Ц1умилан кьураб ц1ар ц1уне борхатго.
Ах1е ц1умадисел гьаракь биччан кеч1
Нуж ц1акъго разияб бач1анин хабар
Цониги къей гьеч1еб къолоанлъгояб
Босанин бергьенлъи Силдиса васас
Кьурде маг1арулал кьер-кьерал гьарун
Машгьурлъанин миллат дунялалдаго
Дунял-г1аламалъул ц1умал рахинч1еб
Баханин нилъер ц1ум борхалъиялде.
Т1олго дунялалъул Къуватаздаса
Къуватав ватанин нилъер багьадур.
Гьаб дир улкаялъул цонигиясда
Бач1еб банин рачел ц1умадисесда.
Кироваулалъул расалъабазда
Шашлик1ал режулел рахъана мах1ал
Г1адра кураб чанил гьанги хинк1алги
Камураб бак1 гьеч1ин нилъер маг1арухъ.
Дуни Яквинта гурин ,дун Х1абиб вугин
Къацандулел руго г1исинал вассал
Ва бергьенлъиялъул бац1алъиялъул
Гуреб хабар гьеч1о годек1абахъги.
Нилъер улкаялъул,Дагъистаналъул
Бархатлъараб къимат мун г1адинаца
Ва бец1ал кьураби ц1умадисезул
Къалъизе гьарула мун г1адал васаз.
Къвк1араб чаранлъун черх лъадарарав
КЬеги дуе талих1 ,Аллагь разилъи,
КЬерилаз ц1умилан дуе кьураб ц1ар
Ц1унизе кидаго борхатлъиялда.
=============================
(Эхеде Вечедов ,вехев Шаг1банов
К1иго районалъул ,к1иго цевехъан,
Нижер нижерилан цоцахъеги ц1ан
« Т1ут1ун вазе гурин» х1алимав Х1абиб.
К1иго бихьинчияс къацандич1ого
Рохел г1ахьал гьабе квералги росун.
Миллаталъул васаз бихьея цо х1ал
Х1абиб к1одо гьавун шал рергьлишан
Кьалбал маг1ардисев живго г1урдасев
Миллат аваразул ,вас улкаялъул……)
Мух1амад Г1абдулвагьабов (Санкьадинский).
Хасавюрт район ,Первомайское росу. Т. 8(928)- 287-93-32.