| Сделать стартовой  |  Добавить в избранное | RSS 2.0
 |   | 
 
Поиск по сайту: Расширенный поиск по сайту   •   Аварско-русско-англо-турецко-арабский онлайн словарь:


Новости сайта

Рейтинг новостей

Архив новостей


Партнеры

Наша Кнопка (размер 31X88)

Получить код Кнопки Gif

Разместите на своем сайте нашу кнопку, а в ответ мы разместим Вашу кнопку или ссылку!

Если Вы нашли ошибку в тексте, выделите ее и нажмите Ctrl+Enter
 
» Диссидент ва намусалъул асир
4 сентября 2011 | История | добавил(а): admin | Просмотров: 10279
Диссидент ва намусалъул асир  Аби буго, хун цевеса ун гурони, чиясул къимат лъаларилан. Гьеб хIакъикъат диеги якъинлъана тIул бикьарав вацгIанги рекIее гIагарав дир гьудул, битIахъего ВатIаналъул, Дагъистаналъул рухIалица вухIанин абизе бегьулев гIалимчи – гIарабист ГIорутIаса МухIумаев МухIамадрасулидаса ватIалъун, дунго бестIалав гIадин хутIараб мехалъ. Щиб хIажалъи кканиги, кинаб бигъараб суал роцIцIинабизе къваригIаниги, жиндихъе вортидал кумекалъе вахъине хIадурго ватулев чи вукIана МухIамадрасул. Гьесул гIамал – хасият дида релълъун бихьулаан рии бакьулъ щвараб гьалагаб мугIрул иххалда. Гьелъги батула, хъитIахъан, кIкIалабахъан доба-гьаниб тенколаго унеб иххида гIемерал квекIенал ратулел гIадин, МухIамадрасулилги гIумруялъул къисмат гьелда релълъараб лъугьараб.

МухIамадрасул Дагъистаналда машгьурав чи вукIана, амма киназдаго гуро лъалеб щиб сабаблъун гьев туснахъалде ккаравали, цо-цояз гьесул рахъалъ кьучI гьечIел къватIул харбалги рицуна. Гьединлъидал дие бокьун буго дагьалъниги хIакъикъат рагьизе.

Доб советияб заманалда го Бухараялда машгьураб Духовное медресе "Мир-Араб" (хадуб гьелда цIар «Университет Исламских Наук имени Амира Абдель Кадера» абун лъун букIана) лъугIизабун, МухIамадрасул (гIолохъанав чи) хIалтIулев вукIана Шурагьив Дагъистаналъул динияб идараялъул муфтиясда хадусев чилъун. 1957 абилеб соналъ Москваялда тIобитIараб тIолгодунялалъул гIолилазул фестивалалде рачIунел рукIана киналгоязде гIагарун улкабазул вакилзаби. ГIараб улкабазул гIолилазе тилмачлъи гьабизе хIажат рукIана лъикIго гIараб мацI лъалел гIадамал. Гьеб ишалъе тIаса вищана МухIамадрасулги.

Мадраса лъугIизегIанги Дагъистана лъул рикIкIунел гIалимзабазда цеве цIаларав гьесда гIараб мацI камилго лъалаан.

Амма МухIамадрасул дол согIал коммунистияб низамалъул соназда цIакъ захIматаб ва хIинкъараб ишалъе ургъула. Гьес хIукму гьабула щвараб ресалдаса исламалъе квербакъиялъе пайда босизе. Москваялде сапаралъ инелде цебе гьес хIадур гьабула жаниса гьодораб ансадерил гIанса ва гьелда жаниб лъола жинцаго тIад чIун хъвараб гIарабиязул пачалихъазул бутIрузде гьабураб кIудияб хитIаб. Гьеб хитIабалда бицунеб букIана СССРалда дин гьабизе бугеб ихтияралдаса бусурбаби махIрум гьарун, мажгитал, мадрасаби къан, гьел клубазде сверизарулел ругилан. ГIемерал гIалимзаби цоял чIванин, цогидал Сибиралде туснахъ гьарунин, хIежалде нухги къан, дин – ислам маххул сангразда жанир туснахъ гьабун бугилан. Ахиралда гIарабиязул бутIрузде МухIамадрасулица ахIи балеб букIана дин – ислам хвасар гьабизе СССРалде данде чIараб компания багъаризабеян.

Гьединаб нигатгун Москваялде щварав МухIа мадрасулица тIоцебе сапар бухьуна гIарабиязул пачалихъазул посольствабазде, валагьула гIанса кодоб кьезе мустахIикъав гIадав чи. Гьесда лъала ГIиракъалъул посольствоялъул цо хIалтIухъан чанго къоялдасан Багъдадалде воржинехъин вукIин. Самолет боржунеб заманалда аэропорталде щварав МухIамадрасулица гьесухъе гIанса кьола ва гьарула жиндир мурад тIубазабеян.

Гьеле гьеб бакIалдаго МухIамадрасулил нигатги хIорлъула. ГIиракъалдаса гьев хIалтIухъан вукIун вуго КГБ ялъул жасус. Гьоркьоб къо иналде МухIамадрасул, кверазда маххалги ран, туснахъалъув реххула ва Москваялда гIедегIалихъе судги гьабун 7 сон туснахъ къотIула.

Амма гьеб жинцаго гьабураб ишалдаса МухIамадрасул дагьавниги рекIекълъичIо. Туснахъалде ккун вукIинчIевани жинца гьеб бичунги босизе кколаанин, жанив ккеялъ гIемераб жо малъанин абулаан гьес. МухIамадрасул витIула Мордовиялъул бищунго гIасиял лагеразде, политикиял туснахъазда гьоркьове. Гьениб гьесул лъай-хъвай ккола машгьурал хъвадарухъабазулгун, культураялъул, искусствоялъул хIаракатчагIазулгун ва цебетIураб пикруялъул гIадамазулгун, ай улка зулмуялдаса эркен гьабизе бокьулел инсанасул ихтияразул къеркьохъабигун. Рес щола балъго гьезухъе бачIунеб дунялалъул ва туснахъазда жаниб бижараб литература цIализе. Къокъго абуни, МухIамадрасулица кIудияб дунялалде гIатIидго гордал рагьана. Гьаб макъала хъвалаго, дица масъала лъечIо МухIамадрасулил гIумруялъул гIелмиябгун жамгIияб хIаракат чилъиялъул бицараб очерк хъвазе. Гьеб дихъан бажаризеги букIинчIо, щайгурелъул гьев вукIана гъваридав, диниябги дунявиябги гIелму лъикIго лъалев чи. Дагъистаналъул тарих лъазаби гуреб инсанасул ихтиярал цIуниялъул рахъалъги гьаруна гьес хIалтIаби.

Машгьурав гIалимчи – гIарабист ГьаракIуниса НурмухIамадил МухIамадида цадахъ гьес гIуцIана квералъ хъварал тIахьазул хасаб фонд.

Бищунго дун рухIдаллъизавулеб жо букIана МухIамадрасулида Кавказалъул тарих лъалеб букIараб куц. Гьесул бегIераб пагьму – гьунаралъ нахъе тана тарихиял лъугьа-бахъинал ккарал бакIазул мухIканал баянал. Имамзабазул, наибзабазул, хIакъалъулъ биценал, рагъул бахIарзазул анцIанцI цIарал.

Киналъулго хIакъалъулъ гьес бицунаан шавкъалда, живго гьел лъугьабахъиназда гъорлъ вукIарав гIадин. МухIамадрасул гIахьаллъарал передачаби такрар гьареян гIемерал кагътал рачIунаан радиоялде. Гьаниб дие бокьун буго МухIамадрасулилгун рукIарал дандчIваязда гьес рицарал цо-цо тарихиял лъугьа-бахъинал цIалдолезеги гIахьал гьаризе.

Гьел рукIана руччабазул байрам, 8 абилеб марталда цересел къоял. МахIачхъалаялда Капиевасул къотIноб бугеб МухIамадрасулил рокъор, телевизоралъухъги ралагьун хабар – кIалалда рукIана ниж. ЦинтIаго цее ячIана КьилимегIер хъубухъун ботIрода лъурай, цо рихараб кIалъаялъул гIадан. Гьелъ бицунеб бугоан диналъулги басриял гIадатазулги кIичIикьа тархъанлъарай магIарул чIужугIаданалъе щварал ихтияразул, жийго яхараб борхалъиялъул ва цIияй магIарулалъул бугеб къадру – ассалъул. Гьоркьо–гьоркьор калам рекъезабизе цIалулел кочIол мухъалги ругоан. Цебехун гIемер гIиндамес бакъвазабураб гьеб гьодораб рецц-бакъалъ макьу речIчIизабун, дир берал данде рекIун унел рукIана. ЦинтIаго цо синкъулеб гIадаб гьаракь бахъун дун МухIамадрасулихъ валагьана. Гьесул бадиса магIил гарал гирун рачIунел ругоан. Щиб лъугьарабан гьикъидал, гьев цо лахIзаталъ сихI къотIун хутIана, цинги огъохъатица бераздаса магIуги бацIцIунаго, гьес шакърахун абуна:

— Вабабайха, дир вац МухIамад, нилъер некIо рукIарал руччаби, гьезул хIакъалъулъ къотIараб кици – бицен, гьанже гьадаб тайпаялъухъе ккараб гьаб гIумру бихьуларищха, – ян. Цинги, телевизоралъул гIинги кьурун, гьес бицана ракI паналъулеб гIадаб хабар:

— Шамилица АхIулгохI щула гьабулелъул, имамасе кумекалъе гьенибе гочана нижер ГIорутIа росулъа лъебергогIанасеб хъизан. Бицаде нагагьав чи нахъе хутIун ватаниги, гьел тIолалгоязе гIагарлъун шагьидлъана гьенир. Имамас цIакъго къадру-къимат гьабулеб хъизан букIана Тучалай абулей гIаданалъул (гьеб цIар мекъи ккун батизеги рес буго дихъа). ГохIда шагьидлъана гьелъул росги, вацги, гьанжего гьанже михъида хIур чIвалев васги. Гьей хутIана квер ккун цадахъ ячуней ясги, каранда хахулеб цогидаб лъимергун.

ГIортIасан чIалоги лъун Шамилги муридзабиги цояб рахъалде рахунеб мехалъ, имамас гьезде ахIи бала вореги Тучалай гъоркь тогейилан. Амма гIурусал хадур цун рачIуна ва гIурул рагIалде щун щвечIого йикIарай Тучалалда ракIалде ккола жий ургъунго гъоркь танилан. Гьелъ ботIродаса чохтIо бахъула, гIурул хоноги босун гьеб чахтIилъ жемула ва «Ма, ле бахIарзал, гьабги босе!» янги ахIун гIурул доб рахъалде реххун балагьизабула чохтIо. Тучалалъул гьаракь гIинда чIварал муридзабазул гьабизе кIолеб жоги гьечIого, бадиб магIу кенчIола. Тату хварай Тучалай гIурул рагIалда гIодой кIусула.

— КIал-мацI бакъван бугин, цо дангъура цIураб лъим кье, дир месед, илан абула гьелъ ясалда.

Лъим босизе гIодое къуларайго, эбелалъ малги бан гIурулъе рехула гьей ва цогидаб лъимергун хадуй жийгоги кIанцIула.

Хадубги бицана МухIамадрасулица:

— Шамилида сверухъ рукIарал ва къадру – асс бугел рагъухъабазул цояв вукIана Сугъралъа Хурш –наиб. Имамасулгун гьесул букIана гIемерал соназда рагъулъ лъадарараб ва хIалбихьараб гьудуллъи – вацлъи. Амма чаранкьурулъеги кьватIел реххулин абухъего, ккараб жо Аллагьасда лъала, гьезде гьоркьобе щайтIан лъугьуна. Хурш-наиб жиндир хъизан-кулпатгун Ведено имамасда аскIоса, жиндирго Сугъралъе гочуна. Гьеб букIана аваразул къеркьеялъул рухI цIалеб заман. Имамасул къуват дагьлъана, гьудулзаби рикь-рикьана, цо тайпа чарлъун нахъе кIанцIун чIана, цогидал хилиплъун гIурусазул рахъалде ана ва хутIарал дагьал чагIигун имам ахирисеб ЩулалъулгохI ГъунимагIарда рещтIана. Гьеб хабар рагIарав наибХурш, ккараб – таралде тIаде ракьги хъван, ахиралде щвезегIан имамасда хьолбохъ чIезе ГъунимагIарде вахуна.

1859 абилеб соналъул 25 абилеб августалда гиназ Барятинскиясул цебесеб къокъа рогьалилъ магIарде тIаде бахуна ва тIадгъуниб росу сверун ккола. Шамилица мажгиталда мажлис ахIула ва гъазаваталъул суал гьоркьоб лъола. Гьенир данделъарал наибзабазул ва муридзабазул пикраби кIийиде рикьула. Цояз бачIинахъего гъазаваталъе гъуждул гурула, цогидаз имамасда гьарула, росдал гIадамазул, хасго руччабазулгун лъималазул рухIалги цIунун гIурусазулгун рекъел гьабеян. Гьениб дагIба – рагIи халат бахъуна. ЦинтIаго мажгиталъул нуцIаги кIал – кIала чIван рагьун, жание ячIуна хварав муридасул чухъа-ярагъ борчарай Хурш – наибасул лъади ХIечурай ва кьварараб гьаркьидалъун абула:
Диссидент ва намусалъул асир  — Рагьдухъе гIурусги щун бугин, нуж щибулел гьанир гъазаваталде рахъичIого руччабазул хабар бицунел? – абун. Гьаб иш ккана 1877 соналъ, къокъаб шаригIаталъул заманалда. Лъалеб букIахъе, тIадеялдаса тIаде цIикIкIунеб букIараб гIурусазул зулмуялда данде гьеб соналъ къватIибе бахъана Дагъистаналъулги Чачаназулги 500ялде гIагарун росаби. Пачаясул яргъид гIуцIараб аскарги реххун гьеб къеркьей къезабуна ва гIемераб халкъ гъурана, росаби рухIана ва азаазар чи Сибиралде витIана. Гъуниб округалъул Салануб абураб майданалда гъанкъана гьеб къеркьеялъул 13 цевехъан ва гьезда гъорлъ ункъабилев имам Сугъралъа ГIабдурахIмахIажиясул вас МухIамадхIажияв. МагIарулазул рекIелъе хIинкъи бачIинабиялъул мурадалда, зулмуялъ гьеб майданалде къотIун букIана гIандалазул росабалъа гIемераб халкъ. ЦинтIаго майдан кверде босулеб гIадаб чIужугIаданалъул гьаракь бахъуна. «Цо дихъ гIенеккизе кIолев чигойищ, байтулман, гьаб сверуда гьечIев!» илан ахIун биччан тана гьелъ.

Гьей йикIана Сугъралъ росулъа Марям абурай мискинчIужу.

— Гьикъе, щиб гъой гIаданалъе къваригIараб? – ян амру гьабуна главнокомандующий Меликовас.

— Кварида ралезда гьоркьор руго дир васги, росги, вацги. ТIокIав чи дир хутIичIо, гъозул цоявниги виччазе бегьуларищ? ан гьарана гьелъ. Кинавха дуца тIаса вищилеван гьикъана Меликовас.

— Васни индал цойги гьавила, росги чияр чи, тIулил вацасул рухьен кинха тIезабилеб? ан абун буго Марямица. МагIарул чIужугIаданалъул гIакъиллъиялъ тамашалъизавурав Меликовас гьезул лъабавго эркен гьавула.

«Аваразул тарихалда руччабаз гьарурал бахIарчиял ва цIар рагIарал ишал дагьал гьечIо. Надиршагьасулгун рагъулъги, хадур гIурусалгун рагъда АхIул гохIдаги ва цогидал бакIаздаги гьез гьарурал гьунаразул гIемер биценал руго. Амма гьаб жакъаги гьезул гIемерисезул цIарал нилъеда лъаларо ва лъаразулги бицунаро», – ян абуна ахиралда МухIамадрасулица шакърахунаго.

МухIамад Идрисов
Газета "Миллат"
 
 (голосов: 3)
| | Комментарии (0) | Распечатать
 
Уважаемый посетитель, Вы зашли на сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо зайти на сайт под своим именем.


Поделиться:

Добавить страницу в закладки:
Добавить закладку в Бобрдобр Добавить закладку в news2 Добавить закладку в Memori Добавить закладку в Newsland Добавить закладку в СМИ2 Добавить закладку в Vaau Добавить закладку в Mister-Wong Добавить закладку в Newsvine Добавить закладку в Delicoius Добавить закладку в Slashdot Добавить закладку в Blogmarks Добавить закладку в Technorati Добавить закладку в Folkd


Если Вам понравилась новость поделитесь с друзьями :

Другие новости по теме:

  • Камуна белоканияв «Азербайжаналъул халкъияв артист» Телман Адыгезалов.
  • АхIмад Чинар: Меседо (хабар)
  • ЦIадаса ХIамзатилги, ХIамзатил Расулилги хIакъалъулъ цо-цо жеги гIатIидго л ...
  • АхIмад Чинар: Меседо (хабар)
  • Надир-шагьил рагъаул хIакъалъулъ
  • Камиль Султанов. Рагъул соназда аваразул поэзия
  • Маг1арулазул г1олохъанав хъвадарухъан Исмаг1ил Таймасхановасул “ Рит1ич1е ...
  • ГIадатияв муъминчи
  • ХIоцоса Нажмудин: Политик, ГIалим ва Инсан
  • ЧIаралдаса ГIадалав Ибрагьим


  •  

    Информация
    Посетители, находящиеся в группе Гости, не могут оставлять комментарии в данной новости.
    Панель управления


    Последние комментарии

    Календарь
    «    Март 2024    »
    ПнВтСрЧтПтСбВс
     
    1
    2
    3
    4
    5
    6
    7
    8
    9
    10
    11
    12
    13
    14
    15
    16
    17
    18
    19
    20
    21
    22
    23
    24
    25
    26
    27
    28
    29
    30
    31

    Статистика
    Опрос

    Лучший из сайтов
    Неплохой сайт
    Устраивает ... но ...
    Встречал(а) и получше
    Совсем не понравился


      Главная  |  Регистрация  |  Правила  |  Библиотека  |  Фотогалерея  |  Видео и ТВ |  Обратная связь
    © MAARULAL.RU 2009   Design by  Tsor-Studio.   Все права защищены
    ALLDAG.ru  Яндекс цитирования Система Orphus
     
    Мнение администрации сайта может не совпадать с точкой зрения авторов статей !
    При использовании материалов сайта, активная гиперссылка на сайт Maarulal.Ru обязательна!
    При использовании материалов сайта в печатных СМИ, на ТВ, Радио - упоминание сайта обязательно!
    Так же обязательно, при использовании материалов сайта указывать авторов материалов.