| Сделать стартовой  |  Добавить в избранное | RSS 2.0
 |   | 
 
Поиск по сайту: Расширенный поиск по сайту   •   Аварско-русско-англо-турецко-арабский онлайн словарь:


Новости сайта

Рейтинг новостей

Архив новостей


Партнеры

Наша Кнопка (размер 31X88)

Получить код Кнопки Gif

Разместите на своем сайте нашу кнопку, а в ответ мы разместим Вашу кнопку или ссылку!

Если Вы нашли ошибку в тексте, выделите ее и нажмите Ctrl+Enter
 
» Исламалъе лъил зарал цIикIкIунеб?
6 июня 2010 | Общество, Религия | добавил(а): s_xanaev | Просмотров: 16149

Мунафикъзабазул баян.


Исламалъул тарихалда жаниб бищун кIудияб зарал исламалъе ккана бусурбабазул ретIелги ретIун, гьезда гъорлъ чIарал кIигьумерчагIазул. ГьабсагIаталдаги бусурбаби цолъиялъе, ислам цебетIеялъе щокъроб ккараб ракьа гIадал чагIи ккола гьел. Къуръан-хIадисалда рекъон гьезда абула мунафикъзаби абун.

 

Щиб жо кколеб нифакъ? Нифакъ ккола жиндир лъикIлъи загьир гьабун рекIелъ квешлъи цIуни. Гьелъул буго кIиго тайпа: тIоцебесеб – игIтикъадалъун, ай рекIелъ бугеб куфруги бахчун, кIалалъ иман загьир гьаби, гьединаб нифакъалъ чи жужахIалъув даим гьавула. ТIадегIанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго (магIна): «ХIакълъунго мунапикъзаби жужахIалъул бищун гъоркьияб тIинуялда рукIуна» (суратул «ан-Нисаъ», 145). Гьединго ТIадегIанав Аллагьас абулеб буго (магIна): «ГIадамазда гьоркьосан руго чагIи, жидеца абулел, нижеца иман лъола ТIадегIанав Аллагьасда ва ахир Къиямасеб къоялда, амма гьез ракIалъ иман лъун гьечIел» (сура «Баракат», 8 аят).  Цоги аяталда абулеб буго: «ХIакълъунги гьел мунапикъзаби рукIуна жидеца ТIадегIанав Аллагь гуккулеллъун, ялъуни гьел рукIуна хирияв Авараг (гI.с.в.с.) гуккулел, жидерго биги боцIи-малги цIунизе гIоло, балъго рекIелъ купруги бахчун, муъминзабазда гъорлъги хьвадун загьиралда иман лъуралдалъун. ХIакъикъаталда ТIадегIанав Аллагь вуго Жинца гьел мунапикъзаби гуккулевлъун» (сура «ан Нисаъ» 142 аят). Аллагьас гьел гуккиги буго дунялалда гьел жидер боцIиги биги цIунараллъунги тун, ахираталда бищунго гIазаб гучаб жужахIалъул тIину жал руссунеб бакIлъун гьезие къачIай. Гьелда тIадеги гьел рукIуна жал дунялалда къватIир  чIвазариялъул хIинкъиялда гъоркьги.

 

«Как базе рахъулеб мехалъги гьел мунапикъзаби цIакъ кIвахIалго рахъуна. Гьезул как баялъул мурадги буго – гIицIго муъминзабазда жал балеллъун рихьи, аскIор гьечIезда рагIин. Живги гьел мунапикъзабаз дагь гурони рехсоларо», - ян абулеб буго ТIадегIанав Аллагьас («Нисаъ», 142-143 аятал).


 ХIасил, мунапикъзабаз как баларо, я зикру бачунаро гIадамазда бихьулеб бакIалда гурони. Гьедин гьабураб гIаламалъ гьезие пайдаги гьабуларо. Гьел мунапикъзаби рукIуна купруялдаги иманалдаги гьоркьор щакдарулеллъун, ТIадегIанав Аллагьасдеги, Аварагасдеги (гI.с.в.с.) ракIалъ иманги лъун муъминзабазда цадахъ гурел, рекIелъ бугеб купруги загьир гьабун капурзабазда цадахъги гурел. Капурзабаздаса цIикIкIараб гIазаб мунапикъзабазе щай гьабулеб абуни, гьел жидер рекIелъ бугеб купруялъ капурзабазда релълъун руго, гьелде тIадеги жидерго биги боцIиги цIунизе гIоло исламияб дин жидеца балъаргъулеб букIиналъе ва бусурбаби гуккулеллъун рукIиналъе гIоло. Гьездасан исламалъе бугеб заралги капурзабаздасаги цIикIкIараб буго. Исламалъул ретIелги ретIун, бусурбабиги гуккун, гьезул балъголъаби капурзабазухъе щвезабулеллъун рукIиналъ ва капурзабазул мурадал тIуралел рукIиналъ – Мадинаялъул мунапикъзабаз гьабулеб букIараб гIадин.

 

Бану мустIалакъазул гъазаваталда ккана мунапикъзабаз Аварагасул (гI.с.в.с) цIакъ рахIат хвезабураб, ракI къварид гьабураб лъугьа-бахъин. Лъел гъуй сверун лъугьарал гIадамазул гIанкъари лъугьун, гьелъул хIасилалда мужагьиразул Жагьжагь абуравги, Убаюл ГIабдуллагьил (Мадинаялъул мунапикъзабазул бетIер) чукъбузул Санан абуравги кIиго чи вагъана. Цинги Жагъжагьица мужагьиразде ахIи бана, Сананица – ансаразде. Жагьжагьица нахъасанги вахъун ЖигIал абулев асхIабас Сананида гьурмада хъат бана. Сананица гIарз бахъана жидерго (мунапикъзабазул) бетIер Убаюл ГIабдуллагьиде, гьесие гьеб захIмалъана ва абуна: «Нилъерго гьурмазда хъатал разе ругони, нилъеца МухIамадилгун гьалмагълъи щибизе гьабун бугеб? АллагьасхIаги, нилъерги гьезулги мисал гьечIо кьаралъидал дурго гьойца мун кваналаян абуралда релълъун гурони. Мадинаялде щведал, къадру тIадегIанас (ай мунапикъзабаз абураб мурадалда) къадру гьечIел, дагьал (ай мужагьирал) къватIире гъезе руго»-ян. Гьас бицараб кинабго рагIана аскIов вукIарав, кутакалда иманги щулияв асхIаб Аркъамил ваc Зайдида. Цинги Зайдица хIехьезе кIвечIого абуна: «АллагьасхIаги, гIодовегIанавги нахърилълъаразул рахъалъ дагьавги мун вуго, МухIамад, Аллагьас кIодо гьавуравги нахърилълъаразул рахъалъ къуватавги вуго»-ян. Зайдица гьеб хабар рагIун батун чара хварав Убаюл ГIабдуллагьица абуна: «ВуцIцIун вукIа, дица гьеб хабар махсароде абураб жо буго»,-ян. Гьав мунапикъас гьабураб калам Зайдица Аварагасда (гI.с.в.с.) бицана, Аварагасул гьурмал кьер тIуна. Цинги аскIов вукIарав ГIумар-асхIабас абуна: «Я Аллагьасул Расул, дица гьев мунапикъасул бетIер къотIилищ?» - абун. Расулас изну кьечIо ва абуна: «ГIадамал гаргадиларищ МухIамадица (гI.с.в.с.) жиндирго асхIабзаби чIвалел руго»,-ян. Цинги Аварагас (гI.с.в.с.) ГIабдуллагь бин Убаюда гьаб жиндихъе щвараб калам битIараб бугищан гьикъидал, гьес жаваб кьуна: «Духъе Къуръан рещтIарав АллагьасхIаги, дица абичIо щибго жо Зайидица бицунеб жоги гьереси буго»,-ян. Гьеб мехалъ ТIадегIанав Аллагьас аят рещтIана гьел мунапикъзаби ва гьезул гьерсал къватIир чIваразул Зайидги ритIухъ гьавун, гьебги ккола суратул «Мунафикъун». ТIадегIанав Аллагьас мун витIухъ гьавун, мунапикъзаби гьереси гьарун, аят рещтIанин Зайдиде рохелги бицана. Хал гьабе, муъминзаби, мунапикъзабазул гIамал-хасияталъул, гьереси бициналъеги, гьерсие гьедизеги дозие гьечIеб кIваралъул!

 

ХIисаб гьабеха, диналъул вацал, гьел мунапикъзабазул чороклъи, гьез Аварагасул (гI.с.в.с.) ва гьесул хъизаналъул рекIазе гьабураб къварилъи-заралалъул. Аллагьас жал гIодорегIан гьареял. Аварагасул (гI.с.в.с.) заманалда хадубги мунапикъзабазул зарал питнаби камичIо. хIатта ГIусман-асхIаб чIвазе ГIалидаги МугIавиятидаги гьоркьоб дагIба ккезабизе мунапикъзабаз кутакаб жигар бахъана. Шамил имамасул заман босани, имамасе бищун захIмалъулеб жо букIана гьесда данде рахъарал мунапикъзабазул къокъаби, хIатта АхIулгохI сверун ккураб мехалъ, 4500 мунапикъзабаздаса гIуцIараб бо букIана имамасде данде бахъараб.

 

Жакъаги, Аллагьасде рачунеб хIакъаб нухги какулел, Аллагьасул вализабазда бугьтаналги лъолел жугьутIазул мурадалги тIуралел «ислам цIи гьабулел» къокъаялъул нух ва гьабулеб гIамал, дол цере рехсарал мунапикъзабазул буго, Аллагьас цIунаги.

 

КIиабилеб, нилъеца цебе рехсараб гIамалалъулъ бугеб нифакъ, ай мунапикъасул гIадал гIамалал хIалтIизари буго. Аварагасул (гI.с.в.с.) хIадисалда буго: «Лъабго пиша буго щив чи вугониги, гьеб лъабабго пиша-гIамал жиндилъ бугев жинца кIалал ккуниги, какал раниги, жив бусурбанчи вугилан дагIба баниги, гьев чи мунапикъ вуго. 1) жинца хабар бицунеб мехалъ гьереси бицин, 2) гьабураб къотIи биххи, 3) аманаталъе хиянат гьаби».

 

ГIемерисел гIалимзабаз абулеб буго, хирияб хIадисалда рехсарал пишаби – мунапикъзабазул пишаялдасан ккола, гьел пишаби жиндилъ ругев чиги мунапикъзабазда релълъун вугоян. Рехсарал пишаби руго жидеца нифакъ тIад гьабулел пишабаздасан, гьел пишаби жиндилъ ругев чи релълъун вуго мунапикъзабазда. Аллагьас нилъ цIунаги мунапикъзабазул пишаби хIалтIизариялдаса. Хасго нилъер заманалда гьереси-хиянат, мекъаб жоялъе дагIбади гIемерлъун бугелъул, щивас цIодорлъи гьабизе ккела бицунелъухъ балагьичIого, гIамалалъухъ балагьун хал кьезе.

 

 

Автор: МухIамад Дибиров, ДИУ-лъул мугIалим

Казият «Ас-салам», №8(301), 2010 с. 30 апрель

 
 (голосов: 9)
| | Комментарии (0) | Распечатать
 
Уважаемый посетитель, Вы зашли на сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо зайти на сайт под своим именем.


Поделиться:

Добавить страницу в закладки:
Добавить закладку в Бобрдобр Добавить закладку в news2 Добавить закладку в Memori Добавить закладку в Newsland Добавить закладку в СМИ2 Добавить закладку в Vaau Добавить закладку в Mister-Wong Добавить закладку в Newsvine Добавить закладку в Delicoius Добавить закладку в Slashdot Добавить закладку в Blogmarks Добавить закладку в Technorati Добавить закладку в Folkd


Если Вам понравилась новость поделитесь с друзьями :

Другие новости по теме:



 

Информация
Посетители, находящиеся в группе Гости, не могут оставлять комментарии в данной новости.
Панель управления


Последние комментарии

Календарь
«    Март 2024    »
ПнВтСрЧтПтСбВс
 
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28
29
30
31

Статистика
Опрос

Лучший из сайтов
Неплохой сайт
Устраивает ... но ...
Встречал(а) и получше
Совсем не понравился


  Главная  |  Регистрация  |  Правила  |  Библиотека  |  Фотогалерея  |  Видео и ТВ |  Обратная связь
© MAARULAL.RU 2009   Design by  Tsor-Studio.   Все права защищены
ALLDAG.ru  Яндекс цитирования Система Orphus
 
Мнение администрации сайта может не совпадать с точкой зрения авторов статей !
При использовании материалов сайта, активная гиперссылка на сайт Maarulal.Ru обязательна!
При использовании материалов сайта в печатных СМИ, на ТВ, Радио - упоминание сайта обязательно!
Так же обязательно, при использовании материалов сайта указывать авторов материалов.