| Сделать стартовой  |  Добавить в избранное | RSS 2.0
 |   | 
 
Поиск по сайту: Расширенный поиск по сайту   •   Аварско-русско-англо-турецко-арабский онлайн словарь:


Новости сайта

Рейтинг новостей

Архив новостей


Партнеры

Наша Кнопка (размер 31X88)

Получить код Кнопки Gif

Разместите на своем сайте нашу кнопку, а в ответ мы разместим Вашу кнопку или ссылку!

Если Вы нашли ошибку в тексте, выделите ее и нажмите Ctrl+Enter
 
» Россиялъул ГIелмабазул Академиялъул академик ХIажи ХIамзатович ХIамзатов: ЦIоралде "чабхъен"
5 января 2010 | Общество, Известные Личности | добавил(а): s_xanaev | Просмотров: 13773

"ЦIоралде сапар" абураб бетIералда гъоркь тIоцебе бахъана 1967 соналъул 26 сентябралда къватIибе биччараб "БагIараб байрахъ" газеталда.

Исана дица дирго отпуск ЦIоралда тIобитIана. Профсоюзалдаса путевка тIалаб гьабичIо, вахун машинаялдегун ЦIоралде хазабуна. Мурад цо букIана - халкъалъул кIалухъ гьедигIан цIакъ рехсолеб, кици - биценалъулъ гIемераб, некIсиял сариназулъ гьарзаяб ЦIор дирго берда бихьизе ва гьелъул гIадамазул къан квер бачине. Щиб ракь ЦIор ва щал гьелъул гIадамалали лъазе.
Орджоникидзе шагьарги нахъа тун, цIар рагIараб Военно-грузинский нухги къотIун, нижеца регана Кавказалъул кIудиял мугIрузул сиртал ва кватIичого Грузиялъул гьайбатаб тахшагьаралде щвана. КIиго - лъабго сордо-къо гьенибги бан, нижерго церегосел гьалбадерица ниж нухда регIана бечедаб гьайбатаб Кахетиялде, Алазаналъул гьарзаял расалъабазде.
  Абизе бегьула ЦIоралъулгун нижер тIоцебесеб лъайхъвай Цинандалиялда бугеб гуржиязул машгьурав поэт, князь Александр Чарчавадзел некIcияб имениялда кканилан. Имениялда чIахIиял гъутIбузул рагIдукь эхетарал бечедал калгIабахъ гIуцIун бугоан гIадамал хIайран гьабулеб музей.
   Гьеб музеялъул гIелмияй хIалтIухъаналъ регана нижее нилъер мугIрузул улкаялъулгун гуржиязул рукIарал некIсиял хурхеназулги тарихалъулги гIажагIибал тIамчал. Чанги гьунар тIокIал ва лебалал гIадамал рещтIарал рукъзал ругоан гьенир. Пушкиница гьоболлъи барал, Грибоедовасул ракI жанибе цIарал Чарчавадзел минабаз гIемераб жоялъе нугIлъи цIунун бугоан.
  Имениялъул хважаинасул цIар араб меседил хвалчадул хIакъалъулъ музеялъул хIалтIухъабаз бицен гьабураб мехалъ нижеца гьикъана:
   - Бегьиларищ цо гьеб хвалчада бер речIчIизабизе?
  Гьимизеги гьимун, цо гIаданалъ нижеда абуна:
   - Цо нухалъ чабхъад рачIарал "лекIияз" (магIаралуз) хъамун ун буго гьеб.
   "ЛекIиязул" наслуялъул чIагIи ругоха нижги, амма нижеда гьеб хвалчен Дагъистаналда бихьичIилан гьабураб нижер махсараялъе гьез ракI-ракIалъулго релъиялдалъун жаваб гьабуна. Цинги рачIун къададa бараб цо кIудияб сураталда цере эхетизаруна. Сураталда бихьизабун бугоан, лебалал чуяздаги рекIун, кьолода цере ккун гуржиязул ясалги хъамун, пири гIадин нух босун унел магIарулазул чабхъен.
   - Гьале гьадин хъамун ун рукIана Шамилил муридзабаз гьал калгIабахъа Чарчавадзелги Орбелианилги хъизамал.
  РакIалде рачIана Веденор Шамилил кверщаликь чанго моцI барал гьел мунагь гьечIел асиралги, нахъа имамасул хIакъалъулъ гьез рицарал харбазул тIамчалги. Шамилил муридзабаз гьел асир гьариялъе сабабги букIун буго цевего АхIулгохIда аманаталъе гIурусазухъе кьун вукIарав жиндирго вас Жамалудин гьезухъ хисунниги нахъе щвелародаян имамасул букIараб хьул. Ккезеги гьедин ккана. Гуржиязул цIар рагIарал княгинаби жидерго рокъоре тIад руссана, Шамилил гIолохъанчи гIурав вас Жамалудинги Петербургги рехун тун магIарухъе вачIана.
   Тарихалъ ракIалде щвезарурал пикрабигун, ниж ана Гуржиани абулеб цIолболги чагъиралъулги магIданлъун кколеб, гьитIинабго бугониги, гIажаибго берцинаб шагьаралде. Лъабго тIала ракьулъе бугеб бечедаб чогърол заводалъул цехалда аза-азар литр жанибе гьунел дадазда жанисан ччун бахъун, жакъасеб гьудуллъиялъулги вацлъиялъулги рахъалдасан цо-цо лълъарги борхун, Гуржистаналъулги Дагъистаналъулги мугIрузул токIкIарал лълъимал гъорлъ росараб, тарихиял лъугьа-бахъиназул абадияб нугI Алазань гIорги къотун, ракI лъикIал гьалбадерица ниж Къварелиялде тIоритIана.
   Къварели бугоан гуржиязул югалъул бакъбаккуда Азербайжанлъулгун гIорхъуда гIагараб цо районалъул центр, гьава-бакъ рекъараб, гьанжесеб къагIидаялда берцинго къачIараб гьитинабго шагьар. Гьениб буго Гуржистаналъул кIудияв хъвадарухъан ва общественнияв хIаракатчи Илья Чарчавадзел рукъ-музей. Цоги нижеда гьениб батана гIажаибго бечедаб ва учузаб, гьелдаго цадахъ бичулел гIемераб, босулел дагьаб базар. Хадубги, гьенир аскIорго цун мугIруздегIан къараб бакIалда рагIула магIарулазул чанго росаби. Дагъистаналъулгун гIорхъи цояб гьеб районалдаса БежтIе щвезе ккани цо чуги бащдаб къоги гIолилан бицана нижеда.
   Гьале ниж Закаталаян абулеб, магIарулазул жаниб ЧIар абун цIар батараб, нижерго сапаралъул аслияб Мурадлъун бугеб районалдa.
   Закаталаялда цониги вукIинчо я дун лъалев, я дида лъалев чи. "Лъихъе инев, щивгун кIалъалев, кив рещтIинев?"  - абурал суалазги букIана дагьаб рахIат хвезабун. Амма гьениве щвараб мехалъ гьеб ургъалил гъуни цинтIаго тIаса рехун ана. ТIoцеве нижгун дандчIварав Сиражудин абулев гьалмагъ ватана гъорлъ восарав, аваданав ва гьелдаго цадахъ халтIуда тIад вигъарав магIарулав - шагьаралдаса гIемер рикIкIад гьечIеб МакIув абулеб чанго росдадаса данде кIутIараб магIарулазул кIудияб колхозалъул председатель. Колхозалде щведал нижеда сверухъ бакIарана гIисиналги чIахIиялги магIарулазул руккел. Дагъистаналдаса рачIарал нижгун гьикъа-бикъарулел ва гара-чIварулел гьезул рохалиеги разилъиялъеги гIорхъиго гьечIилан кколаан.
   Дида цебего рагIун букIана ЦIоралъул ракьалда гIемерал магIарулал ругилан. Амма гьезул хIакъалъулъ дир пикру цIакъ мукъсанаб букIун буго. РакIалде кколаан, аслуялдасанго жидер рачIин магIарулаздасан батаниги, гIемераб мехалъ Дагъистаналдаса ратIа тIун рукIиналдалъун унго-унголъун магIарулазда релълъараб жо гьезул дагьго гурони хутIун батиларилан.
  Дун кутакалда мекъса ккун ватана. Ва гьедин ватиялдаса гIажаибго вохизеги вохана. БитIун бицани, цо хасаб магIнаялда, унго-унгоял аварал гъора ругиланцин ккана ракIалде.
  Закаталаялда нижеца бана кIиго анкьгIанасеб заман. Нижеда дандчIвана гIемерал батIи - батIиял гIадамал. Ниж щвана гIемерал магIарул росабалъе - ЧIарихъе, Лъебелобаялде, КIатIехире, МецIихире, Даначиялде, Къабахчеялде ва гь.ц. Нижеда бицана гIицIго Закаталаялъулги Белоканалъулги - кIиябго районалда 45 азариде гIунтIун авар халкъ бугилан. Гьеб дагьаб халкъ гуро.
   МагIишаталъул рахъалъ ЦIоралъул магIарулазул иш цIакъ лъикI буго. Гьенир руго бечедал, гучал колхозал. Гьезулги руго гIажаибго берцинабги гьайбатабги тIабигIаталъул цIурал ракьал. Алазаналъул цIанбитIараб расалъиги ЧIарихъан байбихьун зодихъе эхетарал мугIрулги тIуран рацун руго даимго гIурччинаб гъвет - рохьалъ, ахаз ва пастIабаз. Колхозалъул магIишаталда жаниб аслияб бакI кколеб буго ахихъанлъиялъ ва техникиял культурабаз, цо-цо магIишатазда - гIи-боцIухъанлъиялъги. Абизин, гьерин руго балагьун бер щоларелгIан чIахIиял цIулакьодал ва миккил рохьал, чайдул ва гIинтIидул тIогьол плантацияби, генул ва гечул ахал, гьединго тушгIиял чIахIиял рехъаби ва ганщазул рехъедал. Колхозазе бажарун нухмалъи гьабулеб буго тIадегIанаб лъай бугел, гьунар токIал магIaрул специалистаз.
  РукIа-рахъиналъул рахъ босани, ЦIоралъул магIарулазул кIудияб культура ва рацIцIa-ракъалъи буго. ГIадамал жанир чIолел минаби гIемерисел кIитIалаял руго. Гьездаса 50-гIан метралъ рикIкIад руго бокьал. Киналниги минаби руго ганчIил гьарурал ва тIад щегI ккурал. Жиб-жиб азбаралъуб буго чвахун унеб токIкIараб мугIрузул лъим, гьезда сверухъ руго чIахIиял ахил участкаби. ГIемерисезул рокъор руго радиоприемникал, патефонал, телевизорал. Гьел балагьула Москваялъухъ, Бакуялъухъ, Тифлисалъухъ, Ереваналъухъ. Хъизамалги гьезул нилъер гьаниралдаса чIахIиял руго. ГIемерисезул лъимал щугоялдаса дагь гьечIо, гIемер руго микьго - ичIго лъимер бугелги. Дицаго кIвар буссинабураб жо ккола Шамилил цIар лъурал лъимал рукъ-рукъалъур ратулел рукIин. Гьебги жидерго тарихалдехун бугеб адаб-хIурматалъул гIаламатлъун тана нижеца. БукIаниги, бищун тамашалъун бихьараб жо лъугьана 45 азарго магIарулав мугIрул регун гъоркьехун рати. Гьал кин гьанире ккарал? Чияр улкаги гурелъул, квер гIунтIулареб рикIкIалъудаги гьечIелъул, щай нижеда гьазул хIакъалъулъ гьадигIан дагь гурони лъалеб букIинчIеб?
   Узухъда, кисаниги рачIун ва хIалица рачун ккарал чагIи гуро гьал гьанире. Гьал руго анкьумумазулъанго жидерго рукIарал рукъазда. ПалхIассил, анкьабилеб векалдаса нахъениги гьалго ракьазда гьал гIадамал рукIиналъе тарихияб гIелмуялъ ишкал тун нугIлъи гьабулеб буго.
    Гьединлъидалги батизе ккола, дир рекIее хIаталдаса ун асар гьабураб жо ккана гьезда жидерго магIарул мацIги магIарул гIадатги бацIцIадго цIунизе кIун букин. ЦIали ва хъвай-хъвагIай гьениб Азербайжан мацIалда гурони гьечIо, школалда предмет хIисабалдацин авар мацIги малъулеб гьечIо, рахьдал мацIалда газета, тIехь, радио гьаниб гьечIо, амма рокъобги къватIибги бицунеб жо магIарул мацI буго.
   Дунго цIакъ санагIат гьечIого лъугьана школалде хьвадулел дир лъималазадаса лъикI авар мацI бицунел гIисин лъимал гьенир ратараб мехалъ. Гьобол - гьудул хиралъи ва лъималаз эбел - инсул ва цIикIкIаразул хIурмат гьаби гьаниб кьури гьечIеб закон буго. Аваразул халкъияб творчествоялдехунги музыкаялдехунги гьезул бугеб рокьиялда битIахъе урхъизе бачIуна. МагIарулазул тарихалъул тIамчал, хасго Шамилил ва ХIажимурадил бахIарчиял рагъазда хурхарал къисабигин кучIдул гьезул жив-живасул рокъорги рекIелъги кIудияб къадруялда цIунарал руго. Ункъойилъе вахарав ЧIарихъа Ражабица нижее рекIехъе цIалана некIсиял магIарул кучIдуз ниж асир гьаруна ва колхозалъул председатель Ибрагьимил чIужу ХIуриял кIалдисан аваданго чвахун унел халкъиял кочIол макъназ ниж хIайран гьаруна. Чанго жо ракIалде щвезабуна нижеда кIиябго бер бецав АхIмадица чагъанаялда рачунел гьайбатал макъназ ва имамасул тарихалъул бицунев Камилил хIасратал харбаз.
   Гьеб кинабго бихьараб мехалъ ракIалде ккана гьедигIан жидерго умумузул мацIги, литератураги, тарихги хириял гIадамал жидерго мацIалда школа, хъвай-хъвагIай гьечIого хутIизе гIайиб гурищилан. Гьеб киназдехунго ЦIоралъул магIарулазул бугеб рокьиялъе нугIлъун чIоларищ гьениб аза-азар гIадамаз нилъер "БагIараб байрахъ" газеталъеги, "Гьудуллъи" альманахалъеги, "МагIарулай" журналалъеги, "Советияб Дагъистан" журналалъеги подписка гьабун букIин, щибаб къоялъ МахIачхъалаялдасан кьолел радиоялъул харбазухъги кучIдузухъги гIенеккизе гьез жигар бахъулеб букIин?
   Дица дидаго цадахъ босун букIана магнитафон ва магIарул бищунго лъикIалилан рикIкIунел кучIдулгун макънал хъварал лентабиги. Нижеца гьеб хIалтIизе биччараб мехалъ, бакI-бакIалдасан, рукъ-рукъалъусан, къватI-къватIалъусан рачIун, магIарулазул кIудиял руккелал гIолаан. Тамашалъи гьечIищ щиб кочIол гьаракь бахъаниги, гьеб сагIат гIадамазул шуш бахъулаан: гьаб Муил буго, гьай Манаша йиго, гьаб цояб Сайгидсалимил буго абун. Гьез гьарулаан цо Шамилилаб биччаян, Хизроевалда ахIизабеян, Сидратил гьечIищан. Гьеб жо жидерго халкъалъул музыкаялдехун бугеб рокьи гурищха?
    Гьеб киналъухъго балагьун пикру гьабидал, гIажаибго хадур гIунтизе кIолареб ишлъун бихьула Дагъистаналдаги, школазул программабазда жаниб рахьдал мацIазеги литературабазеги соналдаса соналде нух къварид гьабулеб бугеб республикаялъул Лъай кьеялъул министерствоялъул хIалтIи. Росабалъ рахьдал мацI ва литература предмет хIисабалда хIутIун батаниги, (бицанихъе гьебги киса-кибего бугеб жо рагIуларо), шагьараздайин абуни лъималазда гьеб малъизе бокьарал эбел-эмен чара къосараб хIалалде кколел руго.
   КъваригIелалъ дихъе вачIарав Хунзахъ районалдаса цо мугIалимасда дица итни къоялъ вачIаян абидал, гьес гьикъана гьеб щиб къо кколебан - вторникищ, понедельникищ абун. ТокIаб рагIи нилъее щай. Аза-азар соназда жаниб тIубарал халкъазул жанги, ракIги, гIакълуги тIад кьун гIуцарал, гIурал ва камиллъарал рахьдал мацIал ккола къимат кьун хал кIоларебгIан кIудияб хазина ва гьездехун гIамал кIудияб ва адаб гьечIеб бербалагьи гьабулел чагIазда лъолеб цIарго щиб кколеб?
  Закаталаялъул ва Белоканалъул магIарулазул мацIал ккола авар мацIалъул хасал диалекталлъун. ЦIехараб мехалъ, гьел диалектал гIелмияб рахъалъан цIех-рех гьабун лъазарулел чагIиги дида ратичIо. Гебги цо тамаша гьабизе ккараб иш буго, нилъер гьаниб мацIазул гIелмабазул вакилзабазул гьарзалъиялъухъ балагьараб мехалъ.
   Бугониги ракI бохизабулеб жолъун буго ахириял соназда ЦIоралъул магIарулазулгун Дагъистаналъул хурхен цIикIкIунеб ва щулалъулеб букIин. Гьенире чанго нухалъ щун руго Авартеатралъул коллектив, филармониялъул ва радиоялъул артистал, "БагIараб байрахъ" газеталъул хIалтIухъаби. Дагъистаналдаса гьалбадеридехун гъораса магIарулаз гьабулеб ракI батараб, берцинаб, рохараб балагьиялъ нилъеда тIадаблъун гьабула гьеб хурхен жеги цIикIкIун щула гьабизе. Хасго гьез лъазабуна жидее цIакъ бокьун бугила магIарул хъвадарухъаби рихьизе ва гьезухъ гIенеккизе абун.
  Чанги бакIалде щвана ниж гьаб сапаралъ. Кидаго кIочон толареб дандчIвай ккана МецIихиса АсхIаб-ГIумарилгун, ЧIарихъа Ибрагьимилгун, ТIагьирилгун ва Жамалудинилгун, Лъебалобаялдаса Сиражидинилгун, АхIмадилгун ва МахIмудилгун, Белоканалъулги Закаталаялъулги райисполкомазул председательзаби Калаевасулгун ва Ялиевасулгун.
    Гьез нуxда регIана ниж гьенисан унагоги. Нижгун цадахъ гьел рилълъана Кахалъулги Нухаялъулги районазул гIорхъода, шагьаралдаса 2-3 километралъул манзилалда хьибилалдехун бугеб хIалбохаяв ХIажимурадил хабаде щвезеги. Кин ва щиб заманаялъ хваравали бицун хъвай-хъвагIай гьабураб мармаралъул хъаршиги тIад рекъезабун, цIар рагIарав Шамилил наибасул къаданиб чIвараб зани бугоан умумузул тарихалъул къадру цIунарал гIадамаз чанги зияратал гьарулеб бакIлъун.
   Гьениб къо-лъикIги гьабун, бихьараб-лъарабщиналъ рекIее гьарурал асараз кодорги росун, нухтIа рахъарал ниж нахъисеб къоялъ МахIачхъалаялде щвана.
  ЛъикIаб бакI буго Цоралъул ракь. Дагьалги лъикIал руго гьелъул гIумру кьун рохаял гIадамалги. А, магIарулал, цо-цо гьезухъе щвезе. Нужер ракI бухIиларо.


 
 (голосов: 9)
| | Комментарии (0) | Распечатать
 
Уважаемый посетитель, Вы зашли на сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо зайти на сайт под своим именем.


Поделиться:

Добавить страницу в закладки:
Добавить закладку в Бобрдобр Добавить закладку в news2 Добавить закладку в Memori Добавить закладку в Newsland Добавить закладку в СМИ2 Добавить закладку в Vaau Добавить закладку в Mister-Wong Добавить закладку в Newsvine Добавить закладку в Delicoius Добавить закладку в Slashdot Добавить закладку в Blogmarks Добавить закладку в Technorati Добавить закладку в Folkd


Если Вам понравилась новость поделитесь с друзьями :

Другие новости по теме:

  • Маг1арулазул г1олохъанав хъвадарухъан Исмаг1ил Таймасхановасул “ Рит1ич1е ...
  • Гьудуласде кагъат
  • МугIалимасул захIмат – халкъалъул букIинесеб
  • АхIмад Чинарил адабияб нух
  • МагIарул мацIалъеги бакI кье шагьра-нухазда!
  • Тоге магIарулал миллат билизе!
  • Расул ХIамзатов. Авар мацI
  • Камиль Султанов. Рагъул соназда аваразул поэзия
  • Второй Республиканский фестиваль аварского языка
  • ЦIадаса ХIамзатилги, ХIамзатил Расулилги хIакъалъулъ цо-цо жеги гIатIидго л ...


  •  

    Информация
    Посетители, находящиеся в группе Гости, не могут оставлять комментарии в данной новости.
    Панель управления


    Последние комментарии

    Календарь
    «    Февраль 2025    »
    ПнВтСрЧтПтСбВс
     
    1
    2
    3
    4
    5
    6
    7
    8
    9
    10
    11
    12
    13
    14
    15
    16
    17
    18
    19
    20
    21
    22
    23
    24
    25
    26
    27
    28
     

    Статистика
    Опрос

    Лучший из сайтов
    Неплохой сайт
    Устраивает ... но ...
    Встречал(а) и получше
    Совсем не понравился


      Главная  |  Регистрация  |  Правила  |  Библиотека  |  Фотогалерея  |  Видео и ТВ |  Обратная связь
    © MAARULAL.RU 2009   Design by  Tsor-Studio.   Все права защищены
    ALLDAG.ru  Яндекс цитирования Система Orphus
     
    Мнение администрации сайта может не совпадать с точкой зрения авторов статей !
    При использовании материалов сайта, активная гиперссылка на сайт Maarulal.Ru обязательна!
    При использовании материалов сайта в печатных СМИ, на ТВ, Радио - упоминание сайта обязательно!
    Так же обязательно, при использовании материалов сайта указывать авторов материалов.