| Сделать стартовой  |  Добавить в избранное | RSS 2.0
 |   | 
 
Поиск по сайту: Расширенный поиск по сайту   •   Аварско-русско-англо-турецко-арабский онлайн словарь:


Новости сайта

Рейтинг новостей

Архив новостей


Партнеры

Наша Кнопка (размер 31X88)

Получить код Кнопки Gif

Разместите на своем сайте нашу кнопку, а в ответ мы разместим Вашу кнопку или ссылку!

Если Вы нашли ошибку в тексте, выделите ее и нажмите Ctrl+Enter
 
» ГIанхил Марин ( 1840 - 1905)
22 декабря 2009 | Стихи, Поэзия и Рассказы, Известные Личности | добавил(а): s_xanaev | Просмотров: 15560

ГIанхил Марин ( 1840 - 1905) Авар халкъалъул тIоцеесей шагIир, Аваристаналдаго цIар рагIарай магIабазул ва рокьул кучIдузул устар, ГIанхил Марин гьаюна 1840 соналъ Ругъжаб росулъ. Марин йикIун йиго гьоркьосеб черхалъул, чIегIерал беразул, чIегIеркIуяб гьурмал, берцинай гIадан.


Мариница кучIдул гьари гуреб гьел ахIулелги рукIана. Маринил букIана бихьинчиясул гIадаб гьунар, яхI. Гьединлъидалги гьелъ, гьеб диналъул законал бищунго мухIканаб заманалда, ахIана кучIдул жиндир рокьул бицун, жиндир рекIел хIалал загьир гьарун. ХIинкъичIого гьелъ лъазабуна зулмучагIазда жиндир гьезде бугеб рокьукълъи. Нахъе къачIого Мариница тIалаб гьабуна мискин халкъалъе, хасго, руччабазе эркенлъи. ТIоцебесеб иргаялда гьелъие бокьараб эркенлъи букIана рокьул рахъалъул эркенлъи, гьелда бащадго мискинхалкъ зулмучагIазул кверщаликьа бахъи. Гьеб кинабго букIана гьеб заманалда гIемер кIудияб ва бихьинав чиясецин захIмалъизе бугебгIанаб иш.


Мариница тIоцебе кечI кида гьабизе байбихьарабали абизе захIматаб буго, гьелъул рахъалъул нилъее щвараб баянлъиги гIемер дагьаб буго, амма Ругъжаб росдал харабазул биценазда рекъон абизе бегьула гьелъ тIоцебе рокьул кечI гьабунин. Амма вац цIоралдаса чIван вачун хадуса Мариница гьарунин магIабиги. Мариние цIакъ захIмалъана ва бакIлъана жинцаго нух битIарав вац ЦIоралдаса чIван вуссин. Абухъе гьелъ тIоцебе магIо гьеб заманалъ гьабунин. Гьединго нилъеда лъала Маринил СалтIа кварида ран чIварал рагъухъабазде гьабураб магIоги. Абухъе гьелъ гьеб магIо гьенир чIваразул жаназабазда сверун чIун ахIарабин.


Росдал харабаца абухъе, Марин йикIана бадиса - бадиб рагIи абулей, квешалда квешабин, лъикIалда лъикIабин абулей гIадан. Гьеб захIмалъулеб букIана росдал ихтияр кодосел, жамагIаталъул боцIи - гIарац кванан гIумру тIамулел чагIазе. Мариница жиндир рагIи кIалаца аби ругеб, гьеб ахIиги цIакъ бакIлъулеб ва хечлъун къалеб букIана гьезда. Мариние гудур гъолаго чанги соназ гьединал чагIаца бугьтанал рехана гьелде, рогьоял хIехьезе ккана гьей. Амма гьей юцIцIичIо сунцаги. Ахирги гьелъ кучIдул гьаризе тезе гьечIеблъи лъарал росдал ихтияр кодосез гьелъул кIал букъана, росдал гIодосел хабзалалъ занидаги юхьун. Амма кьварарай, къвакIарай магIарул кочIохъаналъ ахIана жеги кечI, кIал букъун хадубги. Абуна гьелъ жиндир рагIи! Жиндир яхIалдалъун гьелъ баян гьабуна жий чIужугIадан йигониги гьединал чIужугIаданалда квер борхизе нахъе цIаларел бихьиназда цее къуркьуларин, хIинкъуларин. Амма балагьлъун ккана Мариние жиндир гIамал, абулеб рагIи - замана букIана гьединаб, чIужугIаданалъул ихтияр букIинчIо сундуеги. Марин росдал кверщел кIудиял чагIаца росулъа къватIие ахIана. ГIумруялъул лъабго сон шагIиралъ тIамуна Гьидалъ. Абухъе Марин Гьидалъ кидаго урхъун йикIуна гIагарлъиялъухъ, жий гIураб росдахъ, мадугьалзабазухъ. Гьеб кинабго гьелъ бихьизе гьабун буго Гьидалъ гьарурал кучIдузулъ. Амма гьелда башадго гIадин гьелъул кучIдузулъ цIикIкIуна зулмучагIаздехун рокьукълъи.


Жиндир тухумалдаса чиясе йокьаниги Марин росасе уна МухIамад абурав мискинав чиясе. Гьесие гьелъ гьабула кIиго лъимер: вас ГIумар, яс ГIайшат. Хванила Марин унтун 1905 соналъ. Юкъун йиго гьей Ругъжадерил хабзалалъ.


Маринил нилъехъе щварал асарал гIемерал гьечIо, кинабалиго анцIго буго. Щайин абуни ракIарун ва цIунун хутIун гьечIо гьелъул кучIдузул гIемерисел.

Дуда чIор речIчIаяв

Дуда чIор речIчаяв, чIухIараб лачен,
ЧIухIдае мун хьвадун, хьи дие гьечIо.
ЧIордал гулла щваяб, сурмияб микки,
Дун тун, цогияц ккун, хIакъ батиларищ?
Лочнода чангит бан, чан гьабулелъул,
Чанги рагIи щвана гьал гIадамазул.
Щунгъаруй кIичI битIун, лъабго моцI индал,
КIалъай батIа буго гIолил ясазул.
Дир багIраб лачен чидай анилан,
Унтараб тIуладе тIамуна загьру.
Гьанже кин букIинеб керенеалъул гьан,
Бекараб мугъалда тIухьидул михир.
Мунги чийин абун, чучун йикIана,
Чи гурев жо ватун, тана жахIавго.
Мунги гIаданилан мукIурлъараб кIал,
Дуда кIалъарай дун яхъана кIалухъ.
Маргъалул гъогъолъан борчIараб чIимих,
Дун руччабаздаса тIаса йищарай.
Жавгьарул кьурулъан бортараб гамачI,
Дун гьал ясаздаса гIемерго лъикIай.
Дунялгун дандцIараб ияхI бугей дун,
Мун чорхолъ восидал, чучун йикIана.
Росдад бащадаб гIакълу бугей дун,
Мун берцин вихьидал, мукIурлъун ккана.
Дун, дие гурони, чучун ятани,
Чаргъудуз тIутIуйги маргъалалъул черх.
Ди гурого рокьи ккечIеб батани,
Дуего гIумру тун, гIажал босила.
Рокьи гьабунщинал чороклъанани,
Чурде лъим гIеларо гьаб дунялалъул.
Балай гьабунщинал капурлъанани,
Кинабгоги халкъалъ ханч базе ккела.

Зигара буго (Элдарилав хведал)

Цо зигара буго дур гьудулалъул,
МоцI щинкIарал цIваби рокьиларилан.
Цо дагьабги кIалъай дур гьалмагъалъул,
Чирахъ свараб сунтур хьвагIиларилан.

Лълъурдул меседилаб бисгIоралъул чан,
Чучанищ, эбелхвад, нухлул ракьанда.
Чиллайдул жалалъул чергесазул чу,
Эго аравищ мун ХIубалараде?

Вай, мун хваралдаса, хунтIун ракIалгун,
ХъахIлъун, чарлъун руго гьал гIолохъаби.
Дуца росу тедал, турун курмулгун,
КечIцин ахIуларо чIухIарал ясаз.

Ясал ралагьулеб меседил матIу,
Нусабго дир логод цIарккун ахIула.
Мусудул руссунеб жавгьаралъул тах,
Жанисан дир тIул - ракI тIутIулеб буго.

ТIегьанщинаб гъотIол пихъ квараб хъиргъу,
Хванани щиб бугеб, щукру бичасде.
КIанцIанщинаб иццул лъим къараб гагу,
Лъицаниги толеб тушман дуниял.

МагIардаса гIазу чалараб мехалъ,
Чол кIвархухъ урхъарай чIужуго гьечIищ?
КIкIалада чIвараб цIер чучараб мехалъ,
Угьдизе къачIала, огь, гьудул Ахта.

* * *

Я мун хвелин абун хиял букIинчIо,
Хвана гьанже къимат, къана дир талихI;
Къоно дуда чIвалин божун йикIинчIо,
Беразда бихьидал хьул къотIун ккана.
Жергъен кодоб босун, калам гьабидал,
Киналго гIадамал духъ гIадаллъарав,
Берцинал ясазул ракIалъул гьудул,
Гьал гIолохъабазул къокъадул бетIер;
Я гьал гIадамазе бакараб чирахъ,
ГIайиб гьечIищ гьудул, гьанжего хвезе.

Чарчурал гъудузул мугъал рекизе

Мунгин дун цадахъал ихдалил къоял
Рахаги гIаршалде, гIазизав гьудул.
КIиялго кIалъарал хъоршол рагъаби,
Нилъей хIалай чIаги, хIурулгIинзаби.
Мун борхьица кваяб кереналъул гьан
КIихIинго букIинчIо рокьи гьечIого.
Ракьулъе рецIцIаял гIаданир берал
ГIодор ралагьичIо, балай гьечIого.
РухI бахъуда лъалеб хвелалъул кьогIлъи
Дир хиялаздаса цебе ккеладай?
Къоно чIваайгун лъалеб хобалъул бецIлъи,
Унго, гьаб рокьигIан захIмалъиладай?
ХIажизаби унеб хъахIаб кагIба рукъ,
Дицани квер чIвани, квеш букIинадай?
Къапила рекIунеб меседил гама,
Дунги данде хIани, хIакъдай букIина?
Рорхатаб гьундузде гьаваяб хъиргъу,
Хиял щибдай бугеб дир вокьулесул?
Хъорщол рагъабазде румаб итаркIо,
РакI лъидадай бугеб дир гьалмагъасул?
Воре, рокьи тело, тулакаб хъиргъу,
КъотIноб бицен бугин мацIихъабазул.
Биххило, гьавали, гьабураб къотIи,
Лъилго кIалдир ругин нилъ кIиялгоги.
Нухъид берал квина, чудказ хвел квина,
Бек - бекун керен кьун, кверде вачина.
БацIал гIавусдила, гьаби хIапдела,
Малакьан бахъила гважи - дуниял.
Борхатаб кьурулъе чанги гьабила,
Чарчурал гъудузул мугъал рекизе.
Щвараб гIурул бакьулъ урдуги чIвала,
Гьал къватIул хабарал хачадулел тун.
ГIемер къвакъвадуге, къватIул гIанкIаби,
Дун какунищ хъвалел кирго таптарал?
Къадалъ цIик - цIикуге, цIахIилал борхьал,
Дир бицунищ инеб рижараб гIумру?
Гьаб дунял - гIаламалъ гIайиб чIваниги,
ГIураб лага буго, баччила дица.
Халкъул гIаламалъул рогьо щваниги,
Ругьунаб черх буго, хIехьон йикIина.
Борхатаб къададе къокъаб мали чIван,
Къеркьон пайда гьечIо, гIодой йикIина.
Къадал гордабазде ишанал гьарун,
ТIокIай свериларо дун дуда хадуй.

Автор: Собкор ИА Маарулал.Ру

 
 (голосов: 9)
| | Комментарии (0) | Распечатать
 
Уважаемый посетитель, Вы зашли на сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо зайти на сайт под своим именем.


Поделиться:

Добавить страницу в закладки:
Добавить закладку в Бобрдобр Добавить закладку в news2 Добавить закладку в Memori Добавить закладку в Newsland Добавить закладку в СМИ2 Добавить закладку в Vaau Добавить закладку в Mister-Wong Добавить закладку в Newsvine Добавить закладку в Delicoius Добавить закладку в Slashdot Добавить закладку в Blogmarks Добавить закладку в Technorati Добавить закладку в Folkd


Если Вам понравилась новость поделитесь с друзьями :

Другие новости по теме:



 

Информация
Посетители, находящиеся в группе Гости, не могут оставлять комментарии в данной новости.
Панель управления


Последние комментарии

Календарь
«    Март 2024    »
ПнВтСрЧтПтСбВс
 
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28
29
30
31

Статистика
Опрос

Лучший из сайтов
Неплохой сайт
Устраивает ... но ...
Встречал(а) и получше
Совсем не понравился


  Главная  |  Регистрация  |  Правила  |  Библиотека  |  Фотогалерея  |  Видео и ТВ |  Обратная связь
© MAARULAL.RU 2009   Design by  Tsor-Studio.   Все права защищены
ALLDAG.ru  Яндекс цитирования Система Orphus
 
Мнение администрации сайта может не совпадать с точкой зрения авторов статей !
При использовании материалов сайта, активная гиперссылка на сайт Maarulal.Ru обязательна!
При использовании материалов сайта в печатных СМИ, на ТВ, Радио - упоминание сайта обязательно!
Так же обязательно, при использовании материалов сайта указывать авторов материалов.