| Сделать стартовой  |  Добавить в избранное | RSS 2.0
 |   | 
 
Поиск по сайту: Расширенный поиск по сайту   •   Аварско-русско-англо-турецко-арабский онлайн словарь:


Новости сайта

Рейтинг новостей

Архив новостей


Партнеры

Наша Кнопка (размер 31X88)

Получить код Кнопки Gif

Разместите на своем сайте нашу кнопку, а в ответ мы разместим Вашу кнопку или ссылку!

Если Вы нашли ошибку в тексте, выделите ее и нажмите Ctrl+Enter
 
» ЧIаралдаса ГIадалав Ибрагьим
29 ноября 2013 | История | добавил(а): admin | Просмотров: 15342
ЧIаралдаса ГIадалав ИбрагьимXVIII абилеб гIасруялъ персазул рагъулал чабхъеназда дандечIей гьабулаго дагъистанияз босараб бищунго кIвар бугеб бергьенлъилъун рикIкIине бегьула Надир-шагьасул вац Ибрагьим-ханасул рагъулаб аскар щущахъ биххизаби.

Гьеб гIажаибаб, гьелдаго цадахъ цIех-рех гьабизе захIматаб темаялде кIвал кьола гIемерал тарихчагIаз. Мисалалъе, И.П. Петрушевскияс хъвалеб буго Надир-шагьас ЧIаралде гьарурал гIемерал чабхъеназул хIакъалъулъ ва рикIкIунеб буго гьезул хIасил магIарулаз бергьенлъи босараб букIанилан.

Гьесул пикруялда рекъон, 1730-абилел соназ магIарулаз гъурана «Надир-шагьас битIараб персазулгун-кахетиялъулазул данде гьабураб аскар. 1741 соналъ, доб заманалде шагьлъул вахъарав Надирица битIизе кколаан ЧIар асир гьабизе гуржиялгун персал цолъараб кIудияб рагъулаб аскар. Амма кинабгIаги кьаби щвезабизе гьезда кIвечIо ва XVIII гIасруялъул кIиабилеб бащалъуда ЧIар букIана Югалъулаб Кавказалда къуватал политикиял гIуцIабазул цояблъун
».

Амма гьеб лъугьа-бахъиналда хурхун суалал цIикIкIарал руго жавабаздасан. Кин бугониги, Дагъистаналъул ва персазул архиваздаса гIезегIан лъикI бихьулеб буго доб заманалъул тарих. Гьединго халлъулеб буго ЧIаралъул магIарулазул рагъулал церехъабазул – ГIадалав Ибрагьимил ва Талаялдаса Халилил дол лъугьа-бахъиназулъ букIараб кIудияб кIвар. Гьезул бетIерлъиялда гъорлъ чIаралъулазда кIвана 32-азарго чи гъорлъ вугеб персазул аскар 4 азарго хутIизегIан гъуризе.

Доб чабхъеналда гIахьаллъи гьабурав Надир-шагьасул тарихчи МухIамад-Казимица бицен гьабулеб буго Ибрагьим-ханасул аскар гъуриялъулъ аслияб гIахьаллъи гьабурав кIигоясул: «ЧIаралъулазда гьоркьор рукIана кIиго рагъулав цевехъан, жидер бахIарчилъи Рустаб Дастанида релълъарал, жидер сахаватлъи Хатам Тайида релълъарал. Цоясда цIар букIана Ибрагьим Диване (Ибрагьим ГIадалав), цогидав – Халил». «Ибрагьим Диване» - ГIадалав Ибрагьим. Гьесул хIакъалъулъ нилъеда дагьаб жо гурони лъалеб гьечIо. Гьавуна гьев ЧIар росулъ гIага-шагарго 1700-1710 соназда гьоркьов, хвана 1741 соналъ. Халил – аскIоб бугеб аваразул Тала абураб росулъа.

ЧIаралде Надир-шагьасул чабхъенал

1730-абилел соназ Персиялда баккана улка данде гьабулеб къуват – Тахмасп-кули-хан, хадубккун жинца жиндаго Надир-шагь абун цIар лъурав. Сверухъ ругел ракьаздаги кверщел гьабизе бокьарав Надирица, доб заманалда северияб Азербайджаналда кверщел гьабулев вукIарав  Гъумекиязул шамхал Сурхайидаса тIалаб гьабуна жиндие мукIурлъи. Гьес инкар гьабурабго битIана чабхъадулаб аскар 1734 соналъ. Рагъда къурав Сурхай-хан мугIрузде нахъе къана, Надирил аскар гьесда хадуб ана.

Гьеб мехалъ, 1734 соналъул ноябралда Надир-шагь тIоцеве щвана ЧIаралъул республикаялда аскIоб бугеб азербайджаназул Биладжик абураб росулъе. ТIоцебесебго рагъулаб тунка-гIусиялда чIаралъулал нахъе къазе ккана. Хадуб, 1735 соналъул январалда Алазангун Аргри-чай абураб гIор цолъулеб бакIалда ккараб тунка-гIусиялда нахъойги персаз бергьенлъи босана.

Дагь-дагьккун, кватIичIого МухIамад-Кули-ханасул бетIерлъиялда гъоркь персал Тала абураб росдада аскIоре щвана. Рагъал ккана ЦIилбан росулъ ва жибго ЧIар росулъ.

Аваразул росабазул гIадамал мугIрузда рахчун рукIана, персал живго Надир-шагьасул бетIерлъиялда гъоркь ЧIаралдаги чIун аскIор ругел росабалъе гьужумал гьарулел рукIана. Амма гIадамал гьел росабалъ рукIинчIо, ва персаз рухIана, хъамал гьаруна ЧIар, Тала, КIатIихъ, Чардах ва гьел гурелги росаби. ЧIаралда гьез кверде босизе кIвечIеб бакI кана Жунгузул гьин абураб щулалъул хъала. Гьенир жанир чIун рагъулел рукIана 40 гIолохъанав чIаралъулав. 1735 соналъул марталда гъизилбашал гьенисан Карсалде ана.

Амма гьебго соналъул ноябралда нахъойги живго Надир-шагьасул бетIерлъиялда песал ЧIаралде щвана. БакIалъулаб хъвай-хъагIаялда буго гьеб лъугьа-бахъиналъул хIакъалъулъ хъван: «Надир-шагь… ал-Хурасани щвана ЧIаралдегун Закаталаялде 1148 соналъ, Ражаб моцIалъул байбихьуда хамиз къоялъ(1735 соналъул 17 ноябрь».

23 ноябралда гьес Тала ва ЧIар росабазда гьоркьоб Тала-гIоралда аскIор чадирал чIвана. Аваразул росабалъа гIадамал нахъойги мугIрузде жидер хъизамалги гочинарун руссана ЧIаралде. Гъолоде рахине къасд гьабурал гъизилбашазул къокъа гъурана ва гьелъул нухмалъулев Баба-хан чIвана. РукIана цоги тунка-гIусиялги. ХIасил, Надир-шагь жиндирго чабхъадул пайда гьечIеб бихьун рехун ЧIарги тун нахъе ана.

Ибрагьим-ханасул аскар гъури
 
ЧIаралде гъизилбашазул лъабабилебги чабхъадуй бетIерлъи гьабулеб букIана Надир-шагьасул вац, Югалъулаб Кавказалда персазул нухмалъулев Ибрагьим-ханас. Гьеб букIана 1738 сон.

ТIоцебе Ибрагьим-ханас хIалбихьана ракълилал гара-чIварияздалъун жиндие мукIурлъиялде цIазе чIаралъулал. Гьес лъазабуна ЧIар, Тала, Мухах росабазул вакилзаби ритIеян жиндихъе. Гара-чIвариязул хIасилалда чIаралъулаз жидее лъикIал шартIал тIалаб гьаруна. Ибрагьим-ханасда кIвечIо гьел рагIабаздалъун мукIур гьаризе. Ахирги гьес хIукму гьабуна рагъ гьабизе.

Персазул тарихчи МухIамад-Казимица хъвалеб буго: «Ак-бурдж абураб (Персазул мацIалдаса – хъахIаб хъала. БакIалъулазда гьеб бакI лъала «ХъахIазул гьин» абураб цIаралда гъоркь. ХъахIал ккола гьениб бугеб тухумалда цIар.) бакIалде щварабго Ибрагьим-ханас бана щулияб хъала, гьениб хъалаялъуб тана кинабго ярагъ ва бакIал гIарадаби. Жиндир аскаралъул бащдабги цадахъ бачун гьев мугIрузде ана».

ЧIаралъулазда бичIчIана Ибрагьим-ханасул ният ва гIедегIана жидерго хъизанал мугIрузда рахчизе. Гьебго заманалда гьез кагътал ритIана мугIрузулаб Дагъистаналде кумек гьарун. Кумекалъе щварал Хайдакъалъул ва Табасараналъул рагъулал къокъаби жидеда данде чIараб кIудияб къуват бихьун рехун чIаралъулалги тун нахъ руссана. Гьелгун хутIана Унсоколоса Малачил бетIерлъиялда гъоркь гьитIинабго къокъа.

1738 соналъул 26 октябралда Ибрагьим-хан жиндирго аскаргун ана Тала-гIурухъ эхеде ва гьанжесеб Закатала шагьар бакьулъе щвараб бакIалда лъалхъана. Гьениб гьес цIияб хъала бана, хадубккун ЧIаралде ва Талаялде гьужумал гьариялъе кумекалъе. ЧIаралъул къади МуртазагIалица мугIрузулаб Аваристаналда цIалулев жиндирго вас МухIамадихъе кагъат хъалеб буго, «гъизилбашаз ЦIоралде щварабго ЧIаралдагун Талаялда гьоркьоб хъала бан буго» - ян. Гьеб хъалаялъул бицунеб букIун батизе ккола.

ТIоцебесеб рагъулаб тунка-гIуси ккана 26 октябралда ЦIилбан росдада аскIоб. Росулъе рахунаго борхалъиялдаса кутакаб кьвагьи лъун буго чIаралъулаз. Довго персазул тарихчияс хъвавухъе, гьенив хвана 40 персав ва кIиго чIаралъулав. Гьедин росулъе лъугьине рес гьечIолъиги бихьун, гъизилбашазул къокъаялъ цояб рахъалдасан жеги тIадегIан бугеб щобдеги рахъун тIасан гъоркье кьвагьи лъуна чIаралъулазде. Нахъе къазе ккарал гьез тана ЦIилбан росу.

Хадусеб къоялъ, 27 октябралда рагъ байбихьана ЧIар росулъ. Гьениб аслияб гъизилбашазул рагъулаб къуват букIана хорасаналъул кIиазарго кьвагьдохъан. Лъабго къоялъ халат бахъараб, хIалуцараб рагъул хIасилалда гьеб росуги босана персаз. ЧIар босун хадусеб къоялъ 10 азарго чиясдаса гIуцIараб гъизилбашазул аскар къокъана гьенисан тIаде мугIрузда бугеб Гъолоде. 28 октябралда, МухIамад-Казимил баяназда рекъон, «Ибрагьим-ханас I0 азарго азербайджаналъул бахIарчиясе буюурухъ кьуна чIаралъулазул рукъзабахъе кIанцIун гьел талавур гьареян ва жалго чIваян. Гьеб бакIалдасан 4 фарсахалъ (24 км. – М.Ш.) бихьана щула гьабураб хъала».

Къади МуртазагIалица васасухъе хъвараб кагътида бицунеб буго Гъолода хъалаялъур ва жеги кIиго рокъор рагъизе къачан рукIанин I00 чIаралъулав. А.Н. Козловалъ хъвавухъе, «кверде росарал чIаралъулаздаса щварал баяназда рекъон, гъизилбашазда лъана Гъолода хъадухъ рахчун ругин Ибрагьим-диван ва Халил дагьабго къокъагун. Гьебмехалъ персаз гьенибе битIана кIиазарго чиясдаса гIуцIараб къокъа. Ирбагьим-диванас къокъаб заманалда дагьабго къокъагун гъурана гьеб аскар мугIрул тIогьире рахиналдего, хутIарал гьенисан лъутана». КIиябго рахъалдаса чIваразул къадар гьединабго букIин бихьулеб буго къади МуртазагIалил кагътидасаги.

Гьес хъвалеб буго васасухъе Гъолода чIванин гьесул эбел – ШагIбан хIажил чIужу, гьесул вацасул вас НурмухIамад ва анлъго цоги чиги. КIудияб къокъа гъуридал ццин бахъарав Ибрагьим-ханас жеги кIудиял къуватал реххизе къасд тIамуна. Амма гьев чIезавуна Хад-Джаница гьев божизавуна гьебго нухда гIадамал ритIани, нусазарго чи вугониги гьел гъуризе ругин, гьединлъидал батIияб нух балагьизе кколин. Батизеги батун буго  гьезда цоги нух – Эрасул гъвел абураб бакIалдасан. Гьедин, босун буго Жунгузул гьин абураб, цебехун кIицIул Надир-шагьасда босизе кIвечIеб хъала, лъабго гIарадаялъул кумекалдалъун. Хъала щущазабурабго гьениб букIараб Унсоколоса Малачил къокъа Белаканалде ана.

МухIамад-Казимил рагIабазда рекъон, ГIадалав Ибрагьимгун Халилица хIукму гьабуна рагъуе ахир лъолеб гьужум гьабизе. Ибрагьимица таваккалаб план цебе лъуна. Гьез къасд гьабуна Эрасул гъвел абураб бакIалдаса Гъолода хъаладухъе Ибрагьим-ханасул къокъа унаго гьезие гъоркьчIел гьабун чIезе.

Гьедин, 29 абилеб октябралда живго Ирбагьим-хангун цадахъаб къокъа Эрасул мегIарде рахунаго гъоркьчIел гьабун ругел чIаралъулаз гьитIинабго рохьил рацIцIалъуда гъурана гьезул къокъа ва Ибрагьим-хан кверде восана. «ЧIаралъул рагъазул тарихалда» хъвавухъе, Ибрагьим-хан гьез гъотIода вухьана ва сверун гьесул рагъухъабазул къаркъалабиги гохI гьабун лъун чIагого вухIана.

МухIамад-Казимица гьеб ахирисеб рагъул хIакъалъулъ гьадин хъвалеб буго: «Доб къоялъ тIаса вищана анкьнусго цIар рагIарав кьвагьдохъан. Гьел кIийиде рикьана Ибрагьимил ва Халилил бетIерлъиялда гъоркь. Жидерго хъизамалгун, тухумалгун къолъикIги гьабун, доб бецIаб сордоялъ гьел кIудияб ишалъе къватIир рахъана. Ибрагьим-ханасул нухда ругел ризал рохьазда рахчана.

Гьеб рохьосан арал чанго батIиял къокъабазда гьел рихьичIо, хIатта нухда рахчун рукIана. Гьел къокъаби ун хадур гьениве щвана Ибрагьим-хан Хорасаналъул кьвагьдохъабигун ва чанго хангун рагъул церехъабигун. Гьел мегIер бакьулъе щварабго, кIиябго рахъалдасан  байбихьана кьвагьи.

Хорасаналъул кьвагьдохъабазда щибниги бихьулеб букIинчIо ва кире кьвагьдезе кколел лъалеб букIинчIо. Рагъ байбихьана… Гьеб рагъул кор боркьарабго Ибрагьим-диванида (ГIадалав Ибрагьим) лъана Ибрагьим-хан ва гьесде кьвагьана.

Бичасул къадаралдалъун гьеб гулла щвана гьесул ботIролъ ва хан лъукъана. Цоидаб гулла щвана байрахъуласда. Гьеб мехалъ Гянжаялъул хан Огурлу-хан векерана Ибрагьимихъе ва гьесда аскIов щварабго цоги гуллица гьесулги керен борлъана. Гьеб мехалъ гьес ахIана жиндир вац ХIасан-ГIали-ханасде Ибрагьим-хан нахъе вачеян. Цоги гулла щвана ХIасан-ГIали-ханасдаги ва гьевги чIвана. Ибрагьим-ханасде гIагарлъарав щивасда гулла щолеб букIана».


Гьедин, ГIадалав Ибрагьимица ва цоги чIаралъулаз гъурана гъизилбашазул аскаралъул нухмалъулезул ращдаздаса цIикIкIарал. Ибрагьим-ханасул каранда щвана цойги гулла. Гьев гъотIоде щапана ва лъим гьарана. Гьебги щвечIого хвана Надир-шагьасул вац. Ханги чIван хутIарал нахъе лъутулел рукIана.
Гъизилбашазул аскаралъул хутIелал Ираналде руссун лъутулел рукIана.

МухIамад-хан Афшарица хIалихъе ракIарана щущахъ рарал персазул къокъаби ва I738 соналъул 20 абилеб ноябралда Аракс гIурул  рагIалде щвана. Гьедаса дербенталъулал ва ширваналъулал рокъо-рокъоре руссана. Чабхъадулъ гIахьаллъи гьабурал гуржиял, Вахушти Багратионица хъвавухъе, гIемерал камиял ккечIого рагъулаб авлахъалдаса руссана ва гьезухъе гъизилбашаз босараб давлацин букIана.

Гьединаб букIана Ибрагьим-ханасул ахир. АскIор ругел пачалихъазда сири базабулев, цIар арав Надир-шагьасул вац Дагъистаналде тIаде кIанцIун вукIана тIасан бищараб аскаргун. Амма гьаниб гьесда бергьенлъи босизе кIвечIо. Гьесда данд чIвана гIумруялдасаги эркенлъи хириял магIарулазул дандечIей ва гьесул аскар щущахъ биххана. Гьесел жиндирго къаркъалаги бухIана ва рохъо гьорохъ биччана.

Надир-шагьасул рецIел: 1741 соналъул чабхъадул хIакъалъулъ

Персазул документазда рекъон, жиндир чIварав вацасухъ ракI бухIарав Надир-шагьасул «ракI букIана бида бецIцIулеб. Гьев къаси-къад пикру гьабулеб букIана кин рецIел босилеб абун».

1740 соналъул маялда Кандагаралде щварабго Надир-шагьас тIалаб гьавуна жиндихъе Гани-хан. Гьев кколаан Герат шагьаралда сверухъ гIумру гьабулеб афгъаназул абдали абураб, рагъуе гьунар бугеб кьибилалдаса чи. Надирица кьуна гьесие къоазарго афганазул рагъухъан ва жеги къоазарго Азербайджаналдаса. Буюрухъ кьуна Джаралъулгун Талаялъул аварал ракьалдасан тIагIинареян.

Гани-хан гIедегIун ана Кавказалде ва Гяджаялда чIана. Гьениб гьес хал гьабуна жиндирго аскаразул. Надир-шагьас гьебго соналъул хасало Джар кверде босизе кколин буюрухъ кьуниги, мухIкалъи бокьулев афгъанас хIадурлъи гьабулеб букIана рагъулаб чабхъаде. Гьев къватIиве вахъана аскаргун 1741 соналъул марталда. ТIоцеве щвана гьев КIахъе ва гьениб хъала бана. Гьенисан аскаргун ана ЧIаралде.

МухIамад-Казимил баяназда рекъон, «чIаралъулал дагьалгIаги хIинкъичIо Гани-ханил аскар бачIун бугилан рагIарабго, гьез жидерго хъизамалги мугIрузде ритIичIо. Гьез пикру гьабулеб букIана гьадин: «Нижеца живго Надирил вац Ибрагьимги чIвана, гьесул къокъаги гъурана, афгъанав Гани-хан гьесда данде щивниги кколаро» абун. Гьез гIажабибаб чIухIи биччана рекIелъе».

ЧIаралъулаз хIукму гьабуна цебехун хIалтIизабураб, рохьазда гъоркьчIелал гьарун рагъулеб къагIида хIалтIизабизе. ГIадалав Ибрагьимил планалда рекъон, азаралда щунусго лъикIав кьвагьдохъангун чIезе кколаан доб рохьор ва Гани-ханил аскар щварабго гьезие рагъ гьабизе кколаан. Гани-ханас Ибрагьим-ханасул аскаралъул гъалатIазул хIисабги гьабун, жиндир аскар бикьана чанго къокъаялде. Гьебго заманалда гьесул разведкаялъ тIатинабуна ГIадалав Ибрагьимил къокъа бахчараб бакI.

Гани-ханил къокъабаз сверун ккуна кинабго ГIадалав Ибрагьимил къокъа. Рищунго лъикIал рагъухъабилъун рикIкIунел 20 азарго афгъанасда данде чIун рукIана азаралда щунусго чIаралъул магIарулав. Жал сверун ккурал рихьарабго гьел мугIрузде нахъе къазе байбихьана. Амма рорхалъаби ккун рукIана I0 азарго лъикIав афгъаназул кьвагьдохъан. Ахирги, кIудиял камиялгун, ГIадалав Ибрагьимил нухмалъиялда гъоркь чIаралъулал сверун ккуралъуса рорчIана.

Гъолода хъаладухъ тIобитIараб данделъиялда хIукму гьабуна 10-15 азарго чиясдаса гIуцIараб аскар бакIаризе ЧIаралъул республикаялдаса ва мугIрузулал аваразул джамагIатаздаса (ЛъаратIа, ЧIарада, Рутул районаздаса) ва Гъолода афгъаназул аскаразда дандчIвай гьабизе. Гани-ханас Гъолода сверухъе ракIарана киналго жиндир рагъулал къуватал.

«ЦIоралъул аваразул тарихалда» ругел баяназда рекъон, Гани-хан Гъолоде гIунтIана 16 марталда ва рагъ халат бахъана 3 къоялъ.

Рагъда хвана ГIадалав Ибрагьим ва гьединго Талануса Халил. Лъабго къоялъ халат бахъараб рагъул хIасилала тIубанго щущазабуна ва бухIана Гъолода росу ва гьениса рорчIарал рагъухъаби, бакI-бакIазда рахчарал руччаби, лъимал къокъана Авар-гIурул байбихьи – Джурмуталде, Самуралде, ай Джурмут, Рис гIор, КIусур ва Кьенсерухъе.

Гъолодаги щущазабун хадусеб къоялъ Гани-хан рещтIана КIатихъе ва гьенисан цоги бакIазде гьужумал гьаруна. Гьенир рагъал халат рахъана жеги 15 къоялъ. Хадув, 6 абилеб апрелалда гьев аскаргун щвана Тала росулъе ва гьенир гочинчIого хутIарал гIадамал гъурана. МугIрузде лъутулел аваразда хадур лъугьарал Гани-ханил 200 рагъухъан ва росу тун унел 50 Таладухъа аварал щвана 9 апрелалда КIусуралде. Гьениб кIудияб гIазуги бан, цIорой ккун хвана.
Гьелдаса хадуб Гани-ханасул къокъабаз лъабцIул тIадруссана росаби талавур гьаризе ва ахирисеб нухалъ гъурана чIаралъулазул киналго ахал. МухIамад-Казим ханас хъвалеб буго, Гани ханас къоазарго чи викьанин ункъо къокъаялде ва щибаб росулъе хьвадун гьенир хутIарал гIадамал ва хIайванал гъурулел рукIана. Гьесул буюрухъалда рекъон гIадамазул бутIрузул гохIал гьаруна ва хадур Ширваналде къокъана. Гьенив Гани-хан жиндир къокъагун цолъана Дагъистаналде чабхъад вачIунев Надир-шагьгун.

Автор: ШагIбанов Маркъо
Источник: www.radioerkenli.com
 
 (голосов: 4)
| | Комментарии (0) | Распечатать
 
Уважаемый посетитель, Вы зашли на сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо зайти на сайт под своим именем.


Поделиться:

Добавить страницу в закладки:
Добавить закладку в Бобрдобр Добавить закладку в news2 Добавить закладку в Memori Добавить закладку в Newsland Добавить закладку в СМИ2 Добавить закладку в Vaau Добавить закладку в Mister-Wong Добавить закладку в Newsvine Добавить закладку в Delicoius Добавить закладку в Slashdot Добавить закладку в Blogmarks Добавить закладку в Technorati Добавить закладку в Folkd


Если Вам понравилась новость поделитесь с друзьями :

Другие новости по теме:



 

Информация
Посетители, находящиеся в группе Гости, не могут оставлять комментарии в данной новости.
Панель управления


Последние комментарии

Календарь
«    Март 2024    »
ПнВтСрЧтПтСбВс
 
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28
29
30
31

Статистика
Опрос

Лучший из сайтов
Неплохой сайт
Устраивает ... но ...
Встречал(а) и получше
Совсем не понравился


  Главная  |  Регистрация  |  Правила  |  Библиотека  |  Фотогалерея  |  Видео и ТВ |  Обратная связь
© MAARULAL.RU 2009   Design by  Tsor-Studio.   Все права защищены
ALLDAG.ru  Яндекс цитирования Система Orphus
 
Мнение администрации сайта может не совпадать с точкой зрения авторов статей !
При использовании материалов сайта, активная гиперссылка на сайт Maarulal.Ru обязательна!
При использовании материалов сайта в печатных СМИ, на ТВ, Радио - упоминание сайта обязательно!
Так же обязательно, при использовании материалов сайта указывать авторов материалов.