Ассаламу гIалайкум ва рахIматулагьи ва баракатугьу!
Исламалда гьечIо цониги рагIи жиндир хIужжа гьечIого абураб, аслуялъе щибго жо босичIого абун биччан тараб. Гьединго гьечIо дин-исламалда сундуениги гьукъи, жиндие хIажалъи, сабаб-гIилла гьечIого гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас ва Гьесул Аварагас (гI.с.в.с.) нилъехъе щвезабун буго гьабизе бегьулебги бегьуларебги, нилъее гIатIидал баяналги кьун. ТIадегIанав Аллагьас нилъее гьеб баян гьабизе битIана жиндирго хирияб тIехь – Къуръан, нилъер хирияв Аварагасги (гI.с.в.с) нахъе тана гIемерал хIадисал.
Исламалъ нилъее кIудияб бичIчIи кьолеб буго мехтизарулеб жо гьекъезе гьукъиялъул, кидаго гьеб какун, гьелъул инсанасе ругел заралазул бицун, гьелъие Халикъас лъураб гьукъиялъул ва гьекъолев чиясе ахираталда букIинисеб гIазабалъул бицун. Аварагас (гI.с.в.с) жиндир хIадисалда абулеб буго: «Чиясул гIакълу сверизабулебшинаб жо - мехтизарулеб жо буго . Гьаб дунялалда гьеб гьекъолев чиясе доб дунялалда Алжан хIарамлъизе буго»,-ян. Гьединго аварагас (гI.с.в.с) цогидаб хIадисалда жамагIат ахIулеб буго гьеб гьекъей толерев чиясдаса рикIкIад чIезе, гьесие кумек гьабунгутIизе, гьев унтараб заманалъ гьесда тIаде раккунгутIизе ва гьев хвараб мехалъ вукъизе унгутIизе.
Гьединго халкъалъул хIабибасул буго цогидаб гьадинаб хIадисги жинда Аллагь разилъаяй ГIаишаца бицараб: «Аварагас (гI.с.в.с) абуна лъица бугониги мехтизарулеб жо гьекъолесе чедалъул кесек кьолеб батани гьесул чорходе (хабалъ) рачIине руго ичIкIалалгун борхьал»,-ян. Гьекъолдулев чиясулгун гьоркьоблъиялъе чIванкъотIун гьукъи лъолебго гIадин, буго щивав бусурманчиясда гьекъолдулев чи гьекъолдиялдаса нахъе ахIейила лъураб тIадкъайги. Аварагасул (гI.с.в.с) хIадисазда гьединго бусурбаби ахIулел руго гьекъолдухъабазе яс кьунгутIизе, гьезухъе къарзалъе гIарац кьунгутIизе, щайгурелъул мехтулеб жоялъ лъугьунабула кинабниги чорокабшинаб жо. Гьелъие нугIлъи гьабулеб Аварагасул хIадисги буго: «Мехтизарулебшинаб жо чороклъабазул эбел буго»,-ян. ЦоцIул мехтулеб жо гьекъарасул 40 къоялъ къабуллъуларебин какги, абулеб буго аварагасул (гI.с.в.с) хIадисалда .
Гьединго Аллагьас Къуръаналда абулеб буго: «Ва, иман лъурал гIадамал, мехтизарулел гьекъолел жал, шавкъ бачIунел хIаял, пал тIамулел жал ккола хъанчил шайтIаналъул чороклъилъун. Гьездасан рикIкIад рукIа, ва нужее щвела хвасарлъи»,-ян (Сура «Маида» аят 90). Цогидаб аяталда гьадин абулеб буго: «ШайтIаналъе бокьун буго мехтизарулелъул ва шавкъ бачIунел хIаязул кумекалдалъун нужеда гьоркьоб кьал ва рокьукълъи тIамизе, нужеда Аллагь рехсейги, как байги кIочон тезе. Теларищ нужеца гьеб?» (Сура «Маида» аят 91).
Исламалъ гьалдасаги чанги нус соналъ цебе гьеб хIалтIизабиялъул хIасилалда инсаназе щолеб рухIияб ва чорхол заралалъул бицана. Гьаб жакъа къоялъ гьелъ инсанасе кьолел заралал, гIемерал далилалги рачун, медицинаялъги тасдикъ гьарулел руго. ВОЗ-лъул экспертаца лъазабухъе, мехтизарулеб гьекъолеб жоялдаса ва гьелъ рачIарал унтабаздаса щибаб соналъ дунялалда хола 2,3 млн чи. Россиялъ кколеб буго цересел бакIаздаса цояб.
Казият «Ас-салам» №11 (304) 2010 с. 15 июнь
|