ЦIадаса ХIамзатилги, гьесул вас Расулилги хIакъалъулъ халкъалда лъалареб жо хутIун батиларин абизе бегьула. АнцI-анцI тIахьал руго гьезул гIумру-гIелалъулги, рукIа-рахъиналъулги, хIалтIулги хIакъалъулъ хъварал. ГIемерисел руго гIурус мацIалда, руго гьезда гьоркьор магIарул мацIалда хъваралги. ЦIадаса ХIамзат (хунздерил сверелалда – ХIанзат), узухъда, ЦIадаса ХIамзатлъун кидаго гуро вукIарав. Гьесде батIи-батIияб заманаялъ абулаан Исуйил МахIамадил ХIанзатиланги, Бегунил ХIанзатиланги (Бегун букIана гьесул эбелалда цIар). МутагIиллъун къватIи росабалъ вугеб мехалъ гьесде абулеб букIун батила ЦIадаса ХIанзатиланги.
Щай дица гьадин гьал цIарал хъвалел ругел? Гьал руго гьесде унго-унголъунги абулел рукIарал цIарал. Нилъ ругьунлъун руго гьал цIарал гьадин хъвани, ритIаралин, гьадин хъвани, мекъиялин абураб пикруялде. Амма гьеб пикру цIаразул рахъалъ битIараблъун рикIкIунаро. БитIараб пикру ккола цIарал щибаб мацIалъул къануназе мутIигIал рукIине кколин абураб. Гьелъул магIна щиб? Гьелъул магIна буго, батIиял мацIаздасан рачIарал цIарал гьеб мацIалда рекъон хисун, «гьелъ малъухъе» рукIине кколин абураб. Масала, гIараб мацIалдасан бачIараб МухIаммад абураб цIар, магIарул мацIалда жанибе ккараб мехалъ, хисун буго магIарул мацIалъул къануназда рекъон, гьедин гьелъул лъугьун руго МахIачалги, МахIакIалги, МухIумабиги, МухIуялги. Гьеб битIарабги буго.
Цо чиясе жиндирго паспорталда хъвазе бокьани жив МухIамад вугилан, гьебги битIараб буго, амма битIараб гьечIо магIаруласде МухIамад абичIого МухIаммад аби (хъвазе бегьула МухIаммад абун, амма абизе бегьуларо), щайгурелъул магIарул мацIалда гьечIо мм гьаракь, гьеб сверула гьаниб м гьаракьалде.МагIарул мацI гьелда данде чIола. Цо мацIалдаса цойги мацIалде рачIарал рагIаби рекъон ккезе ккола гьеб мацIалда жанир. Щай гIарабаз Путиниде Бутинилан абулеб? Щайгурого, гIарабасда кIоларо жиндир мацIалда гьечIеб п гьаракь бахъизе. Гьединлъидал, хунздерил свериялда ХIанзатилан абизе ккола, щайгурелъул гьенир кIутIбузулал гьаркьал хисун цойгидал рачIуна, ай, м хисун н бачIуна. ХIамзат ЦIадаса вуго, Расулги ЦIадаса вуго, амма гьанжесеб Гумбет районалъул Гьарадерихъ росулъ (цебе гьеб росу Хунзахъ районалда гьоркьобе унаан) Расул гьавунилан абураб жоги битIараб буго. Кинха гьеб ккараб? Гьелъул хIакъалъулъ халатаб заманаялъ кибго щибго хъвараб жо букIинчIо, гьеб гIемеразда лъалеб хIужа букIаниги. ТIоцебе гьелъул хIакъалъулъ «бакка-бахъи» гьабуна живго Расулица «Дир Дагъистаналда». Гьесул калам. «Дида бицана: Дун гьавун гьоркьоб мех балелдего дир росулъа Гьарадерихъе цо-кІиго соналъ хъулухъалъ ун руго дир эбелги эменги. Инсул чода нахъа рухьарал хулжазул цо гІагалъуб букІун буго квен-тІех, тІахьал, партал, цойги къваригІараб къайи-къоно. Цогияб гІагалъусан баккун букІун буго бусада жанисан хІанчІил гІадин, дир гьитІинаб бетІер. Гьеб сапаралда захІматго унтун йиго дир мискинай эбел. Дие керен кьун буго лъимер хварай пуланай Гьарадерихъа чІужуялъ — дир рахьдал эбелалъ. КІиго эбелалъе кидаго бецІун лъугІулареб налъулав вуго дун дир гІумруялъе гІоло. Цояй эбел — дун гьаюрай, дир тІоцебесеб кини кІибикІарай, кІиабилей эбел — дие керен кьурай, гІумруялъул нухда дун тІовитІарай. ЛъугІиларо кІиязего бугеб дир баркалаялъул, мутІигІлъиялъул хІайранлъи». Расулица хъвараб жоялъулъ буго кIиго данде кколареб бакI. Цояб ккола, жив гьавун гьоркьоб мех балелдего Гьарадерихъе цо-кІиго соналъ хъулухъалъ ун руго жиндир эбелги эменгиян абураб. Гьеб гьедин букIинчIолъиялъе нугIлъи гьабула гьесул эбел Хъандулалъулги яц ПатIиматилги ракIалдещвеяз. Гьел ракIалдещвеял гьезул кIалдисан хъван руго ХIамзатил ХIажияс I968 соналъ.
Гьел басмаялде рахъун руго ЦIадаса ХIамзатил асаразул 6 томалда (2008сон). Гьениб гьадин хъван буго: «Гьарадерихъе ккун хадуб нижер къавуда чIван букIана квешаб цIа-каналъул унти. ЦохIо эмен хутIун вукIана сахав чи. Цогидал киналниги цIалунцин рукIана. Гьанжего гьанже Расулги гьавун йикIарай дидаги чIван букIана гьеб унти. Расул, ирга гьабулеб гIадин, цин-цияхъе кьолев вукIана хахизе. Бищунго гIемер гьев хахарай гIаданги йикIана жиндир хIалбохаяй Гьарадерихъа Шайхул Исламил СагIидат. Гьарадерихъ нижер чIолеб бакI букIана тIоцебе Салманилги Багисултанилги доба. Лъималги гьечIел, кепал, махсара-хочIалъул чагIи рукIана. Инсуцаги толароан жиндирго махсараби. Эзиеги цIакъ рекъон кколаан гьеб. Цинги нахъа, Расул гьавун хадуб, ниж рахъана ГIамирхIамзал бакIалде. ГIамирхIамзал эбел йикIана Гугьарин абун. Элдасан бачIараб буго ХIамзатил машгьураб кочIол гьадинаб байтги:
Унха, мунги эбелги, Гугьарги васги гIадин, Гогьдаризе гьаризе РегIун гьечIищ гIадамал? («ХIамабагьадурлъи»)
Гьарадерихъ баккараб букIана «ЦIарчIвай» абураб цIакъаб гIадат. Гьеб гIадат билълъинабулаан ХIамзатил дореги ракIарун. Жеги рукъалда гьечIей чIужугIаданалда гьикъула дуе рекIее гIолев, вокьулев чи щиван. Нечадго гьелъ абулаан жиндиего къабуласул цIар. Досиеги гьеб къабуллъани, кколеб хъвай-хъвагIайги гьабун, гьенибго тIубалаан ригьин. Гьелдаса цIакъабищ «загс» букIунеб! Цоги ХIамзатил доба букIараб къагIида: цохIо нухи квасул щваниги, босун гьебгун, «гвай» балебиланги абун, гьесул гъастIе данделъулаан гIадамал, гIемерисел – руччаби. АхIулаан кучIдул. ХIамзатие хасго рокьулаан Бикаца, Хазица, ГIашакIодоца ахIулел кучIдул. Нужедаго рагIизе лъикIан, гIодореги риччан, гьез тIамулел тIадмагIарул панаял бакънал.
Цоги: Гьарадерихъ рукIинчIо берцинго лъутIарал гордал рукъун бажарулел махщалилал. Гьелде дагьабниги ругьунай йикIиналъ, дица кьолаан гьезул руччабазе дагьа-макъал дарсал. Гьебги букIунаан гьадабго гвавулъ. Гьениб букIана ракI гъеялъе ва гьадинго квен-тIехалъе мугь балеб, картошкагун ламадур балеб, урба биунеб гIадатги. Хъвехъариян абуни – гьеб букIинего букIунароан. Гьекъелги букIyнароан. Росулъго букIинчIеб талихI Гьарадерихъищха кьелеб? ЦIадаго гIакаги хун пашман рукIарал нижер Гьарадерихъги хвана цохIо букIараб гIака. БатIияб багьана щибго гуро, ХIажил бер ккей хIакъаб бугилан гьедарулаан жалго гьарал. Гьарадерил лъабабго росдал жамагIаталъулги нилъерги хурхеналги, гьобол-гьудуллъиги, божа-рокьиги бицун лъугIиларо. Гьаралги, гьезда цадахъ рарал моцIалги, гьенир тарал вацал-яцалги, гьезул гьуинлъиги, аваданлъиги, сахаватлъиги киданиги кIоченчIо ва кIоченеги гьечIо. Унго гьезул ракIазул гIатIилъи, гIаданлъи, гIадатлъи!». Бихьулеб букIахъе, бищун гIемер Расул хахарай гIаданлъун рехсон йиго Шайхул Исламил СагIидат. Гьей СагIидатил яс Залму, ункъоялда анцIго сонил гIумруялде яханиги, гьабсагIатги лъикIаб сахлъиялда йиго, «лъимер хварай чIужуялъ хаханин» абураб жоги ритIухъ гьабулеб гьечIо. Гьей Залму ккола Расулил рахьдал яц. Бицанихъе, живго Расулидаги гьеб гьедин букIин лъикI лъалеб букIун буго, гьединлъидал, «Дир Дагъистаналда» батIайса хъваялъе гIиллаги бихьулеб гьечIо. Гьеб буго кIиабилеб данде кколареб бакI. МагIарул шагIир Махсуд ЗайнулгIабидовас гIурус мацIалда хъвараб макъалаялда бицун буго (гьеб макъала чанго нухалъ батIи-батIиял газетал-журналазда бахъун буго) 20-абилеб гIасруялъул 60-абилел саназ жив Гьарадерихъ учителлъун хIалтIулеб мехалда гьениб гьесда Расул Гьарадерихъ гьавунин абураб жо рагIиялъул. ГIемераб цIияб, цебе лъалареб букIараб жо буго шагIирас гьениб хъван. Цо данде кколареб жоги буго гьес хъваралда жаниб. Расул хахарай СагIидатица жинда бицараб жойилан хъван буго гIезегIан жо. Гьей мунагьал чураяй Щайххулисламил СагIидат хвана I943 соналъ хандакъал рухъизе йитIараб бакIалда. Гьединлъидал, 60-абилел соназ гьелъ Махсудида щибго бицинеги рес букIинчIо.
Щай хал гьабичIеб информация къватIибе кьурабали бичIчIичIо, цIехани, кин гьеб букIарабали лъалел чагIи гIемер руго гьабсагIатги. Махсудица хъвалеб буго, гьеб макъала Расулида дандги бан бахъун букIанилан. Балагьараб мехалъ, кин-щиб букIарабали кинабго чIванкъотIун живго Расулидаги лъалеб букIинчIеб хIисаб буго. ЦIадаса ХIамзат Гьарадерихъе дибирлъун вачIун вуго I922 соналъ. Гьесда цеве гьенив дибирлъун вукIун вуго ТIанусиса ГIабдулмутIалиб, ХIамзатидаса хадув – Игьалиса Параису (Параюсуп). ХIамзат Гьарадерихъе ккеялъе гIилла лъазе захIмат буго. Хъандулалъулги ПатIиматилги ракIалдещвеязда гьадинаб гIилла рехсон буго: «Гьарадерихъе дибирлъун нужер эмен витIиги букIана Хундерил округалъул хIакимзабазул иш. «Гьанже дуде буго, ХIамзат, нижер хьулги божиги: дуца гьел гьарал рекъезеги гьаризе ккола, гьезда жаниб гIадлуги билълъинабизе ккола, лъикIаб-квешаб малъун гьел жанир рачинеги ккола. Дуе хIажатаб кумек нижецаги гьабизе бугила, гьарадерил хIакимзабазги гьабизе бугила». Инсуца тIаде босараб иш букIана цIакъ таваккалаб, хIинкъараб хIалтIи.
Гьев разилъиялъе цохIого цо гIилла букIана гIадамазда гьоркьоса жахIда ва хIусуд, кьал лъугIизабиги, гьел цоцалъ рекъон берцинго хьвадизариги гьес рикIкIунеб букIин цIакъ БетIергьан разияб ва гIумруялда баракат лъолеб хIалтIилъун. Жалго гьарадерил жамагIаталъул херал мугжул, рахъун тIаргъалгун, цере чIараб мехалъ инсуе инкаралъе нух букIинчIо. «Цевеккун кIиго дибир чIвараб росу гурищ, лъабабизе нилъги рукIа абеха» − ян махсароги толароан инсуца». Гьедин хъвараб батизе ккола ХIамзатица:
Гьеб заманаялъ дица дибирлъиги гьабуна, ГьарунчагIи рачIиндал, нахъчIвазе захIмалъана абун.
Киданиги кибниги чIванкъотIун жив Гьарадерихъ дибирлъун вукIанилан хъвараб бакI ХIамзатил гьечIо, жиндирго автобиографиялдаги бихьизабун гьечIо. Гьелъие гIилла букIана цо. Инкъилаб ккун хадув, дибирлъун хIалтIанин абураб жоялъ ХIамзат квешаб бакIалде ккезехъин вукIана. ЦIакъ квешал къоабилел-лъеберабилел соназ щивасул кьибил цIехолеб букIана, хасго ХIамзат гIадал, лъикIаб динияб лъайги щварал, иман-ияхIги бугел гIадамал тIагIинари букIана аслияб масъалалъун ккун. Гьедин тIагIинаруразул халатал сияхIал нилъеда лъала. ЩагIир абураб махщелги доб мехалъ букIинчIо, щагIирилан абун гьев лъалев чиги гIемер вукIинчIо, жеги гьесул рахъарал тIахьалги рукIинчIо. Гьесда тIадаб жо букIана жиндирго бетIер цIуни. "Инкъилаб ккелалде къаница ккурав КIудавинсул буго аслу цIехолеб" абун хъван буго гьес гьеб заманаялъе къимат кьолаго.
Гьелъие гIоло босизе ккун буго Гьарадерихъ советалдаса гьенив учителлъун хIалтIилев вукIанилан абураб справкаги. «КIалалда печат чIван, черхалда махх бан» вукIин гурони, тIокIаб гьелъие сабабги букIун гьечIо. Бищун жиндие хирияб жо букIанин гьеб справкаяйилан абулеб букIун буго ХIамзатица. Гьарадерихъ гьавуниги кив гьавуниги, гьай-гьай, Расул вуго ЦIадаса, ЦIадаса ХIамзатил ирс босарав цIар рагIарав щагIир. Амма гьарал чIухIарал руго гьев кIиясулго гIумруялъул нухда ратиялдаса, ХIамзатилл нодо гIодоб цураб тIанкI жидер мажгиталда жаниб букIиналдаса. РухIал алжаналъур ратаги гьезул.
Босана "Гьудуллъи" литературиябгун художествияб ва жамгIиябгун политикияб журналалдаса. Автор Гьарадерихъа ГIабдулкъадирил МухIамад
|