| Сделать стартовой  |  Добавить в избранное | RSS 2.0
 |   | 
 
Поиск по сайту: Расширенный поиск по сайту   •   Аварско-русско-англо-турецко-арабский онлайн словарь:


Новости сайта

Рейтинг новостей

Архив новостей


Партнеры

Наша Кнопка (размер 31X88)

Получить код Кнопки Gif

Разместите на своем сайте нашу кнопку, а в ответ мы разместим Вашу кнопку или ссылку!

Если Вы нашли ошибку в тексте, выделите ее и нажмите Ctrl+Enter
 
» ТIаде щолеб буго Бергьенлъиялъул Къо – 9 май!
24 апреля 2010 | Общество, История | добавил(а): s_xanaev | Просмотров: 21674
ТIаде щолеб буго Бергьенлъиялъул Къо – 9 май! 9 май! Бергьенлъиялъул Къо – миллионазул гIумруялъухъ босараб бергьенлъиялъул къо. Роххелги  магIуги жубараб байрамалъул къо. Гьеб къоялъухъ щвезе 4 сон бана нилъер умумуца окопахъ, сангарахъ, цIоройги - захIмалъиги, ракъиги – къечги кIочон, жакъасел нилъее гIоло, жакъасел нилъее эркенаб гIумру кьеялъе гIоло, жакъасел нилъее гIумру рахIат гьабиялъе гIоло. Миллионаз гIумру кьуна миллионазул гIумру хвасар гьабулаго. 26 миллионалдаса цIикIкIун совет солдат бахIарчиго хвана гьеб цIадулаб рагъда. Тушманасе рахIму гьабичIо совет солдатас, къаси кьижичIо гьев, рахIатаб, тамахаб бусен кIочона гьесда, гьес гIумру кьуна гIицIго нилъер бергьенлъиялъухъ.            

КигIанал тIагIарал совет солдатазул лахIту-хобцин гьечIого! кинабго цIохIого цо бергьенлъиялъе гIоло, сундуйго разилъана, щибабго хIехьана совет солдатас, щибабго гьабуна гьес цохIого - цо бергьенлъиялъул къо щвеялъухъ. КигIанаб зулму къулчIараб гьес асирлъиялда, концлагеразда. Жакъа аза-азар «Вацлъиялъул хабал» руго халкъалъе зияраталъул бакIаллъун, тIолго дунялалъеги рагъул гIасилъиялъул «памятникаллъун». Амма гьел гIасилъабазда тIасаги вахъун босана гьес бергьенлъи, жибго дунял мукIураб бергьенлъи…

КIудияб ВатIаналъул Рагъ багъарана 1941 соналъул 22 июналда, Германиялъул фашистазул СССР-алда тIад рортиялдалъун. Ункъго соналъ халалъараб КIудияб ВатIаналъул Рагъда рищунго чIахIиял рагъал ккола:

1. Смоленскалъул рагъ
2. Киев цIуни
3. Одесса цIуни
4. Москваялъул рагъ
5. Севастополь цIуни
6. Сталинградалъул рагъ
7. Ленинградалъул блокадаялдаса бахъи
8. Белоруссиялъул операция
9. Будапешталъул операция
10. Висло-Одерскалъул операция
11. Восточно-Прусскалъул операция
12. Берлин боси.

Гьал рагъазулъ рищунго гIасияллъун рикIкIуна:

1. Москваялъул рагъ 1941 – 1942 сон.

Гьеб рагъда батIа бахъулеб буго 2 этап: цIуниялъулаб (30 сентябрь — 5 декабрь 1941 с) ва гьужумалъулаб (5 декабрь 1941 с. — 20 апрель 1942 с.). Рагъул байбихьуда немцазул рахъалъ «Центр» абураб армиялъулаб цолъиялда рукIана 1 800 000 чи, 1700 танк, 14 000 цIикIкIун миномет ва цогидал алатал, 1390 самолет. Совет войскаялъул абуни, Западалъулаб лъабго фронталда вукIана 1250 000 чи, 990 танк, 7600 алат ва миномет, 677 самолет.

ТIоцебесеб этапалда Западалъулаб совет армиялъ нахъе чIвана немцазул «Центр» абураб армиялъулаб цолъиялъул гьужум. ЦIуниялъулаб операциялда тушман вукIана таманав загIиплъизавун. Январалда – апрелалда  Западалъул, Калининскалъул, Брянскалъул ва Северо-Западалъул фронтаз тушман кIудияб заралги кьун 100 – 250 км-алъ нахъе рехана. Рагъул заманалда тушаманасе щвараб зарал рикIкIуна: 11 танкалъулаб, 4 маторизованныяб, 23 пехоталъулаб дивизия ва 333 азарго чи.

2. Сталинградалъул рагъ 1942 – 1943 сон.

Рагъда батIа бахъулеб буго 2 этап: цIуниялъулаб (17 июль — 18 ноябрь 1942 с.) ва гьужумалъулаб (19 ноябрь 1942 — 2 февраль 1943 с.).

ЦIуниялъулаб рагъда Сталинградалъул сверухълъуда ва жиб шагьаралда Сталинградалъул ва Доналъул фронталда кIвана дандеясул 6-леб армиялъул ва 4-леб танкалъулаб дивициялъул гьужум  чIезабизе. 6-леб армиялъул гъорлъ букIана 13 двизия, гьезда гъорлъ 270 гIагарун чи, 3 азарго алат ва миномет, 500 гIагарун танк. Гьаваялдаса гъозие кумек гьабулеб букIана 4-леб гьаваялъул флоталъул авиациялъ. Сталинградалъул фронталъул абуни, 160 азарго чи, 2,2 азарго алат, 400 гIагарун танк ва 454 самолет рикIкIунеб букIана.

19-20 ноябралда Сталинградалъул,  Юго-Западалъулаб ва Доналъул фронтал рахъана гьужумалъулаб операциялде ва Сталинградалъул сверухълъуда сверун тIамуна тушманасул 22 дивизия, гъорлъ 330 азарго чигун. 31 январь – 2 февралалда абуни, 6 –леб армиялъул хутIелгун цадахъ гьелъул бетIерлъун вукIарав генерал-фельдмаршал Ф. Паулюс совет армиялъ пленлъуде восана.

3. Курскалъул рагъ 1943 сон.

Гьаб рагъдаги батIа бахъулеб буго 2 этап: цIуниялъулаб (5 – 23 июль) ва гьужумалъулаб (12 июль – 23 августь). Фашистаз рагъде хIадур гьабун букIана 50 дивизия, гьелда гъорлъго 16 танкалъулаб ва механизированныяб дивизия, ва «Центр» абураб армиялъулаб цолъиялъул цо-цо бутIаби ва «Юг» абураб абураб армиялъулаб группа. Кинабго цадахъ рикIкIунеб букIана 70 % гIагарун танкалъулаб, 30 % гIагарун маторизиванныяб ва 20% цIикIкIун лъелаб аскаралъулаб дивизия, гьединго 65% рагъул самолетал.

Ракъдалаб аскаралъе кумек кьолеб букIана 4-леб ва 6-леб гьаваялъулал флотаз. Дандеясулъ рикIкIунев вукIана 900 азаралдаса цIикIкIун чи, 10 азаралда гIагарун алат ва миномет, 2700 танк ва 2050 гIагарун самолет.

Рагъул байбихьуда СССР-лъул рахъалъ Централияб ва Воронежалъул фронталъул гъорлъ рикIкIунев вукIана 1336 азар чи, 19 азаралдаса цIикIкIун алат ва минамет, 3444 танк ва 2172 самолет.

Дандеясул гьужум багъаризе кколаан радал 3 – 5 тIубалалде. Амма гьеб багъарилалде цебе совет армиялъ гьабуна артиллериялъулаб контрподготовка ва тушманасе кьуна кIудияб зарал. Цебеккун гьабураб хIадурлъиялъ тушман жаниве къазе течIого чIезавизе кIвана. Германиялъул армия 10 – 12 км гурони цебехун бачIун букIинчIо. Дандеясул бищунго кIудияб къуват Воронежалъул фронталъул рахъалда букIана. Гьаниб тушманасул цевехун вачIин рикIкIунеб буго 35 км. 12 июль ккола тарихалда бищунго кIудияб танказулаб рагъалъул къолъун. Гьеб къоялъ кIиябго рахъалдаса рагъде рахъун рукIана 1200 танк. Тушманасул гъоб къоялъ тIагIана 400 танк, ва гьединго 10 азаргогIанасев чи. 12 июлалда байбихьана рагъул цIияб этап ва лъугIана Орлалъулгун Белгородалъул, 5 августалда – 23 августалдаги, Харьковалъул эркен гьабиялдалъун.

Курскалъул рагъда чIунтизабуна тушманасул 30 дивизия (гьезулъго 7 танкалъулаб дивизия). Рагъда тушманасул хвана 500 азар чи,1,5 азар танк, 3,7 азар самолет, 3 азар алат.      

4. Белоруссиялъул операция (23 июнь – 29 августь 1944 с.).

Гьеб операциялъе кодалъулаб цIар лъун букIана «Багратион» абун. Гьеб ккола фашистазул «Центр» абураб армиялъулаб цолъи биххиялъе гIоло ва Белоруссиялъул эркен гьабиялъе гIоло советалъул высший командованиялъ гьабураб чIахIиял контнаступателиял операциязул цояблъун. Гъоб заманалъ дандеясул рикIкIунеб букIана, кинабго цадахъ, 63 дивизия ва 3 бригада гъорлъ 1,2 млн чигун, 9,5 азар алат, 900 танк ва 1350 самолет.

Гьезие данде чIун рукIана советалъул ункъго фронталъул аскар. Гьеб унъкго фронт цолъизабулеб букIана  20 тIолгобоялъулаб ва 2 танкалъулаб армиялъ. Кинабго цадахъ, букIана 166 дивизия, 112 танкалъулаб ва механизированныяб корпус, 7 мухIкан гьарурал районал ва 21 бригада. Кинабго цадахъ СССР-лъул бо гIунтIулеб букIана 2,4 млн чиясде, букIана 86 азар алат, 5,2 азар танк, ва рагъде хIадурал самолетал.

Рагъул хасияталъухъ балагьун гьеб бикьулеб буго 2 этапалде. ТIоцебесеб этапалда гьабуна цо чанго операция ва лъугIана тушманасул минскалъулаб цолъи сверун тIами. КIиабилеб этапалда абуни, ана сверун тIамурав дандеясул чIунтун вазавиялъулаб операция.

Белоруссиялъулаб операциялъул заманалда дандеясул тIагIун букIана 17 дивизия, 3 бригада, 50 дивизиялъулги башдаб состав тIагIун букIана. Кинабго цадахъ тушманасул гьеб операциялда тIагIарав чи рикIкIуна 500 азар. Гьеб операциялъул заманалда цо дагьаб бугониги эркен гьабун букIана Латвиягун Литваги. 20 июлалда БагIараб армия лъугьана Польшаялъул территориялде ва 17 августалда щвана Пруссиялъул гIорхъоде.

Гьеб операциялда гIахьаллъи гьабиялъухъ 400 азаралдаса цIикIкIун солдатасул ва офицерасул каранда бан букIана орденал ва медалал…

 5. Берлиналъул операция 1945 сон.

Гьеб ккола рагъул лъугIиялъулаб гьужумалъулаб операция. Байбихьана гьеб советалъул армиялъ 1945 соналъул 16 апрелалда, лъугIана 8 маялда. Операциялъул цебе лъураб къасд букIана Берлин цIунулеб немцазулаб армия биххи, Берлин боси ва Ольбаялде рахъи. Гьенир дандчIвазе кколаан союзалъулазулгун. Берлин цIунулеб букIана «Висла» ва «Центр» абурал армиялъулал цолъабаз. Кинабго цадахъ дандеясул вукIана 1 млн чи, 10 400 алат, 1500 танк, 3300 самолет. Резервалъул частазда гъорлъ букIана 8 дивизия, гьединго Берлиналъул горнизон гъорлъ 200 азар чигун.

Гьеб операциялда гIахьаллъи гьабуна лъабго фронталъ: 2-леб Белорусиялъулабалъ, 1-себ Белорусиялъулабалъ, 1-себ Украиналъулабалъ. Кинавго цадахъ гьужумалъулаб войскоялда гъорлъ рикIкIунев вукIана 2,5 млн солдат ва офицер, 41 600 алат ва миномет, 6250 танк, 7500 самолет, гьединго цо бутIа Балтиялъулаб ва Днепралъулаб флотилиялъул.

Хасияталъул рахъалъ Берлиналъул операция бикьулеб буго лъабго этапалде. 1-себ этап – тушманасул цIуни биххи (16-19 апрель). 2-леб этап – сверун тIамун дандеясул армия чIунтун бай (19-25 апрель). 3-леб этап – сверун тIамурал цолъаби тIагIинари ва Берлин боси (26 апрель – 8 май). Цере лъурал чIахIиял къасдал тIуран рукIана 16 – 17 къоялда жанир.

Гьеб операциялда гIахьаллъи гьабиялъухъ 1082 азар рагъухъанасе щвана «Берлин босиялъухъ» («За взятие Берлина») абураб медаль. 600 цIикIкIун гIахьалчи лъугьана Совет Союзалуъл герояллъун, 13 чиясеги кьуна кIиабилеб медаль «Меседил ЦIва» («Золотая Звезда»).

1945 соналъул 9 май рикIкIана КIудияб ВатIаналъул Рагъул лъугIараб ва бергьенлъи босараб къолъун…

1945 соналъул 22-леб июлалда багъарараб КIудияб ВатIаналъул Рагъ халалъана 1418 къоялъ ва сордоялъ, гьеб рагъда бищунго цIикIкIун инсанасулаб зарал щвараб Совет Союзалъул хвана 26 млн 546 азар чи – солдат ва офицер, гIадатиял ракълил чагIи, ракъун хварал ва гь.ц. Гьединаб къоялдалъул босана Бергьенлъи – хвана цоязул вац, цоязул вас, цоязул рос, вокьарав, абурав. Абизе бегьула, щибабго хъизаналда, наслуялда хъвана гьеб рагъул гIасилъи, захIмалъи, - щибавго чиясе бащадаб ккана гьеб рагъ. Амма гьел хварал чагIаца жидер гIумруялдалъун кьуна гIумру цогидазе, бачIунеб гIелалъе, жакъасел нилъее. Гьел солдатазул, офицеразул, гIадатиял чагIазул, цIуязул бихьиназул, рагъда гIахьаллъи гьабуралшиназул гIумруялдалъун, багьадурлъиялдалъун щвана нилъее, нилъ гIадинал миллиардазе гIумру, эркенго тиризе ихтияр, рахIатго кьижизе санагIалъи, жибго эркенлъи, жибго гIумру. Россия Федерациялъул президент Дмитрий Медведевас абухъе, гьел хваразул гIумруялдалъун щвана рагъда хадусел гIелазе рижизеги санагIалъи, ихтияр.

КIудияб ВатIаналъул Рагъул ветеранал кидаго рукIана рищунго хIурматиял чагIилъун, нилъер ракIалда кидаго хутIизеги руго рищунго хIурматиял чагIилъун. СССР биххун хадуса цIиял лъугьарал пачалихъазда гьездехун бербалагьи хисаниги, гьезие лъурал памятникал рихханиги, хисизе гьечIо киданиги бичIчIи бугел чагIазул гьездехун бугеб хIурмат-адаб, хисизе гьечIо киданиги гIадатияв чиясул гьезде балагьи. Щай гурелъул, гьел руго тIолгохалкъалъулал хиси гьечIел герояллъун, ва хутIизе руго кидаго герояллъун.

Хириял ветеранал, хIурматиял рагъул гIахьалчагIи, тIубалеб буго 65 сон рагъ лъугIаралдаса, киналго гьечIониги нуж жакъа нижеда аскIор руго, амма бокьилаан Бергьенлъи босиялъул 100 сон тIубайги нужгун цадахъ дандчIвазе. Аллагьас сахлъи кьеги нужее, хириял! Баркула нужеда тIаде щолеб бугеб 9 Май.

Автор: Сеймур Ханаев
 
 (голосов: 6)
| | Комментарии (0) | Распечатать
 
Уважаемый посетитель, Вы зашли на сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо зайти на сайт под своим именем.


Поделиться:

Добавить страницу в закладки:
Добавить закладку в Бобрдобр Добавить закладку в news2 Добавить закладку в Memori Добавить закладку в Newsland Добавить закладку в СМИ2 Добавить закладку в Vaau Добавить закладку в Mister-Wong Добавить закладку в Newsvine Добавить закладку в Delicoius Добавить закладку в Slashdot Добавить закладку в Blogmarks Добавить закладку в Technorati Добавить закладку в Folkd


Если Вам понравилась новость поделитесь с друзьями :

Другие новости по теме:



 

Информация
Посетители, находящиеся в группе Гости, не могут оставлять комментарии в данной новости.
Панель управления


Последние комментарии

Календарь
«    Декабрь 2024    »
ПнВтСрЧтПтСбВс
 
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28
29
30
31
 

Статистика
Опрос

Лучший из сайтов
Неплохой сайт
Устраивает ... но ...
Встречал(а) и получше
Совсем не понравился


  Главная  |  Регистрация  |  Правила  |  Библиотека  |  Фотогалерея  |  Видео и ТВ |  Обратная связь
© MAARULAL.RU 2009   Design by  Tsor-Studio.   Все права защищены
ALLDAG.ru  Яндекс цитирования Система Orphus
 
Мнение администрации сайта может не совпадать с точкой зрения авторов статей !
При использовании материалов сайта, активная гиперссылка на сайт Maarulal.Ru обязательна!
При использовании материалов сайта в печатных СМИ, на ТВ, Радио - упоминание сайта обязательно!
Так же обязательно, при использовании материалов сайта указывать авторов материалов.