| Сделать стартовой  |  Добавить в избранное | RSS 2.0
 |   | 
 
Поиск по сайту: Расширенный поиск по сайту   •   Аварско-русско-англо-турецко-арабский онлайн словарь:


Новости сайта

Рейтинг новостей

Архив новостей


Партнеры

Наша Кнопка (размер 31X88)

Получить код Кнопки Gif

Разместите на своем сайте нашу кнопку, а в ответ мы разместим Вашу кнопку или ссылку!

Если Вы нашли ошибку в тексте, выделите ее и нажмите Ctrl+Enter
 
» Инсанасе мустахIикъаб къимат халкъалъ кьола.
24 июля 2010 | Общество, Известные Личности | добавил(а): isma78 | Просмотров: 18027
Инсанасе мустахIикъаб къимат халкъалъ кьола.  «ГIадан гIаданлъун вукIуна гьес пикру гьабулеб бугебгIан заманалда», - ян абуна французазул шагIир П. Буастица. Гьес пикру гьабун, тIад ургъун тIамурал галабаца гIумрудулъ сверухъ ругезе мисалалъе мустахIикъаб бакIги ккола. «ГIумру унго-унголъунги тIадегIанаблъун, талихIаблъун, берцинаблъун лъугьуна гьеб захIмалъабаз ва пашманлъабаз лъадарун бугони», - ян кьуна гIумруялъе къимат цойги французазул хъвадарухъан Р.Ролланицаги. Гьел гIумруялъе ва инсанасе кьурал къиматал дида хIакъикъаталдаги ритIараллъун рихьула МухIамад ГIабдуразакъовасул гIумруялъул хIисаб гьабураб мехалъ.
Фашисазда гIагараб ВатIан эркен гьабулаго эмен ГIабдуразакъги чIван, битIун лъимерлъидул гIужалда янгъизго хутIана МухIамад. Амма гIумруялъул захIмалъаби хIехьезе, эхеде вахине инсулабги кIигъеж гьабун цадахъ баччун вас гIезавизе хIаракат бахъана Хъандулалъги. Кин бугонги, магIарулазул «вижухъе чи, лъугьухъе чIагIа» - ян абиги бугелъул, гIумрудулъ вилълъине аслияб сухъмахъ живго МухIамадица тIаса бищана ва гьелъул хал гьабуразе мисалияб гIатIидаб шагьранухги гьабуна. БицинчIониги лъала гьесул гIумруялъулги, бергьенлъабазулги гьесулго заманалда Дагъистаналда рукIаразда ва сверухъ бугеб ахIвал-хIалалъул пикру гьабулезда. ХIалуцараб, захIматаб хIалтIуда гьоркьоб ГIабдуразакъовасда заман батана жиндирго гIумруялъул ва рихьарал захIмалъабазул хIакъалъулъ бицунеб «Заманалъулги диргоги» хIакъалъулъ абураб тIехь къватIиб биччазеги.
Кинниги, нилъер телевизор-радиоялдасан бицунеб хабаралъулъги, газет-журналазда рахъулел хъвай-хъвагIаяздаги гIемерал рачIунелъул жидеего щолеб гIарцухъ намус бичулел журналистаз ва рецц-бакъалъухъ хIалтIулел корреспондентаца хъварал макъалаби ва кIалъаял, МухIамад ГIабдуразакъовасул тIехьги гьединазда гьоркьоб рехсечIого букIиналъе мугъчIвай гьабизе бегьула гьесул хIалтIиги, заманалъул гIунгутIабиги лъикIго лъалел гIадамазул пикрабаздасан.
«ХIурматияв МухIамад ГьитIинович!
КIудияб гъира-шавкъалда цIалана дица «Заманалъул диргоги хIакъалъулъ» абураб дур тIехь.
Беразда цебе пархана нилъер республикалда, гьелдаго цадахъ Бабаюрт районалда, карал лъугьа-бахъинал. Жакъа, дур тIехь цIалидал, киналъулго хIисаб гьабуна ва пикру гьабидал бичIчIана кигIан кIудияб хIинкъиялъул гIорхъода нилъго рукIарабали. Жакъа Дагъистаналда гIодобиччараб ва рахIатаб гIумру гIицIго дур гIумруялъул цIодорлъиялъги, бачIунелъул хIисаб гьабизе бугеб махщелалъги буго.
Баркала буго дуе, нижер мугIалим, гьудул ва вац, бигьаяб гуреб хъулухъ ракI бацIцIадго, тIадегIанго цебе бачине ругьун гьаруралъухъ, - ан хъвалеб буго Бабаюрт районалъул милициялъул начальник С. Бийтемировас.

ХIурматияв МухIамад ГьитIинович!
Дур тIехьалъул кIудияб кIвар буго россиялъул гIолеб гIелалъе тарбия кьеялъе, хасго жанисел ишазул хIалтIухъаби хIадуриялъе.
ТIехьалъул гьурмазда дида бихьана Iумруялъул къварилъабаз лълъадарарав, ракI-ракIалъ куцалда жиндирго ВатIан бокьулев, тIадегIанав нухмалъулесул пикрабазул лъалкI, - абун къимат кьолеб буго МухIамад ГьитIиновичасу тIехьалъе тIадегIанаб хъулухъазда вугев милициялъул генерал-полковник П.И. Першуткиница.

ХIурматияв МухIамад ГьитIинович!
Дуца нахъа тана захIматаб гIумруялъул нух ва гьелъул халалъиялда дулъ загьирлъана инсанасулъ тIадегIаналлъун рикIкIунел киналго хасиятал: ракIбацIцIалъи ва ритIухълъи, намус ва яхI, инсан вичIчIи ва кумек гьаби.
Лъеберго соналдасаги цIикIкIун мун хIалтIана жанисел ишазул хъулухъалда, амма щиб хIалтIуде кканиги дулъ загьилъулаан хIалтIи гьбизе бугеб махщел, захIматал суалалазе хехго жаваб ва хIасил батизе бугеб гьунар, - ан кьолеб буго МухIамадие къимат Россиялъул Федерациялъул жанисел ишазул министрасул заместитель С.Ф. Щадриница.

ХIурматиял гьудулзаби! Хириял ракьцоял!
РакIалда гьечIо кигIан заман дир араб «Заманалъулги диргоги пикраби» абураб тIехь цIалулаго, амма гьеб цIалулаго дир беразда цебе цо лахIзаталъ араб гIумру паркъана ва нахъеги араб гIумрудулъе нахъ вуссарабгIадинаб асар лъугьана.
Бахчиларо, гьениб бицен гьабурал балагьал лъугьа-бахъинал ракIалде щвараб мехалъ бадиб магIуцин хулана, гьел ракIалдещвеяз рекIелъ рахIатхвейгицин рещтIана. РахIайтхун лъугьана, цойгидаз гIадин рагIабаздалъун къачIа-кIатIан, жиндирго гIайиб бацIцIун, букIинчIебщинаб ургъун, живго вацIцIад гьавун, гIайибияв валагьизе лъугьун гуреб, кигIан кьогIаб букIаниги хъвараб хIакъикъат цIалараб мехалъ.
ТIехь цIалун лъугIидал дир рекIелъе рохел рещтIана Дагъистаналъего захIматаб заманалда бахIарчиял ва гIакъилал гIадамазда цадаъ вукIине щвараб ресалдаса.
Нижее кьурал бихьинчиялъул дарсазухъ, намус бацIцIадго Дагъистаналъе ва Россиялъе гьабураб хъулухъалъухъ, гьабураб кIудияб хIалтIухъ бокьун буго ракI-ракIалъулаб баркала кьезе тIехьалъул автор МухIамад ГьитIинович ГIабдуразакъовасе, - абун хъвалеб буго В. Беевас.

Гьеб захIматаб заманалда мукъсанабго харжалъухъ милициялъул хIалтIухъабазул гъуждузде регана цереккун дандчIван рукIинчIел, Дагъистан ва Россия цIуниялъе цIакъго кIвар бугел масъалаби. Пачалихъалъул политикаялъе асар гьабизе бажаруларел ва политиказ риччарал гъалатIазухъ щибаб къоялъ захIматаб хIалтIи гьабулел ва мех-мехалъ жидерго гIумругицин кьезе кколеб милициялъул хIалтIи унго-унголъунги захIматаблъун лъугьана.
ВатIаналде унго-унгояб рокьи бугев МухIамад ГIабдуразакъов жиндирго тIехьалъулъ хасаб кIвар кьолеб буго тIоцебесеб чачаназул багъа-башариялде, хIатта гьелдасан жакъа къоялдаги бахIсал лъугIун гьечIониги. Кинал бахIсал рукIаниги бичIчIулеб жо цо буго – гIемермиллатазул Северияб Кавказалде раккаризе лъугьана чачаналда рагъулел ва ГIарабиялдаса гIарцухъ ккурал гъачагъал. КигIан хIаракат гьез бахъаниги, гьеб заманалда Дагъистан хутIана ракълилаб ва гIодоб биччараб республикалъун. Щаклъи гьечIого, гьелъулъ аслияб бажари Дагъистаналъул милициялъул букIана.
1999 соналъул 11 августалъ дун вукIана Россиялъул МВДялъул оперативияб къокъаялъул нухмалъулевлъун ва вертолеталда воржунев вукIана Болъихъ бугеб ахIвал-хIал лъазабизе. Гьебго заманалда МухIамад ГIабдуразакъов вукIана гьебго районалда гъачагъазда данде рагъулезул къокъаби гIуцIулев ва гьезие нухмалъи гьабулев. РещтIунаго нижер вертолет гъачагъаз кьвагьизабуна. МухIамад ГьитIиновичасул лебаллъиялдалъун ва бажариялдалъун ниж чIаго хутIана.
Жиндирго архивалдасан лъурал суратаз баерцин гьабураб тIубараб тIехьалъулъ М. ГIабдуразакъовас гIицIго Дагъистаналъул милициялъул тарих ва цебетIей бицун гуребги, гьелъул хIалтIи лъикIлъизабиялъе кIвар цIикIкIарал мисалалги рачун руго, гьединлъидал «Заманалъулги диргоги хIакъалъулъ» къиматаблъун лъугьун буго.
Гьедин хъвалеб буго М. ГIабдуразакъовасул хIакъалъулъ генерал-лейтенант В.В. Ракитиница.

МухIамад ГIабдуразакъовасул гIумруялъе ва гьелъул хIакъалъулъ хъвараб тIехьалъе кьураб къиматалъул хIасилалда бихьулеб буго гьесул гIумуру гIадада ун гьечIеблъи, хасго гьесул тIехь, генерал В.Л. Соколовас хъвадухъе, лъугьун буго Россиялъул жанисел ишазул гIемерисел нухмалъулезул щибаб къоялъ пайда босизе столалда букIунеб тIехьлъун. Гьелъие нугIлъи гьабула «аралъул хIакъалъулъ дур ракIалдещвеял, бачIунеселъул ургъелал ва жакъасел пикраби пайдабугеллъун рукIина гIицIго Дагъистаналъул гурел, тIолабго Россиялъул нухмалъулезе» - абурал Россиялъул Халкъияв депутат С.А. Воронинил рагIабазги.
Живго МухIамад ГIабдуразакъовги вуго ракI рагьарав, инсанасул ургъел беев, къварилъи-гIатIилъи бичIчIулев, кIвараб кумек гIадамасе гьабизе хIадурав инсан. Гьесул бажариялдалъун ва тIадчIеялдалъун 1996 соналъул 10 ноябралда Дагъистаналъул жанисел ишазул министерствояда цебе рагьана тIадаб хъулухъ тIубазабулаго, гIадамазул рахIатаб ва гIодобиччараб гIумру букIиналъе гIоло рухI кьурал милициялъул хIалтIухъабазе рагьараб памятник. Гьеб букIана ургъалилъе ккарай эбелалъ кодоб ккураб цIа рекIарабракIалъул сураталда гьабураб памятник, гьелъул мурадги букIана халкъалъе гIоло гIумру кьурал милициялъул хIалтIухъабазул цIарал гIасрабаз цIунун хутIи ва гьаеб лъугьана Дагъистаналъул каранда бараб бахIарчилъиялъул гIаламатлъун. Дагъистаналъул милициялъ 90 сон тIубаялде МухIамад ГIабдуразакъовас памятникалда аскIоб гьабураб кIалъаялдалъунги бихьулеб буго гьев унго-унголъунги ВатIаналъе ритIухъавлъун ва жиндирго халкъалъул ургъел бугевлъун вукIин.
Хириял гьудул-гьалмагъзаби, цадахъ хIалтIулел, ракьцоял!
Жакъа гьаб нилъер киназего кIвар бугеб бакIалда аскIосан, ракIалде ккола, дир ихтияр бугин хириял ракьцоял дагъистаниязде цоцазулъ ракIхвеял кIочон тейилан, миллатчилъиялъул ва диниял бахIсалги гIуцIун гIадамал цоцазда данде тIамичIого тейилан гьаригун, дунялалдаго къимат бугел Дагъистаналъул тIадегIанал гIадатал ва рацIцIалъи цIуниялде нуж ахIиялъул мурадгун кIалъай гьабизе абун.
Хадурги дица нуж ахIула Республикаялъул Президент МухIу ГIалиевас цере лъурал ритIухъал тIалабал тIуразаризе милициялъул хIалтIухъабазе кумек-квербакъи гьабиялде.

Сверухъ ругез кьолеб къиматалъги, жиндирго пикрабазги МухIамад Гьитинович нилъеда вихьулев вуго жиндирго ВатIаналъулги халкъалъулги ургъел гьабизе Аллагьасго вижарав чи вукIин ва гьес гьел тIалабал ракIбацIцIадго тIуразарулел рукIин.

Автор: И.Таймасханов
 
 (голосов: 7)
| | Комментарии (0) | Распечатать
 
Уважаемый посетитель, Вы зашли на сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо зайти на сайт под своим именем.


Поделиться:

Добавить страницу в закладки:
Добавить закладку в Бобрдобр Добавить закладку в news2 Добавить закладку в Memori Добавить закладку в Newsland Добавить закладку в СМИ2 Добавить закладку в Vaau Добавить закладку в Mister-Wong Добавить закладку в Newsvine Добавить закладку в Delicoius Добавить закладку в Slashdot Добавить закладку в Blogmarks Добавить закладку в Technorati Добавить закладку в Folkd


Если Вам понравилась новость поделитесь с друзьями :

Другие новости по теме:



 

Информация
Посетители, находящиеся в группе Гости, не могут оставлять комментарии в данной новости.
Панель управления


Последние комментарии

Календарь
«    Июль 2024    »
ПнВтСрЧтПтСбВс
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28
29
30
31
 

Статистика
Опрос

Лучший из сайтов
Неплохой сайт
Устраивает ... но ...
Встречал(а) и получше
Совсем не понравился


  Главная  |  Регистрация  |  Правила  |  Библиотека  |  Фотогалерея  |  Видео и ТВ |  Обратная связь
© MAARULAL.RU 2009   Design by  Tsor-Studio.   Все права защищены
ALLDAG.ru  Яндекс цитирования Система Orphus
 
Мнение администрации сайта может не совпадать с точкой зрения авторов статей !
При использовании материалов сайта, активная гиперссылка на сайт Maarulal.Ru обязательна!
При использовании материалов сайта в печатных СМИ, на ТВ, Радио - упоминание сайта обязательно!
Так же обязательно, при использовании материалов сайта указывать авторов материалов.