| Сделать стартовой  |  Добавить в избранное | RSS 2.0
 |   | 
 
Поиск по сайту: Расширенный поиск по сайту   •   Аварско-русско-англо-турецко-арабский онлайн словарь:


Новости сайта

Рейтинг новостей

Архив новостей


Партнеры

Наша Кнопка (размер 31X88)

Получить код Кнопки Gif

Разместите на своем сайте нашу кнопку, а в ответ мы разместим Вашу кнопку или ссылку!

Если Вы нашли ошибку в тексте, выделите ее и нажмите Ctrl+Enter
 
» АхIмад Чинар: Меседо (хабар)
26 ноября 2010 | Стихи, Поэзия и Рассказы, Разное | добавил(а): admin | Просмотров: 17055
1864 соналъул их букIана. Дагъистаналъул бетIер накIкIазде щвезегIан борхизабураб къадруяб Гъуниб мегIералъул ракьанда, сардал моцIрода тункизегIан борхалъуда гIуцIун букIараб Гъуниб росулъаги гIадамал ватIан тун рикIкIаде гочунел рукIана. Хъизамал, вацал-яцал, гIагарлъи, гьудулзаби ва, бищунго захIматаб, рокьулел ратIалъулел рукIана.
ГIурусаз кверщел гьабиялъги ватIан тун гочине ккеялъги лъугьинабураб пашманлъиялъ щибниги жо баян гьабичIеб борхатаб рокьул кIиго ракI букIана Меседоги МухIамадги. МухIамад нахъисеб къоялъ жиндирго гIагарлъи-кулпатгун цадахъ ГIусманиязул ракьалде гочине хIадурлъулев вукIана. ТIаде бачIараб балагьалъул хIисаб гьабурабго, тIоцебесеб нухалъ гьадигIанго цIакъ рескъотIиялъ асар гьабулеб букIана гьесие. ЦIураб моцI, квер битIун босизе кIолеб гIадин, Меседол гьумергIан гвангъун букIана.

МухIамад цинтIаго вукIараб бакIалдаса векерана ва Меседол кIалтIе щун ватана гьесда живго. Кавуда кIутIизехъинив вукIараб мехалъ, мажгиталдаса рокъове вачIинев Меседол эмен гIалимчи ГIабдурашидгун тIаде щвана. Гьез цоцазе салам кьуна. ГIабдурашидида, къаси мех букIиналъ, МухIамад лъачIо.
– Дун МухIамад вуго, ГIабдурашид! Жаватханил вас! – илан абуна гIолохъанчияс.
– МухIамад! Жаниве вачIа, дир вас, – ан абуна ГIабдурашидица.
– Лъугьинарин гьанже. Къо-мех лъикI гьабизе вачIун вукIана дун, гьабизе жо гIемераб буго нижер.
– Нужер хъизанги унеб рагIулаха… Нух битIаги, дир вас. Аллагь нилъеда щивасда цадахъ вукIаги, – янги абун: «ПатIимат! Меседо!» – ян ахIдана гьев.
Цин Меседо ячIана къватIие, хадуй гьелъул эбел ПатIиматги яккана.
– МухIамад вуго нилъгун къо-мех лъикI гьабизе вачIун, – ан абуна ГIабдурашидица.
ПатIимат гIодизе байбихьана. Гьей МухIамадида къочана… «Къадар буго гьаб, дир вас. Цоцазе дугIа гьабизин», – ан гьелъ абулаго, Меседо, моцIрол канлъудухъ, рахчизе гьарулел риччарал бералгун, сихI къотIун яхъун чIун йикIана кавудухъ. Жанисан тIолабго гIаламалъе нагIана кьолаго: «Нилъги рилълъинин, дада!» – илан ахIизе бокьун букIана гьелъие.
МухIамад рескъотIун вукIана. Меседое жиндирго рокьи рагьизе бокьун букIана гьесие. Цо лахIзаталъ моцIрода бер чIвана ва гьесул рескъотIиялъул реслъун лъугьана моцI.
– ГIабдурашид, Меседода абизе бокьараб цо жо буго дир, дуца изну кьуни…, – ян, цогин цо гьейгун кIалъазе изну гьарана гьесдаса.
– ЛъикI буго, дир вас. Аллагьас нилъее киназего кумек гьабеги, – янги абун, гьев ПатIиматгун цадахъ жаниве лъугьун ана.
МухIамадица хIасратаб цо гьаракьалъ абуна ясалда:
– Дун унизда гьоркьов вуго, мунин абуни хIутIулезда… ТIасалъугьа, Меседо.
– Дун тIасалъугьарай йиго… Мунги тIасалъугьа…, – ян захIматго гурони абизе кIвечIо гьелда.
– Нилъеца нилъерго реццалъе гIоло кодоса бачIарабщинаб гьабунаха. ГъалбацI цIакъ бахIарчияб хIайван буго, амма, жибго цохIо букIиналъ, тIаде бачIараб рехьедалдаса къуна гьеб. Гьаб гьайбатаб улкаялда, гьабун бертингун, мунгун кьурдизе кигIанха дие бокьилеб букIараб, амма хъахIбаяв тушманасе, доб тIаде бачараб рехьедалъе нагIана батагиха…
СихIкъотIун чIана гьел дагьаб мехалъ, ва хадуб васас абуна:
– Гьаб сордоялдаса байбихьун, щибаб сордоялъ моцIрохъ ялагье мун, Меседо, дунги валагьила гьелъухъ, – ан.
– Щибаб сордоялъ ялагьила…, – ян гIодилаго абуна гьелъ.
Рогьалимех гIагарлъарабго, зоб гъугъайгун цадахъ пирхараб пириялъ гвангъизабураб сардилъ, зобил кIамури бихъ-бихъбихъизабун, цIваби инсанасде тIаде рортизехъин ругеб гIадинаб асар лъугьиабуна ва чваххун цIадгун цадахъ дуниял-гIалам гIек-гIекун гIодилеб бугилан кколеб букIана.
Гочиналъул нух босараб мехалъ, цо гIасияб гьаракь киниги рорхун унел гIодилел гьаркьаз зоб гъугъайгицин къезабулеб букIана. «Жакъаги, щибаб къоялъ киниги, хъвараб къадаралда жанир руго нилъ, гIодизе рекъараб бугебищ нилъеда, рагъазаде, бертабалъе унел гIадамазда рекъеладай гьаб рескъотIи! Хъат чIвай!..», – йиланги абун, кьурдизе лъугьана Дибир Камал. Гьев чанго нухалъ рагъде тIойитIарай, бахIарчияв Дибир Камалил йокьулей лъади ШугIайнатги, рохел бихьизабизе жигарги бахъулаго, гьевгун цадахъ кьурдизе яхъана. Щивав, бида бецIцIулеб ракIгун, тушманасдехун бугеб цидацаги рукьукълъиялъги гъанкьулев вукIана…
Цоял ракъдадасан, цогидал ралъдадасан – аза-азар инсан, гIемерисел ГIусманиязул ракьазде гочун унел рукIана. Гочунезул бащалъиялдаса цIикIкIарасел нухда хвана. ГIусманиязул пачалихъалъ Кавказалъул халкъал вацал гIадин къабул гьарулел рукIана.
Кавказалъул халкъал пачаясул Россиягун цIидасан бадиса бадире хутIун, гьебгун рагъилел рукIуна. Гьеб рагъулъ ГIусманиязул улкаги гIахьаллъула.
Имам Шамилил вас ГъазимухIамадил чIужуялъул вац ва ГIусманиязул пачалихъалъул бищун бахIарчиял генералзабазул цояв, «ГIиракъалъул ФатихI» цIаргун рецц щварав МухIамад Фазил-пашал аза-азар кавказалъуласдаса гIуцIараб «Дагъистаналъул полкалда» вукIана, щибаб сордоялъ моцIрохъ валагьун, жиндирго Меседоде дунялалда бищунго хIасратал кучIдул ахIулев, чIваххун цIад балеб сордоялъ пирхулеб пириялъ гвангъизабулеб дунялалда Меседол гьайбатаб гьумер бихьулев МухIамад абун цо бахIарчияв капитан.
Гьеб букIана I9I6 сон. Багъдад шагьар цIунулеб рагъулъ аскаралъул бетIералда, бищун цебесеб кьералда вагъулев вукIарав МухIамад Фазил-паша, тушманасул гуллаги щун, гьенив шагьидлъула.
Гьеле гьеб, жиндирго командир шагьидлъараб рагъулъ, каранзулъ кIиго гуллаги щун, захIматго лъукъула МухIамадги. Дунялалъул бецIлъигун цадахъ моцIги битIахъе МухIамадил каранда тIад бихьулеб букIана. Гьеб букIана цIураб ва цIакъ гвангъараб моцI. Гьимулаго, гьес абуна: «Щукру буго дуе, БетIергьан Аллагь», – йилан. МухIамадида лъалаан жив холевлъи. Къаданив чIун вукIарав Закаталаялдаса ХIамзатида гьес гьарана жив цо кьурухараб бакIалдехун вачеян; гьедин гьев Меседоде жеги гIагар вукIине вуго. Гьогьомараб гьороца, тIогърода жаниса раккарал расалги недегьго расандизарулаго, гьелдаса ватIалъиялъ гьесие кьолеб букIараб гIазабги кьогIлъиги кIочонтезабулеб букIана. ЗахIматго рагьарал бералгун моцIрохъ валагьулаго, рекIел гъварилъиялдаса гIицIго Меседода гурони рагIизе кIолареб гьаракьалъ гьес абуна: «ЛъикIго йикIа, Меседо! МоцIролаб дир гьумер, дир сардазул гъвангъи!». БацIазул, чакъалазул руруди, рузил угьди, гьорол гьаркьал ракIалдещвезарулеб гьешдей – кинабго чIаголъи, рагъул майданалда хутIарал жаназабиги кIочон тун, МухIамадида хадуб гIодулеб ва Меседохъе хабар щвезабизе жигар бахъулеб букIана. МухIамадида гьеб щибниги рагIулеб букIинчIо; Меседол беразухъ валагьулаго, гIазабалъулъ бугеб гьесул рекIеца тIолабго гIалам сихIкъотIун чIезабун букIана… Гьес берал къанщаралго, моцIги бахчулаан, ракI чIунтIизабулеб сордоялъ Закаталаялдса ХIамзатица пашманаб гьаркьидалъун цIаларал, тIолабго гIаламалъе асар лъугьинарулел аятал рукIинчIелани, моцI цойги нухалъ гвангъизе букIинчIо…
Меседоги щибаб сордоялъ, рукъалъул тIохдеги яхун, моцIрохъ ялагьун йикIунаан. Гьелъул бадиса чвахулеб магIудулъ гвангъараб цIа, инагьдилеб бугеб рекIеде тIинкIулеб букIана. Лъиданиги щибниги жо бицун букIинчIо гьелъ жиндирго вокьулесул хIакъалъулъ. Ахиралдаги каранзул унти ккана Меседода.
Ясалъул рокьи бичIчIарав кIудияв гIалим ГIабдурашидица гьей, МухIамадидаса яталъичIого йикIине гIоло, щибаб сордоялъ кодой ккун, тIохде йосулаан ва моцIрое кьолаан. Рокьуца къоялдаса къоялде загIиплъизаюлей йикIарай Меседое дугIаби гьарулаго, живгоги тIагIун лъугIулев вукIарав ГIабдурашидица, гьеб сордоялъги Меседо захIматго йосана кодой ккун ракьул тIохде.
Ясалда бичIчIулеб букIана жий холей йикIин ва гьеб сордоялъ инсул кверал риччачIо гьелъ. МоцI ккуна гьеб сордоялъ.
ЧIечIого Меседое дугIаби цIалулев вукIарав ГIабдурашидида ахирги бичIчIана ясалъул кверал загIиплъараллъи. Гьелъул кверги биччачIого, бецIаб, ахир гьечIеб зодовеги валагьун, гьес шурана: «Ле, тушманав залим, ле, ахIмакъ, нижер щивав дур тIолабго аскаргун вагъулев вуго ва нижер щивав дур гьеб тIолабго аскаралдаса бахIарчиявги вуго. Ле, хъахIба! КIудияб дунялалда нижее щвараб дангъур гIанасеб ракь, ва нижее гIоло дунялалдаса дагьабги къиматаб ватIан Кавказ – гьебги нижер кодоса бахъизе гIоло гьабгощинаб зулму гьабуна дуца. Цогояб ракIлъун рукIана ниж, гьебги аза-азар бутIабазде бикьизабун, дунялалъул ункъабго рахъалде щущазабуна дуца. Дуца ниж лъугIизаризе гьечIо ва цохIого цо чи хутIанигицин, нижеца Кавказ я дуе, я батIиязе кьезе гьечIо. Ле, хIалихьат! ТIолабго дунял дур бугонигицин, Меседол багьаяб букIинадай гьеб?».

Турк мацIалдаса буссинабуна АхIмад МуртазагIалиевас
Источник: Белокан-Инфо
 
 (голосов: 6)
| | Комментарии (1) | Распечатать
 
Уважаемый посетитель, Вы зашли на сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо зайти на сайт под своим именем.


Поделиться:

Добавить страницу в закладки:
Добавить закладку в Бобрдобр Добавить закладку в news2 Добавить закладку в Memori Добавить закладку в Newsland Добавить закладку в СМИ2 Добавить закладку в Vaau Добавить закладку в Mister-Wong Добавить закладку в Newsvine Добавить закладку в Delicoius Добавить закладку в Slashdot Добавить закладку в Blogmarks Добавить закладку в Technorati Добавить закладку в Folkd


Если Вам понравилась новость поделитесь с друзьями :

Другие новости по теме:



 

#1 написал(а): qolodisev (28 ноября 2010 13:57)

очень трогательная история

Информация
Посетители, находящиеся в группе Гости, не могут оставлять комментарии в данной новости.
Панель управления


Последние комментарии

Календарь
«    Март 2024    »
ПнВтСрЧтПтСбВс
 
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28
29
30
31

Статистика
Опрос

Лучший из сайтов
Неплохой сайт
Устраивает ... но ...
Встречал(а) и получше
Совсем не понравился


  Главная  |  Регистрация  |  Правила  |  Библиотека  |  Фотогалерея  |  Видео и ТВ |  Обратная связь
© MAARULAL.RU 2009   Design by  Tsor-Studio.   Все права защищены
ALLDAG.ru  Яндекс цитирования Система Orphus
 
Мнение администрации сайта может не совпадать с точкой зрения авторов статей !
При использовании материалов сайта, активная гиперссылка на сайт Maarulal.Ru обязательна!
При использовании материалов сайта в печатных СМИ, на ТВ, Радио - упоминание сайта обязательно!
Так же обязательно, при использовании материалов сайта указывать авторов материалов.