| Сделать стартовой  |  Добавить в избранное | RSS 2.0
 |   | 
 
Поиск по сайту: Расширенный поиск по сайту   •   Аварско-русско-англо-турецко-арабский онлайн словарь:


Новости сайта

Рейтинг новостей

Архив новостей


Партнеры

Наша Кнопка (размер 31X88)

Получить код Кнопки Gif

Разместите на своем сайте нашу кнопку, а в ответ мы разместим Вашу кнопку или ссылку!

Если Вы нашли ошибку в тексте, выделите ее и нажмите Ctrl+Enter
 
» ЦIиял цIарал, цIиял асарал: МухIаммад Дадилов
19 октября 2010 | Стихи, Поэзия и Рассказы | добавил(а): admin | Просмотров: 17517
ЦIиял цIарал, цIиял асарал: МухIаммад Дадилов

ЭБЕЛАЛДЕ

Эбел, дур бот1роде суй ккунищ бугеб?
Сонги дур расазулъ хъахIлъи букIинчIин.
Яги дур гъалазулъ, нижер балагьал,
Г1азулъун решт1унищ хасел щвелалде

Эбел, дур ракьалде т1инкIараб магIу,
МугIрул хIайранлъулеб тIегьлъун бижула.
Эбел, дуца угьун биччараб хIухьел,
ХIули меседилаб хIинчIлъун боржуна.

Эбел, дуца цохIо каранде къани
Къваридал пикраби рахъ-рахъалъ уна.
Эбел, дуца цохIо рагIи абуни
Унтаби сахлъулеб сабаблъун ккола.

Лъимал кIудиял гIун гIумрудулъ уна,
ГIазизго гIагарай эбел хутIула...
Халатал нухазда тIанчIи рукIуна,
Ч1обогаб кинидахъ эбел хут1ула ...

***

Ассалам г1алайкум, аваразул халкъ,
Азарго рахъалде бикь-бикун унеб!
Кьалгун рач1аразе къуркьич1еб миллат,
Къвак1араб ях1алъулъ лълъадарун г1ураб!

Умумузул гъасда ц1аял сваниги,
Сунареб ц1а гьеч1ищ нилъер рак1азулъ?
Рик1к1ад рук1аниги ц1умазул ч1ух1и,
Ч1аго гьеч1щ жеги нилъер рух1азулъ?

Цолъа маг1арулал, маг1арул васал
Вацлъиялъул г1адаб къуват раг1ич!ин
Раг1улъ маг1на бугез тараб васигат
Тоге т1ад малги бан,т1убазе гьабе

Ц1уне маг1арул мац1, маг1рул намус,
Г1асрабаз ясберлъун нилъей ц1унараб,
Ц1уне миллататалъул бечедаб тарих,
Тоге бесдалъизе, басра гьабизе!

РАГЪДА ХВАРАЗУЛ ЦIАР ЦIУНИЛА ДИЦА

Дица наку ч1вала ч1аго хут1арал
Т1олго дунялалъул ветераназе!
Ват1аналъул къадру ц1унаразул ц1ар
Ч1ах1ахъат1алъ хъвала дица кидаго!

Дица бет1ер къулун баркала кьола
Кьалул майданалда г1умру кьуразе!
Кьурул ц1умал руго нужер ц1ар ц1унун
Муг1рузул т1алъуда т1авап гьабулел!

Нужер х1урмат гьабун щибаб рогьалилъ
Рак1арула ц1ваби моц1рода сверун
Рагъ лъуг1ун г1емерал сонал аниги
Унтула жакъаги эбелалъул рак1

Роржуна хаслихъе хъах1ал къункъраби
Хъах1илаб зоб къот1ун т1олго ракьалда...
Рагъда хваразул ц1ар ц1унеян абун
Ах1улеб раг1ула Расулил гьаракь...

ИНСАНГИ ТIУГЬДУЛГИ

Инсанги ту1угьдулги даим ракьалда
Релълъуна цоцазда, дир пикрабазулъ...
Гьезул к1иязулго г1умруги хвелги
Хиялазулъ цадахъ ратула дида

Т1егь бач1уна бижун ракь хинлъарабго,
Лъимерги гьабула рокьул хинлъиялъ
Т1егь к1удияб г1ола ц1адалгун бакъалъ,
Лъимал щулалъула рокьи щванаг1ан...

Цо-цо т1егь т1егьала гьогьомаб ихдал,
Амма т1ад суйги ккун чанги бух1ула...
Чан талих1ав инсан уна ракьулъе,
Рокьул завалалда бералги къанщун

Цогидал т1егьала гьайбатаб маялъ,
Гьезул гьуинмах1алъ мехтула муг1рул...
Г1урда т1угьдул г1адин ясалги г1ола,
Г1анч1аб берцинлъиялъ васал мехтула...

Цо-цо т1огьол буго бечедаб ихги,
Гьайбатаб рииги ва хаслихълъиги,
Цоязе халатаб, хинаб, берцинаб,
Цогиязе беццаб, хехаб хаселги...

Инсанасул их гьеб лъимерлъи буго,
Хинаб роол заман- гьеб г1олохъанлъи,
Цинги хасалихълъи, хадубккун хасел-
Сахлъи сакъатлъараб, къоял дагьлъараб

Цо-цо берцинаб т1егь бит1ун т1огьиса
Т1ун рехула рек1елъ рах1му т1аг1араз...
Бит1ун завалалда цоязул г1умру
Г1урдаса т1егь г1адин т1ола цогидаз...

Мех-мехалъ т1угьдулги т1егьала хасло,
Хъах1аб г1азуда гъоркь расги лъач1ого...
Лъимерги гьабула цо-цо хизаналъ
Бот1рол рас хъах1лъидал, хинлъи ц1ик1к1ине...

Цо-цо т1егь бижула кьурул ганч1азда,
Кьалбал ц1ороралги ц1илъун рач1уна...
Цо-цо мехалъ г1умру кьола Аллагась,
Гьелда божизе хьул лъуг1араб мехалъ...

Риидал ц1ерги бан регула т1угьдул,
Балагьаз инсанги лъукъула чанги
Ц1адал рач1еб мехалъ реч1ала т1угьдул,
Рокьи щвеч1еб мехалъ ч1унтула рак1ал...

Т1угьдул г1одуларин абила дуца...
Дозухъ балагье мун рогьалил г1ужалъ,
Жавгьар-якъут г1адин г1урччинт1анхазде
Т1инк1ун ругелщинал шубал рихьизе!

Т1егь кьижуларилан абила дуца,
Дол рорч1уларилан къацандила мун...
Марк1ач1ул г1ужалжа данде уна гьел,
Рогьалилъ нахъеги пирхун рач1уна...

Т1угьдул дунялалда г1емерал руго
Кьер-кьерал, берцинал цинги сурарал,
Ч1ах1иял, г1исинал, гьоркьохъел руго,
Рокьи нилъей кьолел, лъийго рокьукъал...

Гьединго г1адамал руго ракьалда
Кьер-кьерал, гьайбатал цинги гьалагал,
Гьоркьохъел, ч1ах1иял ва гьит1иналги,
Рекъел бокьулелги, рагъ бекьулелги

Чанги т1угьдул руго рак1 бахиллъулел,
Берцинал, гьайбатал, гьуинмах1 бугел...
Амма гьезул т1огьолъ т1адагьаб мах1гун
Макьу даимлъулеб загьруги буго...

Цо-цо гьаб ракьалда инсанги вуго
Гьурмалъан берцинав, лугбал чалухъав,
Амма чорхолъ гьесул хъубаб рак1 буго
Бокьарав чиясе хъублъи бикьулеб

Цоги руго т1угьдул долго беричал,
Амма гьезул т1огьол расги мах1 гьеч1о...
Ракьалда г1адамал г1емерал руго,
Раг1и цо бицунел, цоги гьабулел...

Дие бокьилаан дун хвараб мехалъ
Хабат1а берцинал т1угьдул рекьизе,
Рокьи ккаралщиназ гьениреги щун
Щибаб нухалъ рет1ун цоцахъе кьезе...

Дир г1умру ракьалда гьелгун ц1илъила
Ц1идасан хасало цадахъ лъуг1ила...
Марк1ач1ул г1ужалда цадахъ кьижила,
Нахъеги рогьалилъ цадахъ рорч1ила...

Радалил х1анч1азе рорч1ами кьела,
Кьурда ч1вараб бакъул ч1орал рикъила
Къойилго рекъелгун, рохелгун рокьи
Ракьалда нижеца цадахъ бикьила


Автор: Магомед Дадилов
Источник: Газета "Вацлъиялъул Калам" №4 (Сентябрь 2010г.)
 
 (голосов: 12)
| | Комментарии (1) | Распечатать
 
Уважаемый посетитель, Вы зашли на сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо зайти на сайт под своим именем.


Поделиться:

Добавить страницу в закладки:
Добавить закладку в Бобрдобр Добавить закладку в news2 Добавить закладку в Memori Добавить закладку в Newsland Добавить закладку в СМИ2 Добавить закладку в Vaau Добавить закладку в Mister-Wong Добавить закладку в Newsvine Добавить закладку в Delicoius Добавить закладку в Slashdot Добавить закладку в Blogmarks Добавить закладку в Technorati Добавить закладку в Folkd


Если Вам понравилась новость поделитесь с друзьями :

Другие новости по теме:



 

#1 написал(а): Халимат (5 ноября 2010 14:20)

Къуват кьейги! Хадуб г1емерлъаги!

Информация
Посетители, находящиеся в группе Гости, не могут оставлять комментарии в данной новости.
Панель управления


Последние комментарии

Календарь
«    Март 2024    »
ПнВтСрЧтПтСбВс
 
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28
29
30
31

Статистика
Опрос

Лучший из сайтов
Неплохой сайт
Устраивает ... но ...
Встречал(а) и получше
Совсем не понравился


  Главная  |  Регистрация  |  Правила  |  Библиотека  |  Фотогалерея  |  Видео и ТВ |  Обратная связь
© MAARULAL.RU 2009   Design by  Tsor-Studio.   Все права защищены
ALLDAG.ru  Яндекс цитирования Система Orphus
 
Мнение администрации сайта может не совпадать с точкой зрения авторов статей !
При использовании материалов сайта, активная гиперссылка на сайт Maarulal.Ru обязательна!
При использовании материалов сайта в печатных СМИ, на ТВ, Радио - упоминание сайта обязательно!
Так же обязательно, при использовании материалов сайта указывать авторов материалов.