| Сделать стартовой  |  Добавить в избранное | RSS 2.0
 |   | 
 
Поиск по сайту: Расширенный поиск по сайту   •   Аварско-русско-англо-турецко-арабский онлайн словарь:


Новости сайта

Рейтинг новостей

Архив новостей


Партнеры

Наша Кнопка (размер 31X88)

Получить код Кнопки Gif

Разместите на своем сайте нашу кнопку, а в ответ мы разместим Вашу кнопку или ссылку!

Если Вы нашли ошибку в тексте, выделите ее и нажмите Ctrl+Enter
 
» МагIарулай, цIикIкIун ккечIищха дуе эркенлъи!
24 ноября 2009 | Стихи, Поэзия и Рассказы | добавил(а): s_xanaev | Просмотров: 16153
Кьурде, магIарулай, квералги рорхун,
Рукьбал кьурдиледухъ балагьаразул.
Эркенлъи дур буго, эркенго кьурде,
ЦIудул роржен гIадаб бахъе цо кьурди!


     Гьале гьеб замана -  дур эркенаб къо! ГIасрабаз, веказ чанги дур рогьарал сардал, рахъарал къоял, вокьулесухъ угьдун, чIегIерал беразул магIу бацIцIунаго. Чанги дуца ахIараб хIайранаб сарин ракьалда кидаго жеги ахIичIеб, бичIчIуларесулцин лугби соролеб. Кагъат хъвазе дуда гIасрабаз лъачIо, кIалаца абизеги дуй дурго халкъалъул  бецIал гIадатаз ихтияр кьечIо. Дуца гьеб баян гьабуна щибго абичIого. Хвалде мун йилълъана, дуца хвел тIаса бищана, амма мун хилиплъичIо гIумруялъ, дуе щвезецин гьечIев, дур вокьулесе. Дуца, киданиги, каранлъ бахчараб, дуниял гIашикъаб магIарул рокьи чидай гIарцухъ бичичIо, малакь мерхьинчIо. КигIанав къудратав тушман данде чIваниги кинасдаги кIвечIо дур рокьиги мунги учуз гьаризе. Мун кIкIалагъоркье кIанцIана, хвана, хвезе течIо дуца бацIцIадаб намус. Дур цIаралда гьанже чанги кIкIал, мегIер бугеб! Дур рахъалъ гьарурал чанги кучIдул, саринал ругел! Дуца кечI ахIана дур рокьул бицун, ханзабаца дур кIал букъаниги. Мун мукIур гьайизе кIвечIо дур ханзабаздаги, нуцалзабаздаги. Цогидал миллатазда тIахьаздаса лъалеб рокьи, дуца тIокIаб бацIцIалъи, хIикмалъи тIадеги жубан, гьабуна ракьалда. Рокьуца гIадаллъун, гIакълуги тIагIун, дуца чорхол яхI чучичIо. Мун жеги йихьичIо гьаб дунялалда дур рос кколаревгун сордо рогьуней. Санаца цIунана дуца чорхол яхI - намус. ГIасрабаца мун хисичIо, кинабниги месед - гIарцуда кIвечIо мун тIабигI гьайизе, рокьуй хилиплъизайизе.
    ХIикматай магIарулай, магIарул чIужу, духъ ккараб рокьуца керенги бухIун, ракьалда чанги кечI - сарин гьабураб шагIирзабаца. Чанги мугIрул кьуру гIадав, кьварарав магIарулав дуца кочIохъанлъун вахъизавурав, чанги хвалчен гуреб жо кодобе босичIесда дуца тIамур кодоб кквезе малъараб! Духъ ккараб рокьуца гурищ МахIмудица угьарал жиндир хвел гьечIел саринал, гъоба карпаталдаги, жив жанив тIамураб туснахъалдаги! Мун йокьун, духъ бергьараб гIишкъул къуваталъ гурищ Элдарилас, гIумрудул ахираб къоялъгицин жив духъ ккараб рокьидул асир вукIин лъазабун, гьекъараб загьрудал лълъар. Амма жеги ахIана гьес дуде сарин, ургьимес загьруялъ бухIаниги, гIумрудал ахирал лахIзатаздаги.
     Огь, кигIан къурбанал тIалаб гьарурал,  магIарул яс, дур рокьуца!  
Дур рокьуй эркенллъи гьарун гьаруна кучIдул къоабилеб гIасрудал сонацаги  нилъер поэтаз. Кьуна гьеб эркенлъи дуе дурго халкъалъ- дуе дур гIумрудал бищунго хIасратаб сайгъат!  Гьале мун эркенай, лъелъ ччугIа гIадин, гьаваялда боржунеб хIанчIазул къокъа гIадин. Гьале мун эркенай, щибабго рахъалъ, кьурабазулъ цIум гIадин, рохьоб чан гIадин. Дуе эркенлъидул нуцIби руго рагьарал, вацIцIадав чиясе алжаналъул нуцIби гIадин. Амма, алжан кьурал ГIадамгун ХIава гIадин, чIоге мун гуккизе шайтIабазухъ.                   

    Гьанже къаси - къаси дида мун паркабалъ вокьулесдахун яхчарулей йихьидал, кваназе бегьулареб тIагIам кванарай, ХIавагун данде кколей йиго. ХIаваца бичIчIунгутIиялъ, гIакълу дагьлъиялъ гьабуна гьеб бегьулареб иш -
гьей гуккана шайтIаналъ. Мун гIасрабаз намус - яхIалъул дарсал цIаларай кинанха йикIиней цIар учузлъидал!? ГIасрабаз бидухъе цIарги, рокьиги цIунарай мун гурищ йигей? Дуда кIочонищ тараб, инсул къадру цIунун, дур намус, цIар цIунун гъоя Гъуний мун чанги кIкIалакье кIанцIарайлъи, тушманасул кверде унарилан. КIочонищ тун бугеб дуда чIегIергIор, Гъойсу, чидал рахъалъ учузлъиялдасаги хвелилан  жание кIанцIараб? Мун хвалчабаз, гуллабаз асир гьайичIей, асирлъулей кинан гьуин рагIабазухъ?
      Гьаб бакIалда ракIалде щолеб буго аваразул халкъияв шагIир, Загьид ХIажиевасул кочIол цо мухъал ( ХъахIилаб экран ) :

Яхъа, магIарул яс, къоноги борхун,
Хвалдаса бергьараб, рокьул бицине!
Хасалил сордоялъ дарайги ретIун,
Мунго тIад кьижараб кьуртIе яхъине.

     Заман гьединаб букIана, чанги шагIирас дуе эркенлъи гьарун гьаруна гьадиналго кочIол мухъал. Мун бецIал гIадатаца къаникь йикIана юкъун. Дурго миллаталъул гIакъилал чагIаца гьарана дуе эркенлъи - кьуна гьеб эркенлъиги дуе. Амма, магIарулай, цIикIкIун ккечIищха дуе эркенлъи! Ккун батичIониги, дур жакъасеб къо бихьун дида гьадин гурони кIолеб гьечIо абизе. Амма, магIарул яс, живго Загьидги дида тIаса лъугьизе ватила, жакъа мун йихьарай ани, дида ккола гьесги гьадинаб гуро, батIияб гьабилаан гьеб кечI!
    ХIикматай магIарулай, магIарул чIужу, мун азаралъул багьалъи бугей, дур къадру - къимат цIунун дур вац - вацгIалзабаца кигIан къурбан кьураб, ва кигIан кьолеб! бищунго жиндие хирияб, багьаяб жоги. Мунилан, дур намус цIунун чанги дур вацаца хвалчен къватIибе бахъараб, чанги хIалихьатасул бетIер гIодобе гирараб! Гьанже эркенлъи щведал мун дур вацазул, эбел - инсул, тухум - кьибилалъул къадру холедухъищ хьвадизе йигей? Дун божарав вуго даим, дунги учузлъун, эбел - инсул, гIагарлъи - росдал цIарги ккезабун дун кинай яслъунха цикIиней, кинан дун яхъилей умумазда цее - ян пикру гьабизе, жеги гIакълу гIадал нахалъ камун мун гьечIиналда+
    ЙорчIа магIарулай!!!

Автор: Сеймур Ханаев
 
 (голосов: 15)
| | Комментарии (0) | Распечатать
 
Уважаемый посетитель, Вы зашли на сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо зайти на сайт под своим именем.


Поделиться:

Добавить страницу в закладки:
Добавить закладку в Бобрдобр Добавить закладку в news2 Добавить закладку в Memori Добавить закладку в Newsland Добавить закладку в СМИ2 Добавить закладку в Vaau Добавить закладку в Mister-Wong Добавить закладку в Newsvine Добавить закладку в Delicoius Добавить закладку в Slashdot Добавить закладку в Blogmarks Добавить закладку в Technorati Добавить закладку в Folkd


Если Вам понравилась новость поделитесь с друзьями :

Другие новости по теме:



 

Информация
Посетители, находящиеся в группе Гости, не могут оставлять комментарии в данной новости.
Панель управления


Последние комментарии

Календарь
«    Март 2024    »
ПнВтСрЧтПтСбВс
 
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28
29
30
31

Статистика
Опрос

Лучший из сайтов
Неплохой сайт
Устраивает ... но ...
Встречал(а) и получше
Совсем не понравился


  Главная  |  Регистрация  |  Правила  |  Библиотека  |  Фотогалерея  |  Видео и ТВ |  Обратная связь
© MAARULAL.RU 2009   Design by  Tsor-Studio.   Все права защищены
ALLDAG.ru  Яндекс цитирования Система Orphus
 
Мнение администрации сайта может не совпадать с точкой зрения авторов статей !
При использовании материалов сайта, активная гиперссылка на сайт Maarulal.Ru обязательна!
При использовании материалов сайта в печатных СМИ, на ТВ, Радио - упоминание сайта обязательно!
Так же обязательно, при использовании материалов сайта указывать авторов материалов.