| Сделать стартовой  |  Добавить в избранное | RSS 2.0
 |   | 
 
Поиск по сайту: Расширенный поиск по сайту   •   Аварско-русско-англо-турецко-арабский онлайн словарь:


Новости сайта

Рейтинг новостей

Архив новостей


Партнеры

Наша Кнопка (размер 31X88)

Получить код Кнопки Gif

Разместите на своем сайте нашу кнопку, а в ответ мы разместим Вашу кнопку или ссылку!

Если Вы нашли ошибку в тексте, выделите ее и нажмите Ctrl+Enter
 
» ГIадатияв муъминчи
23 декабря 2010 | Общество | добавил(а): muhamedavar | Просмотров: 14173
ГIадатияв муъминчи ГIадатияв муъминчи Хадижалав НурмухIамадил МухIамад гьавуна гIага-шагарго 1887-89 соназда. Жеги льимерльуда вукIадго хвана гьесул эмен НурмухIамад вабаалъ унтун. Гьев вукъун вуго гьединаб унтиялъ хваразул хасаб хабалалъ РикIкIалахъ абураб колода аскIоб.
Гьесул эбел Хадижат ккола ТIанусиса КIудияв ХIасан абулев Шамилил рагъухъанасул васасул Зирарил яс. Зирарил йикIун йиго щуго чIужу ва гьезие гьарурал 25 лъимал. Хадижатида абулаан ГIочIлоса Хадижаянги. Щаян абуни ГIечIендерида аскIоб бугеб Хъачда абулеб ракьалъул бетIергьанчи гьелъул эмен Зирар вукIиндал, гьелъул эбелги гьенийго йикIиндал.
МухIамадица лъагIелгун башдаб бараб мехалъ бетIергьанчиги хун хутIарай Хадижа ячуна ХIажимухIамад абурав чияс. Гьезие гьарула кIиго ясги цо васги: Чакар, Парида, ГIумар. ГьитIинав чи МухIамад цIакъ тирияв, цо хIалалда чIоларев чиги вукIун, гьесул тIалаб-агъазалда йикIуней гьесул ункъгIалалъ, дир чIетI вугин аван абулеб букIун буго. ХерлъизегIанги гьеб цIар хутIун букIана гьесда росулъ.
Бесдал эмен ХIажимухIамад вехьги вукIун эс авги вачунаан цадахъ вехьлъуде. Гьеб хIалтIи чIалгIарав гIолилас хIукму гьабула, жиндирго гIелалъул росуцояв Хъазанбигун цадахъ росулъа къватIире рахъине гIелму тIалаб гьаби нияталда. Нухде квен-тIех таргьинубги лъун, хIатIида рахъуна ЦIумадехун ралагьун. Гьенир байбихьула цIализе ТIинди росулъ. ЦIалулъ эхеде ваханагIан, кIудиял гIалимзаби цIехон, чанго батIияб росабалъ мутагIиллъун вукIуна. Берцинаб хатIги, кверда махщелги бугев чи вукIун, гьес жиндиего бетIербахъиялъе росулаан басриял, тIамчал камурал, хухарал тIахьал ва гьел къачIа-кIатIан дурус гьарун ричулаан. Лъеберго соналъул гIумроялде вахинегIан Хадижалав тIадчIола гIелмуялда.
Гьелдаса хадуб жинцаго цIализарула гIелму-лъай къваригIарал. Лъеберго сон барав чияс, жиндирго гIадаб къисматалъул I5 сон барай бесдалай ПатIиматги ячун гьабула хъизан. Инсулго хутIараб, башдаб бихараб минаялъуб байбихьула яшав гьабизе. Мина цIигьабизе рачуна къадахъаби, амма гьезие кьезе чед квен лъугIидал гьел нахъе ритIизе кола. Гьесул бугеб къварилъи бихьун гьесухъе вачIуна вацгIал ИнусхIажи гьевги лъикIав гIалимчи. Гьес гIакълу кьула Дуцаго хIалбихьейила къед гьабизе, мун махщел букIинисев къуватав чиги вугин абун. Гьедин ругьунлъулаго бана МухIамадица мина. Вахъана цIар арав къадахъанлъунги цIулал устарлъунги. Хадижалав вукIана сверухълъиялдаго рагIарав гIалимчиги махщелчиги. Харахьи, Кьохъ, Игьали росабалъ гьес рарал тIубарал авалал рукIана.
ГIелмуялда тIасан цере рукIунаан данделъаби-бахIсал. Гьел бахIсазде ахIулаан кидаго Гьарадерихъа МухIамадги (хьиндаллъиялда гьединги абулаан Хадижаласде) ТIолабго гIумру Хадижаласул анна сверухъ ругел росабалъ минаби ралаго, цIулал хIалтIи гьабулаго. Гьесул букIана жиндирго къебеллъи, гIемераб тIагIел алат данде гьабун букIана. Къад хIалтIун, къаси цIалуде вусун вукIунаан. Швараб мухьалъухъ, киб шиб тIехь бичула бугин рагIаниги гьеб босизе унаан (гьанже гIадин гьарзаго гIелмиял тIахьал ругеб мех букIинчIо). Жакъадги гьесул васасул васас Шамилица нахъе цIунун буго кIудияб гIелмиял тIахьазул библиотека, гIелму лъай къваригIаразе пайдаялъе. ШаргIкъотIи гIелмуялъул тIахьал Хадижалас ричулаан. Гьал коммунистаз нилъее шаргI къотIизе биччаларилан абулаан гьес. Амма цойгидал тIахьал гьес ясбергIадин цIунулаан.
Лъабкъоялда анцIабилеб соналъ гьесухъе цо даргиял рачIун рукIана. Жидее ГАЗ-24 волга машинаялъухъ, къураналъул тафсир гьабураб 4 том тIахьал хисеян, гьелги гьес нахъ чIвана.
Херлъун гIодов ккезегIан росдал ракьалда ругел лъимал къачIан, нухал къачIан, цо къоялъ гIаги хIалхьуда чIолароан гьев. Жиндирго харж гьабун росулаан маххул русби, турбаби. БоцIи гьекъезе санагIалъаби гьарулаан кибго лъин баккулеб бакIазда. Жиндаго хIалтIи гьабизе хIал кIвечIеб мехалъ, жиндирго гIарацги кьун чи вачунаан. ЦIакъго гIемерал гьалбал рукIунаан МухIамадил. Живгоги гIемер шолаан гьоболлъухъ. Кьохъа СултанмухIамадхIажи (р.гI.) гIемер вачIунаан Гьарадерихъе асде швезе. МелъелтIаса Сулайман-дибир вукIана Хадижаласул цIакъ божарав гьудул, гIемер тIаде гъоркье шолаан. Гьединго ЛъагIелухъа кIудияв гIалимчи Шангерейилгун бухьенал рукIунаан гьасул. РакI гIатIидав таваккал цIикIкIарав чи вукIана мунагьал чурад. Кинаб къварилъи тIаде бачIаниги абулаан:  - Нужеца пикру гьабейила нужедасаги къварилъиялда чи ватулила.  ГIемер гIагарлъи букIана гьасул. Жиндир 50 вацгIал вугин бицунаан  МухIамадица. Хунзахъ, ТIануси, Генуб росабалъ руго Хадижаласул гIагарлъи.
Дагъистаналъул тIоцевесев президент МухIу ГIалиев, Хадижаласул мунагьал чурадил яцгIалалъул ясалъул вас ккола.
Росуцоязе ва тIолго магIарулазе гIумродул мисаллъун вачине бегьулев чи вукIанин тола дица Гьарадерихъа  МухIамад – Хадижалав.

МухIамад ГIабдулхIалимов
 
 (голосов: 6)
| | Комментарии (0) | Распечатать
 
Уважаемый посетитель, Вы зашли на сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо зайти на сайт под своим именем.


Поделиться:

Добавить страницу в закладки:
Добавить закладку в Бобрдобр Добавить закладку в news2 Добавить закладку в Memori Добавить закладку в Newsland Добавить закладку в СМИ2 Добавить закладку в Vaau Добавить закладку в Mister-Wong Добавить закладку в Newsvine Добавить закладку в Delicoius Добавить закладку в Slashdot Добавить закладку в Blogmarks Добавить закладку в Technorati Добавить закладку в Folkd


Если Вам понравилась новость поделитесь с друзьями :

Другие новости по теме:



 

Информация
Посетители, находящиеся в группе Гости, не могут оставлять комментарии в данной новости.
Панель управления


Последние комментарии

Календарь
«    Июль 2024    »
ПнВтСрЧтПтСбВс
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28
29
30
31
 

Статистика
Опрос

Лучший из сайтов
Неплохой сайт
Устраивает ... но ...
Встречал(а) и получше
Совсем не понравился


  Главная  |  Регистрация  |  Правила  |  Библиотека  |  Фотогалерея  |  Видео и ТВ |  Обратная связь
© MAARULAL.RU 2009   Design by  Tsor-Studio.   Все права защищены
ALLDAG.ru  Яндекс цитирования Система Orphus
 
Мнение администрации сайта может не совпадать с точкой зрения авторов статей !
При использовании материалов сайта, активная гиперссылка на сайт Maarulal.Ru обязательна!
При использовании материалов сайта в печатных СМИ, на ТВ, Радио - упоминание сайта обязательно!
Так же обязательно, при использовании материалов сайта указывать авторов материалов.