Закатала мухъалъул ЧIар росулъ гIумру гьабун руго тарихалда лъалкI тараб машгьураб НухIиязул тухумалъул чагIи. Гьезул наслу лъугьараб, гьел рачIараб бакIалъул бицарал гIезегIан хIалтIаби руго ЦIоралъул тарихалда тIадчIарал гIалимзабаз хъварал. Масала, кавказовед Тимур Айтберовас «Закавказские аварцы» абураб монографиялда хъвалеб буго НухIиязул кьибил лъугьанин ЧIаралъул мугIрузул ахалъуда бугеб Гъолода росулъ XVI гIасруялда гIумру гьабун вукIарав НухIбег абурав чиясдасан.
«Поселения Джарского общества» абураб хIалтIулъ гьеб тухумалъул хIакъалъулъ мухIканго хъвалеб буго гIолохъанав тарихчи ХIапизов ШагIбаницаги.
Узухъда, Дагъистаналъул тарихчагIаз мугъчIвай гьабулеб буго революциялде щвезегIан букIараб тарих лъазабулел Россиялъул цIех-рехчагIазул хIалтIабазде (М. А. Коцебу, Ф. Плотто, А. Поссербский). Масала, Поссербскияс гьадин хъвалеб буго: «ЧIаралъул кIкIалахъ гIадамаз чIей гьабиялда тIасан гьадинаб бицен буго. ТIоцеве гьениве вачIун вуго НухIиязулги ЧIимчIилиязулги жамагIатаздаса кIиго чи. Чабхъенал гьаризеги, вагъизеги, ислам-дин тIибитIизабизеги букIараб хIаракаталъ НухIиязул тухумалъул бетIер НухIбегие щун букIана Шайих абураб цIарги».
Гьаб гьитIинабго макъалаялда жаниб бицун бажаруларо доб заманалда жамгIияталда жанир кколел рукIарал лъугьа-бахъиназул. Амма абизе ккола гьеб мухъалда ислам тIибитIиялъе НухIиязул тухумалъ бихьизабураб хIаракаталъул.
XX гIасруялда гьеб тухумалъул аслияв вакиллъун вукIана НакIкIазул МухIамад – динияв, жамгIияв хIаракатчи ва тарихчи. «Джарская летопись» абураб тарихияб хIалтIул авторги ккола гьев.
НакIкIазул МухIамад гьавуна 1909 соналда ЧIар росулъ, НухIбегил тухумалда. Байбихьулаб лъай гьесие росдал мадрасалда щвана. Цинги гьес лъазабулаан тарих, гIараб мацI (гьесда гIезегIан камилгоги лъалаан гьеб). Гьедин гIарабалдаса чIарлъул диалекталде буссинабуна гьес чанго хIалтIи.
ГIараб цIали гьабун хадув МухIамадица лъугIизаруна педагогикиял курсалги. Гьедин гьев хIалтIана ЧIарлъул школалда тарихалъулги географиялъулги учительлъун.
1964 соналда НакIкIазул МухIамадица «Джарская летопись» абураб хIалтIулъ кьун буго НухIиязул тухумалъул генеологиялъул таблица. Гьелда рекъон, гьезул тухумалъе кьучI лъун буго НухIбегица. Живго НакIкIазул МухIамад кколев вуго НакIкIазул вас, НакIкIав кколев вуго МалламухIамал вас, МалламухIама – МухIаммадаминил вас (Ваци), МухIаммадамин кколев вуго Мала МухIаммадил вас, Мала МухIаммад – НакIкIи ХIасанил вас, гьевги кколев вуго НакIкIазул вас, НакIкIавги кколев вуго Кашдал вас, Кашда – Тахтабашил вас, Тахтабаш – Буттайил вас, Бутта – МахIамал вас, МахIама – Шихшабанил вас, Шихшабан – МухIаммадбегил вас (Малла-МухIаммад - ал-Гъолоди), МухIаммадбег – ГIали-бегил вас, ГIали-бег кколев вуго НухIбегил вас.
Гьелдалъун бихьулеб буго XVII гIасруялъул гIалимчи Малла МухIаммад ал-Гъолоди НухIбегил васасул вас вукIин.
НакIкIазул МухIамадица авар мацIалъул чIарлъул диалекталде буссинабураб «Джарская летопись» абураб трактат ккола Закаталаялъулгун Шекиялъул ракьалда XX гIасруялъул кIвар бугеб культураялъул памятниклъун.
Балагьараб мехалда, гьеб кколеб буго XVIII гIасруялда гIумру гьабун вукIарав Малла МухIаммад ал-Джари абурав чияс хъвараблъун. Гьелъ рес кьолеб буго кIвар бугел тарихиял хIужаби ричIчIизе, чанги доб заманалъул, Турциялдаги, Россиялдаги, Ираналдаги гьоркьор рукIарал тунка-гIусиял, гIунгутIаби ратизе ва ритIизаризе кумек гьабулеб буго.
ТIоцебе гьеб хIалтIи къватIибе бачIана «Хроника войн Джара в XVIII столетии» абураб цIаралда гъоркь Хулуфлу абурав чияс бахъун. 1996 соналъ тарихчи ва кавказовед Т. М. Айтберовас хIадур гьабуна гьеб къватIибе биччазе ва цо лъагIалидасан ГIелмияб Централъул хIалтIухъан С. Сулеймановас гьеб буссинабуна азербайжан мацIалде «Джар салнаме» цIаралда гъоркь.
ГьабсагIаталда ДНЦялъул ИИАЭялъул гIелмияв хIалтIухъан Ж.МалламухIамадовас хIадурулеб буго гьеб гIурус мацIалда къватIибе биччазе.
НакIкIазул МухIамад ккола «Тазикрат Ал-Джариййа» (ЧIарлъул ракIалдещвеял) абураб, кIвар бугеб хIалтIул авторги. Гьеб ккола даруял хурдул халкъияб медицинаялда хIалтIизариялъул хIакъалъулъ хъвараб дандероси. Авторас гьеб хъвалаго хIалтIизарун руго цIар рагIарал машрикъалъул хIалтIаби: «Таhсилул манафигiи аррахмату фи тибби», «Тазкиратул Антакиййа», «Хайатул хайванат» ва цогидал.
Авторас хъвавухъе, гьес гьениса хурдузул ва гьел хIалтIизаризе кколеб куцалъул кIвар бугел баянал дандеги ракIарун руссинаруна гIажамалде (гIараб мацIалдаса авар мацIалъул чIарлъул диалекталде).
Автор: Загьид Халаев, тарихиял гIелмабазул кандидат, ДНЦялъул ИИАЭялъул гIелмияв хIалтIухъан. Источник: Газета "Миллат" №23(151) 04.07.2014 |