| Сделать стартовой  |  Добавить в избранное | RSS 2.0
 |   | 
 
Поиск по сайту: Расширенный поиск по сайту   •   Аварско-русско-англо-турецко-арабский онлайн словарь:


Новости сайта

Рейтинг новостей

Архив новостей


Партнеры

Наша Кнопка (размер 31X88)

Получить код Кнопки Gif

Разместите на своем сайте нашу кнопку, а в ответ мы разместим Вашу кнопку или ссылку!

Если Вы нашли ошибку в тексте, выделите ее и нажмите Ctrl+Enter
 
» Рекъав Ражбадинил кечI
8 октября 2010 | Стихи, Поэзия и Рассказы | добавил(а): s_xanaev | Просмотров: 16351

(МагIарул халкъияб кечI)

ГодикIанир рукIун, ЦIоралъул бицун,
ЦIороре щвечIого, давлаги бикьун,
ЧIалгIун руго дида гьал гIолохъаби,
Рихун руго дида росдал бахIарзал.

КIалцIуца цулъарал багIарал чуял,
ЦIоралде балагьун, хIихIилел руго.
Азнавурзабада ругьунал хулчби,
Лъалинирго хутIун, пашманго руго.

Рахъа, гIолохъаби, доре Гъолоде,
ХъахIилаб Алазан багIар гьабизе.
КъачIай, гьудулзаби, Нахъа ЦIоралде,
Капураб Гуржистан бида белъине,
ЦIоралъул мусудул гIарцухъ хисизе.

Хъван кагъат анила доб НахъбакIалде,
Рузманалда нахъа рахъайин абун.
Чи витIун анила гъове Хьиндаде,
ЦIараб болжалалда камугейилан.

Жал лъикIал бахIарзал дол НахъбакIаса,
Хъат кьабун, кьолона бидаял чуял.
РекIелъ чаран бугел гъол хьиндалаца,
Чергесаб логода ярагъ борчана.

Мажгиталда цебе къотIиги гьабун,
Къебелъухъе лъугьун, гуллабиги тIун,
ТIад салават хъвараб мисриги борчун[1]
Роц хъахIилаб хъирим хъатикьеги къан,
Я капурлъи гъурун, я гъара тIубан,
Цояб гьабичIого вуссинарилан,
Ражбадин къокъана Нахъа ЦIоралде.

Бисмиллагьи абун, чоде вахиндал,
Салаватги битIун, чода цIал бадал,
Сверухъел росаби хадур рахъарав,
Кьейги дуе талихI, Рекъав багьадур.

Алазанги къотIун, Къарбиги бахун,
Коралъул рагIалде жал щвараб мехалъ,
Цо гьари гьабуна Ражбадиница,
Аварагзабазул заманаялда
Зирарие гIадаб талихI кьегиян.

Беччун жа гьекъолел жал капурзаби
Гуллий хъван ратаги, я расулаллагь.
Болъонил гьан кунел хIамул гуржиял,
Хвалчай насиблъаги, къудратав аллагь.

Нижер квер щваралъуб магIу бахъана,
Нижер хIетI чIарарлъуб цIа тIибитIана.
Квер-бер берцин бихьун, ясал рачана,
Кьер-мухъ бацIцIад бихьун, васал квеккана.

Тулписалда нахъа хъузхъулги гъурун,
ЦIоралде цIар арай эзул меседу,
ЦIор бакьулъе кIанцIун, эйги ячана.
Камилаб давлагун жал рачIинаго,
БагIараб гохIги тун, Ширакги къотIун,
Алазан рагIалде щола рукIаго,
Аллагь, мун бухIаяб нух ккун батана.

Нух ккуму ратана хIамул гуржиял,
Цере-цере руго азнавурзаби.
ГьерекIли ханасул байрахъ бихьула,
Байрахъ сверун руго тушгумо[2] мусукI[3]

– Нижее нух биччай, хIамул гуржиял,
Ниж эбел-инсуе цо-цойин ругел.
Рила нуж цереса, азнавурзаби,
Рачарал лъудбузе ниж хириялин.

– Нуж эбел-инсуе цого ратани,
Хвалчацаги къотIун, кIи-кIи гьарила.
Рачарал лъудбузе хирияллъидал,
Лугби гьанир тела, бутIрул ритIила.

АхIдезе лъугьана мацI лъалев хъазахъ:
– Нуж, цодагьал чагIи, щиб бакIалдаса,
Къокъадул цевехъан щиб мухъалдаса?

– Ниж цодагьал чагIи хьиндгун нахъбакIал,
Къокъадул цевехъан Рекъав Ражбадин.

– Ракьулъе лъугьине нуж гIункIкIал гурин,
Гьанже кир лъугьинел нуж, магIарулал?
Зодихъе роржине хIанчIалги гурин,
Гьанже кив ворчIилев бодул цевехъан?

– Ракьулъе лъугьине гIункIкIал гурелдай
Кьабун чучуларел чаран хвалчаби?
Зодихъе роржине хIанчIал гурелдай,
РечIчIун гIуж толарел дурусал хъирмал?

Дагьав цевегIан къай, чIваяв Гьерек
ЧIалгIаде гуллил хIал лъазе бокьани.
Чанги къо хIехьараб Ражбадиница,
Жакъаги хIехьелеб, бичас биччани.

Гьари гьабуниги нилъ риччаларо,
ТIагърал рахъаниги, тIоритIиларо,
Жакъайин мун лъалев, лъияв бахIарчи,
Жакъа хварасулни цIар хвеларибин.

Гьа, гьа, гIолохъаби, жея, бахIарзал,
Хунжруца гIуру ссун, сангаралги къай,
Сангарал гIечIелъуб хъвехъун чуял рай,
Вакъун хIал бергьарас чол гьанги кванай,
Къечон хIал бергьарас чол биги гьекъей,
Ругънал хIал бергьарав сонгроеги лъе,
Гъоркь буртаби тIаме, тIаде херги бай,
ГIемерги кьвагьуге, ишан ккун речIчIе.

Жакъа чучарасда чурун кIаз байги,
Чучун кьабурасул йокьулей хвайги.
Кьвагье, гIолохъаби, халатал хъирмал,
Хъирмазул кIалада кIкIуй бетизегIан.
Кьабе, гьудулзаби, чаран хвалчаби,
Хвалчабиги рекун, гIоркь хутIизегIан.

Кьвагь-кьвагьаралъул речIчIиги лъайдал,
Кьабу-кьабуралъул кьаби бихьидал,
АхIдезе лъугьана хIама Гьерек
– ВачIая, Ражбадин, рекъел гьабизин,
ГIарац бокьанани, сахIица кьела,
Месед бокьанани, хъатица кьела,
Ясал рокьанани, мусудул кьела,
Васал рокьанани, нуцаби кьела.

– Дуца дие кьолеб гIарацгун месед –
Хведал дие кьолеб пирдавус алжан.
Дуца дие кьолел ясалгун васал –
Хведал дие кьолел хIурулгIинзаби.

Нужерги нижерги цоцазул рекъел –
Цоцада кьабулел халатал хвалчби.
Умумулъ батараб цоцалъ гьуинлъи –
Цоцае хисулел тIухьидул гулби.

А мун, гьитIинав вац, дове Гъолоде,
Гьикъариян абе, саламан абе.
Сверун хъузхъуца ккун ниж танин бице,
Метер къадиялде тIаде щвайилан,
Къади нахъеялде камугейилан.
Гулла-хер тIагIанин, хвалчби реканин,
ХIал гьабула бугин гьудулзабазда.

ГьерекIли ханасул байрахъ бихьидал,
Куркьби данде къараб къвекIаб цIум гIадин,
Гъорлъе вил’ун[4] ана КIатIихъа ШагIбан.
ХIамул гуржиязул гури бихьидал,
ГIиял къаябаде бацIал гIадинан,
Гъорлъе рортун ана гьал гъолодисел.

Хасалихъе тIамах гьороца гIадин,
Хъамуна гуржилъи тIаса гIодобе.
БацIцIадабго гIарцул Гьереклил байрахъ
Чол малакь мерхьана магIарулаца.

МугIруда тIупулеб накIкIго жо гуро,
ЧIана кIкIуйдул пача тIад Ширакалда.
Ихдаде чваххулеб цIадго гьереси,
Ана бидул лъарал Алазаналде.

Тулписалде гIунтIун хулчбиги кьабун,
ХъахIилаб Алазан багIарги гьабун,
ЦIоралъул мусудул гIарцухъги хисун,
Нахъ руссун рачIана гьал гIолохъаби.


[1] «ТIад салават хъвараб мисриги борчун…» – «Аллагьума ссали гIала саййидина Мухамад ва г1ала али МухIамад» абурал рагIаби тIад хъвараб мисри хвалчен.
[2] Туш – Дагъистаналъул гIурхъуда гIумру гьабулеб гуржиязул цо къавм.
[3] МусукI – Гуржиялъ бугеб чачаназул цо къавм – кистинал.
[4] Вил’ун (диал.) – вилун.
 
 (голосов: 15)
| | Комментарии (5) | Распечатать
 
Уважаемый посетитель, Вы зашли на сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо зайти на сайт под своим именем.


Поделиться:

Добавить страницу в закладки:
Добавить закладку в Бобрдобр Добавить закладку в news2 Добавить закладку в Memori Добавить закладку в Newsland Добавить закладку в СМИ2 Добавить закладку в Vaau Добавить закладку в Mister-Wong Добавить закладку в Newsvine Добавить закладку в Delicoius Добавить закладку в Slashdot Добавить закладку в Blogmarks Добавить закладку в Technorati Добавить закладку в Folkd


Если Вам понравилась новость поделитесь с друзьями :

Другие новости по теме:



 

#1 написал(а): ma1rulov (9 октября 2010 01:49)

Вчера только читал=)
воре Сеймур 


--------------------

#2 написал(а): maarulav77 (9 октября 2010 18:15)

Дун  щибаб къоялъ г!енеккула т!амурги бачун Хираевас ах!улеб гьеб коч!ода.... 

#3 написал(а): wolkovich (7 января 2012 21:44)

ГьерекIли ханасул байрахъ бихьидал,
Куркьби данде къараб къвекIаб цIум гIадин,
Гъорлъе вил’ун[4] ана КIатIихъа ШагIбан.
ХIамул гуржиязул гури бихьидал,
ГIиял къаябаде бацIал гIадинан,
Гъорлъе рортун ана гьал гъолодисел.

 Если я правильно понял: К!ат!ехса Шаг!бан испугался мощи гуржиязул, испугавшись убежал? И гъолодисель туда же?. Очень люблю эту песню, боюсь не понимая суть. Переведите пож-ста. 


#4 написал(а): xincu (9 января 2012 18:53)

Дир гьит1инав вац Wolkovch (гьаб т1ок1ц1арг1аги киса дуе щвараб?)! Ты немножко неправильно понял смысл приведенных строк. Здесь, наоборот, Шаг1бан из Катеха, увидев грузин, знамя царя Ираклия, бросился в гущу врагов, а за ним вслед и гъолодисел. Таков смысл песни. Сами эпитеты, которыми награждаются маг1арулал (ц1ум, бац1ал) говорят за себя. Наша беда в том, что сегодняшнее поколение аварцев, плохо зная родной язык, с трудом пониают смысл и стиль языка классической аварской литературы. Надо чаще, а лучше всегда читать родную классику. Вассалам!


#5 написал(а): wolkovich (14 января 2012 23:01)

Дир эмен Бац!ав вуго. Согласен . Как не прискорбно, классический аварский я даже не изучал...В Ц!оре в сов. время исключительно на аз-ском учились. Сегодня пытаюсь наверстать, пока мало удается... Баркала!  


Информация
Посетители, находящиеся в группе Гости, не могут оставлять комментарии в данной новости.
Панель управления


Последние комментарии

Календарь
«    Март 2024    »
ПнВтСрЧтПтСбВс
 
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28
29
30
31

Статистика
Опрос

Лучший из сайтов
Неплохой сайт
Устраивает ... но ...
Встречал(а) и получше
Совсем не понравился


  Главная  |  Регистрация  |  Правила  |  Библиотека  |  Фотогалерея  |  Видео и ТВ |  Обратная связь
© MAARULAL.RU 2009   Design by  Tsor-Studio.   Все права защищены
ALLDAG.ru  Яндекс цитирования Система Orphus
 
Мнение администрации сайта может не совпадать с точкой зрения авторов статей !
При использовании материалов сайта, активная гиперссылка на сайт Maarulal.Ru обязательна!
При использовании материалов сайта в печатных СМИ, на ТВ, Радио - упоминание сайта обязательно!
Так же обязательно, при использовании материалов сайта указывать авторов материалов.