| Сделать стартовой  |  Добавить в избранное | RSS 2.0
 |   | 
 
Поиск по сайту: Расширенный поиск по сайту   •   Аварско-русско-англо-турецко-арабский онлайн словарь:


Новости сайта

Рейтинг новостей

Архив новостей


Партнеры

Наша Кнопка (размер 31X88)

Получить код Кнопки Gif

Разместите на своем сайте нашу кнопку, а в ответ мы разместим Вашу кнопку или ссылку!

Если Вы нашли ошибку в тексте, выделите ее и нажмите Ctrl+Enter
 
» ГьентIа росу
26 марта 2011 | Стихи, Поэзия и Рассказы, Общество | добавил(а): admin | Просмотров: 20404
ГьентIа росу Дица т1оцебесеб х1ухьел босараб, т1оцересел галаби ч1вараб, т1оцебе бакъул ч1оралги муг1рул-рохьалги дида рихьараб, т1оцебе эбелалъул кинидахъ кеч1ги, х1еренаб гьимиги, рек1ел хинлъиги лъараб, ях1-намусалъул дарсал щвараб, г1умруялъул кьуч1 лъураб дир умумузул ракь, дир гьит1инаб ват1ан - рек1ее г1агараб Гьент1а росу.

Гьент1а кола дунялалдаго машгьураб Гьидерил росабаздаса цояб, гьанже Шамил районалъул г1уц1иялда гьоркьобе унеб. Гьидерил росаби ккола гьединго Г1урада, Т1идиб, Лъах, Мач1ада, Х1отода, Хучада ва Нак1икь.

Гьидерил росаби ц1акъго ц1акъ нек1сиял рук1иналъе далиллъун ккола археологиял х1алт1аби гьарулаго гьезул сверухълъабазда чанго бат1иял ракьул гъатазда гьоркьор ратарал ч1ваданалги, бат1и-бат1иял заманаялъул т1аг1елалги, ганч1азда ругел хъвай-хъваг1аялги. Ва гьединго, т1олго Дагъистаналъул тарих лъазабиялъе к1вар бугеблъун ккола "Гьидерил г1адатал" абураб т1ехь. Гьеб ц1игьабун хъван буго 1660 соналъ, гьелдаса цебе бук1аралъул кьуч1аб х1акъикъат лъалеб гьеч1о. Гьелда жаниб баянго загьир гьабун буго Гьидерил росабазул г1урхъи-ракьазул х1акъалъулъ, сверухъ ругел росабигун, Хундерил ханлъиялъулгун ва цогидазулгун ругел къот1и-къаялги, г1адлу-низамалъул х1укъукъалги. Гьеб киналъго баян гьабула Гьидалъ цебегоялдаса нахъе цебет1ураб, жиндирго х1укмабазда мугъч1вай гьабураб эркенаб вилаят бук1иналъе.

Нек1сияб Гьент1а росу бук1ана т1абиг1аталъго щула гьабураб бак1алда: к1иго рахъалъан чваххулел хехал лъаралги цолъун, кьурабаз рачел къараб лъабок1оналда. Гьеб релълъунаан киналго нек1сиял маг1арул росабиго г1адин мина-къоно цояб цоялда хурхун бараб борхатаб муг1елалда.

Художник Е. Е. Лансереяс 1913 соналъ рахъарал дирго нек1сияб росдал суратал рихьараб мехалъ рек1ее бицун х1ал к1олареб асар лъугьуна. Гьезухъ балагьун гьанже-гьанжеги бер г1орц1уларо дир. Милъиршабазул бусаби г1адин кьурабазул каранда расарал рукъзалги, хехаб Кололъаралде т1аде къулараб Г1алилазул соги, рагъида сундаялиго квалквадулев херавги+ Гьеб киналъухъго к1вар кьедал черхалда сири бала ва рак1алде ккола дун гьеб г1агараб нек1сияб росулъ вугин абун, гьенир рук1арал раг1ул маг1на гъваридал умумулги, намус-ях1 бац1ц1адал г1олохъабиги ракьул чохьонир гурел дир хьолбохъ ругилан.


Абизе к1ола, гьел цересел г1елазул маг1наги, гьезул берцинаб т1абиг1атги, кьварараб г1амалги, гьезул рак1азул ц1аялги, ц1одораб балагьиги, гьобол-гьудул хиралъиги, намус-ях1алъул къвак1иги дир росуцоязул гьаналъги бидулъги бессун бугилан.

ГьентIа росу Росуялъе Гьент1а абун ц1ар кьеялъе бат1и-бат1иял х1ужаби руго. Бищунго кьуч1аблъун ккола "гьениб т1ад" абураб маг1на. Щай абуни Гьент1а ккола Гьидероил росабазул бищун т1адег1ан бугеблъун. Гьанже нек1сияб росулъ цересел рукъзал хут1ун гьеч1о к1иго-лъабго гурони, росдал к1удияб бут1аги цоги авалазда буго. Амма цересел г1асрабазул тарихалъеги, гьенир рук1арал лебалал умумузул къвак1иялъеги, гьезул рах1ат гьеч1еб г1умруялъеги нуг1лъи гьабулеб г1адин, жеги щулаго эхетун буго щулалъул си. Гьелъул борхалъи гьанже ункът1алаяб минаялъул г1адаб гурони гьеч1о. Харабаз бицуна гьеб гьанжеялдаса к1иго нухалъ борхатаб бук1анилан.

Гьент1а росу буго х1икматго т1абиг1ат берцинаб бак1алда. Щивав чиясда берцин бихьула жиндирго ват1анги, жиндирго умумузул ракьги, амма Гьент1аве щварав чи асирлъула гьелъул т1абиг1аталъе. Цебегоялдаса нахъе аби буго "ич1го лъарги лъеберго иццги бугеб Гьент1а росу" ян. Росу бикь-бикьун буго чанго авалалде муг1руздаса чваххулел рац1ц1адал лъараз лъугьинарурал рикьалабаз. Щибаб авалалдаги, росдал сверухълъиялдаги руго г1емерал ракьулъа рец1ц1улел ц1орорал, цаби ц1унизарулел иццал. Киналго рахъалъ росу сверун руго умумуз г1ет1ги т1ун гьарурал хурзалги, харибак1алги. Росдал т1арадаса байбихьула махилги, гьорилги, нак1к1илги рохьал, рохьазда т1адехун т1огьолал байдабиги г1ат1идал муч1дулги+

Дие бищунго рокьула г1агараб Гьент1а хаслихълъиялъул къоял. Борхалъудаса балагьараб мехалъ росу сверун меседил рачел къан бугин ккола т1огьиллъарал махил рохьаз. Бац1ц1адаб гьаваялъги, маг1ардасан пулеб гьогьомаб гьуриялъги, лъаразул чвахиялъги, къец бан ах1улел х1анч1азул бакъназги асир гьавула дун росулъе щварав щиннахъе. Кибниги щоларо гьаниб г1адаб гьуинаб макьуги, раг1уларо гьаниб г1адаб рек1ее г1агараб каламги, батуларо гьаниб г1адаб гъасда хинлъиги, т1аг1амаб квенги, щоларо черхалъе гьаниб г1адаб рах1атги, рух1ияб бечелъиги.

Исламияб дин Гьидалъе щвана 1475-1476 соназ, т1оцевесев гьидерил бусурбанчи Мач1адаса Х1ажи-Удуратидасан. Исламалъул кьуч1 щулалъун хадуб гьидерица сверухълиялдаго дин т1обит1иялъе к1удияб х1аракат бахъана. Жакъа къоялъ лъалездасан ккола Гьидалъа 80 к1удиял г1алимзабазул ц1арал. Аллагьасул ц1обалдалъун гьидерил ракьазда 13 валиясулги 20 шейхасулги зияратал, зьезда гьркьосан анлъгояв ккола т1арикъаталъул устарзаби. Гьент1аса рахъарал гъваридаб лъаялъул г1алимзабаздасан ккола Байбун-Дибир, Чакаразул Мух1амад, Сарак-мух1амад, Г1арада-Г1абдула, Бахухало(Мах1мудил Мух1амад) ва цогидалги.


Росдал аслияб бет1ербахъи кидаго бук1ана г1и-боц1и хьихьиялда хурхараб, гьелдаго цадахъ ракь х1алт1изабиги.

Руго дир гьит1инаб ват1аналъул тарихалда сонал свераниги сахлъуларел ругъналги, кулак гьарун рачахъаразул рак1гъанц1улел къисматалги, ракъиялъул зах1матал къоялги, зах1матал унтабазул кьог1лъиги, бидулал рагъъазул къоялги. Амма къуркьич1о ва мук1урлъич1о. Гьент1асезул 45 бах1арчи хут1ана К1удияб Ват1анияб рагъул байдабазда, нахъ руссаразулги ахирисев исана Аллагьасул къадаралде щвана.

Жакъа къоялъ Гьент1а ккола т1егьалеб ва цебет1ураб росу. Росдай ва гьелъул т1алабазе к1вар кьолел, бажарараб кумекги х1аракатги гьабулел чаг1иги г1езег1ан г1емерал руго, гьездаса Аллагьги разилъаги.

Жакъасеб тарихалъул кьерги бечедаб буго г1елмиял лъаязул докторазулги кандидатазулги, дунялалъул чемпионалъун рахъарал спотсменазулги ц1араздалъун, росдал къиматги лъалел, гьелъул ц1арги маг1арул ях1-намусги кире жал къисматалъ реханиги ц1унулездалъун.

Гьаб ракьалда лъураб Алжанул бок1он,
Бокьула дие мун- г1агараб Гьент1а !
Гьобол-гьудуласухъ урхъун рук1унел,
Росдал жамаг1ат, нуж руго дир ч1ух1и.

***
Мун г1адаб берцинаб ракь цоги гьеч1ин,
Рогьалилъ х1анч1аца къецбан ах1ула.
Х1еренаб гьогьомаб гьороца дие
Дур берцинлъиялъул къойил бицуна.

***
Гьанир чундуз ц1урал рохьалги руго,
Муг1рухъан чвахулел лъаралги руго,
Чабхилъан рец1ц1улел иццалги руго,
Бац1ц1адаб ц1орораб гьаваги буго.

***
Гьанир кьуру г1адал г1олилал руго,
Кьурул ц1умал г1адал умумул руго,
Намус-ях1 бичич1ел, чилъи рехич1ел
Росу берцинлъулел ясалги руго.

Автор: М. Дадилов.
Источник: Газета "Вацлъиялъул Калам", № 5, стр.5

 
 (голосов: 5)
| | Комментарии (0) | Распечатать
 
Уважаемый посетитель, Вы зашли на сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо зайти на сайт под своим именем.


Поделиться:

Добавить страницу в закладки:
Добавить закладку в Бобрдобр Добавить закладку в news2 Добавить закладку в Memori Добавить закладку в Newsland Добавить закладку в СМИ2 Добавить закладку в Vaau Добавить закладку в Mister-Wong Добавить закладку в Newsvine Добавить закладку в Delicoius Добавить закладку в Slashdot Добавить закладку в Blogmarks Добавить закладку в Technorati Добавить закладку в Folkd


Если Вам понравилась новость поделитесь с друзьями :

Другие новости по теме:



 

Информация
Посетители, находящиеся в группе Гости, не могут оставлять комментарии в данной новости.
Панель управления


Последние комментарии

Календарь
«    Март 2024    »
ПнВтСрЧтПтСбВс
 
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28
29
30
31

Статистика
Опрос

Лучший из сайтов
Неплохой сайт
Устраивает ... но ...
Встречал(а) и получше
Совсем не понравился


  Главная  |  Регистрация  |  Правила  |  Библиотека  |  Фотогалерея  |  Видео и ТВ |  Обратная связь
© MAARULAL.RU 2009   Design by  Tsor-Studio.   Все права защищены
ALLDAG.ru  Яндекс цитирования Система Orphus
 
Мнение администрации сайта может не совпадать с точкой зрения авторов статей !
При использовании материалов сайта, активная гиперссылка на сайт Maarulal.Ru обязательна!
При использовании материалов сайта в печатных СМИ, на ТВ, Радио - упоминание сайта обязательно!
Так же обязательно, при использовании материалов сайта указывать авторов материалов.