Прямой эфир состоится: Уточняется Тема передачи прямого эфира: Уточняется
Если Вы нашли ошибку в тексте, выделите ее и нажмите Ctrl+Enter
#1 написал(а): Radg (11 января 2011 09:19)
Группа: Пользователи Регистрация: 8.06.2009
Таймасханов, унго-унгояв, раг1ул устар вуго! Маг1арул миллаталъе, к1удияб к1вар бугеб, масъалаялде т1аде, к1вах1 гьеч1ого х1алт1улел, «Вацлъиялъул», г1ахьалчаг1азул, х1аракатчилъи загьир гьабин, гуребги, рехсараб ищалда хурхарал, сурталги рахъун руго, равияс, (авторас) мажмуг1алда. Х1асилалда; маг1наяб, ц1аларасул рек1елъе, лъик1ал лъалк1ал толеб, адибалъул насих1атияб, асар лъугьун буго. Бокьинаан, гьединан, маг1арул мац1алда хъварал, асарал, гьаб сайталъул гьумералда г1емерлъизе, ва х1аллъизе. Гурони кинха нилъеда мац1 ц1унизе к1олеб? Мац1 ц1униялъе аслияб шарт1 буго, гьеб х1аракаталда х1алт1изаби. Лъик1 бук1инаан, сайталъул бет1ергьабаз, гьеб рахъалда т1аде, к1вар ц1ик1араб, пикру буссинабуни. Лъелъеги лъугьинч1ого, лъим ххазе нилъ ругьунлъолареблъи, якъинаб жо бук1индал, х1ажат буго маг1арул мац1алда, т1аде, т1адцураб т1адч1ей гьабизе. Баркала Таймасхановасе, эсул «раккулин», сайталда, хеко-хеко маг1арул мац1алда хъварал лъик1а – лъик1ал асарал… Биччанте, гьев г1адинал, гьунар бугел, маг1арулаз, бег1ераб раг1ул, гъваридаб каламалъул, ва бац1ц1адаб болмац1алъул, кьуч1 лъезе, миллаталъе мац1 ц1униялъе, «Вацлъиялъ» гьабулеб, зах1матаб х1алт1ул, авалалде гъоркье! Узухъда бокьилаан, маг1арул мац1алда гьоркьор ресги бук1адго, чидар раг1аби херхинарич1ого тезеги. Г1аийб гьабун абулеб жоги гурин, мисалалъе бачун тезе бокьун бугин, х1урматияв, Таймасхановасги, хъвалеб буго: «… Байбихьуда кафеяхъ, кофе киг1ан гьекъараб!» - ян, (гьум. – 7). Хъвазе бегьилаан; «къагьва киг1ан гьекъараб!» - ян. Кофеялда маг1арулаз къагьва –йилан абула. Нилъеда бажарулеб бук1адго, чияр чахъаби г1еризе ккела, нилъерго рехъада гьоркьоса.
Гьединго, дун г1адинав вик1ардизе бокьулев, ц1алдохъанасул пикруялъ сан гьабич1ого толел гьеч1о, цо-цо равиясул гъалат1алги: «Дунялалъул нусиреч , щивасда кодоб щведал…», -ян хъвалеб буго гьес, (гьум. – 5). Нусиреч , абула маг1арулаз, паукалда , яги: къорола – янги абула. Паутинаялда – нуси абула, ялъуни хъанхъра – янги абула. «Дунялалъул нусиреч» абидал маг1на гьеч1еб каламги лъугьулеб буго, гьезего гьеч1еб, жоялъулги бицунеб буго. Хъвазе бегьилаан: «Дунялалъулго нуси, (яги – хъанхъра) – ян абун. Гьеб мехалъ, маг1наялъул рахънисан къват1ире к1анц1улел гьеч1о, хабаралъул лъел т1ираби.
Вассалам вакалам. Т1аса лъугьа! Х1урматгун:
Х1ажи Билалов .
ICQ: --
#3 написал(а): Radg (12 января 2011 21:19)
Группа: Пользователи Регистрация: 8.06.2009
Ваг1алейкум Ассалам « maarulav 77»!
Я гьудул «maarulav 77», сайталдаса банитдай гьавилин, абун, х1инкъун, рицинч1ого, тун рук1анин дица гьел, «кафеялги», «ашбазалги», г1адинал равиясул «гъалат1азул». Ц1идалъго, дуда гьебги бич1инч1ого, нахъгоги, тату бахъараб х1алалде ккезабунаха дуца, гьаб патих1аги рехун, к1очон, тун бук1араб ишалъул, ах1вал –х1ал.
Узухъда, махсароги добег1ан тун, гажиялда абуни, х1акълъунго, к1удияб баркала Таймасхановасеги, цойигидал, маг1арул мац1алда хъвалезеги. Дун г1адинал инсухълъиялдасан рик1к1аде, исибалде, ругел маг1арулазул, маг1арул каламалдехун, хасаб бер балагьи бук1ула.
Саламгун: Х1ажи Билалов.
ICQ: --
Информация
Посетители, находящиеся в группе Гости , не могут оставлять комментарии в данной новости.
Календарь
« Октябрь 2024 »Пн Вт Ср Чт Пт Сб Вс 1 2 3 4 5 6 7 8 9 10 11 12 13 14 15 16 17 18 19 20 21 22 23 24 25 26 27 28 29 30 31
Статистика
Сейчас на сайте:
Пользователей: 0
Роботов: 0
Гостей: 6
Всего: 6
20-ка Посетивших: