| Сделать стартовой  |  Добавить в избранное | RSS 2.0
 |   | 
 
Поиск по сайту: Расширенный поиск по сайту   •   Аварско-русско-англо-турецко-арабский онлайн словарь:


Новости сайта

Рейтинг новостей

Архив новостей


Партнеры

Наша Кнопка (размер 31X88)

Получить код Кнопки Gif

Разместите на своем сайте нашу кнопку, а в ответ мы разместим Вашу кнопку или ссылку!

Если Вы нашли ошибку в тексте, выделите ее и нажмите Ctrl+Enter
 
» БакьагьичIиса ЧIанкIа (Тажудин) ( 1866 - 1909)
3 января 2010 | Стихи, Поэзия и Рассказы | добавил(а): s_xanaev | Просмотров: 15862

ЧIанкIа гьавуна 1866 соналъ БакьагьичIиб росулъ. Гьесул эмен МухIамадгIали хвана гьев гьитIинав вукIадго. ЧIанкIае гъоб заманалъ 8 - 9 сон гурони букIинчIо. Гьединго мискинаб хъизамалъе гьавурав ЧIанкIаги ва гьесул яц, Аваристаналда магIихъан хIисабалда машгьурай Хажаги ккана эбелалъул цIобалде. ЗахIматал къояздалъун эбел Хъатуница гIезавуна вукIинесев аваразул машгьурав шагIир.


ЧIанкIал гIумруялъул анцIгоялдаса цIикIкIун сон бахъула мутагIиллъуда. МутагIиллъиялъул заманалъ гьев цогидал мутагIилзабазда цадахъ щола росулъа - росулъе. Цогидал мутагIилзабазулго гIадин захIмалъиялда бахъула гьесул цIалиги. ЦIалул заманалъ гьес лъай босула гIараб гIелмуялъул, хIисабалъул, ва гьединго адабияталъул. Бищунго рекIее гIураб, ва гьесул рокьи бижараблъун ккола адабият. Жинцагоги гьес дандрала гIемерал халкъиял кучIдул, жиндие гьезул гьарула кверзул мажмугIал. Гьев цIикIкIун хурхаравлъун лъугьуна халкъияб адабият. Гьединлъидал абизе бегьула гьесул кучIдул гIагарал ругин "халкъияб кIалзул хазинагун".

КучIдул гьари исламалъ гъукъараб букIиналъ ЧIанкIа цIакъ хIинкъун вукIун вуго гьеб халкъалъе баянлъиялдаса. Амма гьеб тIатула, дибирзабаца гьев рокъове витIула мадрасалдаса. ЧIанкIаца жиндир рокьул бицун гьарурал гурел, руго чияр рокьул бицун кагътил куцалда хъварал кучIдулги. Гьелъие сабаб - гIилла ккола гIолилал, рокьи ккарал, рокьи битI ккечIел ясаца ва васаца гьесда гьарулеб букIин. Амма ЧIанкIа живго вукIана рокьул гIашикъ. КIиго нухалъ рокьи кканиги, кIиябго рокьулги гьесул битI кколаро. ТIоцее гьесие йокьула КIахъ росулъа Гулишат абурай яс, ясалъул эбел - инсуца разилъи кьун гьеч1о, гьесулгун жидер магIишаталъул рахъ рекъараб гьечIин. Амма ЧIанкIада гьей хехго кIочон тола. Росулъа йикIарай ясги эбел - инсуца кьола чидае. Амма гьаб рокьул цIа гIумруялъго сунаро гьесул. ЧIанкIал кучIдул ракIарун мажмугI гьабурав ва гьелъие цеберагIи хъварав, хъвадарухъан Гъ.ГъалбацIовас чIезабулеб буго ЧIанкIаца гIумруялъго, жаниб цIар рехсечIониги, гIишкъу ккарай ясалде гьарулел рукIанин кучIдул.
ХъахIабросолъа МахIмудги ЧIанкIаги рукIана гьудулзабилъун. Гьезул цоцазде якъинлъи цIикIинабулеб жоги букIана кIиялго рокьул шагIирзаби рукIин. Цо - цо гIалимзабаца МахIмудил мугIалимлъун рикIкIунев вуго ЧIанкIа.

ШагIирасул гIумруялъул ва хъвадурухъанлъиялъул бицунаго кIвар бугеб суалалъул цояблъун ккола гьесул цIаралъул масъала. Гьанже бицен гьабулев шагIир, лирик нилъеда лъала Тажудин гIадинги, ЧIанкIа гIадинги. Кинабха гьелъул битIараб? Гьанжесеб заманалъул цIар рагIарав гIалимчи С. ХIайбуллаевас жиндир "МагIарул адабияталъул Тарих" (История аварской литературы, с. 478.) абураб тIехьалда хъвадарухъан Гъ.ГъалбацIовасул рагIабиги кьучIлъун росун хъвалеб буго гIалимчи ИсхIакъил МухIамихъе рачун рукIанин кIиго вас гIелму лъазабизе. Гьезул цояв ЧIанкIа, цоявги ТIинчIав вукIуна. МухIамие къабуллъуларо гьезул цIарал, гIантал цIарал ругин жинцаго ургъула гьезие цIарал: ЧIанкIа - Тажудин, ТIинчIав - Жамал. Гьединго хутIулин ЧIанкIае Тажудин абураб цIар, амма жив гьавураб росулъ гьесда гIадамаца эбел - инсуца кьурабго цIар абула.

С.ХIайбуллаевас хъвавухъе абуни, ЧIанкIа вукIана исламалъ велъарав, гьеб гъварилъиялдалъун лъалев, сагIтал, къоял, сардал кIухIаллъичIого къуръан цIалулаго бахъизабулев хIалимав, дурусав, чидай лъикIлъи гьабизе цIакъав чи. Гьесул рос хварай яц Патуч уна цогидасда хадуй, ва уна гьесие росасе. Гьеб заманалда гьеб букIана магIарул гIадатаздалъун кIудияб рогьо кьолбое. МагIарул гIадатазул тIалабазда рекъани вацас чIвазе кколаан гьединай яц. Амма исламалъ рекIелъ хIеренлъи цIезабурав, иман - инсап лъалев, рахIму цIикIарав ЧIанкIахъан бажарулароан яцалда квер борхи.ЧIанкIаца тIаса бищула цогидаб, жеги гуманияб нух. Гьелъие цогидаб сабабги ккола гьесул исламалда жеги жанивехун вахъизе бокьун букIин. Гьес тIаса бищула росу тун къватIиве ин. Гьев щола хIежалде унаго Турциялде. Амма нухда, Вади - Фатима абураб бакIалда, унтун хола ЧIанкIа 1909 соналъ.

ШагIир жив чIаго вукIаго басмаялда гьесул рахъинчIо цониги асарал. Гьев гьаб дунялалдаса гочун гIеме - гIемер соназ хадуб къватIире рахъана гьесул кучIдул. ТIоцебесеб гьесул асаразул мажмугI къватIибе бахъана 1963 соналъ, кIиабилеб 1991 соналъ. ГIурус мацIалде гьев вуссинавуна Я.Козловскияс+

Гулишатиде

Зарбу варакъулаб хIежалъул къуръан,
ХIал гьабулеб буго гьанже гьаваялъ.
ХIанил жисму бугеб зобалъул тIавус,
Зулму буго дие гьаб рокьиялъул.
Рукьбал меседилаб, сан маргъалулаб
Самаияб хIанчIил хIал буго дие.
Куркьбазда варакъул накъищ угьараб
Гьаваялъул лочнохъ чара хун буго.
Беразул нур сунеб сипат бихьидал,
Сабруяб ракIалъул гIакълу хисана.
Халкъ гIажиз гьаюрай гIадан ятидал,
ГIаданул беразул низам биххана.
Унго, инсандай мун, сипат гуребдай,
Дир сабру лъугIараб гIажаибаб рухёI.
ВахIай, хIурулгIиндай, малаикциндай,
Дир хIалал рихьизе цее тIамурай.
Вавабай, ассиллъи, унго, чIурканлъи,
ЧIегIерлъи беразул, берцинлъи гьурмал.
Гьай, гIужбу - карамат, камиллъи чорхол,
Чергеслъи, хIадурлъи, хIатIил тIадагьлъи.
Унго, логол битIи, тIад рекъей ратIлил,
Къвалзукьа чергеслъи, чорхол къагIида.
Лугбал инсанилай, сан маргъалулай,
Сон рикIкIун чапана мун дир чорхолъе.
Сипат хIавраияй, хIетI тулпарулай,
ХIайванги херлъила, дур хIисаб гьабун.
ГIурусазул пургон, гьорол машина,
Машааллагь, бечед, чорхол чIурканлъи.
Меседил карапин, кибритул ахIмар,
Кинанха, йокьулей, йокьилей цойги.
Берцинлъи, тIадагьлъи тIасан борчIарай,
ЧIурканлъи,камиллъи бергьун босарай,
Ал ясазул сайгид, мусудузул хан,
Хиялго бугодай, унго ракIалда.
Ихтияр кодоб кьун, кверщел духъго тун,
Дуего бокьухъе йижун ятила.
Нахъе анищалъул асар течIого,
Эбел тIаде тIамун, чIаран ятила.
ЧIухIарал, рекъарал къагIидабазул
Къадру ассилияб сипат течIого,
Сси бугел, реццулел тIабигIатазул
ТIокIай кмиллъизе кинан рес бугеб.
Гьурмадул бугеб сси, сверухъ бугеб нур -
Нахъе анищалъул асар тун гьечIо.
Ал ясазда гьоркьой мун чIараб мехалъ,
Хьухьикьан баккулеб бакъилан ккола;
ЯчIун гьезда бакьулъ мун гIодой чIедал,
Дир гIакълудул асар босун лъугIула.
Дудехун гаргазе гIашикъаб дир мацI
Цабзада бухьуна мун йихьарайго.
Йихьизе урхъараб ургьиб гьинал ракI
Жаниб гьалаклъулла, гьаракь рагIигун.
Дунял берцинлъана, заман чIухIана,
Мун йижаралдаса ракI пахрулъана.
Боялда нур барай, улка гвангъарай,
Губерня къалъарай къутIпудул хIуби;
Юссунеб руссада сверун балеб нур,
Лайлатул къадирдай дур къвалакь бугеб.
КъватIий яккулаго, дунял гвангъулин,
Бакъ - моцIалъул нурдай дур гьурмалъ бугеб.
ТIокIай гьариларо, гьадинай гIела,
Дур гIамал босарай яс йижиларо.
Жавгьаралъул хIара, хIанил гъажаби,
Луълуалъул килщал, каржинул гьумер;
Гьуинал рагIаби, гIисинал цаби,
цо кIалъай кIалалъул - кIарччамаб калам,
КIиябго бералъул берцинаб балай -
Гьанже дунялалда, Дагъистаналда
Дур гуреб сси гьечIо гьаб улкаялда.
Цинги росабазул сверухълъиялда
Сси дуде буссана тIолго ясазул.
Яхси, Чачаналда, Чергес ракьалда
Дуда чин бащадай яс ятиларо.
Шураб хъалаялда, губерниялда
Дуде сси бахараб сурат бахъичIо.
Сси бугел ясазул округ командир,
Дуе час кколарев гIадан ватичIо.
ГIарб басмаялда меседил аят,
Ясазул сси хола, мун цее чIани.
ЧIурканаб черхалде чергес хъабало,
Чанги махлукъ буго дуца гвангъараб.
Чергесал лугбазда лъарагIаб ретIел,
Лъаларо дур кхимат - къватIул хабарал.
Бохда цIумур бараб цIар берцинаб хIинчI,
ХIалада лъаларищ дий бугеб балагь.
ХIираъ меIералде магIдинаб гIанса,
ГIайибан кколарищ дун гьадин тезе.
ГIиракъ, Мисриялда сардил явакъит,
Саламниги битIе, ракI гIатIилъизе.
Сидратуллагьалде ахIдолеб гагу,
ГурхIа, гьудул, дида, дун холев вугин.
ГIадамал хIайранаб, хIайван гIодулеб
ГIазаб буго дие, мун лъаралдаса.
ГIишкъуялъул купи карандеги къан,
Капураб гьаваялъ гьаглъулев вуго.
Гьаб хIалалъ мунилан холев дунги тун,
Хиял лъиде бугеб, дур хIал боххаяй?
ХIайванал гIажизаб гIумру дийги кьун,
Лъиде юссинедай къасд лъолеб бугеб?
Унго, гIайиб чIвалищ гIишкъу ккунилан,
Гьаха, чIвазин хатIа, хал гьабе гьелъухъ,
гьагъаб гьумералъухъ, гьаб лагаялъухъ,
Нусабго саналъухъ, сипат - куцалъухъ.
Кинха гIайиб чIвалеб гIамал - тIабгIалда,
ТIаде жийго йиччан, рищун ругелъул,
Дур рагIул гьуинлъи, гьурмал берцинлъи,
Бицунеб каламалъ кеп гьабулеб куц!
Курмузул гургинлъи, горбол халалъи,
ХъахIал щвемещалъухъ шавкъ бергьунеб куц!
Мунгун калам бицун, керен чучизе,
Киса, эб даража дие щвеларо.
Черхалда квер хъвайни киб гурин дие,
Квер битIун баизе мун лъихъе щолей?
Гьекъон унеб шараб щокъроса гъоркье
Щибаб къатIра - тIири тIасан бихьула.
ТIад ретIунеб ратIлил пардав гьечIого,
Гьаналъ бугеб ракьа, гьоркьоб бугеб нах -
Нусабго логолъан гвангъун бихьула.
Жибго инсанияб сурат гурони,
Сверун рагIад гуро, гIадан хъваларо.
ГIадан - инсаилан яти гурони,
Ракьда хIетIе гуро, хIурда лъакI гуро.
Гьурмадул нур буго, бакъул нур гIадаб,
Бакъуде рехарал хьухьал риунеб.
Чорхое сан буго, сардилъ моцI гIадаб,
Дагъистан гвангъарай Гулишат - бикал.
Зодил тIавус бачIун тIавап гьабурай,
тIогьилаб явлухъалъ ракI бахъун ана.
ТIад чIараб тахбакIалъ тасбихI гьабурай,
дуде хIасрат бергьун, гьаглъулев вуго.
МагIарда чанилги чара бухIарай
Чиновникасул яс йосана гIадахъ.
ГIурус падишагьас алапа хъварай
Апцерасул ясалъ сагьвил гьавуна.
Вакъарав гIорцIила гIишкъуялдалъун,
бецлъарал беразда канлъи бихьила,
камилаб гьурмаде валагьанани.
Бакараб кан гIадаб, канаб моцI гIадаб,
БечIчIараб рахь гIадаб, бахьинаб гьумер.
Я мун лъаралдаса, лъарагIай бика,
Лъавудаса ана, гIакълу босана.
ГIиприт хIайранлъулеб хIатIил росада
Дур свери бихьидал, дир сабур хвана.
ЦIулал кининялда, кварил рущада,
кеп чIван чIурканлъараб лага дур буго.
Алжан баркун, пирказ кодобе кьеяй,
КидаллъагIан телев дун гьаб хIалалда?
ГIаршул рухIманасе сужда гьабеяй,
Сабаб гьабиларищ гьаб рокьиялъе?

ГьаракIунисей

КигIанго кIалъазе намуслъаниги,
КIолеб гьечIин чIезе, гIинтIамун бихье.
ГIадамаца хатIаб дида чIваниги,
Холев вукIин лъазе, кIалъан вихьизин.

Жаниб цIа бакула керен судула,
Сабру тIагIун буго гьанже черхалъул.
Чергесаб дур логол хIисабги гьабун,
ХIал бергьунеб буго гьинал ракIалъе.

Огь, ячIинчIей анищ ЧIалда росулъе,
ЧIунтараб рекIее балагь гьабизе.
Хар, сверичIей анищ дир свериялде,
Сабру лъугIараб серх чапун биине.

Маргъалул черхалде лъарагIаб ретIел,
ЛъачIей анищ дида гьаракIунисей.
Нугъай авлахъалде хъурайсен кьегIер,
Дун гIадал гьавизе йихьичIей анищ.

Забру меседил шал гIадатIаги чIван,
ЧIухIдае сверула, керен судизе.
Огь, байтулман дунял, дида бугеб хIал,
ХIал бергьараб гIишкъу гIадалъги щущан.

Вай, гIашикъаб гIумру инеб бугеб куц,
ТIулада кор боркьун, каранда цIа лъун!
Дуй сипат гьабизе ракI сагьвиллъула,
Бадиб балагьани, мацI кIочон тола.

Йихьани, балагье, берзул нур унин,
Сипат - гьаяталъул гьайбаталдаса.
Гьанже элде щварай яс йижиларо,
ТIолго элъий буго, элдасан буго!

Машааллагь, бечед, черх буго элъул,
Жибго хIавраияб, хIур тIад чIолареб;
ХIалкIолеб бетIергьан, гьурмал бацIцIалъи,
ЦIердал матIу гIадин, гвангъун чIун буго.

ЛахIчIегIерал кьунсрул, гургинал берал,
Кагътида нун гIадин, росун лъун руго.
Мисри хвалчен гIадаб чалухаб мегIер,
БегIерлъи рекъараб, гвангъи берцинаб.

Гордал цIоролгIанги цIваки камилаб,
ЦIцIуйзе гъира ккараб кIиябго гIоно;
ГIамбарул тIегь гIадаб, би - рахь жубараб,
Жийго цо ясалъул багьаяб щвемещ.

ГIарцул куцаз къарал къарбиял курмул,
Къвалакь чалу ккураб чараб пулуша;
БагIармачуязда гIарцул чалаби,
Месед тIад бекьараб хъахIилаб тIажу.

Рекъаншинаб ретIел, тIад чIвалеб кверлъин,
Кинсанго меседилъ сукIун лъун йиго.
Гъункарасул пайтон, цIадул машина,
ЦIа рекIуна рекIелъ кIилкIил гьаракьалъ.

Баргъичал гIемерал къаламул килщал,
Къвал дуда барав чи, унго хвеладай?
КъутIпудал нур гIадаб чIурканаб лага,
Квер дуда хъварав чи киса херлъулев.

Дур берцинаб гьаракь, гьуинаб бакъан,
Эл дур калимаби, кочIол къагIида,
Кинавниги киназ, инаралзаби
Элъул пасахIатал паналъун руго.

ЛъаргIи чергесайги чалухлъиялъухъ
Чи цеве ккеларо дир гьудулалда.
ТIолго бугеб ссиго сверухълъиялда
Дудасан куцала киналго ясаз.

Кинабго тIабигIат, тIолго пишаби
Элъул рикъун руго къоролзабаца.
Дир ракI божуларо жегиги элда,
Эбелалъ гьаюрай яс ятилилан.

Жийго инсанасул сурат гурони,
Сверухъ лъугьаниги, черх бихьуларо.
Чирахъалъул гIадаб гвангъи гурони,
ГIадан - инсанасул рагIадго гьечIо.

Росу гьогьомизе, дун паналъизе,
ГохIдузда рештIунеб тIавус батила.
Сабру лъугIарав дир хIалал рихьизе,
ХIурулгIин ятила, сурат бихьулей.

Дийго щвечIониги, щукру гьабила,
Гьоболлъуданиги рещтIун йигелъул.
Къадар хъвачIониги, воххун вукIина,
РакIалде щвеялъе рокъое щведал.

Дур баракат щваяй, щибха гьабилеб,
Рокьул гьава бугин гьаб балагь дие.
ШапагIалъи щваяй, дун кIочон тоге,
Дунги дурго гьудул махIрум гьавуге.

Автор: Собкор ИА Маарулал.Ру

 
 (голосов: 5)
| | Комментарии (0) | Распечатать
 
Уважаемый посетитель, Вы зашли на сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо зайти на сайт под своим именем.


Поделиться:

Добавить страницу в закладки:
Добавить закладку в Бобрдобр Добавить закладку в news2 Добавить закладку в Memori Добавить закладку в Newsland Добавить закладку в СМИ2 Добавить закладку в Vaau Добавить закладку в Mister-Wong Добавить закладку в Newsvine Добавить закладку в Delicoius Добавить закладку в Slashdot Добавить закладку в Blogmarks Добавить закладку в Technorati Добавить закладку в Folkd


Если Вам понравилась новость поделитесь с друзьями :

Другие новости по теме:



 

Информация
Посетители, находящиеся в группе Гости, не могут оставлять комментарии в данной новости.
Панель управления


Последние комментарии

Календарь
«    Март 2024    »
ПнВтСрЧтПтСбВс
 
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28
29
30
31

Статистика
Опрос

Лучший из сайтов
Неплохой сайт
Устраивает ... но ...
Встречал(а) и получше
Совсем не понравился


  Главная  |  Регистрация  |  Правила  |  Библиотека  |  Фотогалерея  |  Видео и ТВ |  Обратная связь
© MAARULAL.RU 2009   Design by  Tsor-Studio.   Все права защищены
ALLDAG.ru  Яндекс цитирования Система Orphus
 
Мнение администрации сайта может не совпадать с точкой зрения авторов статей !
При использовании материалов сайта, активная гиперссылка на сайт Maarulal.Ru обязательна!
При использовании материалов сайта в печатных СМИ, на ТВ, Радио - упоминание сайта обязательно!
Так же обязательно, при использовании материалов сайта указывать авторов материалов.