ГIолохъанав шагIир Сеймур ШагIбанил вас Ханаев гьавуна ва гIуна Белокан районалъул Къабахчоли (Шарип авал) абураб росулъ 1985 cоналъул 17 марталда. 2003 соналъ гьес лъугIана гьоркьохъеб школа (Шарипазул). Армиялъул хъулухъ тIубан хадуб Сеймур (2006 с.) ворчIана Дагъистаналъул Пачалихъияб Университеталъул Дагъистаналъул МацIазул Факултеталде. ГьабсагIаталда Сеймур лъабабилеб курсалъул студенлъун ккола.
ГьитIинаб мехалдаса вукIинисев шагIирасулъ бижана литератураялде рокьи. Хаду – хадуб, микьабилеб классалдаса байбихьун жинцагоги гьаруна кучIдул. Гьесул кучIдул рахъана Бакуялъул ва МахIачхъалаялъул батIи – батIиял газетазда, журналазда. Жинца жив поэтлъун рикIичIониги жакъа Сеймур ккола чанги кучIдузулги, поэмабазулги автор. МагIарул тарбия щун гIурав Сеймурил хъвадарухъанлъиги тIоцебесеб иргаялда магIаруллъиялде бараб буго. Гьесул кучIдузул аслиял темабиги руго ВатIан, гIумру, ислам. Щибаб кочIолъ, абизе бегьула, гьес загьир гьабун буго жиндир гIураб тIалъудеги, жиндир ВатIан Дагъистаналдеги, жиндир халкъалдеги, гьелъул диналдеги бацIцIадаб рокьи. Бащадго кучIдузулъ гьес цогидалги ахIулел руго ВатIан – халкъ бокьизе, дин ислам бокьизе. Гьединго гьесул руго рокьул темаялда гьарурал кучIдулги. Амма рокьул кучIдузулъги Сеймурица цIунун буго магIарул васасе хассал рахъал.
Нижеца цIалдохъабазул ихтияралде кьолеб буго Сеймурил творчествоялъул цо бутIа...