Жакъасеб магIарул мугьажирлъиялъул адабияталда кIвар бугеб бакI ккола АхIмад Чинарил хъвадарухъанлъиялъ. Гьев гьавуна Турциялда, Кахраман-Мараш вилаяталъул Киреч абураб магIарулазул росулъ. ГIусманиязул империялде гьесул умумул гочана Дагъистаналдаса, МелъелтIа росулъа 1890-абилел соназда.
Байбихьул школа АхIмадица лъугIизабуна росулъ, гьоркьохъеб школаги индустриалияб лицейги Кахраман-Марашалда. I983-I987 соназда цIалана Истамбул университеталъул социалиялгун политикиял гIелмабазул факультеталда. Гьениб гьесие щвана юристасул махщел. 1993-1994 соназда стажировкаялда вукIана Англиялда.
I995 соналдаса I997 соналде щвезегIан АхIмад хIалтIана Анталия вилаяталъул Ирадия районалъул бетIерлъун. 1997-2004 соназда гьев вукIана Мардин вилаяталъул Даргечит шагьаралъул бетIерлъун. 2005-2008 соназда АхIмад вукIана Истамбул шагьаралъул администрациялъул культураялъул ва туризмалъул комитеталъул нухмалъулевлъун. 2008 соналдаса нахъе гьев хIалтIулев вуго Анкараялда, премьер-министрасул администрациялда.
Студентлъун вугеб мехалдаго босана АхIмадица кодобе къалам. Гьесул макъалаби рахъана Турциялъул батIи-батIиял газетазда, журналазда, гьездаго гьоркьоб Ялова шагьаралъул Дагъистаниязул культурияб жамагIаталъул орган «Дагъистан» журналалдаги.
АхIмадил адабияб гьунар загьирлъана прозаялда, поэзиялда, драматургиялда, мемуаристикиялда ва публицистикаялда. Гьесул асаразул аслияб темалъун ккола Кавказ, Дагъистан, гIагараб халкъалъул балагьаб тарихги жакъасеб гIумруги ва гь. ц. Турциялдаги гьениб бугеб магIарул мугьажирлъиялдаги АхIмад Чинар лъала гьунаралда хъварал асараздасан. Бищун цIикIкIун гьесие цIар щвезабуна «МугIрул дир рекIелъ» абураб романалъги (1999), «Дица кинабго хъвачIо» абураб мемуарияб тIехьалъги (2005, 2007).
АхIмадида эркенго лъала рахьдал, турк ва ингилис мацIал. 1997 соналда гьев щвана Дагъистаналде, имам Шамилил юбилеялъулал тадбиразул хIурматияв гьобол хIисабалда.
Адабияталъул батIи-батIиял рахъазда жиндирго къалмил хIалбихьаниги, гьарзаяб куцалда АхIмад хIалтIулев вуго прозаялда. ТIадехун рехсараб романалда цадахъ гьес хъвана чанго хабарги. Гьезул цояблъун ккола магIарул мугьажирзабазул кьогIаб тарихалъул темаялдасан хъвараб «Меседо» абураб хабарги.
Турциялда ругел жакъасел мугьажирзаби-хъвадарухъаби киниги, АхIмад Чинарги хъвадарула турк мацIалда. Гьай-гьай гьесул хъвадарухъанлъиялъе кIудияб асар гьабулеб буго турк культураялъ, адабияталъ ва эстетикаялъ. Амма гьелдго цадахъ гьесда лъикI лъала магIарул миллияб тарихги, кIалзул гьунарги, халкъияб адабиятги. Ва хъвадарухъанасул асарал цIалараб мехалъ, нилъеда бихьулеб буго гьеб кIиябго эстетикияб системаялъ гьезулъ хасаб, такрарлъи гьечIеб хаслъи бижизабулеб букIин.
АхIмад МуртазагIалиев, филологиял гIелмабазул доктор |