АссаламугIалайкум.
Дие гьанже-гьанжеги бокьула щакъидулъ хIулиги ччун дирго пикраби цIахIилккараб кагътиде росизе - гьелъ дун вачуна нилъер арал соназул гьайбатал ракIалдещвеязул дунялалде.
Гьеб букIана заман! Халкъалъулъ къимат букIана адаб-хIурмат бугезул; инсанасул рохел гIахьал гьабизе лъалезул; хьолбохъан бихьичIеб ххвелги гьабун нахъе унезул гуреб, къварилъиялда аскIов чIезе ва гьеб бикьизе, ургъел ккарал кумекалъе аскIов вахъун чIезе хIадуразул; гьурмадаса гъизараб гвердил къвалица гIетIги бацIцIун хIалтIизе кканиги, жиндирго гъиналдалъун хинкI-чед балагьулезул; къабихIаб пишаялда, квешаб ишалда тIад рекъоларезул; дин гьабулесул, щай гурелъул гьеб букIана ракI-ракIалъ Аллагьасде унго-унгояб божилъигун гьабулеб тIагIат-гIибадат. Амма дун бищунго вохулездасан букIана дир магIарулазул араб тарих, гьезул гъунки. Дида кколаан магIарулал чIухIараб Дагъистаналъул мина цIунизе тIох ккурал къадаллъун ругилан.
Заман хисана, сонал ана. Санаца гIуцIараб, дунялалдаго машгьураб пачалихъ биххана. Кидаяли гьелъул къайимлъиялда къоял тIамурал цо-цо бутIабиги гIисинал хIукуматазде сверизе лъугьана. Гьезда ракIалде кколеб букIун батила, херлъарав инсуй кумек гьабизе ккарал агъзинал лъималазда гIадин, гьездалъун бахъунчIун батилин нилъер пачалихъилан. Амма гIемераб заманго иналде гьел релълъана инсулаб бербалагьиги, малъа-хъвайги, тIалаб-агъазги тIаса ун, лъида гьоркьор инелали лъаларого, ячарай чIужуялда хадув арав рос кинигин, жиндир къимат хварал кIудияб хъи-замалъул янгъизал васазда. Гьелъулго мисалалде бачIараблъун дида рихьула жиде-жидер вилияталъул цIаразда гъоркь кьер-кьерал миллатал ургъизе хIаракат бахъулел магIарул росаби - чIахIиязухъги гIенеккуларел, гIумрудул хIалбихьиги, бетIералъул гIакълуги цIикIкIараб бугилан ккарал васал.
Жакъа магIарулаздаса ратIалъизе хIаракат бахъулел, жалго жидедаго чIараллъун рукIине бокьун бугилан абураб пикруялъул цо-цо вилиятал дида ккола чармил кьуруялъул рищалаби, кьватIелал ралагьулел гIадамал ругилан. Рищалаби ралагьизе бегьула, гьеб кьуру дагIагьизеги кIола, амма гьелдаго цадахъ кIочене бегьуларо бихараб кьуру цо-цо гамачIккун бокьараб бакIалде баччизе бигьаго букIунеблъи. Гьедин баччун лъугIизабизеги буго гьеб кьуру нилъецаго рищалаби ралагьани. Гьел лъугьинчIого рукIине ккани, киналали чIегIерал ва хъачIал накIкIазулъан речIчIулел загьруял цIадал гарал жанир росизе гурел, тIасанго чвахизе риччазе ккола.
КингIаги ратIалъизе бокьарал миллатазда бичIчIулареб жалго жидедего ккун хадур гьезул араб мукъсалъулеблъи? Араб мискинаб гIумрудул бачIунесебги бечедаб букIунаро. Нилъер гIаммаб ва бечедаб тарихги, мацIги, маданиятги, адабиятги жеги-жеги бечелъизабун, гъункизабун гурони, щай хIажат бугеб бихх-биххизабизе ва бикь-бикьизабизе? ТIутIураб тIехьалъул тIамчал гьорой бигьалъула рахъ-рахъалде хъамизе. ТIубараб тIехьго цIализе бегьулеб мехалъ, щай нилъее хIажат бугеб рахъ-рахъалъ щущарал тIамчал рищулел рукIине? Цоял гьанир тIамун, цойгидал дорехун регун мугIрул иццал салихIалаб ракьулъе тIерхьинарун, гьел къвинарун хадуса кин хъудизе бугел магIарул гIор? Щиб нилъее хутIизе бугеб кидаяли гьеб чвахулеб букIараб гъва-ридаб кIкIалги, гьелъул хIеренаб лъадал къуватаб чвахиялъ асар хъварал кьурул сир-талги гуреб батIияб жого?
Гьединлъидал, гьудул , нилъеца метералде тIамун течIого, жакъаго кIвар кьезе ккола магIарул миллат цIуниялде. Лъала, гIемерал руго нилъерго магIарулазда гьоркьор щай дие магIаруллъиги магIарулалги абун пикру гьабулел гIадамал. Амма гьезда кIочон буго жакъа нилъер мацIги кIочани, нилъер тарихги цIехечIони, маданияталдеги кьурун руссани, адабияталъул къиматги гьабичIони нилъер къуватаб кьурул кьучI кватI-кьватIулеблъи. Бегьула гIурус мацI лъазабизе, гьелдасаги бечедаб мацIги, гIатIидаб маданиятги бугел халкъалги гIемерал руго дунялалда, амма гьезда гьоркьор нилъ апарагзабилъун рукIине руго. Нилъер магIарул миллаталъулъ эркенал ханзабилъун рукIине рес букIаго, щай цойги халкъалъулъ апарагзабилъун рукIун абураб пикруялде щайдай хIисаб гьабулареб гьединал магIарулаз?...
Жеги магIаруллъи буго, магIарулалги руго. Амма гьел, кидаяли кутакаб цIа букIараб бакIалда лъугьараб рахъдал гъонолъан хIенехI кинигин, цIик-цIикулел руго. Гьури пураб мехалъ гIицIго гьел кунчIула, гьезул хинлъиялъ цIунула цIадул бухIи, ам-ма миллат кIочарал, гьороца рахъу киннигин, рахъ-рахъалде хъамун тIагIуна. МагIарулазе унго-унголъунги хIажат вуго гьеб цIаги свине толарев, мугIрул лъимги цIунулев цевехъан.
Щиб лъалеб, кигIанго дунялалда щибаб жо цин бижулеб, холеб ва гьелъул бакIалда цойгиги бижулеб букIунилан абулел камичIониги, нилъер миллаталъ - магIарулаз жеги кIвар кьелин ккола дунялалъулго гIалимзаби бахиллъулеб куцалда гIуцIараб болмацIалдеги, цIунилин божула нилъер тIадегIанаб маданиятги, гIамал-тIабигIатги. Жеги чанго-чанго гIасруялъ кьела "магIарулал" абураб гьайбатаб цIаялъ сверухъе хинлъиги канлъиги, ургъунго тIад хIетIе чIун гьеб свинабизе бокьарав туш-манасда лъала гьелъул бухIиги боркьиги.
Автор: Исмаил Таймасханов