| Сделать стартовой  |  Добавить в избранное | RSS 2.0
 |   | 
 
Поиск по сайту: Расширенный поиск по сайту   •   Аварско-русско-англо-турецко-арабский онлайн словарь:


Новости сайта

Рейтинг новостей

Архив новостей


Партнеры

Наша Кнопка (размер 31X88)

Получить код Кнопки Gif

Разместите на своем сайте нашу кнопку, а в ответ мы разместим Вашу кнопку или ссылку!

Если Вы нашли ошибку в тексте, выделите ее и нажмите Ctrl+Enter
 
» Кинай йикIарай Дагъистаналъул чIужугIадан?
2 апреля 2010 | Общество | добавил(а): s_xanaev | Просмотров: 15987

ГIайшат НурмухIамадова:  Огь, руччаби, руччаби!

 

Кинай йикIарай Дагъистаналъул чIужугIадан?

 

ГIалахалде биччараб

Капшазул рехъен гIадин,

ХъахIаб ханжу цIикIкIиндал

ЦIекIлъун руго руччаби

 

(СагIид  Афанди)

 

 Салам-салат лъеяв Аварагас абун буго: «Квешай чIужугIаданалъул къосин азарго къосарав чиясул къосиналда релълъун буго. Муъминай, лъикIай чIужугIаданалъул лъикIлъиги лъабкъоялда анцIго аварагасул гIаламалда релълъун буго». Ай, квешай лъугьани, чIужугIадан гьединай, гIорхъодаса арай йикIунила, лъикIай лъугьани, цIакъго цее тIурайги йикIунила. ЛъикIал руччаби цIикIкIун ругони, нилъее кигIан лъикI букIинеб?

 

Жеги абун буго Аварагас(гI.с.в.с): Росасда нодо букIкIун кIалъарай, гьесул адаб тарай чIужуялъе зобалазда ругел цIваби рикIкIун мунагь хъвала», - абун. Гьебги лъалаго чIужуялъ гьеб нодо букIкIинги адаб тейги гьабилищха? Гьеле гьеб лъангутIиялъ, лъай босизе регIунгутIиялъ, дунялалъ гуккиялъ буго руччабахъан гIемераб, шаргIалде кколареб жо лъугьунебги. Амма киданиги ва лъиданиги кIочене бегьуларо «лъалароян» абураб багьана Къиямасеб къоялъ къабул гьабулареблъи. Лъазе ккани, тIалаб гьабизе ккола. Аварагасул (гI.с.в.с) хIадис буго: «ГIелму тIалаб гьабе киниялдаса бахъараб лахIдуялде щвезегIан» - абун.

Щиб жоха чIужугIаданалда лъазе кколеб? 1) Исламалъул фарзалги тIурани, росасеги мутIигIлъани, Алжан щолеблъи; 2) тIабигIат-гIамал унго-унгояй бусурманчIужIуялъул букIине ккей. Ругищха гьанже гьединал руччаби? КигIанго руго! Амма гьелъул ургъел гьечIелги кигIанго руго. Кинайха йикIарай Дагъистаналъул чIужугIадан? Мисалада хадур имам Шамилил заманалде ракканиги гIола. ГIурусазухъе кверде инарилан чан чIужугIадан кIанцIарай гIурулъе? АхIулгохIде рахарал солдатал имамасул яц ПатIиматида хадур рортана. Ургьиб лъимерги бугей гьей гохIил рагIалде екерана, гьурмаде кIазги цIан, кьурса гIодое гIурулъе кIанцIана. Шамил имамасул чIужу Жавгьарат холеб мехалъ  гьелъул каранда цин «бабаян», цинги «дадаян» гIодулев вукIана 2 сон барав вас СагIид. Цо мужагьирасул чIужуялъ, бетIергьанчиясда жиндирго керен хахулеб лъимерги бихьизабун, абуна: «Гьалда щиб гьабилеб?» - илан. Росас абуна: «Жакъа гьабулеб къо гуро, ганчIида лъимерги лъун, ханжар кодобе босе» - ян. Рос-лъадиги шагьидлъун, ганчIида гIодулеб хутIана гьезул лъимер. Гьединал мисалал гIемерал руго. Амма нилъ гьезул букIине мустахIикъаб насул бугодай. ЛъикI нилъерго гIамалалъухъ балагьани, гьел шагьидзаби разияб гIамал бугебдай нилъер. Имам Шамилица 25 соналъ хвалченги хьвагIун цIунараб шаригIат бацIцIадго ккун бугебдай нилъеца. Ниж Шамил имамасул ВатIаналдаса ругин абизе нечолареб хIал бугебдай нилъер? Гьал суалазе жавабал щияй чIужугIаданалъ жиндаго жанир ралагье. Батуларо гьеб жаваб жиндица иман-исамалде кIварги кьоларей, эбел-инсуеги хъачIай, росасда тIад ханлъи гьабизеги бокьулей, цогидаздехун жахIдаялъ жиндир керенги цIурай, нухасан унелъул васищ, ясищан ятIа яхъизеги лъаларей, Аллагьасукьа хIинкъиги гIадамазукьа нечейги жиндир гьечIей чIужугIаданалъул. Иман-исламалдеги рачIун, гьелда тадчIей гьабулелилан ругел руччабаздейин, цо-цо жидее данде кколареб бакI шаргIалда батани, гьелда разилъи гьечIолъи загьир гьабула. Масала: «Бихьинчиги чIужугIаданги (кIигоял) данделъани, лабабилеб гьезда гьоркьоб шайтIан букIуна» абураб хIадис данде кколаро, жеги тIажцин релъулелйин ккола. Телефоналъ васалгун гаргадизе бегьулищин суал кьола, бегьуларин абидал, гIажаиблъи гьабула гьединаб кин букIунеб абун. Иш гьедин буго, амма ясазе гьелъул, пайда гурони, зарал гьечIо… исламалда жаниб щибаб жо буго жакъа дунялалдаги метер ахираладаги бусурбанчи битIараб нухда ккезе, цIаялдаса цIунизе бугеб. 30-40 соналъ цебе гьединаб жо малъизе чи вукIинчIо, амма гьабулев чиги вукIун ватиларо, щаян абуни, жеги чорхолъа тIагун букIинчIо нилъее хасиятаб яхI-намус. Гьеб тIагиналъ гурищ руччабаз бихьиназда тIад кверщел гьабизе байбихьараб? Гьелдаса хадуб гурищ руччаби гIаракъи-хъалиян бичизе, жеде-жедер росдал цIарги лъун, анаша бичизе лъугьарал? Кибе араб ботIродаса кIаз, лъица изну кьун раккарал бохдулги гъуждулги? ТIолго гIайиб руччабазда гьечIебха, гьезда малъуларел бихьиназдаги бугеб! Щибниги жо абуни, цо-цо ручабаз абула нижер жаваб нижерго росабаз кьелин. Кьеха! Чанги чIужугIадан йиго хвасарлъиялъул нух цIехолей, тавбу гьабулей, шаргIияб нухда чIезе цIакъ бахъулей. «Русса нуж диналде, дир диналъул яцал»! Имам Шамилил руччаби Калугаялде рачIараб мехалъ, гьезул чIахIиял чиновниказул руччаби рачIунаанила гьезухъе щвезе. Гьез цо нухалъ Шамилида абун буго гьел жидехъеги  риччаян. Имамас жаваб кьун буго жидер диналда гьедин хъван гьечIин. Нахъеги гьез гьарула сураталгIаги рахъизе теян, гьев разилъуларого вукIуна. Нилъер чIухIилъун жив вугев, жиндир бахIарчиялъе дунял-гIалам мукIурав, накъшубандияб тIарикъаталъул шайих, имам Шамилица жиндирго руччабазул суратал рахъизецин бихьинчи виччачIеб мехалъ, нилъ кире щун ругел, Дагъистаналъул руччаби! Нилъ ругеб динги, имам Шамилица цIунараб динги цо буго – Ислам! Гьелъул къануналги цого руго: Къуръан ва хIадис. Гьел къанунал хвезарурав чиясе судги Къиямасеб къоялъ гьабула. Адвокатги дора гьечIо. Гьаниб бекьараб доба бакIарула.  ШаргIалъул гIорхъабазда чIечIей чIужугIаданалъ бекьулебги лъаларо, бакIарулебги лъаларо! Гьеб лъазе ккани, тIалаб гьабизе ккола жинда тIадаб жо. РакI бухIун гIодани, беццаб бадисанги магIу бачIунин кици буго нилъер умумузул. Хвалица тохлъукьего хапан кквелалде, рачIа, руччаби, ракI бухIун  гIодизин. РачIа кьезин отчет нилъерго гIумруялъул – лъикIлъаби гьарун ратани, шукру гьабун, квешлъаби гьарун ратани, тавбу гьабун, ритIизаризин араб гIумруялъул гIумруялъул гъалатIал! ХIабибасул умматалда цадахъ тIаде рахъие хIаракат бахъизин! ШаргIалда рекъараб гIамалги, гIадамазулъ берцинаб тIабигIатги кьеги Аллагьас нилъее, Дагъистаналъул руччаби! Амин!  

 

Казият «Ас –салам» №5. 15.03.2010.

 
 (голосов: 10)
| | Комментарии (1) | Распечатать
 
Уважаемый посетитель, Вы зашли на сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо зайти на сайт под своим именем.


Поделиться:

Добавить страницу в закладки:
Добавить закладку в Бобрдобр Добавить закладку в news2 Добавить закладку в Memori Добавить закладку в Newsland Добавить закладку в СМИ2 Добавить закладку в Vaau Добавить закладку в Mister-Wong Добавить закладку в Newsvine Добавить закладку в Delicoius Добавить закладку в Slashdot Добавить закладку в Blogmarks Добавить закладку в Technorati Добавить закладку в Folkd


Если Вам понравилась новость поделитесь с друзьями :

Другие новости по теме:



 

#1 написал(а): Radg (24 апреля 2010 17:01)

Х1акълъунго, нилъер иш, ч1ужу лъик1асул - лъик1, ч1ужу  квещасул -квещ  бук1улин, даруль фанаалда, нилъ  ругебг1ан заманаялъ. Узухъда, киналго г1айибал руччабаздуги ран, жедецаго иш бит1изабизе,  килшида  килишги хъат1ич1ого, хъудулел бихьиназги, г1ураб квербакъин, гьабулеб буго, руччабазулъ пасикълъи  баккиналъеги, эзул,  нич-ях1,  бух1араб хьвада-ч1вадиялъеги. Гьал нилъер шагьаразда ругел, къокъал юккабиги рет1ун, къват1ал тирулел г1исинясал  лъил ругел?  Нилъер гьеч1иш эл?  Гьайгьай руго. Амма нилъер г1емерисезда кколин, дой ясги, жиндир  яц, яги яс  гьеч1ин, гъолъул  къаг1идаялъ диралаги  хьвадиларин абун. Эб буго мекъаб пикру. Х1арщулъе т1ил кьабидал, аск1оре ругезда, т1ири т1ирщинч1ого хут1ине,  ресго  гьеч1о. Аллагьас  ц1унеги нилъер тухумал, гьединал т1ираби щварал руччабаздаса. Г1адлу биххарай ч1ужуг1аданалъул, г1адлу - квер биххиндал гурого лъугьунаро. Т1олабго Европаго, кверщаликье  баччине к1варав Наполеонида, цо Жозефина,  кверщаликье ч1езайизе   к1веч1о. 
Гьаб макъала хъвалаго мусаннифил, (автор) араб замана, г1ибадаталда т1аде , араблъун  рик1еян абун Аллагьасда дуг1а гьабизе бегьулин - гьедиг1ан г1адамазе мунпаг1атал масъалаби, раг1а-ракьандего щун, г1ат1идго ва мух1канго, цере рахъун ругин гьанир, х1урматияй Г1айшат Нурмух1амадовалъ.  Баркала!
Х1ажи Билалов.


Информация
Посетители, находящиеся в группе Гости, не могут оставлять комментарии в данной новости.
Панель управления


Последние комментарии

Календарь
«    Март 2024    »
ПнВтСрЧтПтСбВс
 
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28
29
30
31

Статистика
Опрос

Лучший из сайтов
Неплохой сайт
Устраивает ... но ...
Встречал(а) и получше
Совсем не понравился


  Главная  |  Регистрация  |  Правила  |  Библиотека  |  Фотогалерея  |  Видео и ТВ |  Обратная связь
© MAARULAL.RU 2009   Design by  Tsor-Studio.   Все права защищены
ALLDAG.ru  Яндекс цитирования Система Orphus
 
Мнение администрации сайта может не совпадать с точкой зрения авторов статей !
При использовании материалов сайта, активная гиперссылка на сайт Maarulal.Ru обязательна!
При использовании материалов сайта в печатных СМИ, на ТВ, Радио - упоминание сайта обязательно!
Так же обязательно, при использовании материалов сайта указывать авторов материалов.