Лъимал – щияй эбелалъул мурад, щивав инсул чIухIи. ТIолго хъизамалъулги – бечелъи, роххел! Лъимал – рищунго гIажизал махлукъал, гьелда ращадгоги рищунго гIазизал жал. Гьезие къваригIуна хасаб хъулухъ, милат, балагьи ва кIудияб рокьи, кIал рагьаралдаса берцинаб тарбия. Эбел-инсуда бараб буго лъимадул букIинисеб гIумру: гьесул лъикIав чи вахъиги, гьесул квешав чи вахъиги. Эбел-инсуца малъараб ва гьез гьабулеб лъимаца гьабула. Абиги буго «рокъоб бихьараб къватIив бахъула»-ян. Лъимазе тарбия кьеялъул ишалда инсул кIудияб гIахьаллъи гьечIониги, амма абизе ккола, васаб лъимадул чи вахъиялда инсул гIумрудул нухдал кIудияб бакI буго. Ясаб лъимадул чIужу яхъиялда эбелалъ кколеб бакIго гьедин. Эмен сахав чи вукIун васасул квешав чи вахъи щакаб букIуна, эбелалъул хIалалай гIадан йикIун ясалъул мекъаб нухдал чIужу яхъиго гIадин. Гьединлъидал гурищха халкъалъ абулеб «эбелалъухъ балагьун яс ячейилан, инсухъ балагьун яс кьейилан».
Хъизан гIуцIулел чагIазда цере исламалъ лъола гIемерал тIадкъаял. Амма гьеб гIемерисел гIолохъабазда рахIатаб жо гIадин бихьула. Нужецаго пирку гьабе, кинай эбел яхъилей квенги гьабизе лъаларей, ретIелги чуризе лъаларей, халатал малъазда лакалги рахъун, бихъбихъараб ретIелги ретIун чIухIараб, гIанчIаб гIумру тIамулей гIолохъанчIужудул? Гьединго, кафе-баразда къоял тIамулев, кинабниги хIалтIи гьабизе лъаларев, гьабги абизе бегьулеб, цогIаги пишаялъул бетIергьанлъун лъугьинчIев гIолохъанчиясул кинав эмен вукIинев? Гьединал гIолохъаби гьаб 21-леб гIасруялда хасго гIемерал руго. Жеги дица абулеб гьечIо мехтизарулел жал гьекъолел, наркотикал хIалтIулел, гIумруялъул магIна «хIайваналъулаб рокьиялда» бихьулел мусудузулгун гIолохъабазул!
Росасе ун, яги чIужу ячун хъизан гьабулел гIолохъанал чагIазул тIоцебесеб иргаялда букIине ккола жидерго тарбия-лъай, магIишат гьабизе бетIербахъи. Цо-цо гIолохъабаца бертин къабул гьабула цIияб, рахIатаб, эркенаб, кепаб ва сексуялияб гIумруялъул байбихьилъун, гIицIго гьелъул цо рахъги босун. Амма кигIанаб кIудияб жавабчилъи букIине кколеб гIолохъабазул гIуцIулеб хъизамалда цебе! ТIоебесеб иргаялда рукIинисел эбелгун эмен хIадур рукIине ккола хъизамалъул вукIинисев вакил къабур гьавизе. ТIубараб жидер тарбия букIунгутIиялъ, Аллагьасдаса русcарал рукIиналъ, гIицIго «хIайваналъулаб хIасраталъ» данде гьарурал рукIиналъ дунялалда миллионал лъимазул талихI къезе гьабула. Аза-азар лъималазе эбел-инсул хинлъи, рокьи бихьизе щоларо, эбе-инсуца хехго гьел пачалихъалъухъе хьихьизе рехиялъ. Цо-цоязеги гьаризецин щоларо, абортал гьариялъ. Жалго эбел-эмен лъугьуна чохьол лъимадул чIвадарухъабилъун.
Лъимазде бугеб гIадамазул балагьи тарихалда кидаго батIи-батIияб букIун буго. Ислам ракьалда тIибитIиялда цебе хIатта жалго гIарабазул букIун буго гьабураб лъимер яс ятидал ракьулъ чIаго букъулеб гIадат, ясалъ хъизамалъул цIар борхуларила. Амма гьеб хисизе гьабуна исламалъ. Оригиналияб исламалъ ясалъеги васасеги хъизамалъулъ цого даражаялъулаб бащалъи кьуна.
Амма гьанжеги, исламалдаса руссарал чагIи гIемерал ва бусурбанлъи гьечIел пачалихъазда жеги хIакъир гьабула лъимер. ВОЗ-алъ лъазабухъе, щибаб соналъ дунялалда сексуалияб хасияталъул хIал гьабула 150 млн цIикIкIун ясалда ва 70 млн цIикIкIун васасда, аборталъ абуни бакъулаб дунял бихьизе толаро 40 млн цIикIкIун лъимадуй. Россия абуни буго цебесеб кьералда, ВОЗ-алъ лъазабухъе, щибаб соналъ Россиялда сексуялияб хасияталъул хIал гьаби ккола 60 азаралда гIагарун лъимергун. ООН-алъ лъазабухъе, абортазул рахъалъ тIоцебесеб кьералда бугеб Россиялда аборт гьарулел дагьлъулел руго. Гьеб организациялъ лъазабухъе, 2001 соналъ Россиялда гьабуна 1 млн 800 азаралдаса цIикIкIун (гьабураб лъимер 1 млн 320 азар), 2004 соналъ 1 млн 500 азаралдаса цIикIкIун аборт. Гьединго, «Детский дом» журналалъ (макъалаялъул авторал: Г.В.Семья, Г.О. Зайцев) лъазабухъе, Россиялда 593 357 бесдал лъимер буго.
Лъимал – халкъалъул букIинисеб, дунялалда гIумруялъул цебетIей, планеталда инсанияталъул цIуни. Мисалияб хъизан гIуцIун мисалиял лъимал гIезарулал чагIазеги буго аза-азар кири. Гьединал чагIазул бетIер гIадамазда цебе борхараб букIуна, алжанги гьезие гIагарлъула.
Автор: Сеймур Ханаев. Источник: Газета "Вацлъиялъул Калам", № 5, стр.8
|