалимчи доктор МухIаммад ал-ХIабашица хъвалеб буго гьадин:

«Ва дица, нужедаса шагIирасул цIарги бахчун, гьеб къасидаялъул цо бутIа цIалун букIарабани, нужеда ккелаан гьеб бугин ал-Набигъи аз-Зубйианил ялъуни Имрулкъайисил ва гьезул заманалда рукIарал классикияб жагьилиялъул (исламалда цебесеб) поэзиялъул шагIирзабазул поэзиялдасайилан. Щайгурилъул шагIирас кIудияб гьунаралда пайда босулеб буго гIараб мацIалдаса, церего кIочон тарал рагIабиги пикрабиги хIалтIизарулаго».

Бакъбаккул гIелмуялъул машгьурав гIалимчи академик И.Ю. Крачковскияс цIакъ кIудияб къимат кьолаан ХIоцоса Нажмудинил асаразе. Гьел батIи-батIиял заманазда басмаялде рахъун рукIана Сириялдаги Туркиялдаги ва тIиритIун рукIана тIолабго Кавказалда.

Щаклъи гьечIо, ХIоцоса Нажмудинил Совет хIукуматалдехун, коммунистаздехун, гьезул идеологиялдехун ва гьезул рахъ ккураздехун букIана кьварараб, гурхIел-рахIму гьечIеб гьоркьоблъи. Гьес гьел рикIкIунаан ислам диналъул тушбабилъун, мунапикъзабилъун.

Къисматалъ цIакъ кьогIаб ахир хIадур гьабун батана ХIоцоса Нажмудиниеги, гьесул хъизамалъеги, гIагарлъиялъеги. Совет махIкамаялъул хIукмуялда рекъон, чIвана гьесул 16 сон бараб вас АхIмад, ясал ПатIиматги СагIадатги, кIиявго дурцги.

Живго имам Нажмудин чIвана Ростов шагьаралда 1925 соналъул 15 октябралда.

КигIан коммунистазул заманалда Нажмудин халкъалда кIочон тезавизе хIаракат бахъаниги, гьев кIудияв мужагьид, гьунар тIокIкIав гIалимчи, чилъи кIудияв инсан гIагараб халкъалда кIочон течIо ва тезе гьечIо. Щибниги щаклъи гьечIо, гьесул цIаралъги, гIумруялъги, хIаракаталъги гIагараб заманалда жаниб жиндирго мустахIикъаб бакI кквелеблъи Дагъистаналъулги Кавказалъулги тарихалда.

Аллагьас гьесул мунагьал чураги!

АхIмад МуртазагIалиев, Россиялъул ГIелмабазул Академия,
Дагъистаналъул ГIелмияб Центр,
МацIалъул, адабияталъул ва санаталъул институт,
филологиял гIелмабазул доктор

 
 (голосов: 11)
| | Комментарии (0) | Распечатать
 
Уважаемый посетитель, Вы зашли на сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо зайти на сайт под своим именем.


Поделиться:

Добавить страницу в закладки:
Добавить закладку в Бобрдобр Добавить закладку в news2 Добавить закладку в Memori Добавить закладку в Newsland Добавить закладку в СМИ2 Добавить закладку в Vaau Добавить закладку в Mister-Wong Добавить закладку в Newsvine Добавить закладку в Delicoius Добавить закладку в Slashdot Добавить закладку в Blogmarks Добавить закладку в Technorati Добавить закладку в Folkd


Если Вам понравилась новость поделитесь с друзьями :

Другие новости по теме:

  • АхIмад Чинарил адабияб нух
  • Камуна белоканияв «Азербайжаналъул халкъияв артист» Телман Адыгезалов.
  • ХIамзатил Расул ва Турция: Адабиял Бухьенал
  • Камиль Султанов. Рагъул соназда аваразул поэзия
  • ЦIадаса ХIамзатилги, ХIамзатил Расулилги хIакъалъулъ цо-цо жеги гIатIидго л ...
  • ЦIоралдаса НухIиязул тухумалдаса НакIкIазул МухIамад
  • Инсанасе мустахIикъаб къимат халкъалъ кьола.
  • Надир-шагьил рагъаул хIакъалъулъ
  • ГIадатияв муъминчи
  • АхIмад Чинар: Меседо (хабар)


  •  

    Информация
    Посетители, находящиеся в группе Гости, не могут оставлять комментарии в данной новости.
    Панель управления


    Последние комментарии

    Календарь
    «    Октябрь 2024    »
    ПнВтСрЧтПтСбВс
     
    1
    2
    3
    4
    5
    6
    7
    8
    9
    10
    11
    12
    13
    14
    15
    16
    17
    18
    19
    20
    21
    22
    23
    24
    25
    26
    27
    28
    29
    30
    31
     

    Статистика
    Опрос

    Лучший из сайтов
    Неплохой сайт
    Устраивает ... но ...
    Встречал(а) и получше
    Совсем не понравился


      Главная  |  Регистрация  |  Правила  |  Библиотека  |  Фотогалерея  |  Видео и ТВ |  Обратная связь
    © MAARULAL.RU 2009   Design by  Tsor-Studio.   Все права защищены
    ALLDAG.ru  Яндекс цитирования Система Orphus
     
    Мнение администрации сайта может не совпадать с точкой зрения авторов статей !
    При использовании материалов сайта, активная гиперссылка на сайт Maarulal.Ru обязательна!
    При использовании материалов сайта в печатных СМИ, на ТВ, Радио - упоминание сайта обязательно!
    Так же обязательно, при использовании материалов сайта указывать авторов материалов.