| Сделать стартовой  |  Добавить в избранное | RSS 2.0
 |   | 
 
Поиск по сайту: Расширенный поиск по сайту   •   Аварско-русско-англо-турецко-арабский онлайн словарь:


Новости сайта

Рейтинг новостей

Архив новостей


Партнеры

Наша Кнопка (размер 31X88)

Получить код Кнопки Gif

Разместите на своем сайте нашу кнопку, а в ответ мы разместим Вашу кнопку или ссылку!

Если Вы нашли ошибку в тексте, выделите ее и нажмите Ctrl+Enter
 
» МахIачхъала жакъа
26 декабря 2009 | Общество | добавил(а): s_xanaev | Просмотров: 19098

Первобитиял чагIи гIакълу гIечIолъиялъ толого хьвадулел рукIана. Амма цо пикру гьабуни нилъеда бичIчIила инсан гIакълу цIикIкIанагIан жеги гьебго даражаялде вахъунев вукIин. 
Къоло цоабилеб гIасру. БатIи-батIияб цIарги буго гьелъул: техникаялъул гIасру, компьютералъул гIасру. Дицани абилаан чIвадарухъабазул гIасруйин. Амма нилъеца жакъа гьалъул бицине гьечIо.
   Квешги лъугьун гьечIо къоло цоабилеб гIасру МахIачхъалаялъе гIоло. Шагьар къо бахъанагIан берцинлъулеб, гвангъулеб буго. Шагьаралъул цебетIей нилъеда щибаб рахъалъ дандчIвала. Жакъа МахIачхъалаялъул халкъазда гьоркьосеб порталдасан тIад Дагъистаналъул байрахъалгун гамаял лъедолел батIи- батIиял къватIисел пачалихъазде. МахIачхъалаялъул халкъазда гьоркьосеб аэропорталъни абуни тIубалеб буго чанго рикIкIадал пачалихъаздахун гъункараб гьоркьоблъиялъул иш. Шагьаралъ мех танагIан халкъалъе рагьулел руго чанги батIиял ресал. РикIкIаде инчIого гьанирго тIубалел руго нилъер щибалго хIажалъаби.
  Тахшагьар санал нахъ танагIан гIатIилъулеб буго. Щакаб жо буго цо чанго лъагIел гьоркьоб бахъун Каспийск шагьаралъул ва МахIачхъалаялъул жубачIого хутIиги. Жакъа ракI хIинкъичIого абизе бегьула МахIачхъала бугин Кавказалъул бищунго берцинал шагьаразул цояблъун. МагIардаса рештIарав, гьаниб таманаб заманалъ гIумру тIамурав чиясул цIикIкIунисес гьанив хутIизе жигар бахъула. Гьединго гьанир дандчIвазе бегьула чагIи гIараб улкабаздаса, гIагараб Востокалдаса, хIатта рикIкIадал пачалихъаздасаги, тIубанго гьанире гочарал, рукъ-магIишатги гIуцIун гIумру тIамулел.
    Бецав чиясда бихьуларо мугIрул васасул цIаралда бугеб гьаб шагьаралъул цебетIей. Нилъер тахшагьаралъул нухмалъулезул цояс абун буго цо чанго анцIлъагIалидаса МахIачхъала цебетIун Стамбулалда хадуб гъезе бугилан. Дица гьесда гьанже абилаан МахIачхъаялъ цебего Стамбул нахъ танилан. МахIачхъалаялъул ясазухъ балагьидал нилъеда бичIчIула нилъер шагаралъул батIаго гьеб рахъалъ цебетIей цIикIкIун бугеблъи.
    Къоабилеб гIасруялъул байбихьудасаго нилъер шагIирзабаца, хъвадарухъабаца магIарулалъе эркенлъи гьарана. Щвана гьеб эркенлъи гьелъие, - цIикIкIунги щвана. Гьелъ цIарги хисана - тIабигIатги, ретIунеб ретIелги. "МугIрул Бика" лъугьана мугIрул мадмаузеллъун. Гьанже гьелда тIокIаб ПатIимат гуро абулеб "Патя" абула, я ГIайишат абуларо "Айка" абула. Гьелъий тIокIаб бокьуларо "рорчIами" абураб рагIиги. "Приветин" абула гьелъ "гьанжесеб заманалда рекъон". Гьей нилъеда дандчIвала чIухIарал къватIазда керен, чехь, мугъ чихIараб ретIелгун унейги, жиндир жинда релълъарай "подружкагун" яги хирияв гьудулгун гIадлу гьечIеб кIалъа-басай гьабулейги, кафе-баразда сигарет бухIун, гIаракъи гьекъолейги, мехтидал "васасухъе" телефон кьурун гьев жийгун сордо рогьизе ахIулейги, парказда, бульваразда вокьулесул къвалакьги, кодой йосарайги,  - саунабазул абиларо тIокIаб! Эркенлъиха - гIайиб сунда гьабилеб! ТIокIаб эбел-инсуца ( таманал руго гьадинал чагIи), вацаца цIех-рехги гьабуларо жидер ясазулги. Вацаца кинха яцазул ургъел гьабилеб, регIуларелъул гьел жидер аскаяздаса, рогьалидегIан гьабулеб телефоналъул рокьудаса, дандчIваяздаса.
Амма, батIаго, кIвар кьезе кколеб хIал бихьула эменазулги. ХIатта дандчIвазе бегьула чIахIиял, бетIер хъахIлъарал, гIурал лъималазул эменалги школьницабаздахун "гьудуллъи" гьабулел. ГурхIундай лъаларо, гьезда ракI бухIундай лъаларо, сундаса батаниги, кIудияб гъира бихьула цо-цо чагIазул гIисиназул  "ургъел гьабиялъе". Рокъор ругел жидерго лъималазул ургъел гьаби абуни кIочонги тун.
   МагIарул лебалал васазул гьунар тIокIлъиги жеги камун гьечIо нилъ. Гьел нилъеда рихьула Сидней-Пекиназдаса байбихьун рекордал росун ВатIаналъул цIар борхулелги, гьелда бащадго гIадин къватIахъ ясазул, загIипазул, херал кIодолъарал чагIазул телефонал рахъулелги, шагьаралъул рахъ-рахъалда милицияцин гIенеккичIого рагъал гьарулелги, хIатта мажгиталдасацин хьитал рикъулелги.  Щибха гьабилеб, абиги  буго къурав чиясул дунял гурилан гьаб.
   МагIарул халкъалъул цойги аби буго "лъимадул гали мерхьун гьелъул хал гьабизе кколилан" абураб. Дие бокьилаан нилъер умумуца гьеб абиги кIочон течIого жидер лъимазул кидаго хал гьабизе. Лъида гьикъаниги гьес жинца квешаб жо гьабулеб бугилан абиларо. Лъимаца гьабулеб жо гьезда жинда гьикъичIого, "кигIан кIудияб захIмат бугониги", цо хадур рахъун балагьизеги бегьула. КIочон тезе кколаро лъимаца рукъалъул цIар борхизеги бегьулеб гIадин, гьелда гIаксабго гьабизеги бегьулеблъи, цо кигIан ругониги бусурбаналги нилъ ругелъул. Хасго гьаб рахъалъул ясазда бараб жо гIемераб букIин ракIалдаса бахъизе бегьуларо.
 Аллагьас цIунаги нилъ гьаб кIочон таралдаса ва Аллагьас яхI гъеги щивавго чиясда бусурбаназе гьукъарабшинаб тезе ва тIадабшинаб гьабизе. Амин!

Автор: Сеймур Ханаев

 
 (голосов: 8)
| | Комментарии (2) | Распечатать
 
Уважаемый посетитель, Вы зашли на сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо зайти на сайт под своим именем.


Поделиться:

Добавить страницу в закладки:
Добавить закладку в Бобрдобр Добавить закладку в news2 Добавить закладку в Memori Добавить закладку в Newsland Добавить закладку в СМИ2 Добавить закладку в Vaau Добавить закладку в Mister-Wong Добавить закладку в Newsvine Добавить закладку в Delicoius Добавить закладку в Slashdot Добавить закладку в Blogmarks Добавить закладку в Technorati Добавить закладку в Folkd


Если Вам понравилась новость поделитесь с друзьями :

Другие новости по теме:



 

#1 написал(а): maarulav77 (28 декабря 2009 12:44)

Сеймур, баркала макъалалъухъ, ц!акъ бит!араб  калам буго....Жеги абизе бокьараб буго, сайталда маг!арул мац!алда статьяби хъвазе бйбихьи лъик!аб масала буго....Квербакъи, жигари бахъине ккела киназго...

#2 написал(а): al Dusrakhi (30 декабря 2009 15:28)

Бихьинчи! Гьаниб бицунеб проблема нилъер т1олгохалкъалъего г1ахьалаб буго. Нилъ бихьиналин абулел чаг1и гьединал гьеч1олъиялъ батизеги бегьула гьеб. Гьей х1улараб г1анк1у г1адин рет1а-къарай ясалъул ватилагури эмен, вац, вацг1ал, щив вук1аниги. Гьел киреха балагьун рук1изе кколел, канлъийищ гьезул хут1ун гьеч1еб? Гьеб бохдул берцинго рихьулел ратизе руго гьезда?!
Аллагьас ц1найги нилъ гьедин ургъел гьеч1ого ч1еядасан!

Информация
Посетители, находящиеся в группе Гости, не могут оставлять комментарии в данной новости.
Панель управления


Последние комментарии

Календарь
«    Июль 2024    »
ПнВтСрЧтПтСбВс
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28
29
30
31
 

Статистика
Опрос

Лучший из сайтов
Неплохой сайт
Устраивает ... но ...
Встречал(а) и получше
Совсем не понравился


  Главная  |  Регистрация  |  Правила  |  Библиотека  |  Фотогалерея  |  Видео и ТВ |  Обратная связь
© MAARULAL.RU 2009   Design by  Tsor-Studio.   Все права защищены
ALLDAG.ru  Яндекс цитирования Система Orphus
 
Мнение администрации сайта может не совпадать с точкой зрения авторов статей !
При использовании материалов сайта, активная гиперссылка на сайт Maarulal.Ru обязательна!
При использовании материалов сайта в печатных СМИ, на ТВ, Радио - упоминание сайта обязательно!
Так же обязательно, при использовании материалов сайта указывать авторов материалов.