| Сделать стартовой  |  Добавить в избранное | RSS 2.0
 |   | 
 
Поиск по сайту: Расширенный поиск по сайту   •   Аварско-русско-англо-турецко-арабский онлайн словарь:


Новости сайта

Рейтинг новостей

Архив новостей


Партнеры

Наша Кнопка (размер 31X88)

Получить код Кнопки Gif

Разместите на своем сайте нашу кнопку, а в ответ мы разместим Вашу кнопку или ссылку!

Если Вы нашли ошибку в тексте, выделите ее и нажмите Ctrl+Enter
 
» ХъахIабросолъа МахIмуд (1873 - 1919)
21 декабря 2009 | Стихи, Поэзия и Рассказы, Известные Личности | добавил(а): s_xanaev | Просмотров: 12199
ХъахIабросолъа МахIмуд (1873 - 1919) МагIарулазул гьунар тIокIав шагIир, литератураялда жаниб жиндир цIар меседил хIарпаздалъун хъварав, МахIмуд гьавуна, гьанжесеб Унсоколо районалъул, ХъахIабросолъ. Мискин - къварилъиялда жанив гIурав чи вукIана гьев. Гьесул эмен Анасил МухIамад вукIана рохьоб тIурччи бухIун гьеб Хунзахъ базаралда бичизе хьвадулев чи. Жиндир чара - гьунаралда балагьун МухIамадица пикру гьабула вас мадрасалде цIализе кьезе. МутагIиллъиялда уна гIумруялъул чанги сонал шагIирасул. Цогидал мутагIилзабазда цадахъ гьевги щола росулъа росулъе. Амма МахIмуд вукIана гьитIинаб заманалдасанго цIакъго кочIода варав чи, гьев жиндир динияб гIумруялъ, исламияб цIалиялъ, кIвечIо ватIа гьавизе кечI ахIиялдаса. Мадрасаялда цIалулев вукIаниги камулароан гьев кеп - ихтилаталъул мажлисазда. ТIоцере чидал кучIдул ахIулев вукIаниги хаду - хадуб живго кучIдул гьаризе ва гьел ахIизе лъугьана гIолохъанав шагIир. Абухъе, гьес 14 сон тIубаралдаса гьаруна кучIдул.
Мискинлъи цо балагь! КIиабилеб балагьги гьесие рокьуца кьуна. МахIмудие, 16 сон букIаго, йокьана Бекьилъ росулъа бечедав чиясул яс. Абизе бегьула тIолго хъвадарухъанлъиги гьелде гьабуна кочIохъанас. Ясалъул эбел - эмен мискинасул васасе яс кьоларилан кьурун чIана. МахIмудица жинцаго абухъе:

Борхатаб магIарда кIиго гIадрал тIегь
Цоцазде щапула, данде щоларо.
Гъваридаб кIкIалахъе кIиго иццул лъим
Цоцалъе чваххула, гъорлъ жубаларо.

Муилги МахIмудидехун балъгояб балай букIаниги нухал къана гьелъие кьолбол гIадамаца.
Къо бахъанагIан цIикIкIун йокьана шагIирасе жиндир рокьи ккарай. Амма Муи йикIана чидал лъади. Рос хварай лъади йикIана Муи, лъималги рукIана гьелъул. Гьей кIочон телилан росулъа къватIиве ана МахIмуд. Щвана гьев ЦIоралде, Бакуялде, Тифлисалде. Хадувги гьев ана Карпаталде. Гьеб заманалъ букIана тIоцебесеб дунялалъул рагъ. МахIмуд гьениве щвана Дагъистаналдаса гьенибе битIараб магIарулазул полкалда цадахъ. Амма, къо бахъанагIан жеги цIикIкIун ракIалде къан гурони, кIочон течIо гьесда росулъ тарай йокьулей. Гьеб гуребги росу - ВатIаналдаса рикIкIад вукIин захIмалъана гьесие. Карпаталда вукIарабшинаб заманалъ МахIмуд щибаб минуталъ урхъана росу - авлахъалъухъги, ракI - ракIалъ хирияй Муихъги.
БицинчIого тезе бегьуларо "Мариям" абураб гьесул поэмаялъул тарих. Карпаталда МахIмудил гIумру уна казарма - окопалда. Гьебги эркенлъи хирияв магIаруласе рекIее гIолеб жо букIинчIо. Цо рахъалъ Муил пикраби, цо рахъалъ ватIаналъухъ ракI урхъи, цо рахъалъги бидулаб рагъ. Рагъда хола МахIмудил гIагарав гьалмагъ. Цо къоялъ жиндир гьалмагъ чIварав тушман тохлъукье дандчIвала гьесда. Бахъун хвалченгун МахIмуд лъугьуна гьесда худув. ХIинкъарав тушманги церковалде тIурун уна гьасухъа. МахIмуд жаниве вахъараб мехалъ гьев вукIуна, капуразул гIадаталда, ГIиса аварагасул эбелалъул сураталда цеве накабаздаги чIун жив цIунейилан гьардолев. ГIажагIиблъула тушман МахIмудил кодоса хвалчен бортун ин бихьун, къадада бараб Мариямил сураталъухъ хаган валагьи бихьун.
Рокьуца велъарав, даим рукьбазда гьелъ лъураб цIадул свин гьечIев, МахIмуд хIайранлъула сураталда йигей гIаданалъул берцинлъиялъухъ, жий щий йигеяли лъачIониги. Гьасда ккола живго гIадин жив хадув лъугьарав чиги рокьул гIашикъ вугилан, гьанжеги гьай берцинай, Муида релълъарай гIаданалъул, сураталдаса кумек гьарулев. ТIаса лъугьун тола МахIмудица жиндир гьадмагъ чIварав тушман. Хадуб Мариамги Муиги данде ккун гьабула гьес жиндир "Мариям" абураб поэма.
ТIоцебесеб дунялалъул рагъдаса вуссун хадув шагIирасул лъай - хъвай ккола, магIарулазул цIар рагIарав герой, МахIач Дахадаевасулгун. Гьеб гражданияб рагъул байбихьул заманалда чанго тIадкъай тIубала МахIмудица МахIачил.
МахIмуд чIван хвана 1919 соналъ. Цо - цо чагIаца чIезабулеб буго МахIмуд чIванин гьесул гьоболас. Цогидацаги далил бачулеб буго гьев, МахIачил тIадкъай тIубазе унаго нухда ХIоцоса Нажумудинил къокъаялъ чIезавун, Игьалив туснахъалда вукIаго гьебго росулъа Магьдил МухIамад абурав чияс чIванилан. Амма кIиябго рахъ ккурал чагIазул рекъон кколеб рахъ МахIмуд Игьалиса Магьдил вас МухIамадица чIванилан аби буго.
МахIмудица, абизе бегьула, хъванин кучIдул жеги авар адабияталда цониги чияс хъвачIел ва хъвазеги гьечIел. Кинаб кечI гьесул босаниги буго щивав рокьи ккарасул рекIелъа бачIунеб, щивав гIашикъасул пикру гIахьал гьабун хъвараб гIадаб. Абизе бегьула МахIмудица церего ккун хъванин щивавго рокьи ккарасул рекIел анищал, мурадал, гьесул каранзул хIалал. Гьедин, жиндир рокьул цебего хъван батанилан абуна МахIмудил рахъалъ гьабураб кочIолъ Расул ХIамзатовасги, гьесие кIудияб къимат кьолаго.
Гьелдаги буго шагIирасул кочIол къуват, пасихIлъи, камиллъи. Гьебги щивав шагIирасе насибаб жо гуро...
МахIмудий бокьун букIана - ЦI. ХIамзатица жиндир МахIмудил рахъалъ хъвараб макъалаялда хъвалеб буго - рокьул ах гьабизе. Амма, гьесий гьукъаби гIемерал рукIаниги, абизе бегьула, гьабунин гьес гьеб ах. Аманатги гьабун тана цIиял рачIунел гIелазе.

Мариям

Цо панаяб хIухьел бухIулеб рекIел,
КIвеларищ босизе, самаалъул накIкI?
Соролел лугбазул бугеб гIакъуба! -
ГIарз хъвани кьеларищ, хъахIил зодил хьухь?

Дир чорхол рухIалъул хIайранлъиялъул
ХIакъикъат лъазабе, шамалъул гьури;
Гьалдолеб цIаялъул цIураб каранзул
Кагъат кодобе кье, кьурда чIвалеб бакъ!

Риидал цIер чIвалел цIорол мугIрузда
ГIазукь танин бице, тулакаб жайран;
Жаниб чан щолареб чабхил кIкIалабахъ
Чабхъад анин абе, лълъар меседил бис!

Бусен бихьуларел рохьазда вугин,
Вихьуларищ макьилъ, кьенсер - бер чIегIер?
Росаби тIагIарал мугIрузда кканин,
ТIамуларищ цеве, тIогьилаб тастар?

Гьанже духъе хъвазе кагъаталъулни
Кантор цIун бугоан, босзе чи щвани.
Щибаб сагIаталда гIалхул чундузда
Дур хабар гьикъула бакъанил гIужалъ.

Дунги дуда хадув, халкъалда сурун,
Хвезе бакI балагьун, вугин свердилев!
Дуде щиб къо бачIун къотIараб хабар,
КъватIий яхъани щиб, хъван цо кагъатгун?

Кидаго данде къан къанщичIин берал
КъватIив лълъваралдаса, къо лъикIан мун тун;
Къаси макьуялъул кьал букIуна дилъ
Йокьулей гьечIого кьижугейилан.

Кьурулъ нух щолареб гIалхул чаница
Я нух балагьула, я хвел босула;
Хасел ун ихх щвани, щобазул мокъокъ,
Я мун данде къала, я къоно чIвала.

ЧIурканаб ретIелгин, тIокIаб формагин,
Мун тIохде яхунеб хиял гьабула;
Хваразда рухI лъолел махIалги гьарун,
Мун къватIие якки къала каранда.

Къирал - пачазаби рагъул ургъалилъ
Эргъелел рукIуна, бакIарун халкъгун,
Холев вугониги, диргони пикру
Дур гуреб каламалъ гаргадуларо.

КинитIа бакъ чIвачIеб хъахIаб дур гьурмахъ,
Гьинал ракIги биун, балагьун аниищ!
Лугбузда цIалдолеб пасихIаб дур мацI,
ХIалхьехзегIан рагIун, гIенеккизе цо!

Цо дуда бер чIвараб сагIат бачIани,
БачIун хинлъилаан хасало рии;
ХвечIого мун йихьун, хьул дир буссани,
Дунял бецIлъиларо, бакъ тIерхьаниги!

ТIурун араб чанихъ чараги тIагIун,
Черхалда кор буго кидалго боркьун;
Кодоса тIурараб тIавусги бокьун,
Рукьбалъ бугеб цIеца цIун буго дунял.

ЦIураб бекулареб камилаб моцIалъ
Каранзул ругъназде загьру тIун буго;
ТIерхьун нур унареб багIар бакъуца
Къоно тIад чIван буго, чIаго вукIаго.

ЧIалгIун кьили буго, кьогIлъун чу буго,
Чорхол рухI ун буго ахIуд мунилан;
Рихун туманкI буго, тун ярагъ буго,
Тана берзул нуралъ лъикIго вукIаян.

Лъилгун къец гьабулеб, къагIида берцин,
Мун жаниб гьечIеб ракь жагьаннамлъидал;
Мун яхунел тIохал, тIасан унеб нух -
Эб гуребдай алжан иман бугезе!

* * *

Дур хиялал гьарун, дица тиричIеб
Тиритор хутIичIо гIурус ракьалда,
Дуралда релълъараб сурат батани,
Ссун бахъун ракIги кьун, нахъе босилин.

Къажар базаралда, жугьутI тукабахъ
Кагътал балагьана тупазда чIварал,
Шагьру карамалда тиятиралда
ТечIо къеда сурат къуличIеб тIаде.

Дунищ чара хварав, чанищ къадараб? -
Рокъой тарай гьудул гьаний ятилищ?
Гьавайищ гIадалаб, гIишкъуйищ гьагаб? -
Къо бухIараб мехалъ хиял бихьулищ!

Халкъин къосинаян къватIий лъунарей
КъутIбу лъихъе щвелеб щаклу бахъизе,
Щибаб рузман къоялъ къалъуд гурони,
КъватIий яккуларей бер ккелебилан.

Балагьун свакана, свердун чIалгIана -
ЧIобогояб базар бугин гьабилан;
Илбисгун рас цоял австриязул
Росабалъе щвана Росси тун хадуб.

Дур чIухIи бикъарал, къули куцарал
Карточкаби руго кинабго рокъоб,
Къиматаб дур гьумер, гьайбатаб лага, -
Къосараб бакI гьечIо, ячIун мун йиго.

Гьурщун риччан гъалал, ххан риччан къунщбал -
Къвахьун мугъ бекула балагьулаго;
Щобда тIегь гIадинаб гIанабазул кьер -
ГIакълу босун ана, бер кIутIулаго.

РакIго букIинчIого, калам гьабуна
Киса гIаданалъул сурат гьабилан?
Росасе инчIого расул гьавурай
Марям гьай йигилан, гьавуна жаваб.

Балагьун гьимиги, гьурмал гвангъиги,
Гьардарав бетIергьан, батIалъи гьечIо;
Беразул свераби, нодоялъул сси -
Самай мун йикIана, кIалъан хадуса!

КIиго рухI бижилин рахIманас релълъун,
РетIел киса щвараб кинабго цохIо?
Цо гьумер - кIалали букIинин релълъун,
Йиун цо коцоний кин гIадан тIолей?

КагIба жаниб бараб росо бихьараб
Бихьилин къойилан къасго дир гьечIо,
КъутIбу тIад рещтIараб рокъове щвараб
Сордо букIинилан букIунаро ракI.

Байдабазде тIогьол тIинчIаб найица
ТIад чIун кеп босула, кваначIониги;
Каранде мунги къан къвал балесдаса,
Къанщун духъ балагьун, дунго бергьуна.

Надалда, каранда квералги кIутIун,
Какал дуе рала хиристианаз;
Киналго бокIназда чирахъал ракун,
Хъулухъ дуй гьабула хъанчил агьлуялъ.

Гьезда гьоркьовги чIун, духъги валагьун,
Дунгоги къвакана, къуличIониги;
Къадада бан бугеб дур сураталъе,
РухIго гьечIониги, гьабула хIурмат.

* * *

БухIанагIан хIехьон, хIал щвани баччун,
ЧIун буго паравоз вагзалалдаго,
Гали бахъанагIан нахъехун билълъун,
Лълъун буго дуниял данде багъизе.

Бичасул амруги инсанасдалъун
Аз - мазин букIуна - кIвар гьабиларо;
КIиябго рахъалъан хъван бачIунебги
Чанги мех букIана, кIочон таниги!

Мариам ( перевод Э. Капиева)


Горящего сердца безрадостный вздох,
Быть может, ты примешь, небесная мгла?

Дрожащего тела немую мольбу
Не сможешь ли взять ты, о, туча небес?

Что душу смятенье всечасно гнетет,
Поведай ты правду, о, ветер вершин.

Что грудь наполняет кипящий огонь,
О, солнце на скалах, посланье вручи.

Скажи, как на кручах, где вечные льды,
Меня ты оставил, проворный джейран.

О том, как в безлюдных оврагах меня
В отряде ты видел, скажи, горный тур.

Не зная постели, я маюсь в лесах,
Тебе не приснился ль, красавица, я?

Заброшенный в горы, где сел не найти,
тебе на явился ль, о желтый тестар?

Бумаги для писем в конторе полно,
Тебе б написал, я, да с кем передать?

И вот на закате у диких зверей,
Томясь, о тебе я справляюсь всегда.

Пословицей стал я в народе своем
За то, что повсюду ходил за тобой.

Теперь, одинокий, в чужой стороне,
Я места не знаю, где встретиться смерть.

Что стало с тобою? Молчишь почему?
Хотя бы однажды мне весть подала.

Ни разу с тех пор не сомкнул я очей,
Как из дому вышел, простившись с тобой.

Сон вздорит со мною: не спи, говорит,
Не спи, говорит, коль взлюбленной нет!

В скалистых трущобах блуждающих зверь
Иль встретит погибел, иль сыщет тропу.

Зима вот приходит, весна настает:
Иль камень поставят, иль буду с тобой.

* * *
В красивых нарядах из редкой парчи
Ты всходишь, я вижу, на крышу свою.

Живящее мертвых дыханье твое
Касается груди моей по ночам.

Война беспокоит больших королей,
Все думают думу, народы собрав.

А я умираю. Но мысли мои
Всегда лишь с тобою одной говорят.

С младенчества солнцем не тронутый лик
Всему вопреки я б увидеть хотел.

Твою с колыбели разумную речь
Я вдоволь хотел бы послушать хоть раз.

Хоть взглядом единым тебя б увидать, -
Снега бы покрылись зеленой травой.

О, если б обнять мне тебя довелось, -
Пусть солнце померкнет, не стало б темно.

От страсти к павлину, что взвился из рук,
Костей моих жаром пылает весь мир.

Луны совершенной, но скрытой от глаз,
В сердечные раны мне капает яд.

* * *
Мне в тягость оружье. Я бросил его.
Мне не о чем спорить вдали от тебя.

Седло мне постыло, и конь надоел,
И дух мой в погоню ушел за тобой.

Нет места, где я бы тебя не искал,
Страна эта адом глядит без тебя.

Тропинки, где ноги ступали твои,
Для всех правоверных - не вечный ли рай?

Везде побывал я на русской земле,
Но все о тебе лишь я думал одной.

О, если б найти хоть похожий портрет,
Я отдал бы сердце мое за него.

На шумных базарах, в палатках купцов
Смотрю я наклейки матерей цветных.

На стенах театров, в больших городах
Над каждой картиной склоняю лицо.

Но я ли бессилен, иль плохо ищу -
Ни разу твой образ не встретился здесь.

Чтобы юношей взглядом с ума сводить, -
Сидящую дома кто ж мог срисовать?

Ведь, сглазу боясь, лишь в полуденный час,
По пятницам только ты смотришь в окно.

Устал я слоняться, устал я искать
И все показалось мне пусто вокруг

Оставив России поля за собой,
Мы к рыжим, как дьявол, австрийцам пришли.

Здесь всюду я вижу портреты в домах:
Твоя в них осанка и гордость - твоя!

Лицо дорогое, прекрасный твой стан
Нет, я не ошибся Сама это ты!

Спина надломилась, как стал я смотреть:
Цвет тела подобен цветам на горах.

Лишился рассудка, гляжу - сам не свой
И вот, не стерпев, я спросил у людей:

- Кто женщина эта, на стенах у вас,
Зачем в каждом доме портреты ее?

И мне отвечали: - она - Мариам,
Родившая в девах пророка Христа.

Улыбка во взгляде, сиянье лица
Аллах милосердный! Отличия нет.

И черные брови, и белый твой лоб:
Лишь слово промолви+Пришла ты ко мне.

Пусть души похожими создал творец, -
Как может одежда быть схожею так?

Пусть рот будет тот же и те же глаза,
Но можно ль весь облик вторично создать?

Не видеть мне Мекку с Каабой вовек,
Устал я на этот надеяться день.

Не видеть мне снова Полярной звезды.
Я ждать этой ночи давно перестал.

Пчела молодая цветами равнин
Любуется вдоволь, хоть мед не берет.

Тобою любуясь, я здесь победил
Того, кто, быть может, с тобой в этот час.

Себя христиане по лбу и груди
Рукой ударяют, тебе помолясь.

Светильники ставя на каждом углу,
Тебе поклоняются люди креста.

Стою я меж ними, любуясь тобой.
Тебе подмигнул я, хоть не дал поклон.

Бездушен портрет твой на этих стенах,
Но все же почет я ему воздаю

* * *
Горят и страдают, лишаются сил,
Стоят паровозы, придя на вокзал.

Вперед наступают и пятятся вновь -
Весь мир стал желаньям моим вперекор+

Воюет со мною и спорит судьба.
Ах, это бывает Не надо скорбеть!

О, как же нам писем давно не несут!
О, как же давно Если б нам позабыть!..

Рокьиян кьерилал,кьалан гIолилал

Рокьиян кьерилал,кьалан гIолилал,
ГIемерал ратула терелел дида.
ГIищкъу-гьавайилан гьал гIадамаца,
ГIадлу биххун буго дуниялалъул.

Лъим цIолеб къулгIадухъ къоролзабазул,
Къапила букIана,балайилан чIун.
ЧIараб бакI лъачIого,гьанже ясалги,
Гьединан хьвадула хьитал хвезегIан.

Хварав чиясулгIан чанги гьечIого,
Чорхой рахIаталда хIебтIун вуго дун.
ХIасрат бергьаразул гьаглъиялдаса,
Гьадин цIунагиян,цIакъго нахъе къан.

ХъахIилаб зоб бихъун балагь бачIаяй,
ЯчIун гаргадана дида цо гIадан.
ГIумру халатаб кьун йохун тогеялъ,
ТечIо дирго рокъов,къватIив вахъаян.

-Дур кколарищ рокьи йокьуларищ дун?
Гьедин,гIодов тIамун,тIубаларо мун!...

ТIолго дунялалъул лазат гьабилан,
Бана гарбида къвал, къана каранде.
КIотIи гьабилилан,бачун цо квергун,
Кидаго рагIичIел рагIаби кьуна.

-Дир гIищкъу ккун бугин гIащикъав дуде,
Мун гIадан ватани, тоге дун гьадин.
Берзул ишан гьабун гьаб дир ракI боххи,
Гьабунги, дур хIисаб хIалтIизе гьабе.

ХIасраталъ ецIцIулей,цIерлъун чвахулей,
Чанги гIумру буго гIадада инеб.
Дур бицун рукъ кьаллъун,кьогIлъун дунялгун,
Кьалде рехун йиго дур хиялаца.

Дур бицунеб хабар халат букIани,
Бегьилин абуна элда дицаги.
ГIакълу гьечIеб бетIер,чIобогояб ракI,
ЧIухIарал хиялаз хвана гIадада.

Дирги гьалагаб черх,чалухал лугбал,
Чияде гIайибал гIодор хутIана.
ГIакълу гьечIеб бетIер,чIобогояб ракI,
ЧIухIарал хиялаз хвана гIадада.

ГIаршалъул камиллъи, Курсалъул цIикIкIин,
ЦIани,бергьинаро гьанже дудаса.
Гьелъул жавабаца жанир рукьбазда,
Рокьул урдуги чIван, Дагъистан ккуна.

Дунги къираласул къагIидаялда,
КъватIий эй яккулеб авал ккун чIана.
Гьелъулги гьава-нич гьуригун цадахъ,
ХъахIилаб зодихъе боржун букIана.

Гьадаб къоялъ къотIноб къалъуда ккараб,
КъотIи букIин гуреб,кIалъан вукIинчIо.
РикIкIадасан ишан,унеб нухда чан,
Чияда лъачIого балъго букIана.

РекIел гьудулги щун гьеб заманаялъ,
Зодихъ гIенеккулеб гIиприт букIана.
ГIакълу-лъай гьикъизе къиралзабилъун,
КъватIул жавабалъе жундул гьаруна.

Гьудул данделъулеб,дун гьогьомулеб,
Гьаб тIохил хал гьабун тIаде вахана.
ТIаде гьава цIалеб,цIад бачIунареб,
Гьури-бакъ рекъараб рагIалда чIана.

ГIадани бераца магIу кколареб,
ГIищкъул гьаваялълул бакънал рачана.
КъватIибе росулъе сас рагIулареб,
Сармил рагIал абун,угьдизе лъвана...

Алжанул гьорохъе хъахIмаккал гIадин,
Хъвалеб бакI хутIичIо лугбазул гIодоб.
Давудил гьаркьихъе рухIал кинигин,
ХIал ккана рекIеде,тIун бортилилан.

Рагьдаса тIагIинчIо,тIохдаса инчIо,
ТIаде щвана гьудул гьагъаб нухдасан.
ТIад бугеб формаялъ паналъун халкъгун,
Хиялго гьечIого ячIун рещтIана.

Нухде къулун гуреб,тIаде йорхулеб,
ТIадагьал лугбазул балагьи гьечIо.
Къеде юссун гуреб,диде сверулеб,
Сабураб черхалъул хасият гуро.

Халкъалда рагIарай ГIунайзатида,
ГIищкъуялъ чи чIвалеб чIимих речIчIана.
ЧIухIараб къоялъул къурайшиялда,
Къараб бералдасан бичIчIизабуна.

Балагьун дидегун цо гьей кIалъайдал,
КIутIун ана гIиприт гIурулъе лъугьун.
Гьорчо кодой босзе квер гьелъ хапидал,
Хварал жал ратила,жундул лъутана.

Жеги дихъ ялагьун хаган чIун гуреб,
РечIчIараб доб чIимхил халго гьабичIо.
Балеб рогьо гуро,гьарайцин гьечIо,
Цо къвакараб бералъ къотIной ккун йиго.

-БукIараб къотIийищ,къараб явлухъищ,
КъотIнов ватаралъув речIчIаризе мун?
Гьадин къватIий хутIун хаган йигелъул,
Хиялищ гьабураб,анищанги ккун?

ЩобтIа гIерул силъун гIодоб чIараб жо,
ГIадан мун ватидал,гIадлъун гурищ дун?!
Лъаралъ букIунеб хъаз,бахчараб балкан...
Босун гьорчо буго гьанжеги кодоб!

Гьеб ратIлил тIотIой щиб,тIингъил хохой щиб,
Ханасул яс йокьун рокьи ккарав дур?
Кьан-квачIалда тIаса тIажу киб араб,
ТIохде вахинегIан хиял цIакъав дур?

Дуда бер чIвалаго босана канлъи,
Бачида тIад чIвараб тIенкелилан ккун.
ТIаде йорхулаго тIурана гIакълу,
ТIанхилъ гIодоб чIараб гIужрукъин мунан.

-ГIайиб гьечIо,гьудул,гьедин кканиги!
Гьадаб къоялъ къотIнов къвакIичIев дунги.
Къвал дуца балаго,нахъегIан къайдал,
Къадарав хIалихьат вукIинарищ дун!

Дирго рокъосаги къватIиве ахIун,
КъватIазул кепалъе куцарав дуца.
КъотIной вачIаниги,ячIун хадуйгун,
ХвечIого чIайилан чIолей гьечIо мун.

Гьедин рокьияъул кьал гьабурав дун,
Гьудуллъун тейилан,танищ дуцаго?
Гьава сурун бихьун,балай тарав дун,
Гьикъизин дудаго,гуккичIищ дуца?

Дур гьурмал гвангъиялъ гваргъан цIа рекIун,
ЦIураб кереналда дица щибилеб?
Щобде тIегь гIадинаб ратIлихъ балагьун,
Бахъараб гьинал ракI лъида кIалъалеб?

КIочонареб хIалалъ,хIеренаб мацIалъ,
ХIадур гьабе дие дуда аскIоб бакI.
Бусен хIажат гьечIо,хIули кIваричIо,
КIутIун каранде къан,къвалбайги гIела.

-ГIаршалъул хIободе хIинчI гIадай дида,
ХIулараб руз буго гаргазе лъугьун.
ХIатIал меседилаб мокъокъ кквезеян,
КъватIул чаларчаялъ чан гьабун буго.

Гьаваялда къункъра,къел ракьанда гьой,
Данделъун щиб пайда гьеб кIиялъулго?
Лъел хIориниб къоркъол,Къап мугIрул гIансил,
СанагIат рекъани,къабул йиго дун.

Дир хъахIаб каранда квачI кьабилилан,
Кин дур хиял лъураб,херлъараб чудук?
Чалухаб гьурмадул гьуинлъи цIуйзе,
ЦIар квешаб оцхIутIил хIисаб бихьулищ!

ХIамагун гаргадун,кIертгун васандун,
Сардал арав дуца дие щибилеб?
Бокьор хIайваналгун хIебтIун вугев мун,
ХIакъ букIина дие, ватIа гьавуни...

ТIокIав дун кIалъани,тIадеги яхъун,
ТIилица вухизе хиял батана,
Хадуб цойги калам дица гьабуни,
Гьорчо буго кодоб,речIчIизе къачIан.

Гьанже гьагъалдехун валагьун хадув,
Дунги ахIмакъ вукIин якъинаб буго.
НухтIаса инаго тIохдасан кIалъай,
ГIураб гьунар лъвана гьагъабни дирги.

Нухъица гьекъаял гьал дир беразе,
Азие тIохго щай,тIокъо гIоларищ?
Къаникь расандаял къадарал лугбал,
КъватIир рахъинчIого, рокъор кин чIечIел?

ТIокIаб эй йигелъуй унев чиясе,
Инглис пачаясул чу къваригIана.
Чархида кколареб бал гьечIеб гIащтIи,
ГIемер букIунаан кIалтIа лъун гьелъул.

Гьединан кIалъазе элда батIаго,
ТIокI гьабун бижараб бугищ щибго жо?
Щибал руччабазул рижи цолъидал,
Цойгиги йосила метерго гьудул.

Гьагъаб гьунарги лълъун,гъоркье рещтIана,
ТIохтIе вахарасде зобго тIейилан.
ТIокIаб йокьулейгун рокьи гьабуни,
Рукьбал ракъвагиян,рокъой вилълъана.

Рокьул ургъелазда кьалул чадир чIван,
Черхалда гьарчал щун,нахъе вуссана.
Дунго къараб бахчун,бергьараб гьурщун,
Гьеб гьунар гурилан,гьабуна гьаб кечI.

Кинаб лъугьаниги,лъугьанщинаб жо,
РекIел гIатIилъиялъ,лъоларо жаниб.
Лъабго къо инегIан къватIиб бицинчIеб,
Къаси квараб хинкIги хутIуларо дир.

Шaгьpу шaгIбaн тIaгIун,тIaдe мoцIaлъул

Шaгьpу шaгIбaн тIaгIун,тIaдe мoцIaлъул,
TIoцeбeceб copдo бaчIapaб мexaлъ.
Будун-дибиpacул иcтилaxIaлдa,
Итниялъ кIaлъaнa кIaл кквeзeйилaн.

KIудиял,гIиcинaл гIaдaмaл peкъoн,
Kъукъaби къaчIaнa къacи xaбaдe.
Xвapaзул pуxIaлги,зaнaздe paxун,
Pocулъ pугeл мaxIaз xIaл xьун pукIaнa.

PaкI буxIapaв xвeчIев,xaбaлъ чи гьeчIев,
Xиял гьaбун чIaнa, гьeзуxъ вaлaгьун.
Гьaзул гIид бaтaни,диp бepтинилaн,
Дунги гIeдeгIaнa ГIунaйзaтиxъe.

ГIиca чIaгo тeзe чIвapaб ЯшугIил,
ШигIpaби axIaнa,xIaл xьoлapищaн.
XIaбиб xaxизe щун,йoxун юccapaй,
Pexcaнa XIaлимaт,xIopдeги вaxъун.

XIинкъapaб лoчнoxъe чaн щoлapилaн,
Чepxaлдa кIaлъaнa кIудияб xIaлaлъ.
Kингo paxIмaн гуpec pуxI бocулapин,
Бoжaян гьаpaнa гьинaл peкIeдa.

Гьopoцa xъaмулeб xъaxIaб нaкIкI гIaдин ,
ГIoдoб xIeтIe xъвaчIo xъвaнa нуцIидa,
ЦIцIaдae xьвaдулeб зoдил xьуxь гIaдин
Дунги вaчIaнилaн йopчIизaюнa.

Зaбpу вapaкъулaб къуcтIaнтIин мeceд,
TIaдe йopxулaгo xвeзe вaxъaнa.
Xaнac тapиx xъвapaб xъaxIчapaб чини,
Чopxoл pуxI бocaнa боcной угьидaл.

Aлжaнуxъ щуpулeб шaмaлъул caгIaт,
Щиб дуp къвapигIeлинкъвaтIий яxъaнa.
TIoгьoл нaй xIaйpaнaб xIepeнaб мaцIaлъ,
XIaйвaн гIaзизлъулeл жaвaбaл кьунa.

- Kьижун гьeчIeв эмeн,йopчIapaй эбeл,
Aвaл-къoнoялъул къoтIун гьeчIeб cac.
Kъacдe peгулapeл pocдaл гIaдaмaл,
Cвepуxъ мaдугьaлиxъ гьaбзaзул xIaпи.

XIaл xъубaл кьepилaл,кьaлaл гIoлилaл,
Kуpун pуccун чIapaл caяxъaлщинaл.
Щoбдa чIвapaб бaйpaxъ-чIaлгIун pугeл нилъ,
ЧIвaлин xIинкъичIoгo,вaчIун вугeв мун.

MугIpул биcaлдaca бocнoв цIoдopaв,
ЦIунун дунгун тapaв paгьдa xъapaвул.
Xъepгъу бaчIунeлъул тIaнчIи гIaдинaн,
Дун тIaдe яxъaни paxъунeл лъимал.

Лъeзe бугьтaн щвaни шибгo кIoчoнeл,
KIaлдиб мaцI бopxьилал биxьинaл цIуял.
ЦIa-кaнaлъул гвaнгъи гopдa бугeб нуp,
Дудa гьaбулeб жo дидa лъaлapo.

Гьaнжe дун cуpизe caбaб гуpoни,
CaнaгIaт букIинчIищ нилъ кIиязулгo.
Capдилъ вaчIун унeв чияcдa лъaни,
Лъoлeл бугьтaнaзул гьaбилapищ xaл.

Диpги гьapи бугo, гьудул, дудexун,
Дидaги бугeб xIaл бицинe тeян.
Цoйги уpгъeл бугo дудe бикьизe,
Бoкьaни гIин тIaмe, бoкьичIoни чIвaй.

ЧIуxIapaб дуp лoгoл xIиcaбги гьaбун,
Capдилъ xIopдe щвaнa щущaн гIaкълугин.
ЩaйтIaбaзул xaнac нуxдaги витIун,
ПapтIaн paгьдa лъунa -лъaчIo тIoкIaб жo.

TIулaдa лъуpaб кop лъaлин къacдeян,
Kъвaлaкь ккун гIипpитaлъ тeчIo,вaчaнa.
Чaнлъун гIaлaxaлдa xвeлин мунилaн,
Xexгo peкIaйилaн букIинчIo илбиc.

Meceдил кьили лъун кьoлoн жaйpaнгун,
Жундузул бoяцa цeвe къoтIaнa.
KъулгIaялъул кIaлтIу тIун aгийилaн,
TIaдe вaxъaйилaн xъaмунa paкIaлъ.

XъaxIaб мapгъaлaлъул тaxидa гIуpaй,
ГIaйибни бугoaн мунгун кIaлъaзe.
Зoдил xIaнчIидaca бocнoй xIepeнaй,
Mунaгь xъвaн бaтилa яxъинaйидaл.

XъaxIaл paгIaбaцa гIaдaмaл гуккун,
Дидe иpгa щвeдaл щун вaтилa мун.
Щиб гуpин гьaбилeб,вaчIa жaнивe,
Жeмун цo къвaлги бaн,къaлин кapaндe.

Kъaдaлъ бopxьaзулги биxьулeлъул xIaл,
Дунги тeлapилaн бaтилa xиял.
Xaбaлъги тeлapин тaвбуги гьaбун,
Tиплиc пacажиpлъун вopжa зoдoвe.

Дуp paгIул кaнпeтaл paгIaнa дидa,
ГIoлилaзe кьуpaл,диeги кьoлeл.
Kьуpун мун вуccигIaн юccинин дудe,
Mиcpи къиpap гIaдин къaдpуялдa чIa.

Дуцa кIaл бичIapaй йopчIичIин гIaдaн,
Дунги бaтIaлъи щиб,щулaгo чIeзe.
Биxьapaлъe шукpу,щвaнщинaлъe peцц,
Шиpвaн гIaлa гIeлин,гIoдoвe вуcca.

ГIaнбapул тIoгьoдe тIинчIaб нaйилги,
TIoкIaб aнищ бугищ aбизe дидa?
Эбeлaлъ яcaн тун,pocулъ гIeй гуpeб,
ГIoлилaзe кьуpaб кьepги диp гьeчIo.

Kьуpaбaлъe xIинчIлъун чIeзe aйилaн,
Инcaн кIaлъaниги,букIинa битIун.
CaйxIун-ЖaйxIунaлъул лъeлъe ччугIaги,
Чин диpгун бaщaдaй щвeлapo дуй яc.

Дагъистан урхъараб хъахIаб надалда,
Хъвалаго гIакълу ун гIодов речIчIана.
ГIарабустаналда таватур бугеб,
Гарбида къвал байдал дунял кIочана.

Эй кIалъалей мехалъ мокърукьгин къеда,
Къалъулъ бакъул гIадаб паркъи букIана.
КIиябго кIветIалъан жавгьарулъ гIадин,
Жийго йихьулаан,нур хьвадулаан.

Гьелъул рагIабазул гьуинлъи лъайдал,
ГьоцIо-чакаралъул чури лъугьана.
Чергесал лугбузул берцинал махIал,
Гьанже бицаниги цо-цо кIотуна.

Биараб цIерилан цIар тIобитIарай,
ЦIуруб моцIин ккола бахьинаб гьумер.
Гьиндалъул къубдуца къалмица хъварал,
Къуншбал,кьунсрул гIела гIаламалъего.

ГIанбарул щекъерги,къиматаб черхги,
Къеда матIу гIадин,тIолго бихьана.
Бахьинаб керенги канаб щвемещги,
Щобде байрахъ гIадин дихъго букIана.

Нусабго саналъул сахабщинаб бакI,
ЩайтIан бер хутIигIан, тIад кIал чIван цIцIуна.
ТIаде вахъинеян нахъе къалаго,
Цо килищ хъван тана хъахIаб надалда.

Кинабго хIакъикъат къалмица хъвазе,
ХъахIилаб ралъдалги щакъи гIеларо.
Щварал нигIматазул гIорал рицани,
Берцинал ясалги семиларищ дилъ.


Эбелги Ясги

Яс

Дир рекIел ургъалил гъугъалеб гьаракь,
Пирилъун кьвагьдола рукьбазда жаниб.
Жаниб кереналъул кутакаб цIадул,
ЦIилазда кваналеб квешаб хъуй буго.

ХъахIилаб ралъдаде накIкIлъун гьалдолеб,
Гьава буго, эбел, ургьимесалда.
Дир лугбалъ хьвадулел лъел хьухьаздасан,
КIкIалабахъ чIугъ буго чIегIерлъун чIараб.

Берзул магIуялъул гIурулъ квачIги бан,
ЧчугIалъун анилан абе инсуда.
Сверун галан гьечIеб гамаги рекIун,
Ралъдалъ танин бице дир тухумалда.

Дир гьаналълъ бекьараб рокьул шавкъалъул,
Къараб рачел буго бичизе дуе.
Дир черхалъ хIехьараб хIасратаб гIищкъу,
Къвал чучун,угьизин гьанже дудехун.

Дир рекIел кIулазул завод хун бугин,
Забру дуца къачIай къвакIараб бихьун.
КIалзул печатазул фабрик дагьлъанин,
Дун дур яс ятани,тоге суризе.

Сардилъ моцIрол гIадин цIар рагIарай дун,
ЦIерлъун йианиги,угьдуге хадуй.
Халкъалда нур барай бакъ гIадай дие,
Якъван тIагIинчIого,тIокIаб гIакълу кье.

ЧIурканаб черхалде чергес ратIлиде,
РетIун гIадамазул гIайиб холаро.
Халатаб гарбиде гурмендоялде,
Мугъал рекаязул гъвел камуларо.

Гъажалда курхьаби рихьани,васаз,
Йихьизе гьаюла,гьайго кисаян.
Килщида баргъичал ругони, ясал,
РукIуна щурщулел,щийдай йигоян.

Лъадае унаго къватIий кватIани,
КъватIул хиралъиян,лъола бугьтанал.
Толаро гьаваялъ гьалагал лугбал,
Гьедун жаний чIезе чIолеб гьечIо ракI

БукIунаро гIищкъу гIорлъун инчIого.
Лъие дун хIелилей хIалай лъугьаян?!

Эбел

Гьиндалда къотIараб къараб гIарцул бекI,
Дуда гьечIищ гIакълу гIаламалъего.
Мун ургьий яччараб ичIабго моцIалъ,
Малъанщинаб гIелму гIоларищ дуе?

Щобда байрахъ чIвала,бодул кьал ккани,
Ккараб гIищкъуялда гIаийб щиб чIвалеб
ГIурул лъим бакъвала,иццал къанани,
Къвал бан ракIгъуразе гъвелалъ щибилеб?

Баккараб бакъ ккуни,къойил нур сунин,
КъватIул хабар лъала хехаб гьаваялъ.
Гьалагаб ралъдада гама биххула,
Жемун цо къвал бани,къотIула гаргар.

Гордазда цIер ккуни,цIикIкIуна канлъи,
Калам къокъаб гьабе къотIной гьудулгун.
Гьунар бергьани,чу бичеян лълъуна,
НечечIого кIалъан кIутIун нахъ юсса.

Ссиялде билълъунеб рилълъахъ балагьун,
Хъубаб агьлуялда эдинин кколеб.
Логол гьайбатлъиян,гьурмал гвангъиян,
Гваргъун цIа рекIаял кIалъалин хадур.

Халкъго данделъараб даран лълъунарин,
Дурго килищ битIе,тIубалин мурад.
Дунял-гIалам цолъун цо жо кколаро,
Ккараб хиялалъе хункар дунлъидал.

Яс

Дудасаги кьерун,кьолбодаса къан,
КъватIиб бицунареб цо унти буго.
Инсудаса нечон, чиякьа хIинкъун,
Къоял гIемер араб гIузру буго дир.

Дунилан чапулев чи вуго,эбел,
Чорхол гьанги бакъван,берзул нурги къун.
KъотIи гьабун буго гьесулгин дица,
Дуда цвичIони черх чабхилъ лъелилан,

Цо дир хъиргъу буго хъархъица хIулун,
ХIатIил малъал тIагIун, тIомол хIули гъун.
ХIеренал лугбазда бараб гъаргъаралъ,
Дица квер босулеб керен дурилан.

Кванилгун кьал ахIун, макьилгун рагъ лъун,
Кьурул лачен буго чан гьабун дие.
Чорхол рухIги бичун,хадубги лъугьун,
Гьаваялде бахун,дихъ балагьун чIун.

Гьедин дун цIунараб цIадалхIинчI буго,
ЦIилада,каранда квешал ругъналгин.
Гъарим дирги рекIел букIуна пикру,
Кваркьидай хъвалаян,хъатдай балаян.

Бакъгин къокъун унеб итаркIо буго,
Угьараб хIухьелалъ хьухьал рухIараб.
Берал кодор уна,канлъи дихъ тола,
Тамаша,дир эбел,элда бугеб къо!

Къаси дихъе щолеб щунгъар буго цо,
Щвараб гIурулъанги билълъун бахунеб.
Боркьараб корониб кутакаб цIадаб,
Кинан букIинаян йикIуна дунги.

Дунилан тирулеб тулпаралдаса,
ТуманкI речIчIаниги, би баккуларо.
Балаялъ рукьбал кун,рокьуца гьан цIцIун,
ЦIулалъан кIкIуй гIадин гIищкъу бурулеб.

ГIадамал къосине ясни гьаюнин,
Къаникье лъугьаян кьун вуго Къайис.
Къоялда нур барай дунни йижанин,
Жаваб кин гьабилеб Карамидехун?

Эбел

Вай...ай, Умагьани, эбго щиб рагIи,
Щобде багIар бакъулъ къец гьабулев щив?
Щибан, Жайран-ханум, хиял гьабулеб,
Гьаваяляда моцIрол цIар лъихъе щолеб?

Дурги рагъиялде гъалбацI бахани,
Божиго хвана дир халкъалдасаго.
Дур хъаладул тIохтIа хъарчигъа чIани,
Хъублъани хIакъ гъечIо хIурулгIиналъе.

ГIанбарул цIвайилан цIарниги тезе,
ЦIвалъун зодой йоржа, Загьра гIадинан.
ЦIуял,бихьиназе бицен букIине,
ЙикIунге ракьалда, рокьи ккун хадуб.

Рукьбалъе чакар щван, черх гьабунин дир,
Чиго данделъанищ дуе гьуинав?!
Гьаналълъ гьоцIо жубан, лугбал гъурай дур,
Магьдийищ рещтIунев дуда кIалъазе?!

КIиябго дур гIоно гIанбарул тIураб,
ГIибрани мацIалъул цIалун аятгин.
Аллагьас цIарги чIван,цIадал хIубилъан,
ЦIорол гIадан щвегIан,гIедегIуге мун.

Мусал тавраталъул тарихал ругеб,
ТангIималъул гIарцул дур нодоялда.
Дуниял бахилай Харкъаъ яхъингун,
Халикъас цIарги чIван вачIинин чиян.

Чапун маргъалалъул гьабураб нилъакь,
Кьабун зарбу бугеб забуралдасан.
Гьаракь Давудилав,гьумер Юсупил.
Васин къваригIунев къвал базе дуе.

Къунщбал дуда гъезе дие хIалае,
ХIурулгIин йикIарай-ГIайнаин абун.
Элъулги васият-саламин дуе,
Дуе чи вокьани,кьелин жинцаян.

Жаниб варакъ хъвараб хъахIилаб чини,
Хъублъани чуризе чара дир гьечIо.
Чапун месед тIураб мисриязул куц,
Бекани къачIазе къубдул кир ругел?

Яс

Дур бегьичIищ чанго,чехьалъул эбел,
Чанай яхъарай дун нахъ чIвалей йигей?
Чиго вокьичIого йорчIанадай мун,
ЧIегIер чармил босун нус дихъе кьезе?

Сингин савпаялда бараб жоялда,
Божаян абуге Умагьанида.
Гьединго жундузул боял ракIарун,
РукIунел жавабал Жайран-ханумий.

РагIул канпетал кьун кодой ячине,
Кини дица тараб лъаларищ дуда?
Каранда маххал ран йоххизайизе,
Кеке хахичIого мех банагури!

Харилъ баккараб тIегь, тIад кьер гIун хадуб,
ГIодобеги бортун батула дида.
ГIурдада бараб хер,мех щвейгун тани,
Щибго хутIулаларо,хаган бакъвала.

Бакъул завал буго къалъул гIужалда,
Бакъаниде ккани,тIерхьуна,уна
МоцIрол цIар абула анцIила щуйилъ,
Ахиралде ккани, ккунги хутIула.

Хирияй эбелалъ унеб гьакида,
Юк цIикIкIинабула цIалебин абун.
ЦIамул гьирида тIад пуд маххулги къан,
Билълъаян кьабула гъарин черхалда.

Эбел

ГIарщалъул хIобода ахIдолеб гагу,
Гоче дурго къватIахъ, къабулав восе.
Къилба минаялъул мугIрул гIамирко,
Дида гIайиб чIваге гIаксалда кканин.

ГIаршалъул хIободе мун яханиги,
Хвалда къосун ккаги къабуллъуларел.
Къудусалда исму дур басаниги ,
Бусада хьихьаги рекIей гIоларел.

Бокьаралда кьан бан,кьогIалда мал бан,
КьолочIого квегъе копой дуниял.
КьогIаб хIанчIун рехун,хIеренаб чIамун,
ХIарщулъ дарай мерхьун, хьезе гьабе хIал.

Мунилан чапулев чи дур ватани,
Чабхиде мокъокълъун къвалакье лъугьа.
КъотIи гьабун хадуб хияналъани,
Халкъалъе къо холеб къурайшиязул.

Шалил чухтIиниса чиллайги бахъун,
Хъергъудул хIетI бухье хIобол магIида.
ХIуларал куркьбазда кверца хIули лъун,
ХIатIил малъалги ккун,цIаруе йоржа.

Жаниб варакъ хъвараб рукъалъул къеда,
Къор кин кьабулареб кьурул лочное.
Кьалда черхги куцун чанни гьабунин,
Гьанже кин бугоян,тIад кверги бахъун.

ХъахIаб маргъалалъул тахидаги тун,
Ругъназул хIал цIехе цIадалхIинчIалда.
ЦIилъичIищ цIилалан, цIунищ керенан,
Копой терелаго,тах сверун лъугьун.

Силияб чиллайдул чараб кIазиде,
БачIайилан абе итаркIоялда.
Араб канлъиялъул,квешал къоязул,
Къвал бан дандеги къан,къисас босизе.

Къимат тIадегIанаб гIанбарул чIалтIе,
ТIокIаб щуругеян,щунгъар щвезабе.
Щвараб гIурул лъеца лъурал кIкIораца,
ЛъикIго заманаялъ зуранин мунан.

Маржанул куналъул килангиялда,
Казият кьабун те, тайлан аскIоб лъун.
Бигин нах, ракьагин гьаналъул гIищкъу,
ТIагIинегIан тIулалълъ кванаян абун.

ТIолго халкъул гIалам мунан хваниги,
ХвезегIан къвалакье Къайис виччаге.
Къайсарил мулкалъул кверщел щваниги,
Карам данделъичIеб дунял гьабуге.

Автор: Собкор ИА Маарулал.Ру

 
 (голосов: 15)
| | Комментарии (0) | Распечатать
 
Уважаемый посетитель, Вы зашли на сайт как незарегистрированный пользователь. Мы рекомендуем Вам зарегистрироваться либо зайти на сайт под своим именем.


Поделиться:

Добавить страницу в закладки:
Добавить закладку в Бобрдобр Добавить закладку в news2 Добавить закладку в Memori Добавить закладку в Newsland Добавить закладку в СМИ2 Добавить закладку в Vaau Добавить закладку в Mister-Wong Добавить закладку в Newsvine Добавить закладку в Delicoius Добавить закладку в Slashdot Добавить закладку в Blogmarks Добавить закладку в Technorati Добавить закладку в Folkd


Если Вам понравилась новость поделитесь с друзьями :

Другие новости по теме:



 

Информация
Посетители, находящиеся в группе Гости, не могут оставлять комментарии в данной новости.
Панель управления


Последние комментарии

Календарь
«    Март 2024    »
ПнВтСрЧтПтСбВс
 
1
2
3
4
5
6
7
8
9
10
11
12
13
14
15
16
17
18
19
20
21
22
23
24
25
26
27
28
29
30
31

Статистика
Опрос

Лучший из сайтов
Неплохой сайт
Устраивает ... но ...
Встречал(а) и получше
Совсем не понравился


  Главная  |  Регистрация  |  Правила  |  Библиотека  |  Фотогалерея  |  Видео и ТВ |  Обратная связь
© MAARULAL.RU 2009   Design by  Tsor-Studio.   Все права защищены
ALLDAG.ru  Яндекс цитирования Система Orphus
 
Мнение администрации сайта может не совпадать с точкой зрения авторов статей !
При использовании материалов сайта, активная гиперссылка на сайт Maarulal.Ru обязательна!
При использовании материалов сайта в печатных СМИ, на ТВ, Радио - упоминание сайта обязательно!
Так же обязательно, при использовании материалов сайта указывать авторов материалов.