Прямой эфир состоится: Уточняется Тема передачи прямого эфира: Уточняется
Если Вы нашли ошибку в тексте, выделите ее и нажмите Ctrl+Enter
» Эбелалъул ракI
25 марта 2012 | Стихи, Поэзия и Рассказы | добавил(а): muhamedavar | Просмотров: 21775
БукIараб лъалареб,букIинчIеб лъалареб цо къиса. Бицен буго магIарухъ цо хъизан букIанила, эбелги васги ясги. ТIаса бетIергьанчиги хун хутIарай гьей гъарималъ, гьел лъимал цIакъ захIмалъиялда хьихьун руго ва квеш лъикI гIадамалъе рахъинарун руго. Заман щварабго кIиязего ригьин–цIаги гьабун жинди-жиндир рукъалдеги русинарун руго. Цинги эбел васасда аскIое яхъун йиго гIумро гьабизе. Ясин абуни батIияб росулъ рукъалда йикIун йиго. Санал ун руго. Эбел херлъун, нусалъул тIалабалде ккун йиго. Васги кидаго хъизан лъималазе магIишат яшавалда хадув, цин росулъ цин къватIив, чIечIого хIалтIулев вукIун вуго. Гьеб накъиталда заман бахъанагIан эбел къойидаса къойиде язихълъизе ва унтаризе лъугьанила. РахIат хварав васас эбелалда цIеханила: - Дуе гьай дир чIужуялъ квен-тIехго кьолищ дир эбел? Гьелъ дуе хъулухъ гьабулищ? абун. - Кьола дир вас. Квенги кьола тIалабги гьабула. Дуца ургъел гьабуге ян. ХIакъикъаталдайин абуни макирай нусалда гьай гъарин чIалгIун йикIуна. КIалдиб лъабго-ункъго гожо хутIарай херай якьадалъе гьай нусалъ квен кьолаан цин холодельникалъуб цIорозе гьабун, тIад цIер чIван хадусала. Гьай пакъиралъин абуни гьеб квен-тIех лъолаан жиндирго босада гъорлъ,гьениб хинлъизабун бажарухъе кунаан,щибго рагIи абичIого. Херлъарай якьадалъе хъулухъ гьабиялдаса йорчIизе къваригIарай нусалъ росасде эбелалъул гIарз бахъизе макруяб хIукму гьабула. Как диналде якьад юсарайго гьай малъкъосарай нусалъ росасдехун абула: - Дур эбелалъ лъикIаб бихьун квен бикъулеб бугин ва бусалъ бахчун чи тохав мехалъ гьеб кунеб бугин абун. Гьединги абулаго гьесда бихьизабула хералъул, къаданибги лъун тамах гьабулеб букIараб гьанги чедги. ЧIужуялъул рагIудаги божун гьав элаваш эбелалде вагъула. Васасул рокъоб дагIба-рагIи бокьичIей гьай пакъиралъ : - ТIокIаб гьабиларо дир вас ян абула магIуги къулчIулаго. ЯхI хварай эбелалъ нахъисеб къоялъго ясалде рогьел бала жий дудаго аскIое ячине ячIаян. КватичIого ясги дурцги рачIуна гьалда хадур. - Жидеца гурищ мун меседил горогIадин хьихьулей. Йилъая нахъ балагьичIого гьал хIалихьатазда аскIоса янги абун машинаялдаги рекIинаюн ячуна херай жидерго росулъе. Рокъоре щведал ясалъ рахIатаб бусенги тIамун эбел парахат гьаюла. Цинги хьаг цIураб гьанги тIамун, гьеб белъинегIан ясги дурцги боцIцIулъе уна. ГIака бечIчIизе лъади юсарайго гьав дурцулжоясдаги херай якьадалъе хIилла ургъизе ракIалде ккола. Гьей тохлъарайго векерун рокъове уна ва хьагину белъунеб букIараб гьанал цIикIкIанисеб рахъ къватIибе бахъула. Цинги чIартилъги жемун, гьаругьинан кьижарай хералъул къаданибе хъурщула. Сас рагIиларедухъ гьединго хехго къватIивеги векерула. БоцIи-панзги тIубан рос лъади жанире рачIуна. Эбеладаса чIухIарай яс хехгьабун кванилъе жуяла. ГIатI буцуней гьелдехун вусун росас абула: - Эбелги якъун ятила нухдасан, бихьея цо ражи бухизегIаги дихъеги кьея квен хехго лъугIизе абун. Гьес ражи бухулеб кIватIиялъухъе эбелги йорчIанила, ясги цIетIе хинкIал разе хьагиние яккарай, йиххун хутIанила. Росасдехун ялагьун гIажаиблъи гьабун цIеханила: - Нилъер гьан киб араб гьаниса ян? Гьасги дагьабги гIажаиблъи гьабун абунила: - Дунги дуда аскIов азбаралда гурищ вукIарав? Мадугьаласул катица гьебги ун батиларо гьалдолеб хьагинубе баккун. РахIат хварай эбелалъги абунила цIехечIониги: -Валлагь дир лъимал нужер рахIатаб бусатIа хварай чIужугIанги кIотун кьижун кканила дунги, щибго сасги рагIичIилан абун. Цинги ясалъ сихIкъотIун хутIараб гьанги хинкIалги росасда цере лъула. Хиял гьечIин абун гьайги кваналаро гьалъул эбелалъги квандаса инкар гьабула. Кванан росги вахъуна, цIа-рагI бакIарун чIужуги яхъуна. Цинги цояб рокъорехун кьижизе уна. Гьелде ургъел бикьулеб хвел гьабун росас абула: -Ле бетIер чIахъад, гьадинаб жо нилъер къавулъ кидаго ккечIогурищ. Мун цо киего яккарея эбел кьижун ккарайго абун. Гьайги рекIее рахIат гьечIого яхъанила рокъоб чIухь базе. Цинги хантIан ракIалде бачIанила вацасул хъизаналъ эбелалда лъураб бугьтан. ЯхIго гьабизе кIвечIого ахирги якканила эбелалъул бусалъе. Басрияб квербацIалда жемараб жеги хинлъилеб гьанал кесекалда квер квашанила эбелалъул къаданиб. Радал берцинго макьидаса жеги йорчIичIей эбелалда цееги эхетун квешаб семи гьабунила ясалъ: - Дур ругьунаб гIамал букIун буго гурищ гьаб квен бикъи! Вацасул рагIуда божичIого ячун йикIана мун гьание абун. Цинги тIубанго ракI бекарай гьай пакъиралъ рагIулеб-рагIулареб хIухьладалъун абунила ясалда: - Херлъидал гьединаб квер мекъаб гIамал баккун буго дилъ дир яс. ЦIакъго чияда сурилелде дун дирго эбел-инсул хутIараб квелуде швезае дуца абун. Гьеб харбида нахъа гIенеккун вукIарав дурцас гьеб сагIат чIухIуца холаго хераб хIама кьоланила. Цинги ясалъги дурцасги хIамидаги рекIинаюн гьай пакъир гIадан чи гьечIев квелуда парахат гьаюнила. Гьедин жиндирго пикрабазде юсун магIу хун хинкI кванан анила хералъул чанго къо. Цебе тIамулаанила гъарималда доб ракъараб заманаялъ жинцаго квинчIого лъимал школалдаса рачIинелде гьезие цIунун толеб букIараб квен. Жинцаго ретIинчIого ясалъе гьитIин гьабун букъун кьолеб букIараб гурде. Росасул хутIараб къачIан, лъутIун васасе гьабураб костюм тIажу. Гьел унтараб мехалъ базаралдеги ун бичараб цого-цо кIуда-эбелалъул нахъе хутIараб гIарцул рачел. Гьеб бичун щвараб гIарцухъ дарабиги росун ячIинаго, гIазулъ хутIун жиндирго хIатил килщал гIунарал куц. Амма кин бугониги пикрабазулъцин лъималазде гIайиб биччазе кIвечIила гъарим эбелалда. ХIилла-макру щибжояли лъазе течIого тарбия кьурал дир лъимал данд чIвараз махсароде ккун божизарулел ругилан гьабунила гьалъ пиру. Дирго гIайиб буго. Я васасда бицине кIвечIо нусалъул хIилла я ясалда бицине кIвечIо дурцасул хIиллаян жийго жиндаго кIалъалей йикIанила. Гьединал пикрабазда гьай йикIадго колоде ячIуна цо пуланай чIужугIадан жиндирго пихъил хис-бас гьабизе. Хералъул пашманлъи бихьарай гьалъ цIех-рех гьабула. Дидехун чуче бугеб къварилъи,дуего гIемер бигьалъила абун кIалъала гьай хералда. Жаниб захIмалъарабщинаб гьай гъарималъги бицуна гьоболалда. Колодаса тIад юсарай хьиндалалъул ният ккола хералда бугеб къварилъи гьелъул лъималазда бицине ва гьезде семизе. Бакъвараб накIкIил гъветI гIадин жийго жиндаго колода хутIарай херай магIарулалъул къисматалъ чIезе течIей гьей щола цим-цимал гьелъул лъималахъе ва кинабго бицуна гьезда. Заманго иналде васас чIужуги йиччан эбел колодаса жиндихъего ячуна. Росасдаса ятIалъун ясги рокъое ячIуна… Хадуб рагIи. Киналго херлъизеги ругел,киназдаго дурцалги нусалги рихьизеги ругел. Васалги ясалги куцай адабалда. Васасе мина-карт балаго инабулебги, ясалъе къай-цIа гьабулаго инабулебги заманги харжги дагь гьабе. Гьезие тарбия кьолаго ва гIелму малъулаго гьабулеб цIикIкIинабе. Аллагь гурхIаги киназдаго.Автор: П.ХIизбулаева
| | Комментарии (3) | Распечатать
Уважаемый посетитель, Вы зашли на сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо зайти на сайт под своим именем.
Поделиться:
Если Вам понравилась новость поделитесь с друзьями :
HTML-cсылка на публикацию
BB-cсылка на публикацию
Прямая ссылка на публикацию
Другие новости по теме:
#1 написал(а): Radg (2 апреля 2012 18:34)
Группа: Пользователи Регистрация: 8.06.2009
Баркала! Лъик1аб, насих1атияб хабар буго. Бокьилаан, гьаб сайталда, гьединал асарал, х1аллъизе. Хабаралъул хадубраг1иялде абухъего, г1елму - малълъ гьеч1олъиги, жагьиллъиги, нилъер киналго, г1унгут1абазулги, балагьазулги, аслаби ругин. Лъималазе, лъай - тарбия кьолаго,умумуца, т1адецуй ва к1вар, гьабулел аслиял рахъал, х1иссиялги, (материальные) дунявиялги,(светские) рук1унел руго. Маг1навиялги, (моральные) рух1аниялги, рух1иялги, рахъазде т1аде, к1вар кьей гьаби,нилъеца, сан гьабич1ого, мугьмалго толеб буго. Г1адада, гурин, ссалат салам лъеяв, нилъер Аварагас абун буго,цо къоялъ г1елму - малълъалъул т1алаб гьаби,лъабго моц1алъ к1ал кквеялдаса лъик1аб бугилан,(лъабмоц1ил к1алалъул хиралъи, нилъеда лъалинха) .. ва Хатай - Хутаялда унги, г1елму т1алаб гьабизе кколиланги... Х1урматгун: Х1ажи Билалов.
ICQ: --
Информация
Посетители, находящиеся в группе Гости , не могут оставлять комментарии в данной новости.
Календарь
« Ноябрь 2024 »Пн Вт Ср Чт Пт Сб Вс 1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21 22 23 24 25 26 27 28 29 30
Статистика
Сейчас на сайте:
Пользователей: 0
Роботов: 0
Гостей: 15
Всего: 15
20-ка Посетивших: