КIудияб ВатIанияб рагъул тIоцересел къояздасанго байбихьун Дагъистаналъул гIемер миллатазулаб, гьелдаго гьоркьоб аваразул литератураги, лъугьана заманаялъулал тIалабазе жаваб кьолеблъун, ай гIадамазул ракIазулъ гIагараб ракьалде рокьиги рокьукъав тушманасде гIорхъи гьечIеб ццинги бижизабулеблъун. ЦIадаса ХIамзатил бетIерлъиялда гъоркь аваразул поэтаз ва хъвадарухъабаз тIолабго къуват буссинабун букIана улкаялъул къадруги цIунун цIоб гьечIел фашистазда тIад бергьенлъи босиялде. БитIун букIина живго ХIамзатида дол соназда халкъалда гьоркьоб гьабураб литературиябгун бичIчIи кьеялъул хIалтIи патриотияб гьунарлъун букIанин абуни. 1942 соналъ республикаялъул тахшагьаралда букIараб Гитлерил хъамалчагIазда данде чIараб тарихияб кIваралъул митингалда тIолабго Дагъистаналъул халкъалде гьелъул гIахьалчагIаз гьабураб ахIиялда гъоркь рукIана киналго миллатазул машгьурал гIадамазул цIарал ва бищун цебе ЦIадаса ХIамзатил цIарги.
ВатIанцоял къисасалде ахIулеб цо кочIолъ тушманасул вахIшилъиялъул хIакъалъулъ гьадин бицунеб буго поэтас:
Жакъа халкъалда бугеб Къваридаб хIал бицани – ХIутI-хъумур гъаримлъила, ГъветI-хералъ чIегIер бала.
ГIасиял фашистазул ВахIшиял зулмабазда Зоб-ракьалъ магIу тIела, МугIрул щобал угьдила.
Гьединал рагIабаз рагьул майданалда ругел гIолохъабазеги тылалда сордо-къо батIа бахъичIого хIалтIулел гIадамазеги гьабулеб букIараб асаралъул бицинчIониги щивасда лъала.
АхIичIого рачIарал «гьалбадерида» тIад бергьенлъи босиялъе гIоло бахIарчилъиялда жал рагъулаго рагъулал гьалмагъзабазулъ ВатIаналде рокьиги, къвакIиги, таваккалги куцалеб букIана фронталда рукIарал аваразул гIолохъанал поэтазги. Рагъ байбихьилалдего хъвараб Мухтар Абакаровасул цо кочIолъ руго гьадинал мухъал:
Дуниял рихинчIез хиял гьабуге Хвалчен рекIаразде тIаде рачIине, Хвел анищлъун гьечIез чIоге цо хIетIе Совет гIорхъабазул гIагарлъабазде.
ХIакъикъаталдаги гьедин ккезеги ккана. ГIолохъанав поэт, Дагъистаналъул кавалериялъулаб эскадроналъул рагъухъан Мухтар Абакаров вукIана гIалхулал фашистазда данде советияб халкъалъ гьабураб бахIарчияб къеркьеялъул цевехъанлъун.
Умумулъ батараб яхI-намус цIунун Къо хIехьон рагъула мугIрузул васал, Фашистазде бугеб гьалагаб цциналъ Кьаби щвезабула нилъер бахIарзаз.
Биччанте бергьиие Совет Армия, Пасикъал фашистал щущазе гьарун. Биччай тIаде щвезе ракълилаб байрам, БукIине халкъалъе талихIаб гIумру
Амма жинца ракI унтун гIагар гьабулеб букIараб бергьенлъиялъул къо бихьизегIан поэт хутIичIо. Гьев 1944 соналъ бахIарчи гIадин хвана.
Рагъул тIоцересел къояздаго гIарзаги кьун кьалул фронталде аразда гъорлъ вукIана гьанжего гьанже анцIила микьго сон тIубарав ГIабдулмажид Хачаловги. Эбелаб ВатIан цIунулаго тушманасул квердасан камурал советиял солдатазул гьунар хвел гьечIеб букIиналда ракIчIун хъварал руго поэтасул гьал мухъал:
Амма рагъда хварал хириял васал Халкъалъ чIагоязулъ рикIкIине руго, РикIкIад хутIарал, хобал лъаларел Нужей памятникал рорхизе руго.
Рагъулал гьалмагъзаби ракIалде швезе гьарулаго ГIабдулмажидица гьабсагIатги гIемер такрар гьарула: «Цо дун гуро. Дунгун вуго рагъда чIварав дир гьалмагъги» – абурал рагIаби.
Жиндир творчествоялъул нух КIудияб ВатIанияб рагъул саназда байбихьарав гIолохъанав Расул ХIамзатовасда бачIинахъего бичIчIана цебе чIараб масъала:
Къисас, къисасилан халкъалъул тIалаб Хадуб лъугьун буго кидаго дида, Дун киве щваниги, кив къуланиги Къисас босиялде ахIулев вуго.
Краснодоналъул лебалал гIолилазул бахIарчилъиялъул бицунеб поэма байбихьулеб буго шагIирас гьадинал рагIабаздасан:
Краснодоналъул лебалал лъимал Рокьи ккун буго дир цIарухъе нужохъ. ЦIвабзазде гIунтIараб Дагъистаналда Дир ракI чIухIун буго нужер хIалтIабаз.
Тушман Москваялде гIагарлъидал тIолабго советияб халкъалъ рахIат хун хал кколеб букIана гьеб цIуниялъе гьабулеб къеркьеялда хадуб. Рагъухъабазул ракIазулъ къвакIиги бергьенлъиялде божиги бижизабиялдаго цадахъ советиял поэтаз бихьизабулеб букIана жиб ВатIаналъул ракIлъун кколеб Москваялде бугеб гIорхъи гьечIеб рокьиги, гьелъул къадру цIунун рагъулел советиял солдатазул гъункараб гьудуллъиги. «Москваялъе гIоло» абураб кочIолъ ЦIадаса ХIамзатица хъвалеб буго:
ВатIаналъе гIоло церехунилан Цадахъ улка-ракьалъ ахIи тIамуна, Москваялъе гIоло церехунилан Цо кверлъун тIаделъун тушман хъамуна.
МагIарул поэзиялъул москваялъул циклалъ гIатIид гьабуна гIемермиллатазулаб Северияб Кавказалъул литературабазул гьудуллъиялъул гIорхъаби. Гьезул аслияб темалъун букIана кIудияб ГIурус халкъалдехун нилъер гIисинал миллатазул халкъазул бацIцIадаб рокьи.
Кир рагъулел рукIаниги батIалъи гьечIого мугIрузул улкаялъул поэтаз ва гьезул лирикиял герояз цIунулеб букIана Дагъистан, Россия ва тIолабго улка. КIудияб ВатIаналъул чияда бараблъун гьечIолъиялъе гIоло бажарараб щинаб гьаби гьез рикIкIунеб букIана советияв гражданин хIисабалда жиндир тIадаб борчлъун.
ВатIанняб рагъда хварал бахIарзазул гьунаралъул бицине цIи-цIиял къагIидаби ралагьулаго аваразул поэзия бахана кIудиял рорхалъабазде. Гьелъие мисаллъун рехсезе бегьула тIолабго дунялалда жиб машгьураб Р. ХIамзатовасул «Къункъраби» абураб кечI. Къоабилеб гIасруялъул поэзиялъул тIадегIанлъилъун кколеб гьеб кечIалда тIад поэт хIалтIана гIемерал соназ. «Къункъраби» ккола цо ккураб заманаялъул гIорхъабаз жанибе бачунареб, даималъего хвел гьечIеб асар. Гьеб къанагIатаб лъугьа-бахъинлъун ккола искусствоялъул кинаб бутIаялда босаниги.
«Къункърабазул» хIакъалъулъ гIемераб бицана ва хъвана. Дица гьаниб рехсела гIицIго цо мисал, ай Марк Бернесица тIоцебе гьеб кечI ахIидал советияв полководец маршал И.С. Коневас кочIохъанасда абурал рагIаби «Нижее, рагъухъабазе, гьукъараб букIана гIодизе. Баркала. Дуца ахIараб кочIоца гьеб ихтияр нахъ буссинабуна».
Рагъ лъугIун бащдаб гIасруялде гIагарун заман аниги аваразул поэзиялда гьеб темаялъ жакъа къоялдаги бихьулеб бакI ккола. Гьеб бичIчIулеб жоги буго, нилъеда цебе лъун букIана «ГIумру яги хвел» абураб суал. Нилъер гьанжесеб гьайбатаб гIумруялъе гIоло къеркьарал бахIарзал кIочон тезе лъилниги ихтияр гьечIо.
Камиль Султанов. |