| Сделать стартовой  |  Добавить в избранное | RSS 2.0
 |   | 
 
Поиск по сайту: Расширенный поиск по сайту   •   Аварско-русско-англо-турецко-арабский онлайн словарь:


Новости сайта

Рейтинг новостей

Архив новостей


Партнеры

Наша Кнопка (размер 31X88)

Получить код Кнопки Gif

Разместите на своем сайте нашу кнопку, а в ответ мы разместим Вашу кнопку или ссылку!

Если Вы нашли ошибку в тексте, выделите ее и нажмите Ctrl+Enter
 
» ХIамзатил Расул ва Турция: Адабиял Бухьенал
8 мая 2010 | Стихи, Поэзия и Рассказы, Культура и Традиции | добавил(а): s_xanaev | Просмотров: 18261

Дагъистаниязулги турказулги маданиялгун адабиял бухьеназул буго кIудияб ва бечедаб тарих. Гьезул байбихьи уна хIатта анцIила лъабабилеб гIасруялде щвезегIан. БатIи-батIияб къисмат букIана гьезул: цин загIиплъун, цинги камиллъун, амма, сундухъго балагьичIого, гьел кидаго церетIолел рукIана. Жакъа гьел бухьенал рахана цIияб даражаялде, цIилъана гьезул хIасилги хасиятги ва гьениб кIудияб, аслияб бутIа лъугьана ХIамзатил Расулил адабияб хIаракатчилъиялъ.

Араб гIасруялъул 50-абилел соназда байбихьана магIарул шагIирасул бухьенал Турциягун. Гьел соназда Расул вукIана Дагъистаналъул хъвадарухъабазда гьоркьоса Турциялде щварав тIоцевесев шагIир. Хадуб гьев гIемер ана гьеб улкаялде батIи-батIиял къокъабазда цадахъги живго хасаб сапаралъги.

Дагъистаналъул шагIирас Турциялде гьарурал зияратаз квербакъулаан гьесул гьудуллъи-гьалмагълъи цIикIкIиналъе, турказул жамгIиябгун културияб дунялалда гьесул лъиданиги релълъенчIеб гьунар гIатIидго тIибитIиялъе. Хасаб рокьигун, чIухIигун ралагьулаан Расулил адабияб гьунаралъухъ Турциялда бугеб дагъистаниязул жамагIаталъул вакилзаби – гьеб улкаялъул ватIанчагIи.

Турциялда Расулил рукIарал гIемерал гьудулзабазда, лъале-хъвалезда гьоркьоб хасаб бакI кколаан гьеб улкаялъул машгьурал хъвадарухъабаз: Назим ХIикметица, ГIазиз Несиница, Яшар Кемалица, Жейхан Демирташица ва цогидазги. Гьел ва гьел гурел цогидалги турк миллияб адабияталъулги култураялъулги вакилзабазда лъикI лъалаан Расул, ракI-ракIалъ загьир гьабулаан гьесдехун букIараб жидерго гьоркьоблъи, кIудияб къимат кьолаан гьев машгьурав магIаруласул напсалъеги гьесул хасаб гьунаралъеги. Гьелъие мисаллъун гьанир рачине бегьула хъвадарухъан ва жамгIияв хIаракатчи, турк адабияталъул классик Яшар Кемалица Расулида абурал гьал хадусел рагIаби:

«Хирияв Расул, дие рокьула лъикIал ва рохиялъ цIурал гIадамал, щай гурелъул гIумру бокьулел гIадамаз берцин гьабула ракь… Мун гIадиналгун лъай-хъвай букIин – гьеб ккола инсанасе хIакъикъияб талихIлъун. Мун вуго ракI лъикIав, гIагарав чи, сверухъ гьурмал гвангъула, мун ваккараб мехалъ. Дица цо чанго шигIру цIалана дур, гьебги турк мацIалда, ва пикру гьабуна: хасго гьединал гIадамазул лъугьуна кIудиял шагIирзаби, тIубараб гIумруялъ жидерго лъимерлъи цIунизе кIварал…»

Амма Расулги хутIулароан налъулавллъун турк гьудулзабаздехун ругел жиндирго хинал ва гьудуллъиялъулал гьорькорлъаби загьир гьариялда цеве. Гьев чIухIарав вукIана турказул шагIир Назим ХIикметилгун букIараб гьудуллъиялдаса, бетIер къулулаан гьесул бахIарчилъиялдаги къвакIиялдаги цебе. Расулица кIудияб къимат кьолаан ракълие, халкъалда гьоркьоб гьудулъиялъе, жиндирго къо бихьараб ватIаналдехун ва гьелъул язихъаб халкъалдехун бугеб рокьуе рецц гьабун ахIараб гьесул пагьмуяб гьунаралъе. Гьелдаго цадахъ гIолохъанав Расулие рекIее гIолаан ХIикметил поэзия, гьелъул гуманистияб хасият, философияб хIасил, оригиналияб поэтика, гвангъараб ва такрарлъи гьечIеб сипатлъи. КIудияв гьалмагъасул шигIрияб дунял, пикраби ва гьесул рекIел хIал лъикI ричIчIулаан магIарул шагIирасда, гьел тIуранго данде кколаан гьесул жиндирго рекIел асараздаги.

Гьай-гьай цIар арав туркасулгун букIараб лъикIаб гьоркьоблъиги гьудуллъиги кида-къадниги лъугьине кколаан Расулил асаразул темалъун. ШагIирас машгьурав туркасе сайгъат гьабуна «Дир кучIдузулъ бакъ гIемер бугин жиндирго тIехьалда хъварав Назим ХIикметие» абураб гьайбатаб шигIрияб рисалат. Гьениб Расулица абулеб буго дунялалъулаб хасият бугеб турказул шагIирасул поэзиялъ щибав чиясе, гьезда гьоркьов жиндиеги гучаб асар гьабулеб бугилан:

Бурсалъул туснахъалъул
Саназул сардал лъарав,
Дир сариназулъ дуца
Бакъ гIемер бугин хъвана.

Диени гIун букIана,
Дир инсуца абухъе,
ЦохIо хъалиян цIазе
ЦIа гьаниб батаниги.

Дурни асаразул цIа
ГьечIеб гъансито гьечIо.
Огь, дир хирияв туркав,
Гьез дие кьураб хинлъи!

Мун лъайгун лъана дида,
ЛъикIал бахIарзал – васал
Востокалъул улбузул
Жеги дагьал гьечIолъи.

Араб гIасруялъул 80-абилел сонал рукIана кIвар бугеллъун «ХIамзатов – Турция» гьоркьорлъабазе. Цо турказул авторас хъвавухъе, «хасго гьеб заманалдасан байбихьана гьев кIудияв шагIир Турциялда лъазе». ГIицIго инсанасулал контактаздалъун гурев вукIарав ХIамзатил Расул вухьарав гьеб улкагун ва халкъгун. Гьесул хъварал асараздаги махщалида загьирлъана Турциялъул гIажаибаб, гIемеркьераб сипат. Гьеб улкаялде гьабураб щибаб зияраталъ, гьенибе бухьараб щибаб сапаралъ толаан «лъалкI» Расулил рекIелъги пикрудулъги. Заманалдасан турказул мотивал гьунаралда загьирлъана гьесул батIи-батIиял жанразда хъварал шигIриял асараздаги, «Дир Дагъистаналдаги», публицистикиял макъалабаздаги.

Турциялъул темаялда шагIирас хъвараб тIоцебесеб асарлъун ккола «Къо-мех лъикI, Истамбул» (1959) абураб элегия. Гьениб гьес загьир гьабуна Истамбулгун, гьеб некIсияб, тамашаяб, кидалиго Бакъбаккул кIудиял пачалихъазул цоялъул тахшагьарлъун букIараб шагьаргун ккараб дандчIваялъ, гьесулъ, тIоцеве Турциялде щварав батIияб пачалихъалдаса инсанасулъ бижизабураб жуба-гъубараб асар.

Бакъ тIерхьунеб, буго, къо унеб буго,
Босфоралъул лъеда цIияб кьер буго.
Бакъараб Турция бакъаникакде
ГIорцIарал минараз ахIулеб буго.

Щайзе чияр улка!.. амма ургъалилъ
Унеб буго гама, дида бихьула.
Гьезул байрахъалъул бахъараб гIадаб
Буго хъвархьараб моцI зодихъ лъедолеб.

Къо-мех лъикI, Истамбул, Султанил гьундул,
Сулейманил мажгит, мискинаб улка.
ГIарцул ригьзабазда аскIор гIодор чIун,
Унел-рачIунезул гьардолел кверал.

Къо-мех лъикI, къватIазда кофеги гьекъон,
Кагътал тIами гьарун мех тIамулеб гIел;
Лъаларо кагътазул лъий талихI бугеб –
Ва амма Турция къваридго буго.

Къо-мех лъикI, гьал гIицIал, чамгIалал хIатIал,
Нуж, чияр чакмаби рацIцIунел лъимал.
Нуж гIадал гьабсагIат Гъуниб магIарда
ГъутIбукь кечI ахIулел ратизе руго.

Къо-мех лъикI, ракьалда чIварал накаби,
Зобазде рорхарал ракъварал кверал;
Аза-азар соназ какалги ранин, –
Кинан нуж аллагьас гьединан тарал?

Дун нахъе вуссуна Дагъистаналде –
Дида лъалагури тIадмагIаруллъи, –
ГIазул тIохал ругел дир рорхалъаби,
Лъарал гъулгъудулел дир гъварилъаби.

Дол нижер мугIрузда хьухьал рештIингун,
Дур угьараб хIухьел бихьана дида.
Дол нижер кьураби рецIцIулеб мехалъ,
РецIцIулел дур берал щвела ракIалде.

Турциялъул лъим чIван бакIаб ургъалилъ
Унеб буго гама Грециялде…
Дица пашманаб кечI ахIулеб буго,
Гьеб «ватIан, ватIанин» угьдулеб буго.

Цинги гьеб шигIруялдаса хадур рукIана гьединго жиделъ турказул мотивал загьирлъарал: «Истамбулалда султанил гаремалде щвараб мехалъ хъварал рагIаби» абураб микьмухъги, кIиго шигIруялдаса гIуцIараб «Турциялда ругел дагъистаниязе цIаларал кучIдул» абураб гьитIинабго циклги, «Дир Дагъистанги», «Камил ватIалъи» абураб марсиятги.

Расулил тIолгодунялалъулаб машгьурлъи, Турциялда гьесул цIар гIатIиго тIибитIи кида-къадги рес букIинчIо хутIизе гьеб улкаялъул гIалимчагIаз, критиказ, таржаманаз жидерго къимат кьечIого, гIадатал гIадамаз гьелда тIасан рагIи абичIого тезе.

Заманалдасан Турциялда лъугьана ХIамзатил Расулил асарал руссинарулел таржаманазул къокъа: МухIамад РасихI Саваш, Муса Рамазан, Рашид Аксай, Шагьабудин Озден, Мазлум Бейхан, Атаол Бехрамогълу, Жафар Барлас. Гьезул киналго гурел рукIарал профессионалиял таржаманал, амма гьел цолъизарулаан ва гьанжеги цолъизарула магIарул шагIирасдехун бугеб хинаб бербалагьиялъ, турк адабияталъул лъугьа-бахъинлъун жиб лъугьараб гьесул гIажаибаб гьунаралъ. ХIакъикъаталдаги, ХIамзатил Расулил цIарги гьесул хъвадарухъанлъиги лъугьана турк адабияталъул цо хасаб хIужжалъун, щай гурелъул магIарул кIудияв шагIирасул адабияб хIаракаталъги байбихьана турк адабияталъе, турк авторазе асар гьабизе. Гьеб гьедин букIиналъе нилъ мукIур гьарула турказул гIолохъанай хъвадарухъан Вейсел Динлерица абурал гьал рагIабаз: «ХIамзатил Расулил "Дир Дагъистан" абураб тIехь цIалараб мехалъ, дун щулаго божана, хъвай-хъвагIаязда загьир гьабураб пикру цIакъ къиматаб букIиналда. ГIумру бугеб бакIалда руго рагIабиги, ва гьел хъван руго щибаб бакIалда. Кинида, мугIрул нухда, ганчIида, херасул гIонсода, нуцIида, цо пуланаб алаталда букIана гIицIго хъвай-хъвагIай. Дагъистаналъул магIарулазе, гьезул гIумруялда сверухъ ругелщинал жалазда хъай-хъвагIаял гьарулаго, бокьана цогидал гIадамазе рагIаби ритIизе. Гьеб тIехь цIалиялъ гьесизаюна дун гьеб тайпаялъул хъвай-хъвагIаял ракIаризе ва тIехь къватIибе биччазе».

Турк таржаманазул бицунаго, абизе ккола гьел рикьулин кIиго группаялде: цоял Расулил асарал рахьдал мацIалдаса руссинарулел (МухIамад РасихI Саваш, Шигьабудин Озден, ЖахIпар Барлас), цогидал – гIурус мацIалда ругел текстазда мугъчIван, турк мацIалде таржама гьабулел (Мазлум Бейхан, Атаол Бехроамоглу, Рашид Аксай, Муса Рамазан).

Гьаниб мухъ цIазе ккола гьадинаб кIвар бугеб хIужжаялда гъоркьанги: дунялалда Дагъистан тун къватIибехун Турциялда гурони руссинаруларо Расулил асарал рахьдал мацIалдаса. Ва гьелги гьарула гIемерго кIудияб махщалида. Гьаниб къимат кьечIого гIоларо хасго МухIамад РасихI Савашил таржамабазе. Гьел гIемерал гьечIо – цо чанго кечI. Амма гьесда гIадин Расулил хатIги, пикруги, дунялги, шигIрудул роцен-аллитирацияги цIунун асар буссинабун бажарулев чи гIемер гьечIо турказул таржаманазда гьоркьов. Гьелъие гIиллаги ккола гьев магIаруласда, ГьаракIуни росулъа мугьажирзабазул вакиласда, турк армиялдаса гIодочIарав полковникасда кIиябго мацI – туркабги магIарулабги – цIакъ лъикI лъай, рахьдал мацIалъул каламалъул хазинаялъул бечелъиги магIнаги гъваридго бичIчIи. Таржама гьабизе асар тIасабищиялъулъ РасихIил буго хасаб принцип: гьеб букIине ккола гьесул рекIел хIалалда данде кколеб, гьесул миллиябгун динияб тIалабазе жаваб кьолеблъун. Гьале гьев магIарулас турк мацIалде руссинарурал Расулил цо-цо асарал – «ТIахьал гIемерал хъвана…», «Зобалазде гIагарал…», «Лъабго берцинлъи», «Нух биларал ччугIихъаби…» ва гь. ц.

ТIадехун абураб мухIкан гьабизе гIоло данде кквезин, мисалалъе, Расулил «Лъабго берцинлъи» абураб шигIрудул кIиябго текст – магIарулабги туркаби:

Бокьарал бокьахъе балагье абе
Гьаб дуниялалъул берцинлъиялъухъ.
Дие гьениб, буго гьитIинго лъараб
Лъабго дир хазина, лъабго берцинлъи.

Гьезул тIоцебесеб – рорхатал мугIрул,
Дун мехтизавула гIаздал тIогьаца.,
Баркала гьетIарал дир сухъмахъазе,
Гьеб берцинлъи дие майилан кьурал.

КIиабилеб дица каранде къалеб,
Карачалабазул цIураб хазина,
Дица сундениги данде кколаро –
Камиллъи, гъварилъи, гIатIилъи ралъдал!

Хадуб лъабабилеб берцинлъи дие
Дунялалъул рокъоб хутIараб буго:
Хурдулги, рохьалги, хIорал, гIоралги,
ГIурччинаб, тIогьилаб нус-нус тIабигIат.

ГьитIинаб Дагъистан, дун гIураб тIалъи,
Дунял данделъараб лъабго берцинлъи,
Лъабго дир хазина, лъабго дир рокьи,
Дур ракьалда букIун вуго дун чIухIун.

Bilmeme herkes nasıl bir sıraya kor,
Dünya nimet ve güzelliğini.
Ben küçükten beri derim ki içten;
Üç hazine ya da mp güzel vardır.

Bunlardan ilk başta, yüksek tepeler,
Kar külahlarına olurum hayran.
Karşıdan hoş durur o patikalar,
Güzelliklerdir yüksek dağların.

İkinci, gönlümde yeri var benim,
Boy boy dalgaları bağrında boğun,
Bir şeye değişmem doşrusu sorsan,
O engine ve mavi güzel denizi.

çüncü güzellik demeti bence,
Yeryüzünün rengi ve süsü olan,
Yaylalar, ovalar, göl ve nehirler,
Onların yeşil, mor, rengarenk yüzü.

Sevgili vatanım, küçük Dağıstan,
Dünyaca sevilen bu nimetlerin,
Benim üç hazine, üç güzelliğin,
Hersi de sende var – mağrurum cidden.

Расулил асаралгун, гьесул бечедаб, такрар гьечIеб гьунаргун турказул лъай-хъвай гьабиялъулъ жиндирго кIудияб бутIана лъуна Мазлум Бейханица. Гьес турк мацIалде руссинаруна ва басмаялда рахъана «Дир Дагъистан» абураб тIехьги (1984) кIиго шигIрияб мажмугIги – «Лирика» (1986), «МагIарул гIор, гIакълу гьечIеб лъим» (1991).

ХIамзатил Расулил асарал турк мацIалда басмаялда рахъи хутIулароан тIахьал цIалулез, адабият бокьулез, критиказ гьезда тIасан жидерго пикру загьир гьабичIого. Гьезул рецензиябиги макъалабиги зама-заманалда раккулаан газетаздаги журналаздаги. Хасго кIудияб кIвар кьуна турказул цIалулез «Дир Дагъистан» тIехьалъе. Щай гурелъул гьениб авторасул адабияб гьунар рагьиялда цадахъ турказда бихьизабуна Дагъистаналъул гIажаибаб дунялги, гьелъул гIадамалги, нексияб тарихги, бечедаб култураги ва гь. ц. Адабияталъул гIалимчIужу Зарема Казбековалъ абухъего, гьеб тIехь лъугьана турказе «Дагъистаналъул географиялдасанги тарихалдасанги бищунго лъикIаб цIалул тIехьлъун».

Амма турк мацIалда «Дир Дагъистан» тIехьалъул хIакъалъулъ хъварал макъалабазул, рецензиябазул буго цо интересаб тарих. Гьезул цо-цоял басмаялда рахъана жеги гьеб тIехь, таржамаги гьабун, Турциялда кьабилалдего.

ТIоцебе гьединаб макъала баккана, «Дир Дагъистан» турк мацIалда къватIибе бачIиналдего анцIила анлъго соналъ цебе Мюнхеналда (ФРГ) турк мацIалда бахъулеб букIараб «Дерги» абураб журналалда. Гьелъул автор вукIана Эдиге Киримал абурав цо пуланав чи. Гьесул цIаралъухъги хъвараб жоялъул хIасилалъухъги балагьараб мехалъ, гьев вукIине кколаан Совет Союзалдаса арав эмигрант. ЛъагIалидасан бицен гьабулеб макъала бахъана «Бирлещик Кафкасия» (Истамбул) абураб журналалдаги.

Макъалаялъул авторасул рагIабазда рекъон, гьеб хъваялъе гIиллалъун ккун буго 1968 соналъул 6-7 январалда «Советияб Гъиргъизия» абураб газеталда рахъарал Расулил «Дир Дагъистаналъул» тIоцебесеб тIехьалъе Чингиз Айтматовас хъвараб цеберагIиги гьеб тIехьалдаса босараб «Гьунар» абураб бетIерги.

Эдиге Кирималил макъала ккола гьел материалазда тIасан гьес жиндирго пикру загьир гьабун хъвараблъун. Гьениб кIвар буссинабулеб буго Чингиз Айтматовас жиндирго цеберагIиялда Расулил тIохьоеги гьесул адабияб гьунаралъеги кьураб къиматалдеги «Дир Дагъистаналда» шагIирас хасаб бетIералда «гьунар» абураб бичIчIиялъул магIна рагьиялдеги.

Араб гIасруялъул 70-абилел соназда, гьединго, жеги Расулил тIехь турк мацIалда басмаялда бахъилалдего, «Кузей Кафкасия» (Истамбул) абураб журналада бачIана «Дир Дагъистаналъул» хIакъалъулъ хъвараб цогидаб макъала. ХIакъикъаталдаги гьеб букIана Турциялда ругел мугьажирзабазул рахъалдасан шагIирасухъе МухIамад РасихI Савашица хъвараб жаваб. Гьезул пикруялда рекъон, авторас гьел хIакъир рихьизарун руго жиндирго тIехьалда. Мугьажирзабазда бищунго унтун, квеш букIун буго, авторас гьел Дагъистаналдаса тIурал, гьелъие риларал чагIилъун рихьизарун рукIин. Жавабалда цадахъ макъалаялда кьун буго Расулил «Нух биларал ччугIихъаби…» абураб шигIрудул турк мацIалде буссинабураб текстги.

ГIемерал соназдасан Турциялде арав Расулица гьебго «Кузей Кафкасия» журналалда бахъараб интервьюялда жинцаго кьуна магIарул мугьажирзабазе гьадинаб жаваб: «Цо чанго Дагъистан букIунаро. Дагъистан тун къватIибехун гьитIинаб Дагъистан, тIинчI Дагъистан гIадинаб батIияб Дагъистан гIуцIизейилан лъугьани, гьеб бажаруларо. Дагъистан цо буго. Гьебги «Дир Дагъистан».

Амма бищунго цIикIкIун Расулилги хасго гьесул «Дир Дагъистан» абураб тIехьалъулги хIакъалъулъ хъварал жал Турциялда раккана 80-абилел соназда, ай мушгьураб асар гьеб улкаялда басмаялда бахъараб мехалъ. Пайда щиб, нижехъе щвечIо гьезул гIемерисел, хасго магIарул шагIирасул кIудияб гьунаралъе жиделъ къимат кьурал, гьелъул анализ гьабурал адабиял ва гIелмиял хIалтIаби.

Расулил хIакъалъулъ газет-журналазда рахъарал цо-цо макъалабазул буго гIицIго информативияб хасият. Гьениб гьечIо кинаб букIаниги анализ, кьолеб гьечIо къимат бицен гьабулеб жоялъе. Масала, гьединаблъун ккола «Турк мацIалда ХIамзатил Расулил ахирисеб тIехь "МагIарул гIор, гIадалаб лъим"» абураб ХIасан Шагужил макъала. Гьениб хъвалеб буго Мазлум Бейханица таржама гьарурал Расулил шигIрабазул «Лирика» абураб мажмугI басмаялде бахъиялъул хIакъалъулъ. ЦIакъ къокъаб, цо тIанчида бахъараб гьеб макъалаялда чанго жумладалъун кьолеб буго шагIирасул хIакъалъулъ баянги, гьедниго цо шигIрудул кесекги батIи-батIиял хъвай-хъвагIаязул чанго мисалги.

Гьелдаго цадахъ ахираб заманалда турказул СМИялда ва хасаго Интернеталда байбихьана раккизе Расулилги гьесул хъвадарухъанлъиялъулги хIакъалъулъ батIи-батIиял баянал, макъалаби. ХIатта шагIирасул шигIриял асаралги, «Дир Дагъистаналдаса» цо-цо кескалгицин дандчIвала батIи-батIиял турк сайтазда.

Цо-цо макъалабазда, Расулил хIакъалъулъ гIаммал баянал кьун течIого, хъвалеб буго гьес жиндирго асаразулъ рорхарал проблемабазул хIакъалъулъги. Гьединазул цояблъун ккола ХIаяти Бижел «ХIамзатил Расул ва шайих Шамил» абураб макъала.

КIудияв мужагьидасулги машгьурав шагIирасулги гьоркьоблъиги босун, авторас гьелъул мисалалда рорхулел руго жеги кIвар бугел философиял суалал: хъвадарухъан ва хIукумат, идеология ва гьунар, намус ва конъюктура. Гьелдаго цадахъ ХIаяти Бижеца хъвалеб буго Расулил «Дир Дагъистаналда» гIемерал интересал бакIал ругилан ва жиндиего бищунго рекIее гIурал бакIаллъун гьес рихьизарулел руго Шамил хIакъалъулъ бицунел эпизодал.

Макъалаялъ, гьенир загьирлъарал авторасул субъективиял пикрабазухъ балагьичIо, нугIлъи гьабулеб буго Расулидехунги гьесул асараздехунги турказда гьоркьоб цо хасаб, свин гьечIеб интерес букIиналъе.

Гьевго авторас хъвараб буго цогидаб макъалаги – «"Дир Дагъистаналда" шайих Шамил». ХIасилалъул рахъалъ гьеб ккола тIадехун бицараб макъалялъул хадусеб бутIалъун. Гьенир данде гьарун руго «Дир Дагъистан» тIохьодаса росарал, жиделъ Шамилил хIакъалъулъ бицен гьабулеб бугел киналго эпизодал. Тематикияб тартибалда данде гьарурал гьезул, авторас хъвавухъе, кIудияб интерес буго турказе, щай гурелъул Шамилил гIумруялъул, гьесул хIаракаталъул хIакъалъулъ гьенир кьурал баяназ, рачарал хIужабаз бечед гьабула гьезул лъайги пикруги. Макъалаялъул ахиралда, магIарул шагIирасе къимат кьолаго, ХIаяти Бижеца хъвалеб буго гьадин: «ХIамзатил Расулица, хъвадарухъан хIисабалда, кинабго гьабуна, тарихияб хIакъикъаталъе ритIухъаб баян кьезе», – ян.

Цо халкъалъ цогидаб халкъалъул адабияталъул интерес гьаби, гьеб гьелъие гIагарлъи тIоцебесеб иргаялда бараб буго гьеб адабияталъ жиндирго халкъалъул гIумру загьир гьабиялъул даражаялда. Турказда цебе Дагъистаналъул рухIги магIарулазул дунялги, щаклъи гьечIого, кIудияб махщалида гIицIго ХIамзатил Расулида гурони загьир гьабун бажаричIо.

АхIмад МуртазагIалиев,
филологиял гIелмабазул доктор

 
 (голосов: 9)
| | Комментарии (0) | Распечатать
 
Уважаемый посетитель, Вы зашли на сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо зайти на сайт под своим именем.


Поделиться:

Добавить страницу в закладки:
Добавить закладку в Бобрдобр Добавить закладку в news2 Добавить закладку в Memori Добавить закладку в Newsland Добавить закладку в СМИ2 Добавить закладку в Vaau Добавить закладку в Mister-Wong Добавить закладку в Newsvine Добавить закладку в Delicoius Добавить закладку в Slashdot Добавить закладку в Blogmarks Добавить закладку в Technorati Добавить закладку в Folkd


Если Вам понравилась новость поделитесь с друзьями :

Другие новости по теме:

  • АхIмад Чинарил адабияб нух
  • ЦIадаса ХIамзатилги, ХIамзатил Расулилги хIакъалъулъ цо-цо жеги гIатIидго л ...
  • ХIоцоса Нажмудин: Политик, ГIалим ва Инсан
  • Камиль Султанов. Рагъул соназда аваразул поэзия
  • Инсанасе мустахIикъаб къимат халкъалъ кьола.
  • ЦIоралдаса НухIиязул тухумалдаса НакIкIазул МухIамад
  • Надир-шагьил рагъаул хIакъалъулъ
  • Камуна белоканияв «Азербайжаналъул халкъияв артист» Телман Адыгезалов.
  • Сеймур Ханаев. Чороклъиялъул эбел
  • ЧIикIаса ГохIилазул Меседул МухIамадил шигIрияб ирс


  •  

    Информация
    Посетители, находящиеся в группе Гости, не могут оставлять комментарии в данной новости.
    Панель управления


    Последние комментарии

    Календарь
    «    Ноябрь 2024    »
    ПнВтСрЧтПтСбВс
     
    1
    2
    3
    4
    5
    6
    7
    8
    9
    10
    11
    12
    13
    14
    15
    16
    17
    18
    19
    20
    21
    22
    23
    24
    25
    26
    27
    28
    29
    30
     

    Статистика
    Опрос

    Лучший из сайтов
    Неплохой сайт
    Устраивает ... но ...
    Встречал(а) и получше
    Совсем не понравился


      Главная  |  Регистрация  |  Правила  |  Библиотека  |  Фотогалерея  |  Видео и ТВ |  Обратная связь
    © MAARULAL.RU 2009   Design by  Tsor-Studio.   Все права защищены
    ALLDAG.ru  Яндекс цитирования Система Orphus
     
    Мнение администрации сайта может не совпадать с точкой зрения авторов статей !
    При использовании материалов сайта, активная гиперссылка на сайт Maarulal.Ru обязательна!
    При использовании материалов сайта в печатных СМИ, на ТВ, Радио - упоминание сайта обязательно!
    Так же обязательно, при использовании материалов сайта указывать авторов материалов.