| Сделать стартовой  |  Добавить в избранное | RSS 2.0
 |   | 
 
Поиск по сайту: Расширенный поиск по сайту   •   Аварско-русско-англо-турецко-арабский онлайн словарь:


Новости сайта

Рейтинг новостей

Архив новостей


Партнеры

Наша Кнопка (размер 31X88)

Получить код Кнопки Gif

Разместите на своем сайте нашу кнопку, а в ответ мы разместим Вашу кнопку или ссылку!

Если Вы нашли ошибку в тексте, выделите ее и нажмите Ctrl+Enter
 
» Знакомьтесь. Молодой аварский поэт Сеймур Ханаев
16 октября 2009 | Стихи, Поэзия и Рассказы | добавил(а): admin | Просмотров: 16083

Сеймур ХанаевГIолохъанав шагIир Сеймур ШагIбанил вас Ханаев гьавуна ва гIуна Белокан районалъул Къабахчоли (Шарип авал) абураб росулъ 1985 cоналъул 17 марталда. 2003 соналъ гьес лъугIана гьоркьохъеб школа (Шарипазул). Армиялъул хъулухъ тIубан хадуб Сеймур (2006 с.) ворчIана Дагъистаналъул Пачалихъияб Университеталъул Дагъистаналъул МацIазул Факултеталде. ГьабсагIаталда Сеймур лъабабилеб курсалъул студенлъун ккола.
ГьитIинаб мехалдаса вукIинисев шагIирасулъ бижана литератураялде рокьи. Хаду – хадуб, микьабилеб классалдаса байбихьун жинцагоги гьаруна кучIдул. Гьесул кучIдул рахъана Бакуялъул ва МахIачхъалаялъул батIи – батIиял газетазда, журналазда. Жинца жив поэтлъун рикIичIониги жакъа Сеймур ккола чанги кучIдузулги, поэмабазулги автор. МагIарул тарбия щун гIурав Сеймурил хъвадарухъанлъиги тIоцебесеб иргаялда магIаруллъиялде бараб буго. Гьесул кучIдузул аслиял темабиги руго ВатIан, гIумру, ислам. Щибаб кочIолъ, абизе бегьула, гьес загьир гьабун буго жиндир гIураб тIалъудеги, жиндир ВатIан Дагъистаналдеги, жиндир халкъалдеги, гьелъул диналдеги бацIцIадаб рокьи. Бащадго кучIдузулъ гьес цогидалги ахIулел руго ВатIан – халкъ бокьизе, дин ислам бокьизе. Гьединго гьесул руго рокьул темаялда гьарурал кучIдулги. Амма рокьул кучIдузулъги Сеймурица цIунун буго магIарул васасе хассал рахъал.

Нижеца цIалдохъабазул ихтияралде кьолеб буго Сеймурил творчествоялъул цо бутIа.

  

Нилъ ГIадамгун ХIавал лъимал

Пуланаб цо къоялъ Аллагьас кьуна
Нилъер дунялалъе ГIадамгун ХIава.
Инсанасул хIетIе хъвачIеб ракьалда
ТIоцебехъе гьезги гали босана.

Гьезул якъинлъиялъ, гьезул рокьиялъ,
Кьуна гIумру - ящав гьаб дунялалда.
Дуниял, тIабигIат, бакъ - моцI, зоб - ракьал
РукIарал ратила хIайранлъун нилъехъ.

Нилъ цо хъизамалъ гIурал яц - вацал,
Нилъ гIагарал чагIи, ракI цоял чагIи,
ГIагараб гьаб ракьалъ къабул гьаруна,
Рукълъунги нилъее ккана дуниял.

Ракьалда цониги жоялъе кьечIеб,
Кьуна гIакълу нилъей къадруяв Бичас.
Нилъ щибаб рахъалъа ратIа гьаруна
Ракьалда Аллагьас цогидаздаса.

ТIадегIан гьаруна ТIадегIанас нилъ,
ТIадегIанаб гIакъу, зигьну, пагьму кьун.
Рищунго берцинал, рищун гьуинал,
НигIматалги нилъей рижизаруна.

Амма, ана моцIал, сонал, гIасраби, -
ГIумру инсанасул эраз борцуна.
Миллионал сонал тана нилъеца -
Цо хал гьабе, рачIа, гIадамал сверухъ.

Бугин гIумру- дунял тIегьан бачIунеб
Бугин гIумру- дунял сурукълъун унеб.
Щибаб берцинлъидулъ сурукълъи буго
"Щибаб сурукълъидулъ берцинлъи буго".

Дие берцинаб жо дуе сурукъаб
Дуе берцинаб жо дие сурукъаб.
Дие гьуинаб жо дуй цIекIаб, кьогIаб!
Дуе гьуинаб жо дий цIекIаб, кьогIаб!

Амма гIумру- дунял цIекIлъуге абе!
Гьелда нилъер пикру бикьуге абе!
Амма дагьаб гьечIо гьеб рахъалдаги
Ракьалда чагIазул пикру батIалъи.

Дида мекъи кколеб дуе битIараб!
Дуда мекъи кколеб дие битIараб!
Бищунго мекъаб бакI нилъер ракьалда -
Нилъей берцинаб жо бищун битIараб!

Дие талихI къараб дуе талихIаб.
Дуе талихI къараб дие талихIаб.
Къеркьолел руго нилъ хабалъ инегIан
БичIчIичIого талихI щиб бугебали+

Чидай суд къотIизе нилъ даим гучал!
Чидал гъалатI ккезе нилъ кирго цIакъал!
Батула нилъеда чидал бадиб гIучI
Чинаридул гъветIги нилъер бадиб тун.

Нилъ ритIун ругилан тасдикъ гьабизе
Тезе гьаб дуниял хIадур руго нилъ.
Нилъер гьаб гьерсилаб ритIухълъиялъухъ
Ракьалда нилъеца мерхьуна чагIи.

Нилъее нилъ лъикIал, дие дун лъикIав.
Нужее нуж цIакъал, дуе мун цIакъав.
Бищунго лъикIабги, бищун цIакъабги
Буго нилъей гIоло нилъедаса нахъ.

Нилъ гьуинал руго ролал хIалелъул,
Нилъ берцинал чагIи хIалел ролазда.
Нилъ гIумру абураб гьаб театралда
ХIатта гIумруялъул роль хIалел руго.

Гьаб нилъер гIумруги, цIалеб хIухьелги
СихIруяца цIураб цо маска буго.
ХIакъаб нилъер гьумер - гьеб бихьуларо,
БосичIони гали сонаца нилъгун.

* * *
Цо чанго сон босе, рикIкIад инчIого,
Ракь чанги бухIараб нилъеца цIа гъун.
Гьаб къоло цойилаб гIасрудал соназ
ГIадамаз цоцада цIа чанги гъураб.

Америкалъул квералъ чан хоб бухъараб
Ракълилал чагIазе гьаб дунялалда,
Гьикъани абила гьелъги кIалги цIун
Жиндица битIараб гьабун бугилан.

Гьелъул "ритIухълъиялъ" бухIана Ирак
Бомбаби рехана Афганалдаги,
Буссунеб гьечIо гьеб жиндир нухдасан
"Жиб авараг гIадин битIараб бугин".

Гьебго "рикъухълъиялъ" гурищ гьеб цебе
Багъулеб букIараб Вьетнамалдаги.
Гьелъул "ритIукълъиялъ" гурищ цIа лъураб
Ракьалда гьеб кибго щвараб бакIалда.

Гьедин жиб битIараб бугин ккун гурищ
Германиялъ дунял бухIун букIараб?
ЦохIо гIадамасул къасдаца гурищ
Миллионаз чагIи гъурун рехарал?

Гьанже Гитлер вачун гьесда гьикъани
Гьесги далил кьела жив витIаравин.
Ракьалъул рекIеда ругъун лъураб иш
Гьес тасдикъ гьабила ритIукъаб ишан.

Нилъер рекIелъ буго бусен ккун шайтIан
Шибаб мигалъ нилъер гIакълу сверулеб.
Нилъер дагьал гьечIо, щибаб бокIнида,
ШайтIан битIарабин чIезе гьабулел.

Нилъ нилъер напсаца мекъи тIамуна,
Мекъаб илбисалде нилъ аскIор къала.
Аллагьасул нух тун нилъер чангиял
Чарал гIамалазда чIола мукIурлъун.

ГIадамал рикIкIуге чидал гIайибал -
ГIеч жеги бачIинчIо бортун зодиса.
ГIайиб кибалиго нилъеда буго -
Нилъер гIайибаз нилъ рухулел руго.

* * *
Пикру гьабе, чагIи, гьаб инсаният,
Инсанас гIуцIараб гIумру- магIишат,
ГIазабаб, балагьаб ахир гьечIищха,
ЧIухIараб ракьалда чанги гIумрудуй.

Хал гьабе гIалимал, гIакъилал чагIи,
Чанги рухIчIаголъи тIагIунеб бугеб,
БагIараб тIехьалда цIикIкIунеб гьечIищ,
Гьенир ккечIездаса, цIар хIайваназул?

ЧагIазул цIоларел гьал чахьал цIезе
Чанги хъвел гьабулеб гьаб дунялалда,
Бугодай цоги бакI гьаб дунялалда
Доба гIадамазул квер - бох щолареб.

Инсан вуго кивго жужахI къачIалев,
Къимат гьабичIого гIакълу гьечIезул.
Инсан вуго кивго чохьноб кьемгIулев.
Инсан вуго кивго зарал бачIунев.

Балагье гIадамал гьаб нилъер дунял
Нилъеца гIададе кваналеб гьечIищ!
Гьал нилъго сабаблъун берцинаб дунял
Къо нахъе танагIан хутIулеб гьечIищ!

ГIурччинаб дуниял, гIурччинаб гIумру,
ГIадамазул квераз гъанкъулеб гьечIищ?
ГIурчччинаб дуниял къо бахъанагIан
Нилъер чIегIер квераз гьечIищха холеб?

Нилъ инсан абураб махлукъияталъ
Малакь мерхьун гьечIищ кIудияб дунял?
Къо берцин гьабизе нилъеца дунял
Гьвеца ракьа гIадин гьечIищ хъарсулеб?

БачIун къо рештIина щибабго лъугIун
ЧагIаз цоял цоял кваназе руго.
Ралагьуге дихъе нуж гIажагIибго
Гьанжеги руго гьел чи ккунел чагIи.

Гьанже рохьор гIадин, ярагъги босун
Рахъизе руго нилъ жеги чанае.
Амма жайран гуро нилъеца чIвалеб -
Нилъеца цоцазде босила ишан.

* * *
Огь гIагарав ГIадам, ГIадамил ХIава,
Дур лъимал цоцае чиярлъарал кин?
ГIадамил вас - ясал, вацалгун яцал,
Нилъ жакъа цоцазе тушманлъарал куц!

Вацас вацасул би гьекъолеб жойищ?
Вацал гьаб кинаб къо жакъа лъугьараб?
Бидул гIурухъ щай нилъ чверделел ругел,
РахIат тIамичIого лъабкъодул гIумру.

КигIан тушманлъарал, кигIан хисарал,
Хириял, вацал, нилъ жакъа цоцае.
Кьалул ахир буго кьалул байбихьи, -
ГьечIебищ цо рагIал гьаб чIвай - хвелалъул?

Унеб гьечIищ гIумру щибав чиясул
ТалихIалъул къатIрал цIех - рехиялда.
Кинаб талихI кколеб, нилъер талихIалъ
Тахъсир гьечIел чагIи чIвалел ратани.

ГIайиб бице, вацал, гIисин лъимазул?
Мунагь бице, вацал, нилъер улбузул?
КъойилгIан гIададе холел чIагIазул
ГIайиб - мунагь бице щиб бугеб, вацал?

Нилъеца лъимазе, гьадинаб гуреб,
ГьечIищ кIолеб лъикIаб гIумру къачIазе?
Гурони ичIмоцIалъ ургьил ккуразе
Баркала, сайгъатищ гьаб бугеб нилъер?

КигIан нилъер улбул гIодилел, вацал?
КигIан чIегIераб кIаз балеб эбелалъ?
КIигIан дунялалда хIукму къотIилеб
РахIму гьечIолъиялъ, хвалил къуватаз?

Радал къватIиве ун лъалеб гьечIони,
ЧIаго мун рокъове вуссине вугин.
Кинаб гьаб дуниял, кинаб гьаб гIумру,
Нилъеца нилъее къачIараб, вацал?

Дида бичIчIуларо, рукъ цоял чагIи,
Дунялалъул рокъоб щиб нилъей камун,
Кидаго нилъ ругел мекъаб нухги ккун,
Гудур чиясе бан, чи хIакъир гьавун.

Мискин - загIипасул боцIи - панз бахъун,
Язихъ - пакъирасул мугъзада хIетI чIван,
Кинан нилъ рукIинел судалъул къоялъ,
РухI нилъеда лъурав Бичасда цере.

* * *

ГIодуге, дир керен, жанисан бухIун,
Буго тIагIинчIого гIадамалъ рокьи.
Угьдуге, гьинал ракI, бидаги бецIцIун,
Руго сахал чагIи гIаламалъ жеги.

Дуниял, дулъ бугеб захIмалъи, кьогIлъи!
Кванараб гIазаб щиб дица ракьалда!
Гьаб къоло ункъго сон щибаб гIасрулъун
ГIумруялъул кьогIлъи дида лъараб куц!

Свакана, БетIергьан, мун тIаса лъугьа,
Свакана гьадинаб гIумруялдаса.
Свакана Аллагь дун, свакана Аллагь,
Кинго лъугIуларел хвалил харбаца.

Метериде хьулалъ гьабулеб ящав!
Хьулаз тIобитIулеб гIумру- магIишат!
ГIумрудал цIекIлъиялъ буцараб гIалам, -
ГIадамал чIухIиялъ тушманлъарал куц!

ЗахIмалъи, къварилъи, къоязул кьогIлъи!
КъойилгIан рагIулел пашманал харбал!
БукIун батиларо ракьалда къоги
Роххел кибго бащад щвараб чагIазе.

Цояв гIодулелъул цояв воххулев!
Цоясе къо ккедал цояв кеп цIалев!
Цоцазе гьабулеб рекIалда буго
Бащдаб гIаламалъул гIумрул ккураб нух!

Цоясе квеш ккедал цояв чIухIарав!
Цоясе лъикI ккедал цояв пашманав!
ХIелхIеди, рихьдае гьабулеб рецц- бакъ
Буго гIемерисеб бакIалда парчахI.

Инсанияталъул гьечIебищ къуват,
Гьайбатал пикрабаз ящав гьабизе.
Бегьулеб гьечIебищ гIумру тIамизе,
ГIазабаб чидае жо гьабичIого?

Мадугьалаздаги, вац- яцаздаги
Гьоркьоб буго чали- гьеб буго закон+
Къала нухал цоцахъ кьал гIоралъ хъамун
ГIумру цадахъ арал тIулцоязулги!

ГIумруялъул къоял нахъе танагIан,
БичIчIараб куц дида гIумрул къварилъи!
ТIолелшинал биял! Бидул гIор буго
ГIодобе чваххулеб кибго ракьалда.

Сундул рагъ гьабулел ругел нуж, вацал?
Щай нуж рикьун унел, щай цолъуларел?
Вайлъиялъул байрахъ малакьги мерхьун,
Бидулал къасдалгун щай кьалде унел?

Дун даим хIинкъула рилиялдаса
Ракьалда хириял дир гьудулзаби.
Дир керен хинлъула, дир ракI боххула,
Бихьун гьезул дунгун гьуинлъи, хинлъи.

Амма бичIчIуларо кибго тIибитIун
Кинаб гьудуллъи гьаб тушманлъи цIураб.
Жакъа цадахъ рукIун чед бекараца
Бекула бетIерги метер цоцазул+

* * *

Зобал, хъахIил зобал, гъваридал зобал,
Божула нужеда дун ракIалъ - рухIалъ.
Божула, цо къоялъ гьаб дуниял тун,
Дун воржизе вугин нужер лъорове.

Божула кидаго, щибаб минуталъ,
Божула зобалахъ вугев Бичасда,
Канлъдал ракьалда дун вижарав гьесул
Дун кумек гьечIого хутIизе гьечIин.

Божула Аллагь дун, божула Аллагь,
БукIина цо ахир гьал гIазабазул.
Божула БетIергьан цого - цо къоялъ
Къварилъаби лъугIун лъикIаб къо щвела.

Божула Аллагь дун дур рахIмуялда.
Божула Аллагь дун дур рахIматалда.
Божула БетIергьан мун гурев цойги
Аллагь гьечIиналда, нилъ дур лагъзазе.

Дида тIаса лъугьа ва РахIматуллагь
Ракьалда гьарурал дир гъалатIазухъ.
Кумек гьабе дие ва Каримуллагь
БитIараб нух ккезе, гьелда вилълъине

 

Лъади ячизе щварасде

ГIолохъанлъи гIанчIлъийин, гIакълудул дагьаб мехин,
Мехтарав чияс гIадин гIабдаллъиги гьабуге.
Дунял хисун бугилан, цIияб гIасру щванилан,
НагIана дуй бачIинеб гIумру, гIамал гьабуге.
Дурго кьолбол къадру хун, росдал гIадатал мерхьун,
ГIадамаз туял чIалеб, ишги дуца гьабуге.
ЦохIо дур пикру гьабун эгоистлъун вукIунге,
Чидай зарал щолеб жо рекIелъгицин биччаге.
Гьабулелда тIад ургъе, тIолабгоялъухъ хал кье,
Халкъалъ кIал гьикъулеб жо гьабизе ругьунлъуге.
Рокьидуй гIедегIуге, гIедегIун хIетIе лъоге,
ХIетIе гIедегIун лъурав хIаршулъ чанги вортарав.
Чорхол хIисаб гьабун яс хIурулгIинилан ккоге,
ХIурулгIин букIунарин алжаналъулъ гурони.
Куцалъухъ,ратIлихъ хал ккун лъийниги къимат кьоге,
Къимат тIокIлъи ясалъул ратIлида букIунарин.
Яги гьабго жо абун жан бихьулейги ккоге, 
Керен- черх къватIиб лъурай тIокIаб сундай нечелей?
Гьуин рагIаби лъикIлъун, лъавулъ гьечIев кинигин,
Кинайниги меседохъ мун гуккизеги чIоге.
Гьудул кколеб заманалъ азаралъул хал гьабе,
Хадусеб пашманлъиялъ пайда щибго кьоларин.
Лъади йищулеб мехалъ намус бугей цее ккве ,
Берцинлъигун гьайбалъи гьечIо чIагояб лъилго.
Бечелъизеги бокьун бечедалъухъ хьул ккоге,
Хьулалъ чанги гьарурал лъадуй лагълъун бихьинал.
Эбел- инсул  асс бихьун яс гьудуллъун йищуге,
Эбел- эмен гурелха дуй лъадилъун рукIинел.
НусцIул ургъун цин гьабе, азар борце цин къотIе,
Къадру дур борхилей яс бажарун тIаса йище.
Гьудулалъе къимат лъе- къадру дурги цIикIкIинин,
Рокьи бацIцIадаб гьабе- гьуинлъи тIагIинарин.
Йокьарай данде ккедал каранлъ кор цIикIкIунилан,
Кивго валагьичIого дуниялги кIочонге.
ДандчIваял гIемер гьари гIумрудул магIна ккоге,
ГIемер кванараб гьоцIо ахиралда цIекIлъулин.
Чорхол хьулазе лагълъун духъ рокьи ккарай Бика,
Басралъизе гьаюлеб рогьояб иш гьабуге.
Эбел- инсул къадру ккве, халкъалъул гIадлу цIуне,
ГIишкъу- рокьийин абун росулъ саяхъ свердуге.
ГIумру цоцIул кьолилан кьеркьераб гьумер гьабун,
Гьудул къойил хисуге, къадру гьелъ дур биххилин.
Дурго умумузулгун маслихIаталги гьарун,
Дургун рекъа- речарай, гIодой йиччарай яс ккве.
КватIизе гьабичIого гьаризе чагIи ритIе,
Чангиял ратIалъарал халкъалъул питнабаца.
Гьарун гIемер яс тоге, жамагIаталъ кIал чIвалин,
Жив- живасул йокьулей аскIойго йикIани лъикI.
Рекъараб бертин гьабе, рекъараб мажлис гьабе,
Гьудул- гьалмагъ цоявги ахIизеги кIочонге.
Дур лъадул къимат гьабе, гьоркьоблъи гьуин гьабе,
Гьелъий гIазаблъун ккелел киналги жал гьаруге.
Рокъов бетIергьан мунин лъади хIакъир гьаюге,
Гьейги дур хъизамалъул вакил йикIин кIочонге.
ГьитIинаб жо сабаблъун лъадуда мун вагъдоге,
Лъукъун рекIелъ чIагоялъ ругънал ссуди чIоларин.
КигIан ццин бахъаниги, жамагIаталда цебе,
Ццехон лъадуда кIалъан гьелъул къадру биххуге.
КигIан хъивихъаниги гIедегIарав вукIунге,
КIочонге дуда сабру алжаналъул кIул букIин. 
Яги цIакъ гIазиз гьаюн чIухIдаризе гьаюге,
Гьелъул чIухIиялъ дур мугъ бекизеги рес бугин.
Ккаралъухъ хIурмат гьабе, кидаго адаб цIуне,
Гьейгун гьоркьоб цо дагьаб бакI тезеги кIочонге.
ЧIобогояб бакIалда лъадуда щакдаруге,
Дуда тIад релъанхъулел ракьалда камиларин.
"Аштархан хIелеколъун" лъади къойил хисуге,
Къиматаб бокьичIев чи къабихIаб щун хутIулин.  
Лъадуда чIухIи гьабун мекъаб нухдаги унге,
Дуе сурарай лъади чиярайлъун лъугьулин.
Пишаялдаса чIухIун, чIамучIаб гIамал гьабун,
ГIамал кIодо вукIунге дурабго хъизамалъулъ.
Дурабго хъизамалъе чиярлъуге даимго,
Дуда гьелъул нагIана гIумруялъго батилин.
Чидал кверде тIамуге, чудукълъизе гьаруге,
Гьелдаса рогьояб иш ракьалда дагьаб бугин.
Гьездасан мун вуссунге, гьел реххуге кидаго,
Гьезул ками гIадинаб балагь дуй рештIинарин.
Дурго рукъ, дурго хъизан, даим борхизе гьабе,
Гьеб гIодогIан ккелеб иш ккезе кибго биччаге.
Кивехун ананиги нахъ вуссизе кватIуге,
ТIоцебесеб бакIалда хъизан букIин кIочонге. 
Разияб ящав гьабе, гьуинаб гIумру гьабе,
ГIумруялъ дуе кьураб дуда дагьаб бихьуге.
Дур рукъгун рекъон вукIа, рекъараб дунял гьабе,
Дур васасе, ясалъе берцинаб тарбия кье.
Лъимазда лъикIаб бице, малъи- хъай даим гьабе,
Гьезул цIаралъ дуеги гIадамаз къимат лъелин.
Сеймурица бицараб босуге гIинда нахъе,
Нахъа дуй квеш букIине къасд гьабун кIал рагьичIин.
Гьадинал насихIатал дуцаги чидае кье,
Дуй гьалъул кири гуреб кколарин щолеб жоги.

Гьалмагъ, цо дагьав гьиме

Гьалмагъ, цо дагьав гьиме, гьаб дунялалъул рокъов,
Ракьалда дуе ккарал захIмалъабаз къварилъуге.
Абадияб дуниял нилъее гьаниб гьечIо,
Алжаналда бакI щвезе щулияб гIумру гьабе.
ГIумруялъул берцинлъи буго гьудуллъиялда,
Гьуин гьабе гьоркьоблъи ракьалда щивав чигун.
Гьудул, гьалмагъ, гIагарлъи гIумруялъ цIуне дуца,
Дур барщарав цониги ракьалда чи вукIунге.
Лъидахунги гьоркьоблъи хвезабизе лъугьунге,
Хвараб гьоркьоблъи нахъе цIилъизабизе вахъа.
ЧIухIиял къезе гьаре - чIухIиялъ чIвала чагIи! -
ЧIобого ун батила ахирги дуда гIумру!
Гьиме, нодо руччуге, гIадамазе роххел кье,
Разияб гIумру гьабе, гьабе халкъалъе лъикIлъи.
Чидал ракI боххилеб иш ракьалда цIикIкIун гьабе,
Гьеб дунялалда сиратI дуе г1ебаб лъугьине.
Дунялалъул согIлъаби кидаго ахир гьечIел!
Гьездалъун мукъсанлъуге, мухIканго даим вукIа.
Гьаб дуниял нилъеца кьолеб экзамен буго,
Бахъе яхI, гьумер хъахIго вукIине гочунелъул.
Садакъа даим гьабе, рекIел инсап чучуге,
Чиякъав воххизави бищунго кирияб жо!
Мискинав кIочон тоге, даим гьесухъе вакке,
Гьесул ракI боххизаби буго тIадегIанаб жо!
КъватIахъ хараби рихьун аскIосан вахъун унге,
Вилълъа аскIове, квер кье, цо дагьаб кумек гьабе.
Сакъатлъарал чагIазухъ кидаго тIаде вакке,
Гьел Бичал вализаби дуца квер хьвагIун тоге,
Бищун цIикIкIун, садакъа гьезий кьей тIадаб буго,
ТIадегIанаб иш ккела, кумек кье гьел чагIазе.
Пакъирал, чиякъазда даим гIагарав вукIа,
Вахъа къойил гьезухъе, вакке квер- кумекалъе.
ГIодов виччарав вукIа, разияб магIишат кке,
Кидаго дунялалда щвараб дагьаб бихьуге.
Сабруялъе кIвар гьабе, ракIкIодолъи гьабуге,
Ракьалда цогидалги чагIи ругин кIочонге.
ГIодов виччан вукIине кидаго жигар бахъе,
Киданиги, кивниги гIедегIарав вукIунге.
ДагIба, къецалдаса мун чIагого рикIкIада чIа,
РекIел ихтияр дуца шайтIабазухъе кьоге.
Мунго мекъавги вукIун мекълъи тIаса рехуге,
ТIагьасда цебе дуда гьеб гьабизе кIоларо.
ТIасалъугьа абизе дуда цIикIкIун бихьуге,
Аварагги мун гуро гъалатI букIунгутIизе.
Рачлихъ бараб яргъихъе квер хIалаккун битIуге,
Бичас лъураб гьесул рухI мун гуро босзе кколев.
Къимат гьабе лъикIалъул, рикIкIад гьабе квешабги,
РакIалда бусен ккурал кьучI гьечIел пикраби те.
Яцалгун гьуин вукIа, вацалгун цадахъ вукIа,
Диналъул яц- вацазул къадру холеб иш ккоге.
Лъадуда хIерен кIалъай, лъимазул милат гьабе,
Исламалдаги рекъон гьезие гIадлуги  кье.
Гьалмагъ, цо дагьав гьиме, гьаб дунялалъул рокъов
Гьимизе бокьун бугин гьекъел - мехтел гьабуге.
Мекъаб нухдаса даим мун нахъе цIарав вукIа,
ЦIуне ракI абадиялъ капурлъун ккеялдаса.
Мажгиталде камуге, какал, кIалал кIочонге,
КIолеб батани къуръан лъазабизеги лъугьа.
Кинаб тIехь цIаланиги, щиб гIелму дуй щваниги,
Щвезе гьечIо дуй, гъарин, къуръаналъ кьураб гIакълу.
ГIелмабиги лъазаре, университеталги цIале,
ЦIалулев вукIа бащад Бичас битIараб ислам.
Исламалъул нух ккуни, нахъе мун вуссинчIони,
ЧIаголъиялъ ракьалда рахIалъила дуй гIумру.
Диналде вуссун вукIа, иман ракIалда цIуне,
Исламалъ дуй кидаго квешаб малъизе гьечIо.
ШагIбанилас абураб дуда къо тун кIочонге,
Гъарин, цо пикру гьабе гьал дир калимабазул.

Официальный сайт Сеймура Ханаева:  http://xanaev.io.ua и http://stihi.ru/avtor/xanaevseymur 

 
 (голосов: 13)
| | Комментарии (2) | Распечатать
 
Уважаемый посетитель, Вы зашли на сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо зайти на сайт под своим именем.


Поделиться:

Добавить страницу в закладки:
Добавить закладку в Бобрдобр Добавить закладку в news2 Добавить закладку в Memori Добавить закладку в Newsland Добавить закладку в СМИ2 Добавить закладку в Vaau Добавить закладку в Mister-Wong Добавить закладку в Newsvine Добавить закладку в Delicoius Добавить закладку в Slashdot Добавить закладку в Blogmarks Добавить закладку в Technorati Добавить закладку в Folkd


Если Вам понравилась новость поделитесь с друзьями :

Другие новости по теме:



 

#1 написал(а): Radg (18 октября 2009 15:01)

   Аваристаналъул адабияталъул зобалазул ат1рапалазда, дида бихьулеб бугин, ц1ияб баккунеб ц1ваялъул кунч1и. Узухъда гьеб жеги, завалалда шун, гвангъун  гьеч1ин, ваамма дун божула, гьеб иш заманаялъул квешаликье ккун бук1иналда.
  Тавфикъги, икъбалги кьейиги дуе Сеймур!  Дур асаразулъан якъинго загьирлъулеб бугин, Ц1оралъул маг1арулазе хасслъараб мац1алъул сверелгун цадахъ,  рек1елъан берулеб, г1аданлъиялъулги, мураватлъиялъулги нур. Дур куч1дул  ругин, нич, намус-ях1алъулги, адаб-г1адаталъулги, масабалъул (принцип) г1ат1алъ руцун гьарурарал.
   Адабияталъулал гъалат1аздасан мун ничаге, гъалат1ги г1айибги кколарев чи, хварав вук1унин. Ч1ар гьеч1еб хурги бук1унарелъун. Рецц-бакъалъул къоринивеги ккезе ч1оге мун. Лъик1ав чиясе рецц-бакъ гьаби бугин, мохмохалда нах бахин  г1адинаб жо.
  Маъваялда швезег1ан, адабияталъулги, г1умруялъулги нух бит1аги дуй мусафир.  Амин!...      

Х1ажи Билалов.

#2 написал(а): David-Han (21 октября 2009 11:14)

   Лъик1ал куч1дул ругин, баркала!  Сеймур мун швараб бак1алда ч1еч1ого цевехун а!  Дурго гьунар гьарза гьабе. Мац1алда хъвач1ого рек1ел т1алабазулъан бач1араб бегони, реццги лъик1аб жо  бугин. Х1ажица абурабги, бит1араб бугин,
реццалъул гьуинлъи лъарав, злъул къориниве ккеч1ого хут1уларин. Ай,инсанасда 
жиндего жив к1одолъун вихьулин, г1адамал г1одог1аналлъун рихьулин, рихьдаеги
реццалъеги лагълъи гьабизе лъугьулин...  Лагълъи нилъеца, г1ицго Аллагьасе 
гурого гьабизе бегьуларин.
Талих1алъе мустах1икъаблъун батаги  дур шиг1рияб нухалъул ахир!

Давид-Хан.

Информация
Посетители, находящиеся в группе Гости, не могут оставлять комментарии в данной новости.
Панель управления


Последние комментарии

Календарь
«    Март 2024    »
ПнВтСрЧтПтСбВс
 
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28
29
30
31

Статистика
Опрос

Лучший из сайтов
Неплохой сайт
Устраивает ... но ...
Встречал(а) и получше
Совсем не понравился


  Главная  |  Регистрация  |  Правила  |  Библиотека  |  Фотогалерея  |  Видео и ТВ |  Обратная связь
© MAARULAL.RU 2009   Design by  Tsor-Studio.   Все права защищены
ALLDAG.ru  Яндекс цитирования Система Orphus
 
Мнение администрации сайта может не совпадать с точкой зрения авторов статей !
При использовании материалов сайта, активная гиперссылка на сайт Maarulal.Ru обязательна!
При использовании материалов сайта в печатных СМИ, на ТВ, Радио - упоминание сайта обязательно!
Так же обязательно, при использовании материалов сайта указывать авторов материалов.